Гӏайшат Гъайирбегова ккола Гумбет районалъул Чӏиркъатӏа росдал гьоркьохъеб школалъул учительница. Гьелъ кьола тарихалъул дарсал. Школалда ккарал хиса-басиязулги цӏалдохъабазул эбел-инсул цӏалуде бугеб бербалагьиялъулги хӏакъалъулъ Гӏайшатилгун гара-чӏвари гьабуна нижеца.

— Гӏайшат, кин байбихьараб дур учительлъиялъул нух?

— Школалда цӏалун яхъингун, дир кӏудияб гъира букӏана тӏадегӏанаб лъай босизе. Амма гьелъие рес щвечӏо – дун росасе кьуна. Гьабуна кӏиго лъимерги, гьел дагьал кӏудиял гӏедал, дун заочно цӏализе лъугьана Россиялъул Лъай кьеялъул академиялъул Махӏачхъалаялда бугеб филиалалде. Тӏаса бищана тарихалъул факультет.

— Лъималги хьихьун, рокъой чӏаян лъазабичӏищ дуда бетӏергьанчияс, цӏализе инилан мун лъугьиндал? Якьадалъ ихтияр кьунищ цӏализе ине?

— Дир бетӏергьанчи Камилги вуго тӏадегӏанаб лъай щварав учитель. Гьес лъугӏизабуна ДГПУ. Химиялъулги биологиялъулги дарсал кьола гьес школалда.

Гьелде тӏадеги, дир вуго кутакалда лъикӏав вакьадвас Мухӏамад Гьиматович. Кавказалъул дунявияб институтги гьес рагьун букӏана. Дунгӏан разияб дунялги ахираталъул рукъги кьеги гьесиеян гьарделей йикӏуна дун Аллагьасда. Аскӏой ккараб къоялдаса нахъе жиндирго лъимадул гӏадин тӏалаб гьабуна гьес дир. Жакъаги дие кутакалда кумек гьабула гьес. Хъизамалда бищун кӏудияв вуго гьев.

— Цоцазе рокьунищ росги мунги данделъун рукӏарал?

— Рокьи щиб жояли лъазегӏанго хутӏанищ дунали, лъаларо. Рос вукӏана гӏолохъанав учитель. Инсуца абунаха, кьолей йиго мун рукъалдеян. Дун йикӏана эбелалъул цохӏо йигей яс. Инсул букӏана кӏиабилеб хъизан-лъимал. Дир эбелги гьевги ратӏалъунги рукӏинчӏо. Инсухъа бажарана кӏиябго хъизамалъе гӏадлу гьабизе. Инсудаги эбелалдаги гьоркьоб букӏун батила чанги батӏияб иш ккун, ракӏхвеялъул хӏужа, амма нижеда, лъималазда гьеб лъазе течӏо. Жакъа дун гьелдаса йохарайги йиго: дир руго хӏалимал, дие сундулъго кумекалъе ратулел ва кутакалда хириял вацалги яцалги. Гьел рукӏинчӏелани, дун йикӏинаан янгъизай, чиякъай гӏадан.

Хӏалтӏукьа хӏинкъуларев, бокьараб иш бажарулев ва ракӏалда бугеб гӏумруялде бахъинабизе лъалев чи вукӏана дир эмен. Жакъа гьев нижгун гьечӏо, кӏияйго эбел чӏаго йиго. Дида абула, инсуда релълъарай йигин. Ялъаргъуней ятилаха. Амма дихъаги бажарана, чияда бачӏого, дирго хъизам хьихьизе, гӏумру бачине.

— Школалда хӏалтӏизе байбихьаралдаса 25 сон буго дур. Цебесебги жакъасебги школалда гьоркьоб батӏалъи бугищ?

— Зобалдаги ракьалдаги гьоркьобгӏан батӏалъи буго! Доб заманалда учителасул хӏаракаталъе лъикӏаб жаваб щолаан цӏалдохъабазухъа. Гьез дарсалги лъазарулаан, жамгӏиял ишазулъги гӏахьаллъулаан. Учителасулги заман букӏана лъималгун хӏалтӏизе, бокьулеб пишаялдаса рекӏее рохалил асар щвезе. Учителасул хӏалтӏи жамгӏияталъе къваригӏараб заман букӏана доб. Жакъасев учитель дида вихьула, доб маргьадулъ бицен гьабулеб горалда жанисан бекерахъдулеб гвангваялда релълъун. Гьаб гьабе, доб гьабе, доб цояб рагӏалде бахъинабе ва кинабгоги – гьале гьабсагӏат, нахъе тӏамичӏого! Гьеб букӏунеб жойищ? Дуца дарсиде кинаб хӏадурлъи гьабурабан гьикъулеб заман гуро гьаб. Доб сайталда суратал лъунищ? Гьаб социалияб гьиналда цӏалдохъабазулги гьезул эбел-инсулги хъвай-хъвагӏай гьабунищ?.. Гьебищ учителасул хӏалтӏи? Гьеле гьелде буссинабун буго жакъасеб школалъул хӏаракат.

Информациязулаб гӏасру лъикӏаб жоги батила, амма гьелдаса нилъер халкъалъе пайда бугищали, дида лъаларо. Хисана гӏумруялдего, инсанасул вукӏа-вахъиналдего жамгӏияталъул бербалагьи. 25 соналда жанир ккарал хиса-басиязда хадуб ракӏ гӏодулеб хӏисаб буго жакъа. Цере рукӏарал гӏелазул хӏаракаталъул хӏасилги «кваналаго», унеб буго жакъасеб халкъалъул гӏумру.

— Чанги классал цӏалун ратила дуда цере гьеб заманалда. Кӏудияб гӏумруялде гьел тӏоритӏулелъул, кинаб хӏал букӏунеб?

— Дуда цере анлъгониги соналъ цӏаларал ва щибаб къоялъ рихьулел рукӏарал цӏалдохъабигун ратӏалъи гьеб кутакалда захӏмалъула рекӏее. Гьебги кколелъул дур гӏумруялъул бутӏа. Цересел соназда учителасул хӏалтӏул къимат гьабулаан жамагӏаталъго, гьанже бербалагьи хисун буго. Амма школалъул хӏалтӏиги дирго гӏумруги цадахъаб, ай цогояб ишлъун къабул гьабурай дие цӏакъ захӏмалъула гьеб кӏиябго батӏатӏезабизе.

— Магӏарул газеталъ кинаб бакӏ кколеб дур гӏумруялъулъ?

— Дир эбелалъе кутакалда бокьула «Хӏакъикъат». Гьелъ бана 83 сон. Рагъда эменги тӏагӏарай, инсул лъикӏлъиги щвечӏей гӏадан йиго гьей. Газетаги хъвала нижеца.

— Дуца мунго талихӏайлъун рикӏкӏунищ?

— Дир талихӏ борцине, дида цее йиго эбел. Гӏемераб захӏмат къулчӏизе ккана гьелъ. Умумузул аби гьечӏищха, эмен рокъов гьобол вугин абулеб. Рукъалъул тӏалаб-агъаз гьабула эбелалъ. Долъ хӏехьарабги, баччизе ккараб захӏматги дида бихьичӏо.

Дир йиго кӏиго яс. Цӏакъ лъикӏав эменги вуго гьезул. Ясал руго тӏадегӏанаб лъай щварал махщелчагӏи. Цоялъ лъугӏизабуна Дагъистаналъул медицинаялъул академия, цогидалъ – Правоялъул академия. Руго гьезулги лъимал. Гьединаб хӏалги букӏаго, талихӏкъарай йигин абуни, Аллагьасул ццим бахъинарищ? Кутакалда талихӏай гӏадан йиго дун!

Гара-чӏвари гьабуна

Кавсарат Сулеймановалъ.