Аллагьас гучаб черхги лъикӏаб сахлъиги кьун, кӏодо гьавурав чи вукӏана Сурхай. «Дир мокъокъ», «Дир месед» абун гурони, гьес хитӏаб гьабулароан лъадуде. 75 сон барав херасе цӏакъ захӏмалъана гьей хвей. «Ана дир месед, къана дир талихӏ, бесдаллъана дун», — абун, гӏодулаан пакъир. Заманалдасан гьев бетӏер сверун гӏадин лъугьана ва лъагӏалидасан хвана.

Цоцазе рокьун данделъана Исламги Гӏашатги. Талихӏаб хъизам, лъикӏал лъимал. Херлъана рокьул маххал, унтана лъади. Жакъа-метерин йигей лъадуда цеве, накабазда чӏун, гӏодулаго гьедулаан херав: «Мун гьечӏеб дунял дие кӏваричӏо, дица диего гӏажал босула, дун дуда хадув вачӏуна», — ян. Босичӏо Исламица гӏажал, инчӏо гьев лъадуда хадув. Гьей хун лъагӏел балалде, чӏужу ячине бокьун, сверулев вукӏана. Амма щвечӏо гьесие «кьарияй, ччоборай гӏадан».

Лъади хун мех иналде байбихьана Ибрагьимица къорол руччабазда сверун сентӏезе. «Бичӏчӏичӏо» гьезда херасул мурад, къабуллъичӏо гьесул габуралда къвал базе. Гьезда ццин бахъарас байбихьана гьекъезе. Мехтанщинахъе, иццухъ ругезде ахӏулаан: «Чӏухӏана нуж дие рачӏине. Балагьилаха, Ельцинихъеги ахӏун, къотӏизабила дица нужее пенсия, гьеб мехалъ щвела дие бокьарай», — ян.

Лъади гьечӏев бихьинчи — чӏобогояб рукъ

Херлъун вугониги, къороллъуда хутӏарав чиясе бокьула лъади ячине, чӏужу аскӏой йикӏине ва гьелда цадахъ гӏумру тӏамизе. Амма бегьуларо 60-70 сон барав чияс 20-25 сон барай ячине, гӏемерисебго гьединаб ригьиналъул хӏасил пашманаб ккола. Психологаз малъулеб буго, херал-бахӏаразе лъикӏаб бугила жидерго гӏадаб ригьалъул руччабазулгун ригьин гьаби.

Аслияб куцалда херал бихьиназе руччаби уна, гьел хун хадуб, гьезул нахъе хутӏараб буголъи жидеего щвелин абураб хьулалъ. Гьелъие нугӏлъи гьабулеб цо мисал бачина. Лъабкъоялда анцӏилъа арав къоролав Гӏумарие бокьана мадугьалихъ бугеб росулъа Булбул ячине. Гьелъ гьесда чӏванкъотӏун абуна: «Ячӏина дуца дие шагьаралда кӏиго рукъалъул секция босани яги нижер росулъ мина бани», — ян. Рес щиб, херасул васас бана инсул бахӏаралъе мина, гьабуна бертин. Гьелдаса хадуб лъабго соналдасан хвана Гӏумар, Булбулин абуни, яхъана хъалималъе щвараб цӏияб минаялъуе.

Кигӏан цӏакъал лъимал ругониги, жидерго хӏалтӏи-пишаялдаса гьел регӏуларо кидаго херав инсуда аскӏор рукӏине, гьезул лъималазулги букӏуна жидерго гӏумру-магӏишат. Данде кколей гӏаданалъулгун ригьин гьабуни, гьелъ берцин гьабула гьесул янгъизлъи. Гьединаб хӏалалда эмен вугони, хӏалхьиялда кьижизе бегьула лъималги.

Инсухъ ракӏбухӏун гуро, дунялалъул боцӏи гӏазизлъун

Цо-цо лъималаз инсуца лъади ячин рикӏкӏуна кӏудияб такъсирлъун, батӏи-батӏиял гӏиллаби ратун, бесдал эбелалда лъазабула зар букъараб рагъ. Гьайгьай, инсухъ ракӏбухӏун гьабулеб дагӏба-рагӏи гуро гьеб букӏунеб, гьеб букӏуна жидеего ирсалъе щвезе кколеб буголъиялъул ками ккеялда хӏинкъун. Гӏажаибаб жо, цӏияй бахӏаралъ лъималазда тӏаса босула инсуда хадур гьаризе кколел хъулухъазул ботӏрол унти. Гьединлъидал, бетӏер къулун, гьелъул адаб-хӏурмат гьабизе кколеб бакӏалда, дунялалъул боцӏи сабаблъун гьей хӏакъир гьаюла.

Гьайгьай, жидерго хӏеренай, хӏалимай эбел ракӏалдаса инчӏел лъималазе захӏмат букӏуна гьелъул бакӏалда дадал бахӏарай къабул гьайизе. Лъималазе захӏмалъи гӏайиб гуро, абула росас цӏияй чӏужу ячараб сордоялъ, хварай чӏужуялъул бетӏер горбодаса батӏалъулилан.

Гьайгьай, лъималазе эбел хвей ккола кӏудияб ками, амма гьелдалъун гӏумру лъугӏуларо. Амма щулияб хъизан лъугьуна гӏицӏго бесдал эбелалда росасул лъимал жиндиралголъун рихьулел ругони ва росас лъадул хӏурмат хвараб жо биччалеб гьечӏони.

Цо-цо гӏагарал чагӏаз, гьудул-гьалмагъзабаз ва гьесул чӏахӏиял лъималаз какула, ай гьабизего бегьулареб жолъун рикӏкӏуна херас лъади ячин, гьесие гьитӏинабго талихӏ бокьи. Гьезул пикруялда, хварай лъадуда хадув угьдулаго, хвезегӏан херав чӏезе ккола къороллъуда.

Диналъ беццуларо

къороллъуда чӏей

Шаргӏалъ какараб буго къороллъуда чӏей, лъикӏаблъун рикӏкӏуна, лъимал рукӏин-рукӏунгутӏи цӏехечӏого, лъади хведал, чӏужу ячин. Лъимал мукӏурлъизе ккола шаргӏалъ малъулелда. Гӏисинал лъимал ругев къороласда тӏадаб буго лъади ячине, гьесул лъадуде тӏаде ккола росасул лъималазе тарбия кьеялъул масъала. Лъикӏаблъун рикӏкӏуна, чияр гӏадан ячинчӏого, росасул лъималги рокьулей, гӏумру-магӏишатги лъалей, лъималазе тарбия кьеялъул хӏалбихьиги бугей гӏагарай гӏадан ячин.

Лъималазе алжан —

дадал хӏатӏикь

Къороллъуда вугев инсуда кӏоларо, жиндие лъади ячине бокьун бугин лъималазда рагьун абизе. Гьеб хӏалалда гӏагарал чагӏазда тӏадаб букӏуна, цере рахъун, гьесулгун гьеб суал дандбазе ва, жидедего тӏаде босун, гьесие лъади ячине. Гьеб тадбиралъ квербакъула бесдаллъарал лъималазул ракӏал сахлъиялъе ва эбел гьечӏого чӏобоголъараб бакӏ цӏияй эбелалъ берцин гьабиялъе. Гьелъие нугӏлъун букӏине цо гӏадатияб гуреб лъугьа-бахъиналъул мисал бачина.

Авариялде ккун хвана Ахӏмадил лъади. Рахъ-рахъалде ун васалгун, янгъизлъиялда хутӏана херав. Я хинаб квен гуро, я гьоркьоблъи-къваригӏаралъе аскӏов чи гуро. Лъабго сон бана херас гьеб пакъирлъиялда. Цо пуланаб къоялъ инсухъе щвезе рачӏана васал. Заманалдасан Расулица абуна: «Хирияв эмен, гьадинаб янгъизлъиялда нижеца мун толаро. Нижеда тӏадаб буго мун хьихьизе. Гьедигӏан херлъунги гьечӏо, гьединлъидал нижеца дуда цебе лъолеб буго лъабго шартӏ. Дуца тӏаса бищаралда ниж рази рукӏина. Тӏоцебесеб иргаялда кӏи-кӏи, лъаб-лъаб моцӏ бан, мун вукӏина васазул хъизамазда гӏумру гьабун ва ракӏ рекъараб бакӏалда даималъго рещтӏина. Кӏиабилеб, дуца нижеда йихьизайила лъадилъун ячине бокьарай гӏадан. Лъабабилеб, дуца нижее изну кьела дуе дандекколей гӏадан ялагьизе. Гьедин мун парахат гьавун гурони, ниж гьаниса унаро», -ян.

Ячана васаз инсуе лъикӏай гӏадан. Анцӏила кӏиго соналъ, ай гьев хвезегӏан тӏадчӏараб хъулухъ гьабуна гьелъ херасда хадуб. Гьесул васазулги цӏияй эбелалъулги букӏана цӏакъ берцинаб гьоркьоблъи. Сайгъат-саламгун гьел гӏемер щолаан гьелъухъе, толароан гьелъие камураб жо. Цо-цо гьелда къвалги бан, гьез абулаан: «Эбел, нижеде ккезе течӏого, дуца нижер инсуе хъулухъ гьабуна, гьев дудаса цӏакъ рази вукӏана. Гьанже дуе хъулухъ гьабизе ирга щвана нижеде, мун хвезегӏан, нижеца дур адаб гьабила», — ян.

Кигӏан кӏудияб берцинлъиха букӏараб гьеб гӏаданлъи — лъикӏлъиялъул.

«Дунял буго, дун вуго, дандебусле жо гьео»

Гьаниб борхулеб масъалаялъул буго цо лайикъаб рахъги. Дица бицунеб буго, нахъаса релъулаго гӏадамалгун, 80-85 сон барал цо-цо хараби, хабалъе бох бортарал бихьинал, цӏияй бахӏарай ялагьизе росдал къоролзабахъе ва мадугьалихъ ругел росабалъе хьвадулел рукӏиналъул. «Чӏужу абилалде, цо духъгоги валагье», — ян малъулеб кициялъул хӏисаб гьабе. Гьелъие нугӏлъун букӏине мисалги бачина.

Хвана 82 сонил гӏумруялда вугев Ирбахъалил лъади. Зигараялъ вачӏарав гьоболасда гьес абула, чӏужу хвараб къоялдаса ячараб сордого лъикӏаб букӏанилан. Нух битӏулаго, къан гьесул кверги ккун, абула: «Моцӏидасан дица цӏияй бахӏарай ячине йиго, мун берталъе кватӏуге», — ян.

Гӏемерал къоролруччабазда сверун сентӏана Ирбахъали, амма цонигияй разилъичӏо гьесие ячӏине. Ццин бахъарас къоролзабазе цо «хӏилла» ургъана. Тӏад ретӏана кьер-кьераб ретӏел, цӏвакизаруна хурумалъул чакмаял, ботӏрода лъуна багьаяб бухари-тӏагъур. Гьеб къачӏа-кӏатӏаялда, бачизего лъалареб пандурги хъентӏезабулаго, къойида жаниб кӏиго-лъабго нухалъ сверулаан росу. «Вихьичӏо» гьев къоролзабазда, щвечӏо гьесие лъади. Гьеб мехалъ ургъарал ккола гьесул «Дунял буго, дун вуго, дандебусле жо гьео» абурал рагӏаби.

Ран руго гӏемерал сонал, ахиралде щун буго гӏумру, херлъун, тату хун буго черхалъул. Кинай лъади, кинаб бертин?! «Чӏорого квералги» росун ахираталде ине бегьуларо, гӏумруялъул ахирал къоялгӏаги Аллагьасе гӏибадат гьабиялда тӏамизе ккела.

Нури Нуриев