Кӏиабилеб июналда РФялъул президент Владимир Путинил нухмалъиялда гъоркь тӏобитӏана Россиялъул халкъазул мацӏазул рахъалъ пачалихъияб политика гӏумруялде бахъинабиялъул советалъул данделъи.

Гьениб бицана рехсарал мацӏал цӏуниялъул мурадалда гьаризе ругел ва гьарулел тадбиразул хӏакъалъулъ. Гьелда гьоркьоса Дагъистаналъе кӏвар бугел суалал рехсезе бокьун буго.

Данделъиялъул хӏасилал гьарулаго, улкаялъул бетӏерас нахъеги кӏварбуссинабуна миллиял мацӏаздегун адабияталде. «Адабияталъул рахъалъ абуни, Дагъистаналъул халкъазул мацӏазда рахъулел тӏахьазул къадар цӏикӏкӏинабизе ккела. Советияб заманалде дандеккун, цересел анцӏ-анцӏ соназ гьеб ишалде тӏаса-масагояб бербалагьи букӏана.

Дагъистаналда церечӏарал масъалаби гӏемер руго: чвахунцӏадазул балагь-зарал ва гь.ц. Амма миллиял мацӏал цӏуни — гьеб буго щибаб халкъалъул маданияталъул кьучӏ цӏуни. Ва дица нужеда гьарила, гьелде кӏвар кьеян, хӏажалъи ккани — улкаялъул хӏукуматалде хитӏаб гьабе, гьеб рахъалъ квербакъиялъул мурадалда.

Дида ракӏалде ккола, Россиялъул Федерациялъул халкъазул мацӏазде нилъеца цӏакъ къанагӏат гурони кӏварбуссинабуларин. Гьез жидецаго кӏвар кьоларо рахьдал мацӏал цӏуниялде, амма федералияб централъги экспертазги чара гьечӏого кӏвар кьезе ккола гьел суалазде. Гьединлъидал гьеб иш дица рикӏкӏуна цӏакъ хӏажатаблъун ва гьелъул рахъги кквезе буго — гьелда кинабгӏаги щаклъи гьечӏо», — ян.

В. Путиница абуна: «Исана микьабилеб сентябралда, нилъер шагӏир Расул Хӏамзатов гьавураб къоялда, улкаялда тӏоцебесеб нухалда кӏодо гьабизе буго Россиялъул Федерациялъул халкъазул мацӏазул къо. Россиялъул халкъазул цолъиялъул лъагӏел букӏаго, гьеб байрам тӏоцебесеб нухалда кӏодо гьаби ккола хӏикматаб лъугьа-бахъин», — ан.

Хадуб бицана пачалихъияб мацӏ хӏисабалда гӏурус мацӏ цебетӏезабиялъе гьарулел тадбиразул хӏакъалъулъ. Масала, президентасул пикруялда рекъон, педагогиял вузазда рагьизе ккола Гӏурус мацӏалъул ва адабияталъул хасал факультетал, камил гьабизе ккола гӏурус мацӏалъул учительзаби хӏадуриялъул къагӏида. Гӏурус мацӏалъул цӏалул тӏахьал цӏигьаруниланги абуна гьес. Кӏвар кьуна миллиял мацӏаздегун адабияталдеги. Масала, исана байбихьизе буго «Россиялъул халкъазул адабияталъул бищун лъикӏал асаразул библиотека» басмаялде бахъизе. Гьелда рахъизе руго миллиял мацӏазда хъваралги цогидал мацӏаздаса миллиял мацӏазде таржама гьаруралги художествиял асарал.

Цебеккун президентас кьун рукӏарал тӏадкъаял тӏуразариялъул хӏакъалъулъ данделъиялда бицана РФялъул президентасул гӏакълучӏужу, Пачалихъияб Думаялъул депутат Елена Ямпольскаялъ. Гьелъ мухӏканаб баян кьуна лъай кьеялъул программабаздаги, цӏалул тӏахьаздаги, цӏалдохъабазде ругел тӏалабаздаги ва цогидал рахъаздаги гьарурал хиса-басиязул хӏакъалъулъ. Тӏолгороссиялъул цӏалдохъабазул умумузулгун батӏи-батӏиял тадбиралги гӏуцӏун, лъазабун бугоан, масала, адабияталъул асарал школалда малъиялъул рахъалъ гьезул пикру.

Дунялалъул адабияталъул институталъул профессор, филологиял гӏелмабазул доктор Вадим Полонскияс бицана тӏадехун рехсараб библиотекаялда тӏад хӏалтӏиялъул хӏакъалъулъ. «Ракӏалда буго 20 том басмаялде бахъизе. Россиялъул щибаб миллаталъул цо вакиласул асарал рахъизе руго томалда. Гьевги вукӏине ккола миллияв классиклъун рикӏкӏунев, миллияб мацӏалда хъвадарарав ва нижехъе лъикӏал таржамаби кьурав авторлъун», — ан мухӏкан гьабуна гӏалимчияс.

Данделъи тӏобитӏулеб мехалда, РФялъул лъай кьеялъул министр Сергей Кравцов вукӏана Дагъистаналда. Гьоркьоб лъураб суалалъул хӏакъалъулъ гьесул пикруги цӏехана В. Путиница. Цин министрас рехсана Санкт-Петербургалдагун Москваялда ва цогидал регионазда тӏоритӏарал кӏвар бугел цо-цо тадбиразул ва хадуб абуна: «Гьабсагӏаталда дун Дагъистаналдаги вугелъул, абила: Расул Хӏамзатовасул асарал лъун руго щуабилеб, микьабилеб ва 10-11 классазул цӏалул тӏахьазда», — ян. Гьелде тӏадеги, «Рахьдал мацӏалъул бищун лъикӏав учитель» абураб щибаб лъагӏалида тӏобитӏулеб конкурсалъул хӏасилалги микьабилеб сентябралда гьаризе ругинги тӏаде жубана министрас.

Гьесда аскӏов вукӏарав ДРялъул бетӏерасул ишал тӏуралев Федор Щукиниде хитӏаб гьабуна президентас. «Дагъистаналъул халкъазул маданият, мацӏал ва адабият — щаклъи гьечӏо — гьеб буго Россиялъул миллияб маданияталъул кутакалда кӏвар цӏикӏкӏараб бутӏа. Гьеб ккола дур хӏалтӏул бутӏалъунги. Щиб гьабизе бугеб гьеб рахъалъ?» — ан суал кьуна В. Путиница. Ф. Щукиницаги жаваб кьуна республикаялъул нухмалъиялъул берзукь ругел аслиял масъалабазул цояблъун кколин гьеб ишилан абун.

Данделъиялъул хӏасилал гьарулаго, улкаялъул бетӏерас нахъеги кӏварбуссинабуна миллиял мацӏаздегун адабияталде. «Адабияталъул рахъалъ абуни, Дагъистаналъул халкъазул мацӏазда рахъулел тӏахьазул къадар цӏикӏкӏинабизе ккела. Советияб заманалде дандеккун, цересел анцӏ-анцӏ соназ гьеб ишалде тӏаса-масагояб бербалагьи букӏана.

Дагъистаналда церечӏарал масъалаби гӏемер руго: чвахунцӏадазул балагь-зарал ва гь.ц. Амма миллиял мацӏал цӏуни — гьеб буго щибаб халкъалъул маданияталъул кьучӏ цӏуни. Ва дица нужеда гьарила, гьелде кӏвар кьеян, хӏажалъи ккани — улкаялъул хӏукуматалде хитӏаб гьабе, гьеб рахъалъ квербакъиялъул мурадалда.

Дида ракӏалде ккола, Россиялъул Федерациялъул халкъазул мацӏазде нилъеца цӏакъ къанагӏат гурони кӏварбуссинабуларин. Гьез жидецаго кӏвар кьоларо рахьдал мацӏал цӏуниялде, амма федералияб централъги экспертазги чара гьечӏого кӏвар кьезе ккола гьел суалазде. Гьединлъидал гьеб иш дица рикӏкӏуна цӏакъ хӏажатаблъун ва гьелъул рахъги кквезе буго — гьелда кинабгӏаги щаклъи гьечӏо», — ян.

Нилъее цӏакъ хӏажатаб, миллаталъул тӏалабалъ ракӏунтарав щивав чиясул рекӏелъе гьоцӏолъун тӏинкӏараб калам гьабуна президентас. Хьул буго хӏакъикъиял ишаз гьел рагӏабазда рухӏ речӏчӏизабилин абурабги.

Кавсарат Сулейманова