Щибаб санайил, лъагӏел ахиралде щолеб заманалда, нижеца хӏаракат бахъула районазул нухмалъулелгун дандчӏвазе, гара-чӏвариял гьаризе. Аслияб мурадги — лъагӏалида жанир гьарурал лъикӏал ишазул, гьаричӏого хутӏаразул бицин.
Гьаб нухалда ниж дандчӏвана Гӏахьвахъ районалъул нухмалъулев Мухӏамад Муртазагӏалиевгун.
— Мухӏамад, Гӏахьвахъ район ккола ракьалъул гӏатӏилъиялъул рахъалъ республикаялда бищун гьитӏиназул цояб. Гьелда рекъон, районалда церечӏарал масъалабиги гӏемер ратилароха.
— ДРялъул бищун гьитӏинал муниципалитетазул цояблъун кколеб Гӏахьвахъ районалдаги руго гӏезегӏан кӏвар бугел масъалаби. Районалъул нухмалъулев хӏисабалда, дир мурад буго халкъалъул гӏумру лъикӏлъизаби. Дун гӏемер щола росабалъе, дандчӏвала гӏадамалгун, гӏенеккула гьез бицунелъухъ, гьабула гьеб киналъулго хӏасил.
Нижер районалда абизе бегьула гьитӏинаб Дагъистанилан. Гьанир гӏумру гьабун руго аварал, багвалал, гӏахьвалал, кӏкӏаралал…
Цолъиялъулъ буго къуватин абулеб ахӏиялда гъоркь хӏалтӏи гьабула нижеца.
— Нухмалъиялде вачӏиндал тӏаде росун рукӏарал масъалаби тӏуразарун бажаранищ?
— Аслиял масъалаби ккола лъим, газ, нухал. Районалъул нухмалъиялда вугебгӏан заманалда бажарана Болъихъ-Кӏаратӏа нух хъил тӏун къачӏазе. Гьабсагӏаталда Кӏаратӏе лъим бачиналъул хӏалтӏи рагӏалде бахъунеб буго.
Цӏолода-Тӏарада-Инхело росабалъе унеб лъел рогӏоро цӏигьабулеб буго. Гӏарчо-Маштада-Рачабулда-Гӏанчихъ росабалъги унел руго лъим бачиналъул хӏалтӏаби. Рагӏалде бахъун буго районалде газ бачиналъе проекталъулабгун сметаялъул документация хӏадур гьабиялъул иш.
«Культура» абураб федералияб программаялъул кумекалдалъун, Тӏарада-Инхело ва Лъибищо росабалъ культураялъул рукъзабахъ ремонтал гьаруна ва гьел хьезаруна хӏажатал тӏагӏелаздалъун. Умумузул ратӏлил формаби ва музыкалиял алатал росана «Гӏахьвахъ» фольклорияб ва «Каратинка» лъималазул кьурдул коллективазе. Райцентралда Совет Союзалъул Бахӏарчи М.-З. Гӏабдулманаповасул цӏаралда бугеб сквер цӏигьабуна.
— Нухазул бицани…
— Республикаялда хъил тӏун нухал къачӏачӏел районазул цояб ккола Гӏахьвахъ район. Гьединлъидал гьанже гьеб хӏалтӏи гьабулеб буго АО «Ахвах ремонтно-строительное управление» (РКУ) филиалалъул ва «Дагавтодоралъул» квербакъиялдалъун. Гьабсагӏаталда Тӏадмагъилъ-Кӏудиябросо участкаялда унел руго хъил тӏезе хӏадурлъиялъул хӏалтӏаби. Гьелдаго цадахъ къачӏа-кӏатӏаялъул хӏалтӏаби унел руго Кӏудиябросо-Изано нухдаги. Филиалалъ тасдикъ гьабураб графикалда рекъон, районалъул киналго росабалъ, гьоркьоса къотӏичӏого, гьарулел руго нухал къачӏаялъул хӏалтӏаби. Исана лъугӏана Кӏаратӏа-Гӏарчо нухде хъил тӏун. Гьединго рагӏалде бахъун буго Болъихъ-Цӏолода ва Местӏерухъ-Ингердахъ нухда реконструкция гьабиялъул ишги.
— Токалъул ва росдал магӏишаталъул рахъ кин бугеб?
— Токалъул бицани, 176 хӏуби хисана, 11 километралъул манзилалда кварал хисана, 13 трансформатор хисана, 51 интегрированнияб трансформаторалъул подстанция (КТП) къачӏана, 3,5 км изоляциялъулаб тел (СИП) хисана.
Гьеб кинабго хӏалтӏул гӏаммаб багьа бахана 8,8 млн гъурщиде.
Росдал магӏишаталъул рахъ фермераз, СПКяз ва рекьарухъабазгун гӏи-боцӏухъабаз данде бачунеб буго, цебе гӏадинаб даражаялда гьечӏониги.
— Районалдаса къватӏире унел гӏолилазул къадар цӏикӏкӏун бугищ?
— Гӏолилал гӏатӏиракьазде иналъе гӏилла буго хӏалтӏи гьечӏолъи. Цӏали лъугӏидал, гӏолохъанал махщелчагӏазе бокьулеб буго шагьаразда чӏезе, росабалъ ракӏ рекъараб хӏалтӏи букӏунгутӏиялъ.
Мугӏрузул росабалъ гӏолилазе санагӏатал шартӏалги махщалида рекъараб хӏалтӏиги чӏезаби ккола цӏакъ захӏматаб масъала.
— Спорталъе санагӏалъаби ругищ росабалъ?
— Спортивиял залал гьечӏел росаби къанагӏатги гьечӏо. Кӏаратӏа бана кӏудияб ФОКОТ, футболалъул ва лъималазул спортплощадкаби рана Кӏаратӏа, Тӏадмагъилъ, Лъибишо ва цогидалги росабалъ.
Гьелъул хӏасилалда районалъул лъималазул командабаз Россиялъул даражаялда тӏоритӏарал батӏи-батӏиял къецазда росана цересел бакӏал, масала, футбол хӏан. Хасго гӏемераб хӏалтӏи гьабуна гьеб рахъалъ Халкъияб Собраниялъул депутат С. Айгубовасул нухмалъиялда гъоркь Цӏияб-Цӏолода росдал жамагӏаталъ спортивиял майданал ва залал разе.
— Районалъул экономикияб цебетӏеялъе кинаб къимат кьолеб дуца?
— Дица нухмалъи гьабулеб заманалда районалъул социалиябгун экономикияб рахъалъул цебетӏей гӏемерго лъикӏлъана, гьелъие нугӏлъиги гьабула щварал грантаз ва шапакъатаз.
2022 соналъул социалиябгун экономикияб цебетӏеялъул хӏасилазул кьучӏалда, районазда гьоркьоб кӏиабилеб бакӏ ккун букӏана районалъ. 2024 соналда щвана тӏоцебесеб бакӏ.
— Райадминистрациялъ яги росабазул жамагӏатаз гӏуцӏулел тадбиразе кумек гьабулел меценатал ругищ?
— 2021-2024 соназул хӏасилазда рекъон, районалда гӏезегӏан кӏудияб хӏалтӏи гьабуна социалиябгун экономикияб цебетӏей лъикӏлъизабиялъул мурадалда, инвестициял хӏалтӏизариялъул рахъалъ.
Масала, 2021-2024 соназда районалда хӏалтӏи гьабуна инвестораз, сахаватчагӏаз, спонсораз кьураб гӏарцуде гӏаммаб къагӏидаялъ миллиардгун 232 миллионалдасаги цӏикӏкӏун гъурщиде.
Кӏаратӏа балеб буго рукъарулеб фабрика (ООО «Пронт» абураб гӏуцӏиялъул хӏаракат). Проекталъул гӏаммаб багьа ккола 209,0 млн гъурущ, хӏалтӏул бакӏазул къадар — 60 бакӏ. .
Лъибищо росдае, инвестициял хӏисабалда, биччараб гӏарцул къадар 200 млн гъурщидаса цӏикӏкӏун буго. Гьезда гьоркьор руго: мажгит базе (100 млн гъурщил инвестициял), жамгӏияб бакӏ лъикӏлъизабизе, террасаби гьаризе (тренажерал, лъималазул майданал, фонтан ва цогидабги), росдал жанисел нухал къачӏай (бетон тӏей), спортивияб зал бай ва Лъисси росулъ мажгит базе.
Кӏаратӏа «Эко-отель Шале-Карата» турбаза бай.
Тӏукитӏа «Тукита-2000» абураб хӏухьбахъиялъул база баялъул хӏалтӏи гьаби.
— СВОялда чан чи вугев районалдаса?
— Гьабсагӏат СВОялда вуго 300-гӏанасев чи.
Райадминистрациялъул хӏалтӏухъаби гьоркьоса къотӏичӏого щола гьезул рокъоре, къваригӏараб кумек гьабула.
Учреждениязул хӏалтӏухъабаз ва школлъималаз гьаруна хандакъазул хӏедучирахъал ва гьединго гьел ритӏана рагъулаб зонаялде. Гьал къоязда «БАРС» абураб волонтеразул гӏуцӏиялъул хӏаракатчагӏиги гӏахьал гьарун, СВОялде битӏана иргадулаб гуманитарияб кумек.
— Кватӏичӏого рукӏине руго рищиял. Цӏидасанги гьебго хъулухъалде вищани, районалъе пайдаял кинал ишал гьаризе ракӏалда бугеб?
— Дида ккола гьаб щуго соналда жаниб дица ва дунгун хӏалтӏулел гӏолохъабаз саламатаб хӏалтӏи гьабунин абун.
Гьаричӏого хутӏаралги масъалаби гӏезегӏан руго. Гьел ккола район газалдалъун хьезаби, райцентралъул аслияб кӏиго къотӏнобе хъил тӏей, рукъарулеб фабрика хӏалтӏизе биччай, гьениб 60 чиясе хӏалтӏи чӏезаби ва поликлиникагун ясли-ах рай. Гӏарчо, Гӏанчихъ, Рачабулда, Маштада ва Ингердахъ, Цӏолода, Тӏарада-Инхело росабалъе лъим бачин. Маштада ччукӏулеб бакӏ рукӏалиде бачин, Кӏудиябросолъ амбулаториягун культураялъул центр ва лъималазул лагерь бай, лъикӏ цӏалулел лъималазул центр рагьи. Гьединалго хӏалтӏаби гьаризе руго, жамагӏатазда дандги бан, цогидал росабалъги.
— Ахирал соназда кутакалда дагьлъун руго районалъулги республикаялъулги газетал хъвалел гӏадамал. Дур пикруялда, щиб кколеб гьелъие гӏилла?
— Гӏемерисезухъ руго телефонал, щибаб рокъор — телевизорал, гьенисан бокьараб информация щолеб буго. Букӏаниги, нилъерго мацӏ цӏуниялъе ва миллаталъул къадру борхиялъе гӏоло дица учреждениязул нухмалъулезда лъазабула районалъул «Заман» ва республикаялъулаб «Хӏакъикъат» газетал хъвазе кколин абун. Хадубккунги гьеб суал роцӏинабиялъе бажарараб квербакъи гьабизеги буго.
Гара-чӏвари гьабуна Рукъият Гӏалисултановалъ.