Тӏадаб куцалда, ракӏбацӏцӏадго гьабун хадуб тӏубанго бигьаябин абизе бегьулеб, захӏмат бихьичӏого рахӏат щолеб хӏалтӏи бати щакаб иш буго. Сундулъго буго захӏмалъиги бигьалъиги, моралиябгун материалияб гӏодобецӏай-тӏадецӏай, гӏатӏидалги къваридалги рахъал. Амма бищунго захӏматаб батичӏониги, гьединазул цояблъун рикӏкӏине бегьула вехьасул хӏалтӏи. Щай? Гьеб буго сезоназде бикьичӏого, цоялда хадубго цояб ун тӏубараб лъагӏелалъ тӏубазе кколеб, сордо-къо батӏабахъулареб, гӏодоркъоял-байрамкъоял гьечӏеб, кигӏан гучаб гьури пуниги, кигӏан гьалакаб гӏазу-цӏад баниги гьоркьоб тезе бегьулареб хӏалтӏи.

Цоги батӏиял ресалги гӏемер рукӏинчӏелъул, советияб заманалда гьеб хӏалтӏи гьабулел чагӏи гӏезегӏан рукӏана, гӏаммал магӏишатазе гӏухьбузул рахъалъ къварилъи букӏинчӏо. Нагагьлъун гьел гӏоларого ругони, заманаялъниги гьеб хӏатӏуде ине гӏадамазда (гьезие гӏемер бокьичӏониги) тӏадаблъун гьабулаан росабазул идарабаз. Амма гьедин бугониги, вехьасе щолеб мухь букӏана мадараб, хасго цоги хӏалтӏухъабазе щолезда дандеккун. Вехьасул хӏалтӏуда гӏемер хъинтӏичӏо цӏияб заманалъул хиса-свериял. Гӏияхъанлъиялъул бигьаяб гуреб хӏалтӏуда гьоркьобги захӏматаблъун ккола ихдал гӏодоблъиялдаса мугӏрузде гӏи гочинаби.

Республикаялъул гӏи-боцӏул магӏишатазда гьабсагӏаталда тӏадбан унеб буго гьелде хӏадурлъиялъул цо бутӏалъун кколеб гӏи къунцӏиялъул кампания. Гьелдаса хадуб гӏи чурула дараби журараб лъелъ, тӏоритӏула батӏи-батӏиял ветеринариял тадбирал ва биччала 20-25 сордо-къоялъул нухлул сапаралде, мугӏрузде. Гъуниб районалъул «Сугъралъ» агрофирма ккола гӏи-боцӏухъанлъиялъул рахъалъ республикаялда церетӏурал магӏишатазул цояблъун. Исана гьениб къунцӏизе ккола гӏага-шагарго 12 азарго гӏиялъажо. Цӏцӏани ихдал къунцӏуларо, къунцӏизе бегьуларо-къунцӏараб гьеб нухда цӏорола, цӏадуда-города гъоркье ккани, квешго унтула. Цӏакъго керчлъун бугони гьеб, мугъги жибго тун, къунцӏула магӏарухъе щун хадуб. Гӏи къунцӏиялъе агрофирмаялъ гӏуцӏун буго хасаб, гьеб тадбиралъе киналго шартӏал чӏезарун ругеб цех. Жакъа къоялда гьенив хӏалтӏулев вуго анлъго къунцӏарухъан ва гӏагараб заманалда тӏадеги щвезе вуго цоги лъабгояв. Гьелгун руго гьезул кумекчагӏи — гӏиял гьезухъе рачунел гӏолохъаби, квас бакӏарулел ва гьеб къачӏалел хӏалтӏухъаби, дараби гьарулел ветеринарал. Гьаниб рехсечӏого гӏоларо кӏвар бугеб цо гӏаламат — гӏи къунцӏиялъулъ бугеб цо тамашаяб хӏисаб. Абулаан, добго советияб заманалда цо гӏиялъажоялдаса къунцӏараб квасалъ лъагӏелалъ гьеб хьихьулаанин абун. Цадахъго босун тӏолабго магӏишаталъ къунцӏараб квасуцаги тӏуралаан гьелъул гӏемерал масъалаби. Гьединаб букӏана квасул багьа, гьединабго хӏалалда букӏана гӏи-цӏцӏаназул цӏоко-къехьги. Гьаб заманалда цӏоко-къехьалъул рехсезе гӏураб тӏалабго гьечӏо, квасул килоялъул багьаги ккун буго 30- 40 гъурщиде. Бокьа-бокьарас гьабун бажарулеб иш гуро къунцӏарухъанасул хӏалтӏи, гьелъие къваригӏуна щулияб сахлъи, къуват ва лъикӏаб махщел, хӏалбихьи. Цӏакъго лъикӏаб махщелгун хӏалбихьи бугев, «цеветӏурав» къунцӏарухъанас цо къоялъ къунцӏула 100-гӏанасеб гӏиялъажо. Гьоркьохъеб цо чахъуялдаса къунцӏула 2-2.5 кило квасул, гьабсагӏаталда гьелъул бугеб багьаялда рекъон гьеб ккола 80-100 гъурущ. Цо лемаг къунцӏун къунцӏарухъанасе кьола 120 гъурущ, гьесул кумекчагӏазе ва цоги хӏалтӏухъабазе кьолелъулги хӏисаб гьабун гьеб бахуна 250-300 гъурщиде. Тӏад харжлъула 250-300 гъурущ, квасухъ щола 80-100 гъурущ. Гьединаб буго гьанжесеб хӏакъикъат, хӏисаб дандекколареб, магӏна гӏемер бичӏчӏулареб. Амма гьедин бугониги, мугӏрузде гочиналда цебе гӏи къунцӏичӏого гӏоларо, гурони гьеб бизарлъула, унтула, загӏиплъула, гьелда гьан рекӏунаро.

Гӏабаш Гӏабашилов