Жакъа нилъер гӏумру тӏубанго буссун буго социалиял гьиназде. Щивав чи вуго пуланал къокъабазда. Бокьун буго гьединаб цо къокъаялда ккараб бахӏсалъул хӏакъалъулъ бицине.

Гьеб буго дир курсцоязул къокъа. Цоял хӏалтӏулел руго лъималазул ахикь тарбиячагӏилъун, цогидал – байбихьул школалда, лъабабилел – педагогикаги жибго тун, батӏияб пишаялде ран руго. Гьал къоязда Лак районалдаса Разиятица – гьей ккола тарбиячӏужу – къокъаялда гьикъана: «Дида гьарулеб буго школалда учительлъун хӏалтӏизе ячӏаян, лъабабилеб класс кьелин абун. Гьенив вуго 8-10 цӏалдохъан. Битӏараб бицани, педучилище лъугӏаралдаса нахъе тарбиячӏужулъунги хӏалтӏун, гьеб иш кутакалда бокьула дие. Росуцоязул гьариги тӏубанго нахъчӏвазе кӏоларого йиго. Кинаб гӏакълу кьелеб нужеца дие? Инищ дун школалда хӏалтӏизе?» — ян.

Гьелъие кьурал жавабаз бихьизабулеб буго жакъа лъай кьеялъул идарабазда бугеб хӏакъикъат. Гьединлъидал гьел гьанир кьолел руго хисизаричӏого.

Мадина (Буйнакск шагьар): «Гьанже школалда буго цӏакъ захӏматаб программа. Гьелде тӏадеги, учитель регӏизего толев гьечӏо аслияб хӏалтӏуде – дарсал кьезе. Гьаб платформаялда, доб порталалда, гьадаб сайталда – киса-кибего хъвай-хъвагӏай гьабизе тӏамула учительзаби жидерго, лъималазул ва гьезул эбел-инсул. Кутакалда захӏмат буго гьаб заманалда школалда хӏалтӏизе».

Патӏимат (Ставрополь край): «Битӏараб абулеб буго Мадинаца. Лъаларо, Дагъистаналда иш кин бугебали, амма нижер гьаниб битӏахъе хӏухьел цӏазе заман щоларо. Гьанир-дора хъвай-хъвагӏаял гьаризе ккани, цӏалдохъабазул эбел-инсуда гьардезе ккола, щивасулгун гӏаммаб мацӏ батизе ккола. Гьелде тӏаде, МЭШила, ЦОКила – ричӏчӏизе захӏматал къокълъизарурал рагӏабазда нахъа бахчун буго учителасул заман чӏвалеб цоги балагь. Йохъ, цо гуро, чанго балагь! Гьебги дагь бихьулеб батила лъай кьеялъул хӏакимзабазда. Тарбия кьеялъул тадбиралинги абун, ургъула цо жал. Масала, «Движение первых», волонтерал – чӏанда!!! Нилъер заманалда кьолеб букӏана унго-унгояб тарбия. Гӏуцӏулел ва тӏоритӏулел рукӏана хӏакъикъаталдаги пайдаял, рекӏелъ цӏунун хутӏулел тадбирал. Гьанжейин абуни, ахӏула яги лъазабула пуланаб тадбир букӏине бугилан. Гьенир рахъарал суратал, видео-роликал лъола социалиял гьиназда яги школалъул сайталда, гьелдалъун лъугӏула тарбия кьеялъул иш.

Мукъсанаб гурони харжги кьоларо учителасе. Дир классалда вуго 27 цӏалдохъан. Дагьабищ букӏунеб гьезулгун гьабулеб хӏалтӏи?! Соналдаса соналде гӏемерлъулебги буго гьеб. Амма моцӏрол харжиде тӏаде бачӏунеб жого батуларо. Гьединлъидал гӏолилаз инкарги гьабула школалда хӏалтӏизе. Исана нижехъе ячӏана гӏолохъанай педагог. Жиндие щолила техничкаялъе щолелдаса кӏиазарго гъурущалъ цӏикӏкӏараб харж. Гьаб харжихъ хӏалтӏизе жий рази гьечӏинги абун, тӏоцебесеб четверталдаса хадуй нахъе ана гьей.

Гӏемерал соназ лъималазул ахалда хӏалтӏарай дуе гӏемерго лъикӏ буго гьенийго чӏани».

Гульнара (Бабаюрт район): «Дун хӏалтӏула росдал школалда. Дир вуго анлъго цӏалдохъан (дагьал комплектазулаб школа буго). Киналго школазда – шагьаралда яги росулъ букӏа, батӏалъи гьечӏо, хӏалтӏула цогояб программаялда рекъон. Цебе росдал школалда хӏалтӏулев учителасе бигьалъаби рукӏунаан, программаги батӏи-батӏияб букӏана. Гьанже кинабго цойиде бачун буго.

Абулеб буго, тӏасияб соналда МРОТ (хӏалтӏухъ кьолеб мухьалъул бищун дагьаб роцен) цӏикӏкӏинабизе бугилан. Цӏикӏкӏинабуни щиб – учителасдаса гӏемер щвезе буго техникияв хӏалтӏухъанасе. Гьебги хӏехьелаан – нилъ ругьунал ругелъул, чӏобогоцин хӏалтӏизе нахъе къаларо учительзаби, хӏалтӏизе рес кьолебани!!! Щибго пайда гьечӏеб хъвадари сабаблъун дарсиде хӏадурлъизеги ракӏбохулеб хӏалалда дарс кьезеги заман толаро. Гьебгӏан захӏмалъулеб жо гьечӏо дие! Лъие хӏажатаб жо гьеб?! Гьединаб хӏалалъ лъикӏал, лъай камилал педагогал лъутизарулел руго школалдаса. Классал рацӏцӏинедай инаян йикӏуна дунгоцин. Жавабчилъиги гьечӏо, харжги гӏемераб щвела».

Гугьарша (Чӏарада район): «Ясаз гьаниб рагьана жакъасеб школалъул унго-унгояб хӏакъикъат. Цебе нилъедаса тӏалаб гьабулаан хӏалтӏул хӏасил, ай цӏалдохъабазе нилъеца кьураб лъаялъухъ халгьабулаан, рукӏа-рахъине малъулеб бугищали халкколаан. Гьанже щиб къваригӏун бугеб нилъедаса? Гӏицӏго кагътиде буссинабураб хӏаракаталъул хӏасил! «Орлята Дагестана», «Движение первых» — рахъана суратал, ритӏана тӏалаб гьабураб бакӏалде ва гьелдалъун дур классалъул, школалъул цӏар тӏибитӏана. Хӏакъикъат лъиениги хӏажат гьечӏо».

Саният (Махӏачхъала): «Росабалъ бигьа буго хӏалтӏизе. Шагьаралъул школазда классазда вуго 38-40 цӏалдохъан. Цо-цо классазда жеги цӏикӏкӏунгиха. Кин гьезда малъизе кколеб цӏализеги хъвазеги? Кӏихӏи вихъун дарс кьуниги, щибаб лъимералда бичӏчӏизабизе кутакалда захӏмалъула. Гьединлъидал школалдаса нахъе унел руго учительзабиги. Хутӏаразда бачинабула кӏи-кӏи класс. Кӏиябго сменаялда хӏалтӏизе тӏамула учитель. Цо классгун хӏалтӏун, свакан, тату хварав педагог, хӏухьбахъизе заманго батуларев, кӏиабилеб сменаялдаги дарсал кьезе хӏажатавлъун ккола. Кинаб хӏасил букӏинеб гьединаб хӏалтӏул? Хъизам хьихьизе хӏажатал гъурщазухъ чӏван лъола нилъеца чорхол сахлъи…».

Учителасул къисматалъул ургъалида бугоан «Дир хирияб Ватӏан» абураб жамгӏияталда гьоркьобе унеб «Учительзаби ва преподавательзаби» абураб къокъаги.

Вашалав: «Жакъа дир гара-чӏвари ккана байбихьул классазул цо учительницагун. Цӏехана, школалда, лъай кьеялда цӏияб щиб бугебилан. Гьелъухъ гӏенеккидал, учительзабазда ракӏ гурхӏизе бачӏана. Хӏисаб гьабеха: учителасе кьолеб буго гӏага-шагарго 24 азарго гъурущ, рацӏцӏалъи гьабулей гӏаданалъе – 27 азарго. Битӏахъего, нечана. Кин гьеб гӏарцухъ гӏумру гьабизе кколеб учителас? Коммуналиял хъулухъазухъ кьезеги, сахлъи щула гьабизеги, лъимал хьихьизеги, гӏумру гьабизеги кин гӏезарилел гьел гъурщал? Гьеб харж щолев чиясухъа хӏалтӏи тӏалаб гьабизе нечезе ккела нилъ».

+7 928 … 41-82: «Жакъа улкаялъул нухмалъиялда ругел ва коммунистазде рокьукълъиялда руцарал гьал «демократаз» росдал школалъул учителасухъа бахъана советияб власталъ гьесие кьолеб букӏараб кинабго, чӏобогояб ЖКХялдаса байбихьун. Учителасул хъизамалъе коммунистаз чӏобого кьун букӏана канлъиги хинлъиги. Гьанжесел «демократаз» гьелъие моцӏрое бихьизабун буго гӏицӏго 1400 гъурущ».

+7 909 … 30-65: «Хӏакимзабаз абула, учительлъи бугила ракӏалъ тӏаса бищараб пишаян. Дица цо-цоязда абуна, гьедин батани, рачӏа дуца дурго харж дие кье, ва мунго гьеб рекӏел ахӏиялда рекъон хӏалтӏеян… Цонигияв разилъичӏо гьелда».

+7 909 … 30-65: «Учитель инсан кколарищ? Гьесулги букӏуна чанги къваригӏел. Амма лъидаха рагӏулеб бугеб нижер гьаракь? Хӏалтӏизе бокьун гьечӏев чияс бизнесалде нух бахъеянлъидал нижеда лъазабураб…».

Асият Гӏалиева: «Дир ишцояй школалдаса нахъе ана. Гьелъие гӏиллалъун ккана цӏалдохъанасул бадибчӏвай. «Нужеца нижеда малъула цӏалде, цӏалдеян. Щиб щолеб бугеб дуе, школалдаги хадубккунги лъикӏ цӏаларай гӏаданалъе? Кепказухъ хӏалтӏулей йиго», — ян абуна гьелда цӏалдохъанас. Махщел хисана гьелъ ва гьанже лъикӏаб харж кьолеб бакӏалда хӏалтӏулейги йиго.

Дие абизе бокьун буго: лъай бугев чиясе хӏалтӏи камиларо. Амма метерисеб къоялъул пикру гьабидал, пашманлъула ракӏ. Щив хӏалтӏизе вугев школалда, гьениса учитель нахъе инавулев вугони? Щибаб соналъул сентябралда дун школалде уна, хӏалтӏудаса нахъе инилан гӏарза хъвазе ракӏалдеги ккун. Амма дунги нахъе ани, щив гьенив хӏалтӏилеван абураб пикруялъ рокъое тӏадюссуна, кӏиго ставкаги тӏаде бегизабун.

Дир буго гьадинаб пикруги: рачӏа ДРялъул бетӏер Сергей Меликовасде хитӏаб гьабизе, коммунистазул заманалдаго гӏадин, коммуналиял хъулухъазухъ кьолеб мухьалдаса учитель тӏуванго эркен гьавеянги гьарун. Бажариладай, КПССалдаго гӏадин, «Цогояб Россиялда» гьеб иш рекъезабун?»

Гьанир рехсарал пикрабазул хӏасил гьабуни, бихьулеб буго школалъул учителасул жакъа расги лъикӏаб гӏумру гьечӏеблъи. Гьеб хисизабиялъе тадбирал гӏуцӏизе заман цебего щун буго. Квар тӏеренаб бакӏалдаса тӏолин абулелъул, тӏубанго иш лъугӏилелде, ахӏвал-хӏал хисизабиялъе хӏаракат бахъани, лъикӏаб букӏина.

Кавсарат Сулейманова