Гӏезегӏан сонал ана Хӏамзатил Хӏажияв нилъедаса ватӏалъаралдаса. Амма гьанжеги цебеса унаро гьесул гьимараб, баракатаб сипатги, кӏочон толаро рекӏелъе бортулеб дурусаб, цо батӏияб гугьаргун бицунеб букӏараб магӏарул каламги, гӏакъилал, жиндихъ гӏинтӏамурав асир гьавулел камилал пикрабигун насихӏаталги. Кӏудияб даражаялъул инсан ва гӏалимчи жив вукӏаниги, Хӏажиясулъ букӏана гӏажаибаб гӏаданлъиги, инсан хиралъиги, чиясул къимат гьабиги. Магӏарулазул аби буго, вижараб бакӏалда бараб букӏунила инсанасул гӏамал-хасиятилан. Гьединлъидал 1926 соналда Цӏадаса Хӏамзатил кӏудияб хъизамалда гьавурав, гьениб тарбия-лъай щварав, гьитӏинго магӏарул махӏги рухӏги жиндилъ бессарав, хадусеб гӏумруялда кӏуди-кӏудиял, хӏурматиял ва жавабиял хъулухъаздеги цӏараздеги вахарав Хӏажияв батӏияв чилъун лъугьине рес букӏинчӏо.

Амма хӏурматияб гӏелмияб даражаялде вахиналде цеве, гьес нахъа тана халатаб гӏумруги гӏелмиялгун пачалихъиял хъулухъалги. Батӏи-батӏиял соназда гьев вукӏана СССРалъул Гӏелмабазул Академиялъул Дагъистаналъул филиалалъул Тарихалъул, мацӏалъул ва адабияталъул институталъул гӏелмияв хӏалтӏухъан, «Багӏараб байрахъ» газеталъул бетӏерав редакторасул заместитель, Махӏачхъалаялъул телевидениялъул директор, Дагъистан АССРалъул Министрабазул Советалда цебе букӏараб Радиовещаниялъул ва телевидениялъул комитеталъул председатель, культураялъул министр, СССРалъул Гӏелмабазул Академиялъул Дагъистаналъул филиалалъул Тарихалъул, мацӏалъул ва адабияталъул институталъул директор, Россиялъул Гӏелмабазул Академиялъул Дагъистаналъул гӏелмияб централъул президиумалъул председатель, Дагъистаналъул гӏелмияб централъул Мацӏалъул, адабияталъул ва искусствоялъул институталъул директор ва гь.ц.

Живго Хӏажияс жиндир гӏумруялъул ишлъун кидаго рикӏкӏунаан Дагъистаналъул халкъазул адабияталъул гӏелмияб цӏех-рех гьаби. Хасаб кӏвар кьолаан гӏалимчияс магӏарул адабияталде, гьелъул классикияб бутӏаялде. Гьесул хӏаракаталдалъун, гӏелмиял хӏалтӏабаздалъун Дагъистаналъул адабияб гӏелму бахана тӏолгороссиялъулаб даражаялде. Гьеб лъугьана Северияб Кавказалъул киналго гӏалимзабаз жиндаса мисал босулеб школалъунги.

Баянаб букӏахъе, цӏакъ гӏолохъанго, цудунго лъугьана Хӏажияв филологияб гӏелмуялде гъорлъе. Ва гьелъие аслияб квербакъилъун лъугьана гьесул гӏумруялъул хасал шартӏал. Цӏадаса Хӏамзатил вас хӏисабалда гьесие жеги гьитӏинго гьуинлъана, хиралъана рахьдал мацӏ, бичӏчӏана къиматги къадруги гӏагараб каламалъул. Ва гьеб, гьитӏинго чорхолъ бессараб асар, гьесулъ хутӏана тӏолабго гӏумруялъ. Филологияб гӏелмуялде тӏамурал тӏоцересел галаби Хӏажиясул рукӏана жиндирго инсул, Цӏадаса Хӏамзатил асаразул редактор, корректор, таржамачи ва мажмугӏал данде гьарурав чи хӏисабалда. Гьес хъвалеб буго: «Дун вукӏана гьес (инсуца. – А.М.) гьабураб назму тӏоцебе гьанжесеб хъвай-хъвагӏаялде бачунев, гӏурус мацӏалде гьелъул магӏна буссинабулев, гьеб батӏи-батӏиял басмаханабазде яги редакциязде нухарегӏулев чи. Дица данде гьарун ва баянал кьун риччарал руго 40-абилел соназдаса байбихьун жакъа къоялде щвезегӏан магӏарулги гӏурусги мацӏазда рахъарал инсул гӏемерисел асарал».

Заман анагӏан камиллъулеб ва бечелъулеб букӏана Хӏажиясул таржамаялъул хӏалбихьи. Гьелъие нугӏлъи гьабула гьес 1950-абилел соназда магӏарул мацӏалде руссинарурал батӏи-батӏиял асаразги хӏалтӏабазги. Гьезда гьоркьор рукӏана партиялъулгун пачалихъиял документал, Ленинилгун Сталинил, марксизм-ленинизмалъул классиказул хӏалтӏаби, гӏурус ва къватӏисел пачалихъазул хъвадарухъабазул хабариялгун драматургиял асарал. Масала, гьес магӏнавияб таржама гьабуна Цӏадаса Хӏамзатица магӏарул мацӏалде руссинарурал А.С. Пушкинил тӏасарищарал шигӏрабазул. Жинцаго руссинаруна гӏурус драматург Б. Лавреневасул «Америкаялъул гьаракь», М. Лермонтавасул «Кӏиго вац», М. Горькил «Тӏиналда» ва «Херав», П.О. Бомаршел «Гӏадалаб къо, ялъуни Фигарол ригьин», Лопе де Вегал «Фуэнте Овехуна», А.Н. Островскиясул «Хайирияб бакӏ» абурал пьесаби ва чехазул хъвадарухъан Ю. Фучикил «Горбода кӏичӏгун репортаж» абураб ракӏалдещвей.

1960-абилел соназдаса байбихьун, Хӏажияв загьирлъана рахьдал мацӏалда хъвадарулев публицист хӏисабалдаги. Гьесул макъалабазги басмаялда рахъарал хӏалтӏабазги бечед гьабуна нилъер миллияб публицистика. Гӏагараб калам камилго, гъваридго лъаялъ, гьелъул киналго ресаздаса пайда босизе бажариялъ, гьеб жиндие рухӏгӏан хирияб букӏиналъ, мацӏалъулги, хатӏалъулги, хӏасилалъулги мантӏикъгун магӏнаялъулги рахъалъ Хӏажияс хъварабщинаб жо ккола, кин жакъа нилъер гӏалимзабиги интеллигенцияги рахьдал мацӏалда ургъизеги хъвадаризеги кколелали бихьизабулеб мисаллъунги дарслъунги.

1970-абилел соназда Хӏажияс гали тӏамуна кӏудияб филологияб гӏелмуялде жанибе. Гьениб тӏоцебесеб, кӏвар бугеб гӏелмияб хӏалтӏилъун лъугьана «Цӏадаса Хӏамзат. Революциялда цебесеб гӏумру ва хъвадарухъанлъи (1877–1917)» абураб тӏехь. Гьеб букӏана авторас жиндир инсул, Дагъистаналъул халкъияв шагӏир Цӏадаса Хӏамзатил гӏумруялъулги адабияб хӏаракаталъулги цо кӏудияб ва бищунго кӏвар бугеб бутӏаялъул гьабураб гӏелмияб цӏех-рех. Гьелъул хӏакъалъулъ Хӏажияс хъвалеб буго гьадин: «Дир тӏоцебесеб гӏелмияб тӏехь ва тӏоцебесеб диссертация букӏана инсул гӏумруялъулги хъвадарухъанлъиялъулги хӏакъалъулъ хъвараб. Абизе бегьула гьеб тӏехьалъ вачанин дун хӏакъикъаталдаги гӏелмияб дунялалде ва адабияб лъаялъул агьлуялде гъорлъе», – ян.

Гьеб, тӏоцебесеб кӏудияб хӏалтӏудаса хадуб Хӏажияв, гӏалимчи хӏисабалда, тӏуванго машгъуллъана тӏолгодагъистаналъул адабиял масъалаби гъваридго цӏех-рех гьариялда тӏаде. Гьесул пикру буссана Дагъистаналъул халкъазул адабиятазул тарихалде, гьезул типологиял ва хасал суалазде, теориялъулгун методологиял масъалабазде, художествияб адабият бижиялъулъ кӏалзул гьунаралъ кколеб бакӏалде, гӏараб ва бакъбаккул культураялъ Дагъистаналъул халкъазул маданияталъе гьабураб асаралде, гӏурус адабияталъги культураялъги Дагъистаналъул халкъазул гӏумруялъулъ кколеб бакӏалде ва гь.ц.

Гьелги гьездаса кӏвар бугелги суалаз ккуна гӏалимчиясул хадусел хӏалтӏабазулъ аслияб бакӏ. Гьел хӏалтӏабазул цӏаралги, сияхӏги буго кӏудияб. Гьанир гьел киналго рехсон бажариларо, амма аслиял монографиял хӏалтӏабазул цӏарал ракӏалдещвезаризе ккелин ккола. Гьале гьел: «Революциялда цебесеб заманалда Дагъистаналда гӏемермиллияб адабияб система куцай», «Октябралда цебесеб заманалда Дагъистаналъул халкъазул адабият», «Жакъасеб заман ва художествияб ирс», «Къуркьизаби. Бахин. Цӏилъи», «Дагъистан: тарихиябгун адабияб процесс», «Гӏакълудул калейдоскопалда жаниб миллияб художествияб культура», «Цӏилъиялъул дагъистаналъулаб феномен», «Дагъистан: рухӏияб ва художествияб ирс».

Хӏамзатил Хӏажияс жиндир гӏелмиял хӏалтӏабазулъги цӏех-рехазулъги мухӏканго тасдикъ гьабуна Дагъистаналъул халкъазул, тӏоцебесеб иргаялда магӏарулазул рухӏияб культураялъул азарсонилаб тарих букӏин. Гьелъие батӏи-батӏиял халкъазул адабияталъ, культураялъ, мацӏаз лъалеб асар гьабуниги, гьеб жиндирго ракьалда, Дагъистаналда бижараб ва цебетӏураб букӏин.

Гӏалимчиясул киналго хӏалтӏаби тӏолгодагъистаналъулал масъалабазда тӏасан цӏех-рех гьабурал ругониги, гьезулъ аслияб, кӏвар бугеб бакӏ ккола магӏарул адабияталъулги, культураялъулги, тарихалъулги материалалъ. Гьеб баянаб жоги буго: цогидал миллатазде дандеккун, нилъер маданият гӏемерго бечедабги, некӏсиябги, гӏемергъатабги буго. Гьедин, «Октябралда цебесеб заманалда Дагъистаналъул халкъазул адабият» абураб монографиялда жаниб тӏоцебе бихьизабун буго Инхоса Гӏали-хӏажиясул адабияб гьунаралъул лъай тӏибитӏизабиялъул рахъ, рагӏа-ракьанде щун цӏех-рех гьабун буго Хъахӏабросулъа Махӏмудил романтизмалъул, баян гьабун буго Цӏадаса Хӏамзатил реализмалъул хӏасилги, куцги, поэтикаги.

Гӏемерал соназ гӏалимчи хӏисабалда Хӏажияс цогидал суалазда цадахъ кӏвар кьолеб суаллъун букӏана методология, ай адабияталъул цӏех-рех гьабиялъул гӏелмиял къагӏидабазул нухазул масъала. Гьелги гьел гурел цогидалги суалал рорхараб хӏалтӏилъун ккола «Гӏакълудул калейдоскопалда жаниб миллияб художествияб культура» абураб тӏехь. Гьениб тартибалде бачун, пикру гьабун буго Дагъистаналъул халкъазул гӏасрабазулаб, гӏемергъатаб художествияб хӏалбихьиялъул, гьелдаго гьоркьоб магӏарулазулги. Гӏалимчияс хъвалеб буго: «Дагъистаналъул халкъазул культураялъул тарихалъулъ ругел мухӏканал баяназги асаразги рес кьолеб буго XVII гӏасруялъул ахиралдехун XVIII гӏасруялъул байбихьиялдехун гьаниб эстетикияб пикруялъул хӏакъикъат хӏисабалда хъвавулаб адабият букӏанилан чӏезабизе», – ян.

Революциялда цебесеб заманалда магӏарулазул миллияб адабияталъул мацӏ букӏинчӏилан абураб пикру нахъчӏвалаго, гӏалимчияс гьадин хъвалеб буго: «Революциялда цебесеб магӏарулазул адабияб ирс гӏуцӏараб буго тӏолгохалкъалъулаб мацӏалда, жиб киналго лугъатазулги сверелазулги вакилзабазда бичӏчӏулеб», – ан. Дагъистаналъул культураялъул ва жамгӏияб пикруялъул тарихалъул хӏакъалъулъ бицунаго, тӏохьода рехсон руго Кавказалда гурелги, тӏолабго бусурман Бакъбаккуда машгьурал кӏудиял магӏарул гӏалимзабазул цӏаралги: Харахьиса Тӏайгиб (ХVI), Къудукьа Мусалав (ХVII), Гӏободаса Шагӏбанкъади (ХVII), Мохӏоса Дамадан (ХVII), Хунзахъа Дибир-къади (ХVIII), Гӏаймакиса Абубакар (ХVIII), Кудалиса Хӏасан (ХVIII), Гӏурадаса Ибрагьим (ХVIII) ва ц.

Россиялъул филологияб гӏелмуялда жаниб кӏудияб лъугьа-бахъинлъун ккана Хӏажиясул «Цӏилъиялъул дагъистаналъулаб феномен» абураб тӏехь. Гьеб хӏалтӏуе критикаялъ кьуна тӏадегӏанаб къимат. Масала, гӏалимчи Камил Ханмурзаевас: хъвалеб буго: «Руго гӏелмиял хӏалтӏаби, жибго проблема цебе лъеялдалъун, захӏматал философиялгун теориялъулал суалал ричӏчӏизе гӏололъун гьел хъваразул жибго хӏаракаталдалъун кӏваркьеялъеги хӏурматалъеги мустахӏикъал. Академик Хӏамзатил Хӏажиясул монография ккола гьединазда гьоркьоса цояб. Цохӏо гьелъул – «Цӏилъиялъул дагъистаналъулаб феномен» абураб цӏаралъ хӏухьел кквезабула жо лъалев цӏалулесул», – ан.

Академик Хӏамзатил Хӏажиясул адабияб хӏаракаталъги, гӏелмиял хӏалтӏабазги, цӏех-рехазги, тӏахьазги бечед гьабуна магӏарул адабияб гӏелму ва критика, публицистика, батӏи-батӏиял адабиял жанрал: проза, поэзия ва драматургия. Гӏалимчи хӏисабалда гьес кӏудияб бутӏа лъуна миллияб кӏалзул гьунаралъул, лексикографиялъул, лингвистикаялъул ва цогидалъулги цӏех-рехал гьариялъулъ.

Исана 5 маялда 100 сон тӏубала Россиялъул гӏелмияб академиялъул Северияб Кавказалдаса тӏоцевесев академик, кӏудияв гӏалимчи Хӏамзатил Хӏажияв гьавуралдаса. Гьесул гӏумруги гӏелмияб ирсги абадиялъ хутӏила магӏарул халкъалъул тарихада жаниб.

Ахӏмад Муртазагӏалиев