Машгьурав хъвадарухъан, журналист, таржамачи Асадулагь Мухӏамаевасул хӏакъалъулъ Хочо Хӏамзатовасул гьаб макъала 1992 соналда бахъун букӏана «Хӏакъикъат» газеталда. Гьел кӏиялго рукӏана Хунзахъ районалдаса, гӏемерал соназ цадахъ хӏалтӏана магӏарул газеталда, гьединлъидал макъалаялъул авторасда лъикӏ лъалаан Асадулагь. Берцинаб мацӏалъ хъвараб, хъвадарухъанасул гӏумруялъул хӏакъалъулъ мухӏканал, дурусал хӏужаби жинда жанир ругеб Хочол макъалаялъул жакъаги буго кӏвар. Гьединлъидал, исана Асадулагь Мухӏамаев гьавуралдаса 130 тӏубайги хӏисабалде босун, пикру ккана макъала цӏидасан газеталда бахъизе. Гьелдаго цадахъ газеталъул хадусел номераздаги кьезе буго хъвадарухъанасул гӏумруялъулги хъвадарухъанлъиялъулги хӏакъалъулъ батӏи-батӏияб материал.

Редакция

Хочо Хӏамзатов

Гӏажаибаб букӏана Мухӏамаев Асадулагьил гӏумруялъул байбихьи. Гьев гьавуна 1896 соналда Авар округалъул Гьамуши росулъ мискинаб хъизамалда. Гьитӏинаб мехалъ эбел-инсуца Асадулагь гӏараб мацӏ лъазабизе тӏамуна.

Гӏага-шагарго 1908 соналда Турциялдаса гьесул эбелалъул вац Гӏабдурахӏман вачӏун вукӏана росулъе ва, тӏадвуссун унелъул, гьес цадахъ бачун ана росулъ букӏараб хъизамги. Гьамушиса ун, гамиде рахинегӏан гьезул нух халатабги захӏматабги букӏана. Гьел гамиде рахиндал, гьенив Гӏабдурахӏманида ватула Асадулагьги. «Вахӏ, мун кин ккарав гьаниве, щай вачӏарав?» — абун цӏехедал, Асадулагь мукӏурлъана жив, нужедасаги вахчулаго, хаду-хадув вачӏанилан ва жиндиеги Турциялде вачӏине бокьун бугилан. Гьеб сапарги гьес бухьун буго эбел-инсудаги лъачӏаго. Щиб гьабилеб, 12 сон барав чи нахъейищ вуссинавилев? Вачун вуго жиндирго васасда цадахъ Турциялде гьевги. Гьезул чӏей букӏун буго Бурсаялда.

Харбазухъ гӏенеккани, нилъ гьечӏеб бакӏалда кинабго чӏван-чӏобого букӏуна, жеги хӏамаги кӏиго шагьиде щолин абула. Амма хӏакъикъат батула гьелъул гӏаксалда. Асадулагьицаги Турциялда гӏемераб захӏмат баччизе ккун буго. Хасго имгӏал унтараб мехалъ, гьезул тӏолабго хъизан хӏалтӏун буго цо бечедав чиясул ахикь. Гьезул, талихӏалъ, лъикӏ хӏалтӏарал гӏадамазул къимат гьабулев ва сахаватаб хасияталъул чи ватана гьев. Гьесул кумекалдалъун ворчӏун вуго Асадулагь гьенив цӏализеги.

Асадулагь щвана Сириялдеги. Гьениве унаго, нухда лъелго щиб, вараниялда рекӏун щиб, салул авлахъалдасан къечон, кӏалдиб хӏацӏу бакъван, тату хун ине ккун вуго. Рашидия абулеб бакӏалда цӏализе лъугьун вуго рухӏанияб школалде. Цӏализе ккани, гӏарацги къваригӏунелъул, гьев хӏалтӏизе лъугьун вуго тӏурччи бахъулев чилъун. Бакӏ-бакӏалъул гӏадатин абула, гьенибги гӏадат букӏун буго гӏадамаз цӏа рукъ бакьулъ тӏорччода бакулеб. Гьеб тӏурччийин абуни, бахъулеб букӏун буго, рохьобго цӏулги бухӏун. Тӏурччи бахъизе ун, Асадулагьицаги гьев гӏадазги анкьал ралел рукӏун руго рохьор. Кин бугониги, Асадулагьица гьеб школа лъугӏизабун буго ва нилъер гьаниб гьеб рухӏанияб школалда босараб лъай тӏадегӏанаб лъаялда бащад гьабун буго.

Асадулагь Турциялдаса тӏадвуссун вуго 1913 соналда. Амма гьев халат росулъ хутӏуларо. Гьесул ракӏцӏала Шурагьиб букӏараб Чӏохъа Мавраев Мухӏамадмирзал басмаханаялде. Гьенир гӏараб ва Дагъистаналъул мацӏазда рахъулел рукӏана тӏахьалги газеталги. Асадулагьида лъалаан парс, турк, лъарагӏ, гӏурус ва цӏакъго лъикӏ гӏараб ва магӏарул мацӏалги. Гьесул букӏана хӏисаб гьечӏого берцинаб, цӏализе бигьаяб, ракӏ балеб хатӏги. Асадулагьил лъайги, мацӏалги, хасго хатӏги басмаханаялъе цӏакъ хӏажат букӏана. Нилъер тӏоцебесеб «Магӏарулав» абураб газеталъул бетӏер буго Асадулагьил квералъ хъвараб. Гьанжеги гӏажамалъ хъварал гӏемерал тӏахьал дандчӏвала «Гьаб тӏехь хъвана Мухӏамаев Асадулагьица, Гьамушиса» абун ахада хъварал.

Асадулагь Мухӏамадов

Асадулагьида лъалаан гӏараб цӏаларал гӏемерал гӏадамал, гӏарабалъ яги гӏажамалъ тӏахьал хъвалел яги редакторлъи гьабулел чагӏи. Гьесда лъалев вукӏун вуго Махӏач Дахадаевги. Махӏачил хъизан Написат-ханумилги букӏана магӏарул мацӏалда бахъулеб «Заман» абураб газета. Газеталъул материалазул мурад букӏана социал-демократазул партиялъул пикраби тӏиритӏизари.

Асадулагьица инкъилабалде кӏудияб рохалидалъун дандчӏвай гьабуна. 1921 соналда Авар округалъул партиялъул комитеталъ ва окрисполкомалъ гьев тасдикъ гьавула халкъияб лъай кьеялъул отделалъул (ОНОялъул) тӏоцевесев заведующийлъун. Гьеб хъулухъалда гьес гӏемераб лъикӏаб хӏалтӏи гьабуна округалда школал рагьиялъул, мугӏалимзаби хӏадур гьариялъул, ятимал лъималазул тӏалаб-агъаз гьабиялъул рахъалъ. Дол соназда, эбел-эменги хун, ятимго хутӏун вукӏарав Хунзахъа полковник пенсионер Халидов Расулица Асадулагьиде кӏудияб рокьигун ва баркалагун бицунаан 1921 соналда гьес живго интернаталде витӏараб куцалъул хӏакъалъулъ.

Дол соназда улкаялдаго ва нилъер гьанивги тӏолго халкъалъул пикру тӏаде кьураб суал букӏана Волга гӏор чӏван ругел областазда ккараб балагь-ракъи. Кирго гӏадин, Авар округалдаги гӏуцӏун букӏана ракъи бугел областазе кумек гьабиялъе хасаб комиссия. Гьеб комиссиялъул председательлъун тӏамун вукӏана ОНОялъул заведующий Мухӏамаев Асадулагь. Округалда комиссиялъ гӏемераб хӏалтӏи гьабуна ракъи бугел областазе битӏизе тӏощел, гӏарац ва цогидабги бакӏариялъул ва битӏиялъул рахъалъ.

Нилъер республикаялда тӏахьалги газеталги рахъиялъул иш цӏикӏкӏанагӏан, кадрабазде хӏажалъиги цӏикӏкӏана. Асадулагьги гьевго гӏадал цогидалги нахъеги басмаялъул ишазде ахӏана. Асадулагьица бицунаан, букӏунаанила цохӏо чияс газета гьабизе кколеб замангиян.

1934 соналда, магӏарул мацӏалда цӏияб, кӏудияб роценалъул «Магӏарул большевик» газета бахъизе байбихьараб мехалъ, гьелъул тӏоцересел хӏалтӏухъабазул цоявлъун вукӏана Асадулагь. Гьев хӏалтӏана советиябгун дармил отделалъул заведующийлъун. Гьес кумек гьабулаан цӏиял, хӏалбихьи гьечӏел хӏалтӏухъабазе. Асадулагь вукӏана цадахъ ругезе лъикӏав гӏакълучиги, кумекчиги, хӏалтӏулъ мухӏканлъиялъе лъикӏав мисалияв чиги. Мацӏазул ва полиграфиялъул рахъалъ гьев нижее энциклопедиялъунги мугӏалимлъунги вукӏана. Газета анкьида жаниб анлъго нухалъ бахъизе лъугьараб мехалъ, магӏарул мацӏалде буссинабулеб материал цӏакъ гӏемерлъана, ва Асадулагь гьеб отделалъул бетӏерлъиялде вачана.

Ватӏанияб рагъул соназда газеталъул кӏвар бугеб иш кколаан фронталдаса рагъухъабазул кагътазда тӏад хӏалтӏи гьаби, гьезул рагъулал ишал машгьур гьари. Гьеб ишалъулъ лъикӏаб гӏахьаллъи гьабулеб букӏана Асадулагьицаги. Цо гьитӏинаб мисал. Редакциялде бачӏараб дир кагъат, газеталдаги бахъун, 1946 соналда дун рагъдаса тӏадвуссун вачӏараб мехалъ, дихъе нахъе кьезе цӏунунги батана гьес. Гьединав, ракӏ биччарав, бачӏунесеб заманалъул пикру гьабулев чи вукӏана Асадулагь.

Магӏарул газетазул редакция кидаго цадахъ хӏалтӏулеб букӏана Цӏадаса Хӏамзатил цӏаралда бугеб Дагъистаналъул литератураялъул, тарихалъул, мацӏалъул институтгун. Мацӏалъул, гьелъул битӏунхъваялъул, алипалъул ва цогидалги суалазда тӏад хӏалтӏулел рукӏарал Ш. Микагӏиловасулгун, М.-С. Сагӏидовасулгун, З. Къурбановасулгун, З. Гӏалихановасулгун ва цогидалги гӏелмиял хӏалтӏухъабазулгун редакциялъулги, гьелъул хӏалтӏухъабазулги, хасго Асадулагьилги щулияб бухьен ва дандбай букӏунаан. Асадулагьие ракӏ-ракӏалъ бокьулаан магӏарул маданият, гьеб бечед гьабизе, цебетӏезабизе. Масала, Хъахӏабросулъа Махӏмудил тӏоцебесебги (1926) кӏиабилебги (1928) гӏажамалъ басмаялда бахъараб кучӏдузул тӏехь Асадулагьил квералъ хъвараб буго, ва абула, гьел кучӏдул Игьалиса Гӏарашил Гӏумаридаса хӏалицаго гӏадин щвезарунилан. Асадулагьицаги гьалмагъзабазги, Гӏумаридаса балъго, гьес кечӏ ахӏулеб мехалъ, нахъасан хъван руго гьел кучӏдул.

Асадулагьил квералъ хъван руго гӏемерал туркабиги мавлидалги. Хадурккун гьес магӏарул мацӏалде руссинаруна А. С. Пушкинил, К. Хетагуровасул, Жамбулил, С. Стальскиясул ва цогидалги авторазул асарал ва И.В. Сталинил биография.

Мухӏамаев Асадулагь цӏакъ вохулаан рахьдал мацӏалда лъикӏаб тӏехь къватӏибе бачӏиналдаса. Жинцаго Асадулагьицаги нилъее нахъе тана чанго лъикӏаб асар. Магӏарулазда лъикӏго лъала гьесул «Магӏарулай» абураб къиса (1951).

Кӏиабилеб тӏехьги букӏана «Кӏудадаги васги» абураб къиса (1965). Авторас гьенив вихьизавулев вуго гӏакъилав, махщел бугев кӏудадаги гӏун вачӏунев васги. Дицани абилаан гьеб къисаялъул кӏвар гьанже тӏадеги цӏикӏкӏараб бугилан, щайгурелъул кӏудабазул малъа-хъвай гьанже кутакалда хӏажат бугелъул.

Цӏалдолезе цӏакъ бокьараб Асадулагьил асарлъун букӏана «Чаландарил сапар». Гӏемераб абула, гьеб бахъизегӏан, гьелде щвараб пасихӏаб асар лъималазе цӏализе букӏинчӏилан. 1987 соналда бахъараб 5 классалъе бугеб «Авар литературияб хрестоматиялдаги» буго гьеб асаралъул цо бутӏа.

Асадулагьица хъван ва гӏурусалде буссинабун букӏана тӏарикъаталъул хӏакъалъулъ кӏудияб, щвалде щвараб материал. Амма гьеб ахиралде щвезабизе гьесул рес гӏечӏо.

Асадулагьил йикӏана кӏиго чӏужу, цояй лъарагӏай. Гьелъие лъимер гьабичӏо. Цояй жидерго росулъа йикӏана. Гьелъул йикӏана кӏиго яс: Сакинатги Патӏиматги. Сакинат хвана, васги ясги нахъе тун. Дагьав цевегӏан васги хвана. Гьесул васал цӏалулел руго. Яс Чакар мугӏалимлъун Гьамуши росулъ хӏалтӏулей йиго. Патӏиматги, тӏадегӏанаб лъайги босун, Махӏачхъалаялда мугӏалимлъун хӏалтӏулей йикӏана. Исана гьейги гочана инсул росулъе ва гьенийги мугӏалимлъун хӏалтӏулей йиго.

Тӏахьал хъваниги, Мухӏамаев Асадулагь Хъвадарухъабазул союзалъул член вукӏинчӏо. Гьес лъугӏизабичӏо Литературияб институтги. Нилъеда лъалеб хӏакъикъат буго, гӏараб цӏаларал хӏалтӏухъаби гьесул заманалда лъикӏго сабруялда, гӏодоре риччан, жидерго бугеб къуваталда хӏалтӏулел чагӏи рукӏин. Гьединазул цояв вукӏина Асадулагьги. Гьев партиялдаги вукӏинчӏо, амма партсобраниязде вачӏунаан. Гьесие кутакалда бокьулаан гӏарабазулги турказулги кечӏ-бакъан ва жиб-жиб ригьалъ гьелъухъ радиоялдасан гӏенеккулаан. Гьесул горда гъоркь гьелъухъ гӏенеккун цоги чагӏиги рукӏунаан.

Асадулагь хвана Махӏачхъалаялда 1965 соналъул 5 декабралда. Гьев вукӏана тӏолабго гӏумру газеталъе кьурав чи. Асадулагь кколаан магӏарул адабияталъул рухӏиял церехъабазул цояв. Гьесда цадахъ редакциялда гӏемерал соназ хӏалтӏана дунги.

1992 с.