Щуабилеб декабралда Махӏачхъалаялда, Р. Хӏамзатовасул цӏаралда бугеб миллияб библиотекаялда тӏобитӏана магӏарул машгьурав шагӏир Жабрагӏил Хӏасанов ракӏалде щвезавиялъул тадбир. Гьеб нухда бачана Дагъистаналъул мустахӏикъва артист Хирамухӏамад Хирамухӏамадовас. Гьес гӏатӏидго бицана шагӏирасул гӏумруялъул ва творчествоялъул хӏакъалъулъ, ракӏалдасан цӏалана гьесул кучӏдул. Гьедиго Жабрагӏилил пагьму-гьунаралъул бицана Дагъистаналъул халкъиял шагӏирзаби Тубхӏат Зургьаловалъ ва Мухӏамад Хӏамзаевас, Авар театралъул директор Мухӏамад Бисавгӏалиевас, шагӏир ва журналист Мухӏамадрасул Гӏумаровас ва цогидазги. Дандеруссиналъул ахиралда Жабрагӏилил рагӏабазда кучӏдул ахӏана Дагъистаналъул халкъияв артист Мухӏамад- Тӏамир Синдикъовас.
Гьаниб гъоркьехун кьолеб буго Тубхӏат Зургьаловалъул Жабрагӏил Хӏасановасул хӏакъалъулъ ракӏалдещвеял.
Шамай Хъазанбиева
«Гьадинаб жойищ гьаб гӏумру букӏараб,
Гӏурччинаб ихилан дир хиял ккараб.
Гӏадамасул гьумер гьимараб мехалъ,
Цо хӏилла батилин хӏинкъизе ккараб.
* * *
«Дуда эбелалъул берал рихьанищ,
Балагьун гӏорцӏичӏел гӏумруялъго духъ?
Дуда эбелалъул кверал рихьанищ,
Кинабго дуе кьун, ракъван тӏагӏарал?..
…Эбелилан абун, Аллагьас йижун,
Ракьалде биччараб Бичасул хӏикмат,
Мун вихьараб мехалъ кӏудияй гӏолей,
Дуца тараб мехалъ гьитӏинлъун уней».
* * *
«Гьал чӏинчӏалги чӏвачӏел, каралги ххарал,
Керенги бетӏерги бакъалда лъурал,
Гьал эгъе борхатал ясаца гуро
Цӏунараб Ахӏулгохӏ имамгун цадахъ.
Гьал бащдал толохӏоч къватӏахъ рихьулел,
Рахьдал мацӏ лъаларел лъималги гуро
Улбузул хьолбода, хунжрулги рахъун,
Хвезегӏан рагъарал гъазаваталда…»
* * *
«Гьаб нилъер векалъул пикру гьабидал,
Бикъулел, хъамулел хъурмал рихьидал,
Дарман къотӏарабго, къо бухӏарабго,
Дица ахӏун тола: далай-далалай…
…Реццун ругьунлъарал хӏакимзабиги,
Хӏелхӏедун ругьунал гьал гӏадамалги,
Бихьинчилъи гьечӏеб гьаб гӏаламалде
Дица ахӏун тола: далай-далалай…»
Гьал шигӏрабаздаса мухъал руго магӏарулазда рагӏарал, лъалел, лъазего лъачӏого пикрабазулъ рессун ратулел. Гьезул ва гьел гурел гӏемерал цогидазулги автор ккола Шамил районалъул Гъоркьа Бакълъухъа мунагьал чураяв Жабрагӏил Хӏасанов.
Жабрагӏил вукӏана гӏадамалги хирияв гьезиеги хирияв чи. ДГУялъул филологияб факультеталъул отделениялда кӏиабилеб курсалда цӏалулеб заманалда галаби тӏамизе рес кьечӏеб унтуца унтана гьев. Амма гьеб дагьаб заманалдацин мугӏалимзабазулги цадахъ цӏалулезулги ракӏал гӏатӏидги рацӏцӏадги гьаризе хӏикматаб гьунар кьун букӏана Бетӏергьанас гьесие. Гьев лъаларев чи, факультеталда гуребги, университеталдагоги вукӏун ватиларо.
Дарсил цӏумур кьабидал, дун йигеб аудиториялде рагьун нуцӏагун, «Тубхӏат! На выход!» — ин ахӏулаан гьес, мугӏалимасул санцин гьабичӏого. Гьес ахӏидал, цоги нухалъ ахӏизегӏан тани, цо-цояз «Нилъер шагӏирзабиян» махсара гьабилалде, дун жанахӏалде щолаан. Перерывалъул заманалда жиндирго «каранда кьабгӏелеб бугеб» цӏияб кечӏ цӏализе, гьеб бичӏчӏизе кӏолей студентка-магӏарулай, шигӏру хирияй гӏадан доб мехалъ цӏалулезда гъорлъ дун гурей йикӏинчӏолъиялъги батила, гьесухъ гӏенеккун дунги, дихъ гӏенеккун гьевги рихьи гӏадатияб сурат букӏана киназего. Амма, гӏел бащадал ругониги, гьесул кечӏалдаса «нечолаан» дир кечӏ, гьес какиялдаса, экзаменалдаса гӏадин, хӏинкъулаан дир сарин. Сонал анагӏан бичӏчӏана Бакълъухъа Жабрагӏил дие магӏарул кочӏол гӏелму рекӏелъе тӏолев, гьеб жиндирго бидулъ бессарав, сахлъи кьечӏелъухъ Аллагьас хӏикматаб гьунар кьурав, рагӏул бегӏерлъиялъ цогидаздаса батӏияв инсан вукӏин. Гьанже пикру гьабула гӏадада рукӏун гьечӏин Аллагьас нижер гӏелги гӏумруялъул нухги релълъинабурабин абун. Щайгурелъул нижер кӏиязулго пикрабазулъги ракӏазулъги аслияблъун, кечӏ цӏалулеб мехалъ дунял кӏоченабулеблъун, бералги къанщун, квералги хьвагӏун кучӏдул цӏализе ниж тӏамулеблъун, жинда кинабгӏаги асар бащалъулареблъун букӏана ва хутӏана хирияб миллаталдеги, гьелъул тарихалдеги, гьеб тарихалъул аслулъун вугев Тӏадегӏанав Аллагьасдеги рокьи…
…Цӏаралгун шапакъатал цӏехолел цогидалги тун, Жабрагӏилил шигӏраби цӏехолел адабият бокьулел магӏарулал рукӏиналъги бицуна гьес дунялалда тараб лъалкӏалъулги, я гьаниб лъиего пайда гьечӏеб, я доба жидеего батулареб гӏадада хъвадариялъ гьел цойгияз лъеда полоп гӏадин инабун батараб гӏумруялъулги. Гьесул гӏадаб шигӏру лъугьине ккани, гьевлъун рукӏине ккола… Тӏадехун рехсохъе, гьесул гӏадаб рокьи букӏине ккола магӏарул рагӏудеги, гьесул гӏадаб гӏищкъу букӏине ккола миллаталдеги, гьесие гӏадин, гӏодулаго хиралъизе ккола Ахӏулгохӏги; гьев гӏадин къулизе ккола жиндирго миллат цогидаздаса борхалъизе гьабурал гьелъул имамзабазеги, устарзабазеги, гьезул баракаталъ ккун бугеб гьелъул къисматалъеги; гьесул гӏадин гиризе ккола магӏу, гьеб киналъулго къиматги гьабуларел, къадруги цӏунуларел «гӏасияб мехалъул мехтарал лъимал» рихьунги, гурхӏел тӏадегӏанав Аллагьасул сабруялъул хӏисаб гьабунги…
Цевечӏола Жабрагӏил, гьеб киналъулго пикрабаз бакӏарараб, бицине кӏолареб, рехсон бажарулареб, малъкъосиналъ керен къакъалеб, гьадаб цо, магӏил гороян жинда абулеб, дунялалъухъги валагьун, гьелъул хӏакъалъулъ ургъел бикьизе щоларел, регӏун гьечӏел гӏадамазухъги урхъун, «цӏвак-цӏвакун зобалахъ цӏвабиги ругеб, цӏар ахӏун ватизе гӏаданги гьечӏеб» лахӏзат, зодоб бакъ бугонигицин, бачӏанщинаб къоялъги, унебщинаб моцӏалъги, лъугӏун батараб соналъги, жинцаго гӏадамазухъе гали базе рес гьечӏолъиялъ, гордухъан гурони, бихьулареб гургинаб дунялалъулги, гьанибго толеб гьелъул хӏисаб гьабуларел гьезулги хӏакъалъулъ пикраби цолъун, лъимцин къулчӏизе биччалареб магӏил гӏомоялъ мукъулукъ бацарав, столалдаги чӏарбидаги, лъукъарал къункъраби гӏадин, тӏиритӏарал, къваридал, пашманал шигӏраби берцинаб хатӏалъ тӏад хъварал тӏанчазухъги валагьун…
Цӏала-цӏалараб кечӏ чӏарбиде «боржине» биччалаан Жабрагӏилица. Гьел кучӏдул гӏадамазухъе роржине, басмаялда рахъизе ккелин киданиги ракӏалдеги кколароан. Гьудулзабазе цӏалулаго гьел гӏенеккун чӏаниги, цӏалун хадуб гьезул пикру лъаниги гӏолаан.
Жабрагӏилил кучӏдузда бижизабуна Тӏадегӏанав Аллагьас гьесул бохдузе кьечӏеб рухӏ, гьесул рекӏелъе тӏуна Бетӏергьанас гӏадамал кантӏулеб рагӏи абизе шавкъ, гьесул ботӏролъ бекьана Аллагьас унго-унгояб, бацӏцӏадаб, боцӏиялъ бецлъаразе канлъи рагьулеб пикру, рагӏарабго гӏенеккарасул рекӏелъги ботӏролъги хутӏичӏого рес гьечӏеб, кечӏалъ тарбия кидаго кьолеб букӏараб магӏарул халкъалъе хиралъараб, бигьаго ургьибе унеб гӏакъиллъи хасиятаб Шигӏру.
Гьединлъидал гьесул шигӏраби тӏехьалдаса цере роржана халкъалъухъе, халкъиял кучӏдул гӏадин, авторасул цӏаралдасаги цере тӏиритӏана магӏарулазда гъорлъ. Гьесул кучӏдузул гьайбатлъиги гъварилъиги цоги миллаталдаги бихьизе, нилъер адабияталда жакъа байрахъулаблъунцин лъугьун бугеб, гьелъухъе жинцаго нух бахъараб Жабрагӏил Хӏасановасул шигӏруялъ гьелги асир гьаризе, гӏурус мацӏалде руссинаризе ккелин пикру бачӏарай дун, дагьай ургъидал, рекӏекълъана. Цониги таржамачи-шагӏирасда Жабрагӏилил рагӏабазул гъварилъиги, гьесул рахьдал мацӏалъул бечелъиги, гьелъул хасаб гугьарги гӏурус мацӏалда кьун бажарулареблъи бичӏчӏана (Цӏадаса Хӏамзатилги, Чӏанкӏалги, Гӏалихӏажиясулги, Махӏмудилги гӏадин). Хасго Ахӏулгохӏалдеги имамзабаздеги гьарурал шигӏраби…
* * *
Хъвадариялъе гьунаралда цадахъго Аллагьас Жабрагӏилие кьун букӏана жахӏда-хӏусуд гьечӏеб, рагӏиги шигӏруги хирияб, жакъаги цоцазе ритӏухъаб гьудуллъи нижелъ доб мехалъго гьес бекьиялъ жиндие ниж налъулаблъун бугеб рекӏел бацӏцӏалъиги, гьелдаго цадахъ гьев гьудулзабазе дагьавги хиралъизавулеб бегӏераб рагӏиги, гӏажаибго гӏужилаб махсараги. Гӏунараб гӏамалалъул чиясдаса гӏадамал рикӏкӏалъулел гӏадин, гӏатӏидаб рекӏел Жабрагӏилида аскӏоса нахъе ине бокьулароан. Кочӏодалъунги гьабулаан гьес махсара. (Студенталлъун ругеб мехалъго цо нухалъ дун гьаюраб къо баркизе, нижер общежитиялъул ункъабилеб тӏалаялде вачӏана Жабрагӏил… Жаниве лъугьун вачӏунаго тӏоцере абурал, жинда дур нуцӏикӏалтӏа чӏун ратанин гьал мухъалин, ахӏулеб гӏадин, гьес ххенезарурал рагӏаби рукӏана: «Тубхӏааааат! Мун гьаюраб къо буго къойил гьаб дунялалда, Мун йижичӏеб къо буго къиямасеб ракьалда!») Гьеб махсара гӏамалалъулъ бессараб, гьелъулъги хасаб гӏакъиллъи бугеб хасияталъ гьес живгоги къисматалдаса хвасар гьавулев вугеблъи бихьулаан дида… Гьединлъидалги унаан дун, цӏалиги рехун тезе ккун, магӏарухъе гочун, лъова чӏарав Жабрагӏил эхеве вачӏиндал, гьес ахӏаралъуе.
Кочӏолъ къваридаб ракӏ гӏумруялъулъ кутакалда гӏатӏидаб букӏана гьесул. Кечӏ хъвалаго жибго дунялгун хутӏидал, гьудулзабазул горсверулъ гьеб кӏочон толеб букӏиндал. Цо-цо кучӏдузулъ релъизейилан ккаралги рагӏабазулъцин добго пашманлъи букӏунаан. Гьеб бичӏчӏиларо цого-цо пикру гьечӏев чиясда:
«Мун гьаб дунялалъул боцӏуе гӏоло
Цӏан тӏажу бахъизе лъугьунге, гьудул…»
Гьаб кӏиго мухъалъулъ батула кинабго, аслияб – гӏадатияб къагӏидаялъ гӏадатиял магӏарулаз абулел (гӏурус мацӏалде руссинаруни, лъидаго ричӏчӏизе гьечӏел), бегӏералги магӏна гъваридалги рагӏаби Жабрагӏилихъе рачӏун руго жалго рекерун, цӏакъ гьел хӏажатабги, гьел гурони, рекъезе рукӏинчӏебги бакӏалде. Боцӏуе гӏоло «гӏицӏлъулел» ругел гӏадамал рихьун, ракӏкъалеб мех диргоги гӏемераб букӏуна. Пайда щиб, дир гьудул Жабрагӏил, гьезда кколелъул жал рихьулел гьечӏилан… Гьезул гӏадаб гӏумру гъадицаги гьабула, гьединлъидал, къокъаб букӏаниги, къадруябги рагӏулъгицин баракат бугебги дур гӏумруги бергьана, дур цӏарги халкъалъе хутӏана.
Жабрагӏилил баракатлъун лъугьана дие сундасаго цебе гьесул сверухълъи. Гьесдасан щвезе хъван букӏун буго дир дунял чӏаго гьабулел, дирги дир шигӏруялъулги даража гӏодобе ккезе биччачӏел, жал рихьанщинахъе вацал рихьараб хӏисаб дие кколел (гьезда дунги вацилан кколей ятула, щайгурелъул Жабрагӏилицаги гьесдаса хадув лъарав Гъалбацӏовасги Тубхӏатил бакӏалда Тӏалхӏатин ахӏулеб букӏиндал диде), жалгун цадахъ, доб мехалъ гӏадин, бокьараб бакӏалде дун ине кӏолел, дир гӏамалалъе дандекколеб, шигӏруги, рагӏиги, миллаталъул тарихги хирияб ракӏазул гьелчей бугел, гьелго ракӏазул рацӏцӏалъи дие бокьулел, доб гӏакълу гьечӏеб гӏолохъанаб мехалъ жидеца дир напсгицин цӏунаралъухъ дица жидехъги Бетӏергьан Аллагьасе щукру гьабулел Кьурукьмухъалъул васал: Гъоркьа Бакълъухъа Мухӏамад Хӏамзаевги, Мухӏамадрасул Гӏумаровги, Занатӏаса, Тӏаса Бакълъухъа, Гьандихъа, Могьохъа Жабрагӏилилги шигӏруялъулги адаб гьабулелщинал. Даимго Аллагь разилъи гьарула дица гьезиеги, мунагьал чураги нижер гьудуллъиялъеги гьелъулъ гӏаданлъиялъеги баракатлъун лъугьарав Жабрагӏилилги. Гьанибго абичӏого гӏоларо гьеб мухъалъул васазулъ, иманалда цадахъ, адабияталде, гӏакъилаб каламалде, шигӏруялде ракӏазулъ бессараб рокьиялъ хӏикмалъизе бачӏунин кидаго. Гьелълъидал гьезие Жабрагӏилги хирияв вукӏарав. Гьелълъидал гьезда дилъ, гӏолохъанай яс гурей, шигӏруялъ жидеда гъорлъе ячарай, гьелде бугеб рокьиялъ жалгун ящалъизаюрай кочӏол яс йихьулей йикӏарай. Баркалаха нужее, Кьурукьмухъалдаса кьуричӏого дида хьолбохъ жеги ругел, Жабрагӏилица диде гьабулеб божел бикьарал, нуж рихьанщинахъе ракӏалдещвеяз дирги ракӏ тирхулел, тӏул бикьичӏониги, ракӏ бикьарал вацал. (Гьезда гъорлъа Мухӏамад Хӏамзаевги Мухӏамадрасул Гӏумаровги гьесда хьолбохъаги гьесул пикрабалъаги араб мехго букӏун батиларо, росуцоял гурелги, тӏоцереги ахиралдаги гьесда кверчӏвалелги, гьес жиндирго кучӏдузулъ «гьудул…» абун, гӏемерисеб мехалъ кечӏ бижулагоцин цадахъ рукӏун, рехсолел, гьев Ахӏулгохӏдеги цоги бакӏаздеги вачунел рукӏарал… Гьезул кучӏдузулгицин букӏуна релълъараб гъварилъи, релълъараб миллат бокьи, гьелъул тарих хиралъи… Цо-цоял дихъе кӏалъазецин кӏалъала гьаб кечӏ Жабрагӏилилищила, Хӏамзаевасулищила абун… Гьеб релълъин буго, рагӏабиги, мухъалги такрар гьарулеб гуреб, ракӏазулъ бугеб, нилъго, магӏарулалги, нилъер тарихги, Ватӏанги, Тӏадегӏанав Аллагьги цолъараб, гьеб цолъиялда тӏаде (яги гьеб цолъизабуралъухъ) Бетӏергьанас гьунарги кьураб жидеего хасаб релълъин.
* * *
Нижер горсвериялъул буго батӏияб, цогиязда релълъинчӏеб, шагӏирзабазул къисмат. Гьеб горсвериялъул ракӏалдещвеялги рукӏуна батӏиял, нижго гӏадал, гӏарацги боцӏи-панзги гъорлъ гьечӏел. Гьел ракӏалдещвеязул аслияб асарлъун лъугьуна ниж урхъун ратараб мехалде щун рати… Гьеб асаралъулъ ращалъуларо цо-цо мехалъ, гӏумруялъул гьадаб бутӏа хутӏун, хутӏанщинал соналги, хъулухъал-ишалги, бищун кутакав хӏакимчиясул тахги…
Гьаб бакӏалда ракӏалде щвана нижер цо данделъиги. Жабрагӏил эхеве вачӏун вугин, хехго Батырайил къотӏное ахӏулей йигин лъазаби щвана хӏалтӏуда, тӏахьазул издательствоялда йигей дихъе. Цӏиял кучӏдулги росизе кколаан кидаго. Гурони Жабрагӏилица, субалочин, дуда хъвадарейин гурищ лъазабун тун букӏарабин, нечезаюлаан. Щванаха Батырайил къотӏноб Хӏамзаевас ккун букӏараб, нуцӏа рагьун, къотӏносанго жанибе гали бегьани, гьеб гали рукъ бакьулъе кколеб, гьитӏинаб, Жабрагӏил вачӏанщинахъе гьесул штаб-квартираялде сверулеб букӏараб рокъое.
Дунги ячӏун вохарав Жабрагӏил ахӏдана Хӏамзаевасде: «Мухӏамад! Хехго гьанире, бездарал! Бездарал сокӏкӏе Тубхӏатида гъоркь!» — илан. Сокӏкӏана тӏахьазул сиги, ссиялда гӏодой чӏана дунги. Ягъарани, биххизе хӏадураб гьадаб «бездаразул бакӏуха» дица кьелареб гьаб жакъаги бищун борхатабги, тирулебги, сверулебги, жинда кӏусизе ихтияр цо нухалъ щваравги, нагагь гьеб кодоса инадайин, кьижизе гурев рокъове унаревги, у-унайин, гьебги ккун чӏун, чӏван гурони, нахъе унаревги хӏакимчи кӏусараб доб тахалъухъ.
Хӏамзаевас ккун букӏараб гьеб гьитӏинаб рукъги кьелароан гьал хъулбузухъ. Хӏанги, чедги, помидорги, гьезда гъоркьги тӏадги Жабрагӏилил кучӏдулги, адабияталъул вакилзабазул хӏакъалъулъ рицунел кепал лъугьа-бахъиналги – гьебги кьелароан жалгоги бечедал, гӏамалги учузал, чехь гӏорцӏиялъ гӏагӏаялда гурони релъизе гӏакълуги гьечӏел, ракӏалги мискинал цо-цо чагӏазул гӏумруялъухъго.
Нижер гьеб вацлъи дир хӏалтӏудаги лъалаан. Цо нухалъ директорасул секретарь ячӏана: «Тубхат, по-моему, это письмо тебе», — йиланги абун. Ялагьана конверталде. «Кому» абураб бакӏалда хъван буго (кинабго машинкаялъ кьабун, дида хатӏ лъалелъулги, гьеб дихъе битӏараб бакӏги – махсара дие гурелъулги): «Зургалову Тӏалхӏату», — йин. «От кого» абураб бакӏалда – «Советский РОВД» абун. (Доб мехалъ Шамил район Советский район букӏиндал), Махӏачхъалаялъул цо районги Советский букӏиндал… Хӏинкъараб дир куцги бихьун, гьей чӏана дица конверт рагьизегӏан. Тӏоцебесеб мухъалдаго букӏана: «Хӏинкъарайищ, товарищ Тӏалхӏат? Гьедин хӏинкъизайизе йиго нодо багьизегӏан какал рачӏони…», — ян.
Как-кӏалалъе цӏакъай кийха дун йикӏиней доб мехалъ, жеги, Жабрагӏилица абухъе, Гъунисаги йигони. Ахирал соназ цо нухалъ гьес абуна: «Гьанже бегьула мун Бакълъухъ Гохӏда юкъизе», — ян. Ахӏулгохӏалъул тарих, жиндие гӏадин, дие хиралъиялъги, Сагӏид-афандиясулги цогиязулги исламиял тӏахьазе редакторлъи гьабиялъги, жиндиргоги баракаталъ, жиндаго лъикӏ лъалеб, аскӏоб бугеб Занатӏаса хъизамалде дир къадар хъваялъги, цоги-цогидалъги мустахӏикълъана дун гьесул рецц-бакъалъе. Гьебги дие Бакълъухъа Жабрагӏилил шапакъатлъун букӏана…
Телефонал раккаралдаса гьенисанги цӏалулаан нижеца цоцазе кучӏдул. Цо-цо Бакълъухъеги щолаан гьесухъе гьоболлъухъ. Гьединаб букӏана, гӏумруялъул киналгӏаги законалги нижерго жинсиял гӏаламаталги цӏехолареб, Жабрагӏилица кьучӏ лъураб, гьесул гьудулзабазулги дирги, шагӏирзабазул ракӏазул законазе гурони мукӏурлъулареб, бацӏцӏадабги борхатабги гьудуллъи.
Вихьичӏого гӏезегӏан сонал индал, Махӏачхъалаялъул госпиталалда вегарав гьесде яккизеги щун, тӏадюссун унаго, пашманаб рекӏелъе рачӏарал пикраби рикьараб кечӏги гьаниб лъун, лъугӏизе тани гурони, лъугӏелго батизехъин гьечӏин мунагьал чураяв, сахлъи гьечӏолъиялъ, кӏудияв шагӏирасул къисмат къокълъарав, амма жиндир къалмил тӏогьиб Тӏадегӏанав Аллагьас Ватӏан бокьиялъул баракат лъурав, цӏаралгун шапакъатал щвечӏониги, халкъалъул беразда вихьичӏониги, гьелъ цӏалулев, цӏехолев Гъоркьа Бакълъухъа Жабрагӏил Хӏасановасул хӏакъалъулъ ракӏалдещвеязул цо-цоялги гьесул шигӏруялъе дида кьун бажарулареб къиматги…
«Чӏаго хутӏарав шагьид»
Жабрагӏил вачӏун вуго
Магӏарухъа эхеве.
Анивго чӏолевани,
Дунялалъул ракӏгъезе…
Жабрагӏил вачӏун вуго
Аб Махӏачхъалаялде.
Бакълъухъа бакъалъ ахӏун,
Инаха ав эхеде…
Жавгьар гӏадаб рекӏелъа,
Лъикӏлъи гуреб, бикьичӏев,
Дуниялалъул рокъоб,
Рохел гуреб, бекьичӏев,
Бачӏараб къоялъегун
Къанщараб сордоялъе
Даимав нугӏ гӏадинан,
Гӏодов чӏарав Жабрагӏил.
Бачӏунебгун унелъе
Сапар-сагӏат битӏизе
Бетӏергьанас вищарав
Заманалъул хъаравул,
Аварагасде витӏун,
Уммат кантӏизабурав
Малаикасул цӏаруй
Мустахӏикъав Жабрагӏил.
Сардалги рорчӏун дуца
Аб дуниял кӏикӏула,
Басрияб тӏимугъ гӏадин,
Хадубго кӏобокӏула.
Кӏудиясул рагьдухъе
Рилълъин гӏагарлъарабго,
Гӏансилгӏан пайда гьечӏеб
Гьеб тӏубан учузлъула.
Ахӏулгохӏалъул тарих
Байрахълъун ккурав шагӏир,
Дуцаго абухъего,
Чӏаго хутӏарав шагьид,
Шагьиялде сверулеб
Буго панадуниял
Дур пикрабазухъ гӏинбан
Гӏенеккарай диеги.
Аллагьас нижей кьурав
Рагӏабазул малаик,
Мун гӏун вуго гӏумрудул
Магӏна лъазе, Жабрагӏил.
Гордухъ маркӏачӏумехги,
Рагьдухъ ахирзаманги…
Дур палата, Парида…
Пардав къаге, Жабрагӏил!
…Къана Жабрагӏилицаги пардав… Лъугӏана дунялалъул театралда «хӏараб» шагӏирасул, ахӏи-хӏур гьечӏого араб, амма жиндирго халкъалъе, гьелъул наслабазе рагӏудалъун тарбия кьураб, къокъаб, баракатаб гӏумру. Чӏикӏаса Кӏудиясухъе зияраталъ хӏалица галаби росулев Жабрагӏил вачӏараб мехалъ устарас абун буго: «Гьедин, захӏматго вилълъун вачӏинчӏониги гӏелаан, дир вас, мун», — илан. «Гьаб дунялалъе гьаб рилълъинги гӏун буго, дур баракат щваяв дир устар», — ин Жабрагӏилица кьураб жаваб цӏакъ рекӏее гӏун буго Сагӏид-афандиясе…
Дунялалъул рокъоб баракат гӏадин, Ахираталъул рокъоб дурго устарасул шапагӏат камунги хутӏугеги, Жабрагӏил!
Чӏаго вукӏаго, рухӏгӏан хириял Ахӏулгохӏалъул шагьидзабазда гъорлъ хъванги ватаги, Жабрагӏил!
Тубхӏат ЗУРГЬАЛОВА