Анкьабилеб февралалда, Махӏачхъалаялда Хӏайдарбег Хӏайдарбеговасул цӏаралда бугеб спортивияб кӏалгӏаялда тӏобитӏана эркенаб гугариялъул рахъалъ дунялалъул ункъцӏул чемпион Мухӏамад Гӏумаровасул хӏурматалда «Мастера ковра» абураб турнир.

Гьелъул хӏакъалъулъ бицине редакциялде вачӏун вукӏана Мухӏамад. Гьес спорталъул нухде лъурал галабазул, бергьенлъабазул хӏакъалъулъ нижеца цебесеб номералда хъван букӏана.

Мухӏамад гӏахьаллъана халкъазда гьоркьосел турниразда ва гьенив ункъо нухалъ «Мастера ковра» лигаялда дунялалъул чемпионлъун вахъана.

7 февралалда букӏараб турниралда гӏахьаллъана Дагъистаналдаса гурелги», Россиялъул батӏи-батӏиял регионаздаса спортсменалги.

Мухӏамадида турнир баркизе гьеб къоялъ рачӏун рукӏана республикаялъул спорталъул министр Сажид Сажидов, Мухӏамадил гьудул-гьалмагъзаби ва цогидалги спортсменал.

«Жакъа хӏакъикъаталдаги гӏемерав чи вачӏун вуго гьаб турниралде. Руго къватӏисел регионаздаса рачӏаралги гӏезегӏан чагӏи. Мухӏамадида баркула гьесул цӏаралда тӏоцебесеб нухалъ тӏобитӏулеб гьадинаб кӏудияб турнир. Жакъа гьаниб турниралъул байбихьуда абуна, гьес дунялалъул чемпионаталда ункъо нухалъ бергьенлъи босанилан. Дие тӏаде жубазе бокьун буго, гьел ункъоязда гьоркьоса кӏигоял ккола дица гӏахьаллъи гьабурал къецал. Дунги вукӏана гьенив гугарулев ва гьединлъидал дида кинабго ракӏалда буго. Цӏакъ балагьаразе асар гьабулеб цевевахъин букӏунаан Мухӏамадил доб мехалъ ургуялда. Ва жакъаги гьес гьеб мисал бихьизабулеб буго цохӏо ургуялда гуребги, цогидаб рахъалдасанги. Жиндирго лъималазухъеги гугариялде бугеб рокьи кьун, гьезул спорталде гъирабазабизе бажарана гьесухъа. Гьеб буго кӏудияб мисал. Жакъа гьанире рачӏун руго гӏемерал гӏун бачӏунеб гӏелалъул спортсменал. Гьеб ккола Мухӏамадица гьабураб хӏалтӏул хӏасил. Кӏвар бугеб, щивав дагъистаниясул бидулъ бугеб жо ккола спорталде бугеб рокьи. Гьелъул мисалалда кӏудияб хӏалтӏи гьабулеб буго Мухӏамадица. Ракӏ-ракӏалъулаб баркала буго гьесие гьелъухъ»,— ин абуна Сажид Сажидовас.

Жиндирго кӏалъаялда Мухӏамадицаги баркала кьуна гьеб турнир тӏобитӏизе кумек гьабуразе. Гьезда гьоркьоб хасаб баркала кьуна Махӏачхъалаялъул нухмалъулев Жамбулат Салавовасеги.

Турниралде рачӏун рукӏаразда гьоркьов вукӏана «Спорт без гарниц» абураб спортивияб телеканал бачунев Степан Крижановскийги.

Гьеб къоялъ ургуялде рахъана 35-40-45 сонил ригьалда ругел спорталъул ветеранал. Къунщбузда цӏахӏиллъи кӏутӏун бугониги, беразулъ добго жанги, гӏолохъанлъиялда букӏараб добго жигарги, дандиясда тӏад тӏокӏлъи босизе гьез бахъулеб хӏаракатги бихьулеб букӏана.

«Мастера ковра» халкъазда гьоркьосеб турниралда лъикӏаб гугари бихьизабуна ва бергьенлъи босана Дунялалъул чемпион Эльдар Хӏайдаровас.

Турниралъул ахиралда Мухӏамад Гӏумаровас киназего баркала загьир гьабуна ва супер-чемпион Хӏажимурад Таймазовасе шапакъатгун сайигъат кьуна. Гьесие щвана турниралъул аслияб приз — 500 азарго гъурущ.