Дагъистаналъул халкъияй шагӏир Фазу Гӏалиевалъ, жиндирго гӏумрудул гьудул, Дагъистаналъул халкъияв хъвадарухъан Муса Мухӏамадов хведал хъвараб кочӏолъ руго «Хъвадарулеб ана дур тӏолго гӏумру», — ян абурал мухъал. Хӏакъикъаталдаги, тӏолабго гӏумру хъвадарулаго арав Муса Мухӏамадов гьавуралдаса исана тӏубана 100 сон. Гьесул хӏурматалда, гьевги ракӏалде щвезавун, 28 маялда Махӏачхъалаялда тӏобитӏана юбилеялъулаб тадбир.
Тахшагьаралъул майданалда аскӏоб бугеб, гӏемерал соназ Мусаца гӏумру гьабураб минаялъул къеда чӏвана кӏудияв хъвадарухъан ракӏалде щвезавураб мемориалияб къоноги.
Гьелдаса хадуб Гӏурус театралдаги тӏобитӏана юбилеялъулаб сордо.
Тадбиралда кӏалъарав ДРялъул хӏукуматалъул вице-премьер Муслим Телякавовас бергьун кӏудияб къимат кьуна хъвадарухъанасул творчествоялъе. Бицана гьес нахъа тараб нухлул, Дагъистаналда, Северияб Кавказалда ва тӏолабго улкаялда гьесул творчествоялъ кколеб бакӏалъул хӏакъалъулъ.
Литературиял журналазул бетӏерав редактор, публицист Мурад Ахӏмадовас бицана Муса Мухӏамадовасул бечедаб творчествоялъ Дагъистаналъул адабияталъе тараб меседилаб хазинаялъул хӏакъалъулъ.
Хӏакъикъаталдаги, Мусаца гӏадин 70-ялдасаги цӏикӏкӏун тӏехь хъварав прозаик гьечӏо магӏарулазул ва Дагъистаналъул хъвадарухъабазда гьоркьов.
Гӏолохъанаб мехалдаго Мусаца Фазуде гьабун букӏараб кечӏги ахӏана гьениб ДРялъул халкъияв артист Гӏабдула Мухӏамадмирзоевас. Хадуб Фазуца Мусаде гьабун букӏараб кечӏ ахӏана ДРялъул мустахӏикъай артистка Машидат Гӏумарасхӏабовалъ.
Тадбиралде рачӏаразе баркала кьун кӏалъана Мусал вас, «Лезгинка» ансамблялъул нухмалъулев Жамбулат Мухӏамадовги.
70 сонил ригьалда, 1997 соналъул 26 февралалда къадаралде щвана мунагьал чурад. Гьеле гьел соназда жаниб цоялдаса цоял магӏна гъваридал, цӏалдолез кутакалда къабул гьарурал тӏахьалги хъвана Мусаца. Советияб заманалда цоцазухъе кьун, щибаб гъасда, гӏухьбузул цӏадухъ, хуриб-хариниб цӏалулел рукӏарал Мусал тӏахьазул гӏемерисел жакъа кодоре щолел гьечӏо. Магӏарулазул адабият бокьулел жакъаги гӏашикъго руго гьесул тӏахьазухъ. Мазгаруласулги Ханикалги гӏажаибаб рокьул хӏакъалъулъ цӏализе, Салимил Гӏашурал, Гӏалисултанил ва Зубаржатил къисматалъул хӏакъалъулъ цӏидасан пикру гьабизе, гьелгун цадахъ рохизе ва пашманлъизе анищалда руго магӏарулал.
Муса Мухӏамадовасул юбилеялъулаб сонги бугелъул, ракӏалда буго гьесул творчествоялъул хӏакъалъулъ жеги бицине ва кӏудияв хъвадарухъанасул хӏакъалъулъ газеталъул хадусел номеразда хъвазе, гьесул лъималазул ва гӏагарлъиялъул ракӏалдещвеязухъ гӏенеккизе. Харбалго гӏадин, кутакалда пасихӏго хъварал Мусал кучӏдулги цӏализе рес щвела нужее.
1947-1949 соназда, «Цӏияб канлъи» абураб цӏаралда гъоркь Къахӏиб (Шамил) районалда биччалеб букӏараб газеталъул редакторлъун вукӏана Муса. Гьениса ана гьев Саратовалъул партшколалде цӏализе. Гьебги лъугӏизабун, Махӏачхъалаялде щварав чи, гьанжего гьанже Литературияб институтги лъугӏун вачӏунев Расул Хӏамзатовгун дандчӏван, гьес мукӏурги гьавун, росулъецин щвечӏого, Литературияб институталде цӏализе ана Муса. Тӏокӏлъиялда гьебги лъугӏизабуна.
Литературияб институталда цӏалулеб мехалдаго хъвазе байбихьун букӏана гьес машгьураб трилогия: «Къисас», «Кьалбаз ккола гъветӏ», «Лъукъарал кьураби». Гьелъул хӏакъалъулъ гьадин ракӏалде щвезабулеб буго Мусаца: «Инсуе бокьун букӏана хурги бекьун, бокьги бахъун дун жиндаго аскӏов вукӏине. Амма дир ракӏалъ батӏияб иш, ай адабият тӏаса бищана. Дир кечӏ бахъараб газеталъул номерги босун дун вачӏиндал, гьес нодо букӏкӏинабуна: «Кечӏалъ хьихьуларо чи, хьонги бекьун бижараб тӏощалица гурони», — ян абуна ва довехун вуссун чӏарав тӏокӏалъ дида кӏалъачӏо гьеб къоялъ.
Амма чанго соналдасан, дир «Къисас» абураб тӏехьги кодоб ккун, разиго сверухъ ругезухъ балагьана эмен. «Гьабниги Къуръангӏанасеб тӏехь хъван бихьула васас», — ян абуна гьес, аскӏор гӏодор чӏаразда. Гьеб букӏана дие тӏадегӏанаб рецц-бакъ, дица гьабураб хӏалтӏуе щвараб кӏудияб къимат.
Дун Литературияб институталде нахъвуссун индал, вацасда цӏализабун буго гьес тӏехь. Вацас бицунаан, жиндирго тӏолабго гӏумру цебесан араб гӏадин вохун вукӏанила эменилан абун».
Аллагьас хъван батани, августалъул ахиралда хъвадарухъанасул ватӏан Гьандихъги Шамил районалъул центр Хӏебдаги кӏодо гьабизе буго Муса Мухӏамадов гьавуралдаса 100 сон тӏубай. Гьенир цӏидасанги данделъила Мусал творчество хириял.
Ашахан Юсупов