Тӏоцебесеб июналда байбихьана рахьдал мацӏал малъиялъул курсал. Гьел гӏуцӏун руго Дагъистаналъул халкъазул мацӏалги адабиятги цӏуниялъул ва церетӏезариялъул фондалъул хӏаракаталдалъун.
Анвар Аджиевасул цӏаралда бугеб Махӏачхъалаялъул №29 школалда тӏоритӏизе руго рахьдал мацӏал малъиялъул риидалил курсал. Гьезул хӏакъалъулъ тӏадехун рехсараб фондалъ хӏадурараб проект мустахӏикълъана ДРялъул бетӏерасул гранталъе. Гьелда рекъон, 2-5 классалъул цӏалдохъабазда малъизе руго миллиял мацӏал. Гӏуцӏун буго гьезул щуго группа: магӏарул, дарги, лъарагӏ, тум ва лезги мацӏазул.
Риидалил курсал рагьиялъул тадбиралда гӏахьаллъана цӏалдохъабигун гьезул эбел-эмен, Фондалъул вакилзаби (Гӏали Камалов, Заид Гӏабдулагатов), проекталъул нухмалъулей Шамсият Султанбегова, преподавателал ва гь.ц. Гьез бицана рахьдал мацӏ цӏуниялъул бугеб кӏваралъулги гьелъул мурадалда курсазда гӏуцӏизе ругел тадбиразулги хӏакъалъулъ. Школалъул директор Мухӏамад Халитовас бицана миллиял мацӏазул курсазде школалда гьабураб хӏадурлъиялъул ва цӏалдохъабазе гӏуцӏарал шартӏазул хӏакъалъулъ. «Ниж кутакалда рохарал руго гьеб къиматаб проект гӏумруялде бахъинабулеб рукълъун рукӏине щвеялдаса», — янги абуна гьес.
Проекталъул нухмалъулей Шамсият Султанбеговалъ кӏварбуссинабуна дарсазда кьезе ругел баяназде ва цӏали гӏуцӏиялъул къагӏидабазде. «Чӏамучӏал дарсал рукӏине гьечӏо — нужер лъимал гьенире разиго хьвадизе рукӏиналде кинабгӏаги щаклъи гьечӏо», — ян абуна гьелъ, цӏалдохъабазул эбел-инсуде хитӏаб гьабулаго.
«Нужер бадиб дида халлъулеб буго хӏинкъиялъул асар. Гьеб батизе буго щивасул хъизамалда рахьдал мацӏ билулеб букӏиналъул хӏинкъи. Гьеб битӏарабги буго. Нилъеца цадахъ хӏаракат гьабила Дагъистаналъул щибаб халкъалъул мацӏги маданиятги наслабазе цӏунизе. Ва жакъа нилъеца гьелде тӏамулеб буго тӏоцебесеб гали», — ян бицана Дагъистаналъул халкъазул мацӏалги маданиятги цӏуниялъул фонд гӏуцӏарав Гӏали Камалова.
Тумазул мацӏ цӏуниялъул центр рагьана гъоркьиса Махӏачхъалаялда. Гьениб хӏалтӏи гӏуцӏиялъулги миллаталъул мацӏалъул бугеб кӏваралъулги хӏакъалъулъ бицана гьеб централъул нухмалъулей Патӏимат Гӏалиевалъ. «Щай нилъее хӏажат бугеб рахьдал мацӏ? Гӏемерав чияс кьола дие гьеб суал. Дида гьеб мехалда ракӏалде щола машгьурав композитор Ширвани Чалаевасул рагӏаби. Цо нухалда гьес гьадин абуна: «Хвезелъун рижарал руго нилъ киналго. Ахираталде щведал, нилъ дандчӏвалин абула тухумалъул умумулгун. Гьел хвана, Дагъистаналда гӏурус мацӏ тӏибитӏилелдего. Щиб мацӏалдаха нилъ гьелгун гара-чӏваризе ругел? Дозда лъалароан гӏурус мацӏ — нилъеда лъазехъин гьечӏо миллаталъул мацӏ. Щиб гьез абилеб нилъеда, халкъалъул бечелъиялдаса наслу махӏрумлъизабуни?» — ян. Рокъоб, хъизамалда рахьдал мацӏ бицине лъицаниги гьукъуларо. Лъималазул ахалда яги школалда кӏвар кьоларин багьанаби ралагьичӏого, щивасул рокъоб бицине ккола гьеб. Эбелалда буго лъимералда рахьдал мацӏ лъангутӏиялъул аслияб гӏайибги», — ян бицана Патӏиматица.
Машгьурав гӏалимчи, социолог, философ ва исламовед Заид Гӏабдулагатовас мисалал рачана, мацӏал тӏагӏиналъул рахъалъ Дагъистаналда бугеб ахӏвал-хӏалалъе къимат кьолаго. Рукӏине ругел дарсазулги гьенир тӏоритӏизе ругел расанди-хӏаязулги хӏакъалъулъ баян кьуна щуябго мацӏалъул педагогасги.
Лъимал цӏуниялъул халкъазда гьоркьосеб къоялъ байбихьана рахьдал мацӏал малъиялъул риидалил курсазул дарсал. Щибаб лъимадуе гӏуцӏарухъабаз сайгъат гьабуна миллияб мацӏалда баркиялъул саламгун хъвай-хъвагӏай гьабураб открыткаги шоколадалъул плиткаги. Хьул буго гьеб авалияб гали талихӏаб букӏиналде ва миллиял мацӏазул къадру камиллъизабиялъе икъбал ккеялде.
Кавсарат Сулейманова