Ахираб заманалда гӏемерлъулел руго исламияб диналъул цӏех-рех гьабулелги, гьеб дин къабул гьабизе бокьаралги. Европаялде, Азиялде, Америкаялде, Австралиялде, ай дунялалъул батӏи-батӏиял бакӏазде исламияб динги лъайги цебего щун букӏана. Нилъеда лъала дунялалдаго машгьурал И. Гетте, Л. Толстой, Б. Шоу гӏадал гӏадамаз исламалъул хӏакъалъулъ абурал рагӏаби, гьез диналъе кьураб къимат. Гьаб макъалаялдайин абуни бокьун буго жидер цӏар дунялалдаго рагӏарал цо-цо чагӏаз исламалъулги бусурбабазулги хӏакъалъулъ бицунеб бугеб жо нужееги загьир гьабизе.

Рейчел Финч — 2009 соналъул «берцинлъиялъул къирал»

Рейчел ккола 2009 соналъ Австралиялда тӏобитӏараб берцинлъиялъул къецалда тӏоцебесеб бакӏ щварай гӏадан. Гьей йиго рекӏелгъеялъул, берцинлъиялъул, модабазул бицун передачаби рахъарай, берцинлъиялъул рахъалъ къецал гӏуцӏарай, телевидениялъул машгьурай хӏалтӏухъан.

Цо нухалъ Рейчелица хӏукму гьабула, исламияб къагӏидаялъ ретӏелги ретӏун, бусурбабазда цадахъ, гьезул рукӏа-рахъин лъазабиялъул мурадалда цо къо тӏамизе. Бусурбаби гӏемераб бакӏ Австралия букӏаниги, гьеб къоялде щвезегӏан исламалъулги бусурбабазулги хӏакъалъулъ гьабин абизе жо Рейчелида лъалароан.

Пуланаб къоялъ Австралиялъул бищунго берцинай яс («берцинлъиялъул къиралин» абун цӏар лъурай гӏадан) цо бусурбабазул хъизамалъухъе гьоболлъухъ ана. Фотомодель Рейчел Финч къабул гьаюрай гӏадан Ребекка Кей йикӏана чанго соналъ цебе ислам босарай, ункъо лъимадул эбел. Шаргӏияб ретӏелги ретӏун, Рейчелги Ребеккаги гӏемерал бакӏазде щвана: исламалъул централде, тукабазде, садакъа-вакъфу гьабулеб бакӏалде, бусурбаби кваналеб жамагӏаталде гъорлъе, мажгиталде.

Мажгиталда бараб заман бищунго кӏочон толареблъун лъугьун буго Рейчелие. Рагӏабаз бицун хӏалкӏолареб, загьир гьабизе бачӏунареб рахӏатги, хӏалхьейги, цо батӏияб парахалъиги щванила жиндие мажгиталда йигебгӏан заманалдаян бицана гьелъ хадуб. Исламалда рекъараб ретӏел ретӏиндал, гьей йихьараз абулеб букӏана кутакалда рекъонкколеб бугин абун. Жийго Рейчелиеги кутакалда рекӏее гӏуна бусурбабазул ретӏел. Гьелъ абуна: «Цӏакъ рахӏатаб, парахатаб, берцинаб, руччабазда рекъонкколеб, чӏужугӏаданалъе чӏурканлъи кьолеб ретӏел буго бусурбабазул. Шаргӏияб ратӏлица гӏадин, сунцаниги берцинги хӏеренги гьарулел рукӏун гьечӏо руччаби. Дида бичӏчӏана исламалъ чӏужугӏадан тӏадегӏан гьаюлей йикӏин», — ан абуна гьелъ ва баркала кьуна жиндие исламалъул берцинлъи рагьарай Ребеккал хъизамалъе.

Цебеккун жинда лъалеб букӏинчӏеб, берцинаб, бацӏцӏадаб, рахӏмуялъул цӏураб ислам бихьизабунин гьел бусурбабаз жиндаян бицана гьелъ хадубги. «Маданият гӏемераб, гӏамал батӏияб жамгӏияталда гъоркьор гӏумру гьабун ругебгӏан мехалъ, щивав чиясда лъазе ккола унго-унгояб исламалъул бацӏцӏалъи. Чияца бицунеб рагӏарабщиналдаги божун, къосараб пикругун тӏирун чӏечӏого, унго-унгояб ислам, бусурбабазул хӏал лъазе ккани, гьезда гъорлъ гӏумру гьабизе, гьезул къануназда рекъон хьвадизе кколеблъи бичӏчӏана дида. Гьел рукӏун руго кутакалда гӏакъилал, камилал, адаб цӏунизе лъалел, берцинал хъизамалги гӏуцӏулел, хӏалтӏиги бокьулел, гӏамал-тӏабигӏатги сахал чагӏи. Гьезул хӏакъалъулъ СМИяз бицунебщинаб хъублъиги бугьтанги букӏун буго. Хӏакъикъиял бусурбабазе къимат кьезе ккани, гьезда гъорлъ гӏумру гьабизе кколеб букӏун буго», — ян абуна Рейчел Финчица.

Гӏумар Риган — актер, бусурбанчи

Махсара-хочӏ гӏемерав, кополав актер вукӏиналъ хехго халкъалъул рекӏелъе лъугьана Гӏумар Риган. Кидаго халкъалда цеве кӏалъазе вахъунев, халкъалъул берзукь вукӏунев актер вуго гьев. Цо данделъиялда гьес абуна: «Цо нухалъ дун вукӏана сценаялда нахъа. Нужеда лъалей ятилаха Бейонсе (Америкаялъул кочӏохъан, кьурдухъан, модель). Гьенив сценаялда нахъа вукӏаго, тохлъукьего Бейонсе йихьана дида. Гьелъул унго-унгояб куц бихьидал, дир кутакалда ракӏбуссана гьелдаса. Огь, Бетӏергьан Аллагь, цо дида бихьараб жо нужедаги бихьун букӏарабани! Устарас регъечӏеб цо лага жиндирго букӏун батиларин гьелдайин абуни, мекъи букӏинарин ккола. Тӏаса лъугьа дидаса, амма гьалеха, ракӏбацӏцӏадго бицунеб буго, доб телевизоралдасанги СМИяздасанги кьолеб баян, бихьизабулеб сипат, хӏакъикъаталдаги дандекколеб жо букӏун гьечӏо. Телевизоралъухъ балагьаразда ккелаха, унго, цо берцинлъи, гьайбатлъи балагьейин абун. Амма гьенир ракун рукӏунел киналго чирахъалги свинарун, гьурмада, черхалда баха-бакарабги бацӏцӏун, тӏад рекӏинабурабщинабги нахъе бахъун, унго-унгояй чӏужугӏаданалъул нахъе хутӏараб сипаталъухъ балагьани, цӏакъ сурараб сипатха хутӏулеб гьеб бакӏалда. Вабабай, нилъ махсараде кколел рукӏун ругеб куц, цо сури гьаб рижиялъулин ккола ракӏалде. Хӏакъикъаталдаги нилъ махсараде кколел куцха Голливудалъ.

Дица гьал рагӏабаздалъун Бейонсеги, гьелда релълъарал Голливудалъул цоги руччабиги къабихӏ гьаризелъун бицунеб жо гуро гьаб, гӏицӏго дирго беразда бихьараб, дида батараб хӏакъикъаталъул бицунеб буго.

Хӏижаб ретӏарал ясазул рацӏцӏалъиялдаги, тӏабигӏияб берцинлъиялдаги, ургъун рахъарал, гӏуцӏун лъурал Голливудалъул ясаздаги гьоркьоб зобалаздаги ракьалдаги гьоркьобгӏанаб батӏалъи буго. Гьаб бакӏалда цо хӏарпалдалъунгицин кӏодо гьабун бицунеб гьечӏо дица гьезул хӏакъалъулъ. Хӏакъикъаталдаги халгьабуни, гьел Бейонсе ва Огилера гӏадал сценаялъул руччабаздаса нусго нухалъ берциналги гьайбаталги руго хӏижаб ретӏарал бусурбанал руччаби. Гьале дица, бихьинчияс гӏадин, ракӏрагьун загьир гьабулеб буго нужее дирго пикру. Гӏицӏго цо хӏужа босилин — шаргӏияб ретӏел ретӏарай чӏужугӏадан йихьидал, дуда гӏицӏго Аллагь гурони ракӏалде щоларо, тӏокӏаб батӏияб хивалги рекӏелъе бачӏунаро. Дуцаго гьабулебщинаб квешлъиялдаса рикӏкӏалъизе яхӏ бахъула, ракӏбацӏцӏад гьабиялда тӏад ургъула, къокъго абуни, дурго гӏамал лъикӏалде ахӏула. Гьелъул гӏаксалда, я беразул кьер, я гьурмал куц, я лугбузул роцен, щибго жо жидерго гьечӏел, кинабго тӏад рекӏинабурал, хисизабурал Голливудалъул ясикӏаби рихьидал, инсанасул бидулъ щайтӏан гурони хьвадизе лъугьунаро. Битӏараб бицани, дие мисалалъе, гьеб заманалда рекъезабураб (гӏуцӏа-кӏутӏараб) берцинлъи бокьиларо. Хадусеб мисал, нужецаго хӏисаб гьабе, кутакалда берцинго къачӏан столалда лъун буго гьайбатаб торт. Амма кваназе гьесидал, гьеб пластикалъул гьабураб батулеб буго. Бицеха, лъие гьединаб торт хӏажат бугеб? Дие, мисалалъе, гьединаб торт бокьиларо.

Тӏабигӏияб гуреб, ургъун бахъараб берцинлъиялъул щибго пайда ва баракат букӏунаро. Голливудалъул руччаби къабихӏ гьаризелъун абулел рагӏабиги гуро дир гьал. Гӏицӏго дидаго бихьараб хӏакъикъат бицунеб буго. Исламалъул берцинлъиялде дандеккун Голливуд гьадингояб жо буго».

Кейнан Гӏабди Варсам — композитор, шагӏир, кочӏохъан

Гӏемер рукӏуна исламалъе гӏоло жидерго буголъи кьолел, хӏажатазе кумек гьабулел гӏадамал. Гьединаздасан ккола Кейнанги. Гьес бицана исламалъ гурони малъичӏила жинда ракӏ-ракӏалъ, жиндие щолеб пайда-хайиралъухъ балагьичӏого чияе кумек гьабизе. «Дидаса бажарараб кумек дица гьабула гӏадамазе. Щивав чиясдаги тӏадаб бугин рикӏкӏуна жиндаса бажарараб кумек чияе гьабизе. Гӏадамазе лъикӏлъи гьабичӏев, садакъа-хайрат кьечӏев чи дица рикӏкӏуна пакъирав чи вугин. Ислам лъаралдаса бикьулеб жо цӏикӏкӏана дир, садакъа гӏемерлъана. Щайгурелъул, гьеб диналъ инсанасда малъула жиндиего щвезе бугеб пайдаялъухъ балагьичӏого, щибго данде тӏалаб гьабичӏого, гӏицӏго Аллагьасе гӏоло, ракӏ-ракӏалъ лъикӏлъи гьабизе кколеблъи, рихьдаего гӏамал гьабизе бегьунгутӏи. Исламалъ малъулеб бищунго дие къабулаб, рекӏелъ босараб жо ккана «бахчун садакъа кьей, балъгого гӏаданлъи гьаби» абурал рагӏаби, рихьдаего садакъа гьабизе бегьунгутӏи, гӏицӏго Аллагьасе гӏоло лъикӏлъи гьаби. Гьеле гьединаб тӏадегӏанлъи, гьединаб рацӏцӏалъи исламалда батидал бичӏчӏана дида гьелдаса бацӏцӏадаб, ритӏухъаб дин дунялалда тӏад гьечӏолъи. Исламалъ малъухъе гьабураб гӏамалалдаса тӏадегӏанабги лъикӏабги гӏамал цониги гьечӏо дунялалда», — ян бицана гьес.

Мариям Франсуа Серра — Британиялдаса актриса

«Дие ислам хиралъиялъе аслияб сабаблъун ккана Къуръанги Аварагасул хӏадисалги. Тӏоцебе дица исламалъул хӏакъалъулъ щиб-щибниги жо цӏалулаан, дирго гьалмагъзабазда (бусурбабазда) нуж къосунел ругин, исламалда гьедин гьечӏин абизелъун гӏоло. Хадуб, дагь-дагьккун гьел кантӏизаризелъун цӏалулеб букӏараб исламалъ, дунго мукӏур гьаюна. Дир ракӏ хӏайранлъизабуна гьелъул берцинлъиялъ, тӏадегӏанлъиялъ, тӏокӏлъиялъ. Хӏикмалъизе бачӏана бищунго захӏматал гӏумруялъул суалазе гӏадатиял, рагӏа-ракьанде щварал жавабал Къуръаналда ратидал. Дие бищунго захӏматаблъун букӏараб «гӏадан дунялалда вижиялъе гӏилла щиб?» абураб суалалъегицин жаваб батана дида Къуръаналда.

Цо-цояз рикӏкӏунеб буго нилъеца гӏумру гьабун бугеб заманалде, маданияталде дандекколареб рукӏа-рахъин бугин исламалда абун. Хӏакъикъаталдаги гьел мекъи руго. Мисалалъе, бусурбанчӏужу хӏисабалда, гӏемер миллатазул, маданияталъул британцазде, гьезул рукӏа-рахъиналде дандекколареблъун гьечӏо дир гӏумру. Гьелъул гӏаксалда, дица кидаго лъикӏаблъун, ритӏухъаблъун рикӏкӏунеб букӏарабщинаб къанун, дида исламалда батана. Аслияб жо буго нилъерго хасаб нух батизе кӏвей: бусурбан диналдаги Британиялъул цебетӏеялдаги рекъонкколеб дирго хасаб нух батизе кӏвей, бокьараб бакӏалда цее яхъиндал бахӏсал гьаризе бажарулеб, гӏадамал мукӏур гьаризе кӏолеб лъай букӏин. Исламалъ гӏадан лъикӏалде гурони ахӏуларо, гӏаданлъиялъул гурони нухги бихьизабуларо, квешабщиналдасаги нахъги чӏвала. Дир ракӏчӏола Мухӏамад аварагасде бачӏараб динги кинабго рахъалъ камилаб, цӏубараб, сундулъго гӏурхъичӏвараб букӏин.

Мухӏамад аварагасул гӏумру нилъее киназего мисаллъун буго сундулго рахъалъ. Кигӏан кӏудияб квешлъи дуе гьабулеб бугониги, чияе лъикӏлъи гурони гьабизе бегьунгутӏи малъула, Аллагьасул ритӏухълъи сундулъго букӏин бичӏчӏизабула, квешлъиялде данде лъикӏлъи гьабейин абула. Исламалъул берцинлъи нилъеда бихьула щивав чияс жиндирго гӏамал-хасият лъикӏлъизабиялдалъун, исламияб тӏабигӏат билълъанхъизабиялдалъун, сундулъго адаб цӏуниялдалъун».

Мухӏамад Хӏабибов