Араб анкьалда, 28 маялда Махӏачхъалаялда, Муса Мухӏамадовас гӏумру гьабун букӏараб хъвадарухъабазул минаялъул къадада чӏвана ракӏалдещвеялъул хъарщи. Тадбиралда гӏахьаллъана хъвадарухъаби, шагӏирзаби, журналистал, студентал, хъвадарухъанасул гӏагарлъи, гьудул-гьалмагълъи, республикаялъул хӏукуматалъул нухмалъиялъул вакилзаби, министрал ва хъвадарухъанасул асарал рокьулел цогидалги дагъистаниял. Тадбир рагьана ва нухда бачана Алексей Тимохиница. Дандеруссиналда кӏалъана ва хъвадарухъанасул творчество ракӏалде щвезабуна Дагъистаналъул хӏукуматалъул председателасул заместителасул ишал тӏуралев Муслим Телякавовас, Махӏачхъала шагьаралъул бетӏер Жамбулат Салавовас:

— Муса Мухӏамадовасул асаразулъ хасаб бакӏ ккола магӏарул росдал гӏумруялъ. Гьесул асаразул героялги руго гӏадатиял магӏарулал, росуцоял. Гьесул буго къуватаб проза. Гӏадада батиларо гьесие критиказ ва проза бокьулез Дагъистаналъул Шолоховилан цӏар кьурабги. Хъвадарухъанасул творчествоялъулъ хасаб бакӏаб ккола «Къисас», «Кьалбаз ккола гъветӏ», «Лъукъарал кьураби» роман-трилогиялъ. Руго гьесул гӏисинал цӏалдолезе хъварал асаралги. Бицуна, доб заманалда М. Мухӏамадовасул тӏахьал библиотекабазда ратизе цӏакъ захӏмат букӏанилан. Жакъаги гьедин бугин абула. Рахьдал мацӏалда цӏализе бокьаразе гьечӏо хъвадарухъанасул тӏахьал. Гьелъул магӏнаги ккола, кинаб заман бачӏаниги, кинаб гӏел босаниги, Муса Мухӏамадов вукӏана, вуго ва вукӏинеги вуго унго-унгоги халкъияв хъвадарухъанлъун. Гьеб рахъ босани, гьев хутӏизеги вуго талихӏав инсанлъун — гьесул асаразулъ талихӏги рохелги батулеб буго жакъаги цӏалдолезда, — ян абуна гьез.

Ракӏалдещвеялъул хъарщи рагьулеб лахӏзаталъ, гьадин бицана хъвадарухъанасул вас Жамбулатица:

— Гьале цӏидасанги лъимерлъуде тӏадвуссараб гӏадаб асар гьабуна дие. Гьал къватӏахъан чанги векерана дун, гьанив гӏуна дун. Гьанисан, гьаб хӏикматаб минаялъул кавудахъан, рагьана нижее цӏияб гӏумруялде цӏиял нухал. Ниж, хъвадарухъабазул, шагӏирзабазул лъимал, гӏодоркъояз бакъинегӏан азбаралъурги расандун, цо-цо мехалда щолаан эбел-инсуда цадахъ цоцазухъе гьоболлъухъги. Доб букӏана цӏакъ аваданаб заман — хъвалелги цӏалдолелги гьарзаяб. Мусахъеги Фазухъеги къойилго гӏадин рачӏунаан цӏалдолезул кагътал. Инсуца хӏаракат бахъулаан щибаб кагъат мухӏканго цӏализе ва щибалъе жавабги кьезе. Цо-цо дицаги Махӏачицаги махсараги гьабулаан, кагътазул цоцоялгӏаги нижехъе кьейилан, нижеца кьелин жавабилан. Кинго разилъулароан эмен. Кигӏан свакан рокъое ячӏаниги, эбелги гӏодой чӏолаан кагътазе жаваб кьезе. Гьелъги цониги кагъат толароан, кӏвар гьабичӏого. Гьединаб букӏана доб заманалда шагӏирзабазул ва хъвадарухъабазул гӏумру. Гьединалго кагътал рачӏунаан цогидал шагӏирзабазухъеги. Гьеб кӏудияб рохеллъун букӏунаан гьезие. Жакъаги дида цере рачӏуна Мусалги Фазулги сипатал — цӏалдолезул кагътал цӏалулелъул, гьезул гьурмазда букӏунеб букӏанщинаб рохел. Гьединаб буго хъвадарулезул гӏумру — гьел кӏодолъун рачӏуна цӏалдолез жидеего кьолеб къиматалда цадахъ. Къадруги борхула. Гьагъабехун буго хӏухьбахъиялъул майдан. Гьенирги чанги хьвадана ниж эбел-эменгун цадахъ. Кигӏан урхъаниги, доб заман тӏадбуссинаро. Амма дие Мусаги Фазуги хутӏизе руго даим гӏолохъаналлъун. Гьединаллъун хутӏизе руго гьезул асаралги щибаб гӏелалъе, — ян.

Рагьана мемориалияб хъарщи. Гьенисан нилъехъ валагьун вуго жиндир асараз цӏалдолел асир гьарурав, Дагъистаналъул адабияталда гъваридаб ва гвангъараб лъалкӏ тарав, мугӏрузул улкаялъул Михаил Шолоховилан критиказ ва пероцояз цӏар кьурав, Дагъистаналъул халкъияв хъвадарухъан Муса Мухӏамадов.

Шамай Хъазанбиева