«Росугун дагӏбадани, чиякълъула…»
Гьединаб буго магӏарул кици. Щивасул гӏумрудулъ гӏагараб росдаца ккола кӏудияб бакӏ. Хӏакъикъат» газеталъул редакциялъ байбихьулеб буго, магӏарул росабазул хӏакъалъулъ гӏатӏидал баянал кьун, гьезул гӏумруялъул хӏакъалъулъ хъвазе. Гьединлъидал газета цӏалулездехун нижер гьари буго нужерго росдал тарих баян гьабун, гьелъул ва росулъа рахъарал машгьурал гӏадамазул хӏакъалъулъ хъван нижехъе макъалаби, суратал ритӏеян. Амма хӏажат буго хъвай-хъвагӏай, баянал ракӏчӏарал, ритӏарал рукӏин.
Баянаб букӏахъе, магӏарулал руго Дагъистаналда къадаралъул рахъалъ бищунго кӏудияб миллат. 1921 соналда тӏобитӏараб переписалъул хӏасилалда, цогидал миллатазда гьоркьоб магӏарулазул къадар буго 30,07 процент. Гьеб ккола 2010 соналда букӏараб переписалдаса хадуб 2021 соналде щвезегӏан нилъер миллаталъул къадар 12,57 проценталъ цӏикӏкӏун букӏиналъе нугӏлъи гьабулеб хӏужа. Магӏарулаз аслияб куцалда гӏумру гьабулеб буго республикаялъул бакътӏерхьул рахъалда ругел районазул росабалъ (95 процент) ва гьединго шагьаразда. Тӏолго Россиялдаго цо миллионалдаса цӏикӏкӏарал гӏадамаз жиб бицунеб 10 мацӏалде гьоркьобе ана магӏарул мацӏги.
Гӏаммаб къагӏидаялда босун, росабалъ яшав гьабулел дагъистаниязул къадар 53 процент батани, росабалъ гӏумру гьабулел магӏарулазул къадар бахуна 64 проценталде. Гьел тӏиритӏун руго 22 районалда. Нилъер миллаталъул мацӏги гӏадат-гӏамал цӏуниги хӏисабалде босани, гьеб ккола лъикӏаб рахъ.
Магӏарулазда гьоркьоб лъимал гьариялъул коэффициент буго 20,2 процент. Гьеб ккола цогидал миллатазулалде дандеккун цӏикӏкӏараб. Тӏаса иналъул процентин абуни буго гӏезегӏанго гӏодобегӏанаб — 6,7. Гьединлъидал нилъер росабалъ ругел хъизамазда лъималазул къадарги гӏезегӏанго цӏикӏкӏараб буго.
Амма гьедин бугониги, жакъа нилъер гӏумруялъул хаслъилъун буго, Россиялда жаниб миллаталъул къадар цӏикӏкӏиналъул рахъалъ цебесеб кьерда ругониги, росабалъ гӏумру гьабун ругел магӏарулазул къадар дагьлъулеб букӏин. Гьелда бан шагьаралда яшав гьабулезе жидерго рахьдал мацӏги аслияблъун кколеб гьечӏо ва эбелаб калам лъазабиялде гьабулеб тӏалабги дагьлъулеб буго.
Росабалъа гӏадамал шагьаразде гочине байбихьиялъе аслияб гӏиллалъунги кколеб буго гьенир гӏумру гьабун ругезе букӏине кколеб даражаялда социалиялги цогидалги шартӏал чӏезарун гьечӏолъи.
Араб гӏасруялда, ай 1992 соналъул байбихьуда мугӏрузул районазул социалиябгун экономикияб цебетӏей букӏинаби мурадалда гӏуцӏун букӏана хасаб «Горы» (Мугӏрул) абураб программа ва гьелъул дирекция. Гьебго заманалда гьеб суалалдехун пикру буссинабуна Россиялъул хӏукуматалъги. Доб мехалда гьелъ къабул гьабуна «1992-2005 соназда Дагъистан Республикаялъул мугӏрузул районазул социалиябгун экономикияб цебетӏеялъул хӏакъалъулъ» абураб хӏукмуги. Хадуб гьабуна «Дагъистан Республикаялъе ва гьелъул мугӏрузул районазе 1996-2000 соназда пачалихъияб кумек гьабиялда бан Россиялъул хӏукуматалъул хӏукмаби тӏураялъул хӏакъалъулъ» хӏукмуги.
Хӏукуматалъул рахъалдасан гьединаб тӏалаб бугониги, росабазул гьумер тӏубанго хисизабун, гьенир гӏумру гьабиялъул рукӏине кколел шартӏал чӏезариялъулъ цо къадаралъулаб хӏалтӏи гьабуниги, кьучӏдасанго гьениб бугеб ахӏвал-хӏал хисизабун бажаричӏо.
Жакъа гӏицӏго магӏарулаз гӏумру гьабулел росабазул къадар бахунеб буго 297-ялде. Гьелдаго цадахъ 90-ялдаса 100 проценталде щвезегӏан къадаралда магӏарулаз яшав гьабулеб буго 462 росулъги.
Нилъер росабазул жал рарал къагӏидабазулги, рукъзабазул сипатазулги буго цо хасаб тартибги. Цоцазда аскӏор цун ран, цоязул тӏох цогидазул азбарлъун кколеб букӏана цебе заманалда. Гьебги букӏана аслияб куцалда ракьалъул къимат гьабун, гьеб тӏощел, пихъ гӏезабизе цӏунун тей мурадалда гьабулеб цӏуна-къай. Жакъа, узухъда, гьеб суалалдехун цӏакъго батӏияб бербалагьи буго.
Росабалъ гӏумру гьабиялъулъ билълъанхъараб къагӏида буго тухум-кьибилалъул кьучӏалда. Кӏудиял хӏалтӏаби гьарулаго, минаби ралаго, хурулал хӏалтӏаби тӏоритӏулаго, гваял гьарун, цоцазе кумек гьаби букӏана гӏадатлъун лъугьун. Гьелъ магӏарулазул цоцалъ гъунки, тухумазул гьудуллъи щула гьабулаан.
Жагърапиялъул рахъалъ босани, мугӏрузул районазда гуребги, магӏарулаз гӏумру гьабулеб буго Буйнакск, Хасавюрт, Гъизилюрт, Гъизляр, Тарумовка районаздаги.
Магӏарул чӏахӏиял росабилъун ккола 11 азаргоялдасаги цӏикӏкӏун гӏадамаз гӏумру гьабулеб Болъихъ росу, 10 азарго чияс яшав гьабулеб Чӏикӏаб росу ва гь. ц.
Киназего баянаб букӏахъе, магӏарул росабалъ аслияб куцалда хӏалтӏи гьабула ракь хӏалтӏизабиялда, росдал магӏишаталъул культураби гӏезариялда, ахихъанлъиялда ва гӏи-боцӏи хьихьиялда сверухъ.
Советияб заманалда росабалъ рес щвана ракьал лъалъан, гьездаса цӏикӏкӏун пайда босизеги. Амма ахирал соназда хӏалтӏи гьечӏого гӏемерисел ругониги, цересел соназда гӏадин хӏалуцун гьел бутӏабазда гьабулеб жигарчилъиги нахъеккезе тун буго.
Гьелдаго цадахъ магӏарул росабалъ тӏиритӏарал рукӏана тӏансаби ресси, цӏулада, ганчӏида накъишал рахъи, арбабашал, буртаби гьари гӏадал махщелалги. Гьел пишабаздехунги цӏакъго лъикӏаб бербалагьи бугин абизеги жакъа захӏмат буго. Къайи гьаниса босун, добехун бичиялдалъун гӏумру гьабиялъул къагӏидаги дагь-дагьккун тарихалде унеб бугелъул, жакъасеб къоялъул цӏиял пишабазда цадахъго нилъерго росабазулъ ругьунаб магӏишат гӏезабиялда хурхараб хӏалтӏи цебетӏезабуни, ракӏалде ккола, цӏакъго лъикӏ букӏинаанилан.
Гьеб кинабго ва жакъасеб къоялъул гӏумруялъул хаслъабиги хӏисабалде росун, бокьилаан, гӏагараб росдал тарихалъул хӏакъалъулъ нужерго пикрабиги загьир гьарун, нижехъе хъвани.
З. Ильясов