Хӏухьбахъизеги сахлъи щула гьабизеги гӏадамал унеб «Каспий» санаторий рагьун букӏана XX гӏасруялъул байбихьудаго, Каспий ралъдал рагӏалда. Ралъдал бацӏцӏадаб гьаваги тӏабигӏаталъул лъикӏал шартӏалги цолъараб гьеб бакӏалда сахлъи цӏуниялъе лъикӏаб асар гьабула.
Тарихал ва хӏужаби
Жакъа рехсараб санаторий бугеб бакӏалда тӏоцересел рукъзал рана 1915 соналда. Гьелдаса нахъе «Каспий» лъугьана сахлъи щула гьабизеги хӏухьбахъиялъеги гӏадамал хьвадулеб бакӏлъун. Гьенир хӏалтӏизарула даруяб хӏарщги минералиял лъиналги.
1930-абилел соназда «Каспиялда» ккана хиса-басиял: рана цӏиял минаби, гӏатӏид гьабуна инфраструктура, лъикӏлъизаруна хӏухьбахъи гьабулезе шартӏал.
Кӏудияб Ватӏанияб рагъул заманалда «Каспиялда» кумек гьабулаан рагъда лъукъаразе. Рагъдаса хадуб санаторий тӏадбуссана жиндирго аслияб хӏалтӏуде.
1960-абилел соназда гьенир хӏалтӏизаризе байбихьана дару-сабаб гьабиялъул гьанжесел къагӏидаби, тӏолабго улкаялдаса специалисталги рачӏун.
Жакъа «Каспий» ккола сахлъи цӏуниялъул рахъалъ гьанжесеб заманалда рекъонккараб курорт. Гьенир гьарула батӏи-батӏиял процедураби, медицинаялъул кумекалдаса байбихьун, къватӏиб хӏухьбахъи гьабиялде щвезегӏан. Щивав чиясда гьенир ратула чорхое рекъарал санагӏалъаби. Масала, бацӏцӏадаб гьаваялда хьвади, спортивиял тадбирал ва черх лъадари, батӏи-батӏиял даруял лъел ваннаби, дару-сабаб гьаби ва, узухъда, ралъдал бацӏцӏадаб гьаваялдаса пайда боси.
Санаториялъул руго хӏухьбахъиялъе санагӏатал берцинал бакӏал, кинотеатр, хӏаял, кьурдул ва спортивиял майданал, фонтан, къватӏиб буго 25 метралъул халалъи бугеб бассейн, минералияб лъел лъабго ицц.
Исана май моцӏалда диеги рес щвана гьеб санаториялде ине ва бицунебщиналъул хӏалбихьизе. Гьенир унго-унгоги ратана кибго гьечӏеб гӏадаб берцинлъиги, бацӏцӏадаб гьаваги, санагӏалъабиги, тохтурзабазул лъикӏаб бербалагьиги ва тӏадчӏейги.
«Каспиялда» гӏуцӏарал шартӏазухъ балагьун, Россиялда ругел цогидал санаториязда гьоркьоб гьелъ ккола кӏиабилеб бакӏ. Гьениб бараб анцӏабго къо, цо къо гӏадин, паркъунги ана. Гьений йикӏаго, санаториялъул нухмалъулев Шамил районалъул Хучада росулъа Ибрагьимил Гӏалилгун гара-чӏвариги гьабуна.
— Киназго бицунеб, киназего бокьулеб, хӏухьбахъизе гӏадамал рачӏунеб гьаб санаториялъе чан соналъ дуца нухмалъи гьабулеб бугеб?
— 2006 соналда, бичулеб букӏун, босана нижеца гьаб. Цебе гьаб унаан Дагъистаналъул курортазул гӏаммаб гӏуцӏиялде гьоркьобе. Гьанже буго жибго жиндаго чӏараб идара. Гьаб букӏана кутакалда бичча-бихъан тараб, тӏад хӏалтӏиги гьабичӏого, чӏунтун унеб букӏараб бакӏ. Цогӏаги минаялда тӏад букӏинчӏо, букӏине кколеб къагӏидаялъ лъураб тӏох, гӏекколел рукӏана рукъзал. Муцӏиялъулъ къан, тӏутӏ-кӏкӏараялъ хӏухьел цӏазе толареб, жаниве чи лъугьине бокьулареб, рехун тараб хӏалалда батана гьаб. Москваялдаса ва цоги шагьараздаса халкъ гьанибе бачӏунароан. Нижеца тӏадчӏун хӏалтӏун къачӏана, киналго санагӏалъаби чӏезаруна.
— Россиялъул рикӏкӏадал шагьараздасаги рачӏунел руго гьанире хӏухьбахъизе гӏадамал. Хутӏулищ гьел рази?
— Рази гьечӏелги камуларо. Цо-цо рукӏуна (цӏакъ къанагӏат ругониги) гьединалги. Цо гьадинаб иш гьабеян гьарун рачӏараз, нагагь гьеб нижехъа гьабун бажаричӏони, бачӏуна битӏахъего гьелде данде хъвараб бадибчӏвай гьабураб кагъат.
— Дагъистанияздасаги цӏикӏкӏун къватӏиса рачӏарал гьалбал гӏемер руго гьанир…
— Россиялъул щибаб регионалдаса рачӏуна гӏадамал хӏухьбахъизе. Гьел цӏакъ разигоги рукӏуна. Хаду-хадурги рачӏине хьулгун уна.
— Медициналъул рахъ босани, кинаб кумек гьабулеб?
— Аслияб къагӏидаялда санаториялде рачӏуна инсульт, инфаркт ккарал, рищалаби унтарал ва рекӏее захӏматаб операция гьабурал гӏадамал. Гьаниб буго 2200 метралъул гъварилъудасан бачӏунеб минералияб лъел ицц. Бачӏинахъего ваннаялъубе чвахула гьеб. Буго йодгун бром жубараб лъим: гьелъ мадар гьабула псориаз бугев чиясе. Узухъда, лъагӏалидаса лъагӏалиде лъикӏлъун гурони, нахъекколеб гьечӏо санаториялъул къимат. Гьаниб буго инвалидазе ток жанибе биччалеб бассейн. Гьелъ чангиясул параличалъ ккурал бохдул ва гъуждул сахгьаруна ва рилълъанхъизе кӏоларел тӏаде рахъинаруна.
Гьаниб дарудай хӏалтӏизарула бакӏалъул тӏабигӏиял сурсаталги: минералияб ва йодгун бромалъул лъим, Туралиялъул ва Гъаякенталъул даруяб хӏарщ, ионаздалъун бечелъизабураб ралъдал лъим. Санаториялда сах гьарула нерваби, лага-черх, урологиялъул, гинекологиялъул ва метаболизмалъул унтаби.
— Черх лъадариялъе кинал шартӏал ругел?
— Гьаниб буго цо чияс батӏаго ва къокъагун цадахъ физкультура ва зарядка гьабулеб зал (ЛФК). Буго сверун къараб бассейн, инфракраснияб сауна; турказул, гӏурус ва финназул хӏамамал. Гьезги лъикӏаб асар гьабула гӏадамазул сахлъи щулалъиялъе. Буго хӏухьбахъулезе спортивияб майдан: футбол, волейбол, баскетбол хӏазе. Буго рохьоре тӏаде рахунеб 250 болъо бугеб, 37 метралъул борхалъиялъул нух. Гьеб бана хас гьабун рекӏел унтаби ругел унтаразе, ракӏ лъикӏ хӏалтӏизабиялъе. Киназдаго кӏоларо тӏаде щвезегӏан рахине. Тӏад буго сверухълъиялъухъ балагьулеб бакӏ. Гьениса, хъатиниб лъураб гӏадин, бихьула тӏолабго сверухълъи.
— Лъималазеги гӏезегӏан лъикӏал шартӏал гӏуцӏун рихьана.
— Хӏаракат бахъулеб бугоха, рачӏарал гьалбадерие лъикӏаб хӏухьбахъи гьабизе ресал чӏезаризе. Лъималазе хӏадурун руго ракӏгъеялъул батӏи-батӏиял программаби, дискотека, расанкӏаби, хӏаял.
— Чан хӏалтӏухъан вугев нужер?
— Риидал гьанив хӏалтӏулев вукӏуна ункънусгоялдасаги цӏикӏкӏун чи. Хасало — 150-200-гӏанасев. Хасало хӏухьбахъизе гӏемер чи вачӏунарелъулха.
— Рази вугищ мун дурго гьаб ишалдаса?
— Бизнес буго гьитӏинаб лъимер гӏадаб жо: байбихьуда тӏад харжал гьаризе ккола, хадуб пайдаги кьола. Амма гьеб цебетӏезе ккани, ракӏбацӏцӏадго хӏалтӏизе ккола. Гьанир нужеда рихьулел минаби руго, лъагӏалие цо-цо бараб, жеги балебги буго. Гьелъ рес кьола гӏемерал гӏадамал къабул гьаризе ва цӏикӏкӏун хайир щвезе. Гьединлъидал ахираб 10 соналда жаниб лъикӏаб цебетӏей ккана нижер.
Санаториялде ине бокьараз путевкаби росизе бегьула унтиялда рекъон. Масала, инсульт, инфаркт, диабет, захӏматаб операция бугони, больницаялдаса кьураб выписка битӏула, гьезул сайталъулгун бухьенги гьабун (выпискаялъул букӏине бегьуларо кӏиго соналдаса цӏикӏкӏун заман), гьезул электроннияб почалде — [email protected].
Гьениб хӏухьбахъи гьабизе бокьаразда лъазе ккола, батӏи-батӏияб багьа-къадар букӏунеблъи. Гьелъие буго сайталъул реабилитациялъул отдел ва телефоналъул номер, — 88722 52 22 05. Цинги бегьула багьа-къадар лъазабизеги. Масала, сордо-къоялъе эконом-номералъул багьа буго гӏага-шагарго анлъазарго гъурущ. Амма гьединаб номер щвезе захӏматго букӏуна. Жакъа гьениса чи аравго, хӏадурго вукӏунелъул цогидав гьениве вачӏине.
Цоги, санаториялъул гьечӏо инвалидазе, СВОялъулазе, ветераназе абурал бигьалъаби гьариги.
Рукъият Гӏалисултанова