Хӏурматияб редакция, салам буго киналго дагъистаниязде ва бицине бокьун буго Хьаргаби районалъул Гӏаймаки росулъа гӏолохъабазул хӏакъалъулъ.
2022 соналда нижер шагьар букӏана биххизабун, хвана гӏемерал гӏадамал.
Нижер рукъ букӏана бащдаб бухӏун, гумпарабаз борлъ-борлъун. Гьединаб хӏалалда ругел минабахъ гӏумру гьабун рукӏана гӏадамал.
Киналго бакӏал ралел бригадабаз инкар гьабулеб букӏана нижер рукъ къачӏазе, гьеб тӏубанго биххизабизе кколинги абун.
Хадуб, Хьаргаби районалъул Гӏаймаки росулъа Мухӏамадов Мухӏама вачӏана вацал Мухӏамаев Арсенгун ва Мухӏамадов Мансургун.
Гӏемер захӏмалъаби дандчӏвана гӏолохъабазда, букӏаниги гьез тӏаде босана нижер рукъ къачӏазе.
Хӏалтӏаби гьаризе гьел лъугьиндалги рукӏана роржун рачӏунел ракетабиги, кьвагьа-гӏанхъиялги. Гьез Бетӏергьанасда гьарулеб букӏана гумпара нижер рукъалда щогегиян, бачӏунеб букӏана къваригӏа-тараб.
Палхӏасил, гьез хӏукму гьабуна минаялъул бухӏараб рахъ биххизеги гьабун, цӏидасан базе. Цогидаб рахъалдаса тӏох букӏана борлъун. Хисизеян гьеб нахъе бахъидал, бана чвахунцӏад. Щуабилеб тӏалаялда ругел рукъзал рукӏана накалде щвезегӏан лъелъ тӏерхьун. Арсеница киназулго ракӏ батизабулаан, дагьаб заманалъ яхӏ бахъеян гьарулаан.
Гӏемерал рукӏана гьединал хӏужаби, амма гӏолохъабаз киназего кумек гьабулаан.
Гьабсагӏаталда тӏубан бан лъугӏулеб буго нижер №38 мина. Киналго гӏадамаз, гьенир гӏумру гьабулез кӏудияб баркала кьолеб буго гьел гӏолохъабазе ва лъикӏал рагӏабаздалъун ракӏалде щвезарула ватӏаналде арал Арсенги Мухӏамаги. Мансур жеги гьанивго хӏалтӏулев вуго.
Антонина ва №38 минаялъур гӏумру гьабулел