Исана 120 сон тӏубана хъвадарухъан, журналист, жамгӏияв хӏаракатчи, магӏарул прозаялъе кьучӏ лъуразул цояв Ражаб Динмухӏамаев гьавуралдаса.

Ражаб гьавуна 1905 соналда гьанжесеб Лаваша районалъул Урма росулъ Динмухӏамал ва Гӏашатил мискинаб хъизамалда. Ражаб гуревги, гьезул йикӏана яс Салиматги.

Гьитӏинав чи Ражаб ссылкаялде витӏарав бидулав инсуда цадахъ ккола гӏурус ракьалде: Якутск ва Тула губерниязде, ахирги 1916 соналда Петербургалде. Гьел соназ Ражабица лъазабула гӏурус мацӏ, лъай-хъвай гьабула гӏурусазул рукӏа-рахъиналъулгун, маданияталъулгун. 1917 соналда гьев эменгун цадахъ Дагъистаналде тӏадвуссуна. Амма гӏемераб заман иналдего, эмен хола ва эбелалъулги яцалъулги тӏалаб гьаби Ражабида тӏаде ккола.

Инкъилабалда хадуб Россиялда багъа-бачарараб граждан рагъ Дагъистаналда цӏакъго гӏасияб сураталде сверула: цо рахъалда рукӏуна Хӏоцоса Нажмудинил рахъккурал, цогидаб рахъалда — Деникинил ва Бичераховасул хъахӏаскарилал, лъабабилеб рахъалда — багӏарал партизанал. Жеги гьитӏинав чи вугониги, Ражабица кӏвараб кумек гьабулеб букӏуна багӏарал партизаназе. Гьесул рагъулаб кагътида 1919-1920 сонал рагъулал ругин тӏадежубайги батула.

Дагъистаналда рагъул гуч чучарабго, Ражаб витӏула Шурагьиб бугеб интернаталде. Гьенибго комсомолалъул хӏалтӏудаса байбихьула гьесул жамгӏияб хӏаракатчилъи. 1925 соналъ гьев вахъуна ВКП(б)-ялъул членлъун, ва гьебго соналъ гьев витӏула Москваялде, Бакъбаккул захӏматчагӏазул коммунизмаялъул университеталде цӏализе. Гьенив цӏалула 1928 соналде щвезегӏан.

1926 соналдаса байбихьула Р. Динмухӏамаевасул хъвадарухъанлъи. Текстал кодоре щун гьечӏониги, лъалеб жо буго, гьесул тӏоцересел асарал «Къанал чӏваяв Къади» ва «Цеве Аллагь, хадув рос» абурал харбал рукӏин.

1928 соналда Р. Динмухӏамаев лъугьуна «Социализмалъул байрахъ» газеталъул бетӏерав редакторлъун ва гьелдаса нахъе байбихьула гьесул журналистикияб ва публицистикияб нух. Газеталда рахъула гьесул жамагӏаталда гьоркьоб кӏвар бугел суалал рорхарал макъалаби, чанго батӏияб лъугьа-бахъиналъул хӏакъалъулъ хъвай-хъвагӏаялги репортажалги.

1929 соналъ басмаялда бахъула «Бидухъ би» къисаялъул тӏехь. Гьелда Р. Динмухӏамаевас борхулеб буго доб заманаялда цӏакъ кӏвар бугеб тема — «бидулаб къисас ва гьелъул заралияб хӏасил».

1930-абилел соназ хъвадарухъанасул творчествоги хӏаракатчилъиги лъикӏ цебетӏола. 1934 соналъ гьев хӏалтӏизе лъугьуна республикаялъул «Магӏарул большевик» газеталъул жавабияв редакторлъун. Гьебго соналъ Ражаб восула Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул союзалде, гӏахьаллъула Тӏолгосоюзалъул хъвадарухъабазул съездалда, басмаялда бахъула авар адабияталда жаниб тӏоцебесеб роман – «Хъабчилъ бахӏарзал». Гьеб романалда жаниб гӏадатаб росдал гӏадамазул мисалалдалъун бихьизабулеб буго инкъилабалда цебе мискиназулги бечедазулги букӏараб хӏал ва гьелдаса хадур лъугьарал хиса-басиял.

1935 соналъ Динмухӏамаевас хъвала «Галинал «гьалбал» абураб къиса. Гьениб хъвадарухъанас цӏалдолезда цебелъолеб буго Галина абурай гӏолохъанай гӏурус учительницаялъул къисмат, ва гьелъ жиндир намусалде гьесарал «гьалбадерие» гьабураб дандечӏей.

Гьесда кӏочон толаро журналистикияб ва публицистикияб хӏалтӏиги. Ражабица хъвала колхозазул хӏалтӏи билълъинабиялъе квалквал гьабулезда данде кӏудияб макъала. 1937 соналъ бахъараб «Лъималазул литература борхизабе» абураб макъалаялда гьес критика гьабулеб буго лъималазе хъварал асаразул даража цӏакъго гӏодобегӏанаб бугилан. Гьенибго гьес рецц гьабулеб буго гӏун рачӏунел шагӏирзабазе — Расул Хӏамзатовасе ва Ибрагьим Утарбиевасе.

1938 соналъ Ражабил гӏумруялда жаниб лъугьуна кӏудияб хиса-баси. Гьев партиялдаса нахъе рехула, хадубго газеталъул редакторлъиялдасаги вахъула. ВКП(б)-ялъул Дагъистан областалъул комитеталъул бюроялъ гьабураб хӏукмуялда рекъон, гьелъие гӏиллабилъун рихьизарун руго:

1) «Хъабчилъ бахӏарзал» тӏехьалъул политикияб зарал букӏин;

2) Халкъалъул тушман Самурский веццун кагътал хъвай;

3) Дагъистаналда буржуазиял националистазул тушманаб хӏалтӏи загьир гьабулеб «Известия» газеталъул макъалаялъул хӏужабиги нахъчӏвалаго, цебе бахъараб хъвадарухъабазул къокъаялъул собраниялъе бетӏерлъи гьаби ва нухмалъи кьейги балъго гьаби.

Гьелдаса хадуб рагъ байбихьизегӏан, Р. Динмухӏамаевасул я макъалаби, я художествиял асарал я газеталда, я тӏехь биччан къватӏире рачӏинчӏо.

Рагъ байбихьаралдаса нахъе Динмухӏамаевасе бокьун букӏуна Ватӏан цӏунизе ине. Кӏиабизе тӏад хӏалтӏи гьабулеб букӏараб «Хъабчилъ бахӏарзал» романалъул щвараб бакӏалда гьес хъвала: «Жакъа рагъ лъазабуна, романалда тӏад хӏалтӏи лъугӏизе тана. Ватӏан цӏуниялъул ишалде байбихьана» — ян. Амма гьесие инкар гьабулеб букӏуна.

1941-1943 соназда гьес хъвала рагъул темаялда хурхараб лъабго къиса — «Тӏулакьераб борохь», «Гьа» ва «Хиянатчи».

Тӏоцебесеб къиса гьес хъвала 1941 соналъул 15 июлалда цо къоялда жаниб. Гьеб гьитӏинаб къисаялъул аслияб мурад ккола гӏадатиял магӏарулазул фашистазда — «тӏулакьерал борхьазда» — данде Ватӏан цӏунун рагъизе гъира бижизаби.

Кӏиабилеб къисаялда бицунеб буго, рухӏалда барахщичӏого, тылалда хӏалтӏулей эбелалъухъе рагъда вас чӏван вугилан ругьел щвеялъул ва бахӏарчиго гьелъ гьеб хабар къабул гьабиялъул.

Лъабабилеб къисаялда рагьулеб буго хилиплъиялъул тема. Гьенив вихьизавулев вуго мисалияв эменги вацги ругев гӏолохъанчи, Ватӏан цӏунизе къо тӏаде щвараб мехалъ, цо лахӏзаталъ хӏинкъиялъул кверщаликье ккей ва тӏаса бищараб нухалъ гьев кинаб хӏасилалде вачуневали. «Хиянатчи» къисаялъул текст батана гӏицӏго 1967 соналъ адабиятчи Мухӏамадрасул Гӏусахӏовасда.

1943 соналъ Р. Динмухӏамаев витӏула Типлисалде, рагъуе хӏадурлъиялъул курсазде. Гьев тӏовитӏизе рачӏуна гьесул гӏагарлъи ва гьудулзаби — таржамачи Хӏамид Темирханов, лингвист Шигьабудин Микагӏилов, хъвадарухъан Мухӏамад Хуршилов ва гь.ц. Курсал лъугӏун хадуб гьев витӏула Украинаялъул фронталде. Гьесул «агитатор» хъулухъ букӏуна, звание — цӏикӏкӏарав лейтенант.

1944 соналъул 10 апрелалда Тернополь областалъул Заболотивко росдада аскӏоб гӏасияб кьалулъ Р. Динмухӏамаев чӏвала. Цин гьев вукъула гьенивго, хадуб 1957 соналъ гьесулги жеги 35 рагъухъанасулги рукьби цӏидасан рукъула Чортков шагьаралъул хабзалалъ. Гьел рукъараб бакӏалда лъун буго 36-ясулго цӏарал тӏад хъвараб гӏарас (зани). Гьединго хъвадарухъанасул цӏар кьун буго Урма росулъ цо къватӏалъеги гьоркьохъеб школалъеги.

Р. Динмухӏамаевас нахъе тана кӏудияб ирс: макъалаби, очеркал, репортажал, харбал, къисаби ва роман. Гьесул асарал лъугьана гьанжего гьанже гӏуцӏулеб магӏарул прозаялъул щулияб кьучӏлъун. Амма жакъа къоялде гьесул гӏемерисел асарал цӏалдолесухъе щвечӏого хутӏун руго, школалъул программаялда бугеб цо-кӏиго къиса хутӏизегӏан. Жакъа гьесде ва гьесул творчествоялде кӏвар кьолеб гьечӏониги, хьул буго, букӏинеселда Ражаб Динмухӏамаевасул цӏаралъ авар адабияталда жаниб мустахӏикъаб бакӏ кквезе батилин.