Ноябралъул байбихьуда Югалъулаб Кореялъул Ульсан шагьаралда букӏана чӏорбутӏ речӏчӏиялъул Дунялалъул кубок. «Корейская мишень, 145 м» абураб номинациялда гьениб меседил медалалъе мустахӏикълъана Шамил районалъул Тӏелекь росулъа Мухӏамадгӏарип Мирзаев. 400 спортсменасда гьоркьоса чемпионлъун вахъарав гьевгун гьал къоязда дандчӏвана «Хӏакъикъаталъул» редакция. Мухӏамадгӏарипида ракӏ-ракӏалъ бергьенлъиги баркун, гьесулгун гьадинаб гара-чӏвариги ккана.

— Мухӏамадгӏарип, кида байбихьараб дуца чӏорбутӏ речӏчӏизе?

— Чӏорбутӏ речӏчӏи нилъер бидулъго бессараб спорт бугин абула дица. Гьитӏинаб мехалда росулъ, цӏулал чӏорбутӏги гьабун, чӏоралъул бегӏераб рахъалда маххги рекъезабун, речӏчӏулаан чӏорал. Политехникияб институталдаги цӏалун, рукъалдеги вуссун, магӏишат-яшавалда вугев дида чӏорбутӏ ракӏалдецин щолароан. 2016 соналда гьалмагъас абуна, рилълъа цо тиралда чӏорбутӏ речӏчӏизе бажарулищали бихьизеян. Гьеб къоялдаса нахъе байбихьана дица чӏорбутӏ речӏчӏизе мухӏканго ругьунлъизе. Щайгурелъул гьеб буго нилъер диналъги къабул гьабулеб спорталъул тайпа. Мухӏаммад аварагасул (с.гӏ.в) чанги хӏадис буго, чӏорбутӏ речӏчӏизе вас ругьун гьавизе инсуда тӏадаб бугилан бицунеб.

— Чан улкаялъул вакил гӏахьаллъарав гьел къецазда?

— Югалъулаб Кореялда исана тӏоцебесеб нухалда тӏобитӏана чӏорбутӏ речӏчӏиялъул батӏи-батӏиял тайпаби гъорлъе рачараб Халкъазда гьоркьосеб кубок. Гьелда гӏахьаллъана 32 улкаялдаса 42 къокъа. Кинавниги вукӏана щунусгоялде гӏагарун спортсмен. Гьенир тӏоритӏана гӏадаталда рекъон чӏорбутӏ речӏчӏиялъул къецал. Россиялда буго чӏорбутӏ речӏчӏиялъул анлъго тайпа. Гьезда гьоркьоса бищунго захӏматаб ккола гӏадатияб (традиционный) тайпа. 2023 соналда Россиялъул гӏадатияб чӏорбутӏ речӏчӏиялъул къокъаялъул нухмалъулевлъун вищана нилъер дагъистанияв, лъарагӏав Жамал Магьдибеков. Кореялдаги вищана гьев «Ассоциация традиционной стрельбы из лука» абураб гӏуцӏиялъул членлъун. Дунялалъулго Ассоциациялъул анкьго членасда гьоркьов вуго нилъеравги. Гьединаб къадруги гӏелму-лъайги бугев чи вуго Жамал.

— Гӏицӏго тарихияб чӏорбутӏ речӏчӏийищ Кореялда букӏараб?

— Къецазул букӏана ункъо номинация:

«Жамбы ату» – гьеб ккола казахазул тарихияб спорт. Гьелда рекъон спортсменас чӏорбутӏ речӏчӏизе ккола 30 метралъул манзилалда 150 сантиметралъул борхалъиялда кварида дализабураб ва 25 сантиметралъул борхалъиги 15 сантиметралъул гӏеблъиги бугеб хьвагӏолеб горалде. Гьеб горги букӏуна меседалъул къотӏел гӏадин гьабураб. Чӏорбутӏ речӏчӏизе ккола кварида, гьеб тӏезабурав чиясе щола доб кесекги.

«Турецкая пута» — турказул тайпа. 70 метралда букӏуна генул гӏадаб сурат бугеб 110 сантиметралъул борхалъиги бищун гӏебаб бакӏалда 70 сантиметрги бугеб чӏел.

«Венгразул чӏел» — гьениб чӏел букӏуна 90 метралъул манзилалда. Гьелъулги букӏуна 60 сантиметралъул гӏеблъиги 120 сантиметралъул борхалъиги. Гьеб букӏуна ракьалда эхетизабун.

Югалъулаб Кореялда бищунго рикӏкӏунеб ва кибго тӏибитӏизабизе гьезие бокьараб тайпа ккола 145 метралъул манзилалда чӏорбутӏ речӏчӏи. Чӏелалъул борхалъи букӏуна кӏиго метргун 66 сантиметр, гӏеблъи – кӏиго метр. Цогидал чӏелазда тӏад хъван рукӏуна, чӏорбутӏ щвараб бакӏалъе къимат кьолел тарихал, Кореялъул чӏелалда гьел рукӏунаро – бокьараб бакӏалде чӏор щваниги, чӏел босараблъун рикӏкӏуна.

— Къецазул къагӏида кинаб букӏараб?

— Тӏоцебе речӏчӏула квалификациялъе гӏоло. Щуго чӏор кьола щуцӏул речӏчӏизе. Гьедин щварал хӏасилазда рекъон риччала хадусеб бутӏаялде. Квалификациялда дие щвана 18 очко. Гьедигӏанго очко щвана анкьго чиясе. Цониги чӏор щуйилалде щвечӏо дир, жеги хӏалбихьиялъул речӏчӏиялда гӏахьаллъунги вукӏинчӏо, гьединлъидал дун ккана 14-абилеб бакӏалде, гӏезегӏанго къуватав спортсменасде данде. 1/8 бутӏаялда вукӏарав 16 чиясда гьоркьов киналго рукӏана кореялъулал, цохӏо дун хутӏизегӏан. Цогидал тайпабазул къецазда гӏахьаллъана Малайзиялъул, Белоруссиялъул, Казахстаналъул, нилъерав — Башкириялдаса ва цогидал улкабазул спортсменал. Дун вугеб бутӏаялда букӏана хӏалуцараб къец – гьелда кидаго кореялъулавлъидал бергьунев вукӏарав. 1/8 бутӏаялде дун ворчӏицин кӏудияб рохел бугинги гьеб бергьенлъилъун рикӏкӏине бегьулинцинги абун, дида аскӏове баркизе вачӏана Россиялъул командаялъул тренер.

— Цого стадионалдайищ тӏоритӏарал киналго тайпабазул къецал?

— Кореялъе ругьунаб тайпаялъул чӏорбутӏ речӏчӏиялъул къец тӏобитӏана хасаб, некӏсиябинцин абизе рекъараб, гӏицӏго чӏорбутӏ речӏчӏиялъе хӏалтӏизабулеб стадионалда. 30, 70 ва 90 метралде речӏчӏулезул къецал рукӏана батӏияб бакӏалда. Кӏиябго стадионалда гьоркьоб букӏана бащдаб сагӏаталъул нух.

Стадионалде ниж щвана цогидал спортсменаздаса бащдаб сагӏаталъ цере. Жамалица дида абуна, гьанже нилъ ругила гьалъул бетӏергьаби. Цере рачӏаразлъидал хадусел спортсменал къабул гьарулелан — дие ракӏ-макӏ гьабулев вукӏана гьев. «Кореялъул спортсмен вуго жиндирго улкаялъул къадруялъе гӏоло къеркьолев чи. Гьединлъидал досул рекӏел хӏалуцинги (спортивный мандраж) цӏикӏкӏараб букӏине буго. Кореялъулазда гьоркьове цохӏо мунлъидал ккун вугев, дуда нахъа буго хутӏараб кинабго дунял», — ан хабар бицана гьес дие.

Гьедин къецал байбихьизегӏан ругел нижеда аскӏове гӏемерав чи вачӏана. Дида тӏад ретӏун букӏана чӏегӏераб чухъа. Хъахӏаб партал тӏад ретӏарал корейцазда гьоркьов чӏегӏераб чухъа бугев дун «хъахӏаб гъеду» гӏадин вугилан махсара гьабулаан дица Жамалие. Чухъил каранда ругел гъазиралги рихьизарун, гьел сигара лъезейищ гьарун ругелан цӏехолдана Югалъулаб Кореялъул спортсменал дида. Бичӏчӏизабунаха, гьеб миллияб партал бугин ва гьениб тункӏил хер балаанин абун.

— Кореялъул халкъалъ кин къабул гьавурав жидер миллияб спорталда бергьенлъи босарав чияр ракьалъул вакил?

— Кутакалда аваданал, гьитӏинаб жоялдасаги рохулел гӏадамал ратана гьел. Спортивияб яхӏ бугел, къедал къадруялда рукӏине лъалел спортсменал руго гьел. Къецалъул щибаб бутӏаялда бергьенлъи босанщинахъе квер бачунаан, къвал балаан гьезул спортсменас. 1/4 бутӏаялда дида данде вукӏарас, чӏор речӏчӏун хадуб чӏелалъухъ балагьизецин инчӏого, дида къвалги бан, дир квер эхеде борхана. Бащдаб финалалда дун бергьиндал, дозул спортсменас дир квер бачана ва цадахъ сураталги рахъана.

Меседилаб финал букӏана хадусеб къоялъ. Къецал байбихьилелде щивасул чӏорал лъолеб бакӏида диргоялги лъуна дица. Дида данде чӏор речӏчӏизе вугев спортсменас, дихъа ихтиярги босун, мухӏканго халгьабуна чӏоразухъ ва, гьезул цоябги босун, дида аскӏове вачӏана. Гьеб рачӏалдаса кьватӏун бугоан. Гьаб речӏчӏизе бегьулароян бичӏчӏизабуна гьес дида: гӏужде щвеялъе квалквал букӏуна жагъаллъараб чӏор речӏчӏани. Гьелъги бихьизабуна кореялъулазул дандиязде жахӏда гьечӏолъи.

Гӏадатиял гӏадамалги рачӏунаан аскӏоре гьикъаризе. Чан сон бугебан гьикъидал, дица бицана 60-ян. Хӏикмалъана гьел ва «Опа!», — ян ахӏана. Гьеб щибин абураб жоян гьикъидал, «кӏудияв вац» абураб магӏна ккола гьелъулан абуна. Гьитӏинав вац кинха букӏунебан гьикъана дица. «Тен сен», — ан бицана. Гьелдаса нахъе дида Опаян, дица дозда Тен сенан гьабулаан калам.

Дозул вукӏана цо къадруяв спортсмен. Финалалде ворчӏичӏо дов. Гьес ниж рачана жидерго спортзалалде ва дие сайгъат гьабуна 16 чӏорги жиндирго цӏар тӏад хъвараб чӏорбутӏазда балеб горги.

— Финал цӏакъ хӏалуцараб букӏун буго къецалъул…

— Финалалдаги ихтияр кьуна лъабцӏул щу-щу чӏор речӏчӏизе. Дица речӏчӏун, дос речӏчӏун – хӏасил бащадго ккана. Нахъеги кьуна щу-щу чӏор кӏиязухъего, гьединго иргадал речӏчӏизе. Щуябго досулги гӏужде щвана, дирги. Нахъеги кьуна щу-щу чӏор щивасухъе. Абуна, цоясул чӏор гӏужде щвечӏого хутӏизегӏан речӏчӏизе кколилан. Дандияс речӏчӏараб тӏоцебесебго чӏор гӏужде щвечӏо, дираб щвана.

— Сунца дуе кумек гьабураб гьеб тӏадегӏанаб бергьенлъи босизе?

— Аллагьас. Гьесул хӏалкӏолъиялдалъун буго кинабго. Финалалде щвезегӏан, цониги нухалда щуябго чӏор гӏужде щвечӏо дир. Цо нухалданиги киналго чӏорал гӏужде щвезаризе кумек гьабеян гьардана дун Бетӏергьанасда – финалалда гьедин ккана.

Инсанасда бер ккола, рекӏелъ хӏинкъи-сороди бачӏуна. Гьел жалазукьа цӏуниялъул мурадалдаги, къецалъул щибаб бутӏаялда гьоркьосеб заманалда Къуръаналъул аятал цӏалулаан дица, Аллагьасул квербакъи гьарулаан. Чӏор гӏужде щун бугищ, чан очко щвараб – киналъулго халги гьабун, судияв аскӏове щвелалде, анкьцӏул аятал цӏализе рес букӏана дир.

Кумек гьабуна къецазда гӏахьаллъулел рукӏарал спортсменал-бусурбабаз дир рахъкквеялъги. Щибаб бутӏаялда дир бергьенлъиялъе «Аллагьу акбаран!» ахӏулаан гьез цадахъго.

P.S. Югалъулаб Кореялда тӏобитӏараб турниралда гӏахьаллъараб Россиялъул командаялда вукӏана щуго спортсмен. Гьезда гьоркьоб М. Мирзаевасе щвана меседил медаль. Цогидал тайпабазда спортсменазе щварал хӏасилалги кьочӏое росун, 32 улкаялдаса 42 командаялда Россиялъул командаялъе щвана щуабилеб бакӏ. Дагъистаналда ва Кавказалда цохӏо вугев халкъазда гьоркьосеб классалъул спорталъул мастер Мухӏамадгӏарип Мирзаевасе хадусел къецаздаги икъбал гьарана нижеца гара-чӏвариялъул ахиралда.

Гара-чӏвари гьабуна К. Сулеймановалъ.