Ичӏабилеб декабралда, Ватӏаналъул Бахӏарзазул къоялъ Гъизилюрт шагьаралда рагьана иргадулаб «Бахӏарчиясул парта». Гьединаб цӏаралда гъоркь акция тӏобитӏулеб буго тӏолабго Россиялда. Руго гьединал партаби Дагъистаналъул шагьаразул ва районазул щибаб школалдаги колледжаздаги… Гӏемер гӏахьаллъула газеталъул хӏалтӏухъаби гьеб проекталда рекъон тӏоритӏулел тадбиразда. Гьаб нухалда диеги рес щвана Гъизилюрт шагьаралъул № 8 школалда гьединаб тадбиралда гӏахьаллъизе. Ватӏан бокьиялъул кӏудияб байрамалде сверараб гьеб дандеруссин сайгъат гьабун букӏана СВОялъул бахӏарчи, «Бихьинчилъиялъул орденалъул» лъабцӏул кавалер (лъабабилеб – хун хадуб), Казбек районалъул Гуни росулъа Мухӏамад Хӏасановасе. Гьесул бахӏарчилъиялъул хӏакъалъулъ чанго нухалда хъвана газеталдаги. Гьесги къанщана берал Ватӏаналъул парахалъиялъе гӏоло. Мухӏамадил гӏумруялъул букӏана гӏицӏго 28 сон. Нахъе хутӏана ясги ва жиндирго цӏар лъурав васги (вас гьавуна Мухӏамад хун хадув).
Тадбиралда гӏахьаллъана школалъул директор Ибрагьим Абакаров, Гъизилюрт шагьаралъул терроризмалде данде къеркьеялъул комитеталъул отделалъул нухмалъулев Салимхан Иразиханов, гьебго отделалъул бетӏерав специалист Салихӏ Темуркаев, тарбия кьеялъул рахъалъ школалъул директорасул заместитель Гьарун Хӏусенов, учительзаби, цӏалдохъаби, бахӏарчиясул эмен Хасай Хӏасанов, яц Марият, гӏагарлъи ва цогидалги гьалбал. Ибрагьим Абакаровас, Гьарун Хӏусеновас ва Салимхан Иразихановас гӏатӏидго бицана Мухӏамадил бахӏарчилъиялъул ва рагъулал нухазул хӏакъалъулъ. Гӏенеккаразе кӏудияб асар гьабуна Мухӏамадил эмен Хасайил кӏалъаялъ. Гьесул кӏалъаялъул пикраби гьаридал, бичӏчӏулеб букӏана вас Мухӏамадил бахӏарчилъиялъул ва Ватӏан бокьиялъул кьалбал гӏагараб Гуни росулъан, инсул гъанситохъан рачӏарал рукӏин. Лъана кинаб къебелъухъ куцараб бугеб бахӏарчиясул лъабабго «Бихьинчилъиялъул орденалъул» къисаги.
— Хӏурматиял гьалбал, школалъул учительзабазул, цӏалдохъабазул коллективал, тӏаде рачӏарал гьалбал. Тӏоцебесеб иргаялда, кӏудияб баркала нужее дир вас кӏодо гьавизе ракӏалде ккаралъухъ. Бахӏарчиял умумуз нилъехъе ирсалъе кьураб талихӏаб ватӏан цӏунизе ирга щвана гӏолохъанаб гӏелалде. Дозул рухӏазе гӏоло жакъа щивав гӏолохъанчиясда тӏадаб буго Ватӏан цӏунизе. Дица дирго васазда кидаго малъулаан кигӏан кӏудияб даражаялда Ватӏан бокьизе кколебали. Ватӏаналдаса байбихьула цогидаб рокьиги. Ватӏаналде рокьиялъ тарбия кьола эбел-инсудеги, гьудулзабаздеги, гӏагарлъиялдеги, хъизамалдеги бугеб рокьиялъе. Диеги бокьулаан цӏализе художествияб литература. Гьедин васаздаги малъана дица. Гьелги ругьун гьаруна тӏахьал цӏализе. Нужедеги хитӏаб буго дир, хириял цӏалдохъаби — тӏахьазулгун гьудуллъи ккве. Гьедин гурищ кӏалъарав гӏун бачӏунеб гӏелалда Цӏадаса Хӏамзатги. Тӏахьаз бицуна нилъее Ватӏаналъулги, гьудуллъиялъулги, эбел-инсулги, гӏадатазулги ва цогидабги лъикӏабщиналъулги хӏакъалъулъ. Цӏале тӏахьал, цӏаларалдасан тӏоритӏе бахӏсал. Гьеб киналъго нужее кумек гьабизе буго гӏумру бичӏчӏизе ва гьелъул нухаздасан, тӏекълъиги къезабулаго, церехун ине, — ян абуна гьес.
Гьадинав инсул вас батӏиявлъун вукӏине ресги букӏинчӏо. Бихьулеб букӏана гьесие бигьа гьечӏолъиги. Амма гьес, щибго хӏалги лъазе течӏого, рекӏел тӏиндасан бурун бачӏунеб пашманлъиги бахчулаго, ахиралдаги абуна:
— Дун чӏухӏула дирго васасдаса. Батӏияв Мухӏамад дица къабул гьавизе вукӏинчӏо. Дун гӏадал, васал камурал умумул гӏемерлъана улкаялда. Амма гьезул щивасги, жакъа дица гӏадин, абизе бугеблъиялда ракӏчӏола дир, — ан
Школалъул цӏалдохъабаз литературияб композицияги сайгъат гьабун букӏана Мухӏамад Хӏасановасе ва цогидалги СВОялъул гӏахьалчагӏазе.
Тадбиралъул кӏиабилеб бутӏа тӏобитӏана школалъул библиотекаялда. Гьеб нухда бачана Гьарун Хӏусеновас. Школалъул директорас ва Салимхан Иразихановас цӏалдохъабазда бичӏчӏизабуна экстремизм ва терроризм щиб кколебали. Гьаруна гьезие малъа-хъваял. Гьенибго ракӏалде щвезаруна Мухӏамад Хӏасановасул росуцояв, Россиялъул Бахӏарчи, араб гӏасруялъул 1999 соналда Дагъистаналда рагъулал тунка-гӏусиял ккараб мехалда, СОБРалъул командирлъун вукӏарав Арзулум Ильясовасул багьадурлъиялъул нухалги. Гьесие сайгъат гьабураб бокӏонги бугоан школалда. Гьелдасан бихьулеб буго школалда патриотикияб тарбия кьей тӏадегӏанаб даражаялда букӏин.
Мухӏамадил яц Мариятилгун букӏараб гара-чӏвариялдаги гьелъ ракӏалде щвезабун букӏана, росулъе вачӏанщинахъе, Арзулумие бараб памятникалъухъе щолаанин гьев.
— Мухӏамадие цӏакъ хирияб букӏана росуги росу машгьур гьабурал гӏадамалги. Бокьулаан гьесие росдал тарихги. Инсуца ниж ругьун гьарун рукӏана тӏахьал цӏализе. Гьес кидаго абулаан Ватӏан бокьизе кколин рухӏалдасагийилан. Мисалалги рачунаан Ватӏаналъе гӏоло рухӏ кьуразулги гьелъие гӏоло рагъарал бахӏарзазулги, — ян абуна гьелъ.
Къисматалъги, гьунаралъги, багьадурлъиялъги цолъизавурав кӏиго росуцояв, хадусел гӏелаз жидер бахӏарчилъиялдаса мисал босизе ругел. Гьедин куцалеб буго гӏун бачӏунеб гӏел нилъер бахӏарчиял гӏолохъабазул гьунараз.
Жал гьезул гьунаразеги цӏаразеги мустахӏикъал рукӏине ругилан гьа бана школалъул 7 «в» классалъул цӏалдохъабаз. Гьеб классалда букӏине буго «Бахӏарчиясул партаги».
Наслабиги цолъизарулаго, тӏадегӏанлъиялде боржунеб буго дир Дагъистаналъул бахӏарчилъи, жиндирго тарихалда цӏиял гьурмалги рагьулаго.
Шамай Хъазанбиева