Жакъа цебе чӏезабизецин захӏмат буго ток гьечӏеб гӏумру. Цебейин абуни къаси мехалда росаби рукӏунаан бецӏлъиялъ ханлъи гьабун, бадиб жо тунканиги, щибго бихьулареб куцалда. Кӏудияб къваригӏел ккани гурони, руччаби къватӏире рахъунароан, рахъине ккани, канлъи бихьиялъе гьезухъ букӏунаан я бакараб кан яги тӏилада бухьараб туртида бакараб цӏа. Цӏер къачӏел нартил чирахъазул загӏипаб канлъуца тӏуран мадугьалихъ ругел росабазул гӏадамал рухӏдаллъизаризего гӏадин, 1937 соналда Къахӏиб (Шамил) районалъул Тӏидиб росдал минаби гвангъизаруна «Ильичил чирахъаз». Гьеб хӏикмалъи росулъе бачарав чи ккола инженер Хӏажиев Расул Хъазанбиевич. Гьесул хӏаракаталдалъун Дагъистаналъул мугӏрузул районазда гьоркьоб тӏоцебе Тӏидиб росулъ бана лъел электростанция. Гьайгьай, гьеб букӏана гӏицӏго къаси заманалда хӏалтӏулеб мукъсанабго къуваталъул станция. Гьелъ «гьабураб» токалъул къуват гӏолаан росдал 250 цӏаракияда, гьединго школалъул ва колхозалъул минабазда токалъул чирахъал ракизе. Расулие лъураб памятник гӏадин, гьеб станциялъул мина жакъаги нахъе цӏунун буго.
Хӏажиев Расул гьавуна 1908 соналда. Гьесул эмен Хъазанби ва эбел Хадижат рукӏана лъикӏал, лъай бугел чагӏи. Захӏматалъулаб гӏумру Хӏажиевас байбихьана 11 сон бараб мехалда, Буйнакскиялъул консервабазул заводалда хӏалтӏулей эбелалъе кумек гьабиялдасан. Цӏалана Буйнакскиялда, цӏалуда цадахъго хӏалтӏана милициялда курьерлъун, къайи тӏад лъолев-чӏехьолев чилъун. Лъимерлъуда хӏехьезе ккараб гӏакъуба-къварилъиялъ лъадарана гьесул гӏамал-хасият ва гьев лъугьана захӏмалъиялдаса хӏинкъуларев, къварилъи хӏехьолев чилъун.
1928 соналда Расул цӏализе лъугьана Москваялъул Энергетикияб институталде. Гьенив цӏалулаго гьес ячана Абиссиниялда гьаюрай тумай Миясат. Доб заманалда щуйилазда институт лъугӏарав Расул рикӏкӏунаан цӏакъ къиматав специалистлъун.
Цӏикӏкӏараб лъай-махщелги гӏуцӏарухъанлъиялъе гьунарги бугев чи хӏисабалда, гьев тӏамуна жавабчилъи цӏикӏкӏарал гӏемерал хъулухъазде: «СевКавказэнергоялъул» инженерлъун, «Электротресталъул» директорлъун, РЭУ «Дагестан» Дагэнергокомбинаталъул управляющийлъун, «Энергопромалъул» начальниклъун, «Дагэнергоялъул» начальниклъун, ДАССРалъул Министрзабазул советалъул председателасул заместительлъун, ДАССРалъул Совнархозалъул председателасул заместительлъун.
Хӏажиевасул нухмалъиялда гъоркь гӏатӏид гьаруна Махӏачхъалаялъул ва Каспийскиялъул ТЭЦал, Хьаргаби ГЭС, бана Чирюрталъул ГЭС, кьучӏ лъуна Чӏикӏаб ГЭСалъе, нус-нус километралъул манзилалда рачана токалъул кварал, рана подстанциял…
Расулица кӏвар кьолаан Дагъистаналъул гӏоразда гӏисинал электростанциял раялде, гьесул нухмалъиялда бана цо чанго гьитӏинаб ГЭС.
Хӏажиевасул бетӏерлъиялда Дагъистаналда гӏуцӏана цогояб энергетикияб система. Гьесул жигаралдалъун лъалаго лъикӏлъана ГЭСал раялъул ва гьел хӏалтӏизариялъул, гьединго гьеб бутӏаялда хӏалтӏизе тӏадегӏанаб лъай-махщалил кадраби хӏадуриялъул иш.
Мугӏрузул гӏоразда ва лъаразда токалъул станциял разе бугеб лъел нахърател балагьизе ва ругел ресал цӏехезе, гӏурумухъккун, гьев Сулахъалдаса Цӏунтӏе щвезегӏан лъелго ана. Гьеб сапаралъул кьучӏалда Хӏажиевас хъвана «Энергетические ресурсы Дагестана» абураб монография. 1941 соналда «под грифом «Секретно» абун, къватӏибе биччана гьелъул 400 экземпляр. Академик Б. Веденеевас гьеб хӏалтӏи рикӏкӏана Тӏолгосоюзалъего кӏвар бугеблъун.
Дагъистаналда машгьурлъун букӏана Хӏажиевасул цӏар. Вищун вукӏана ДАССРалъул Верховный Советалъул депутатлъун, мустахӏикълъана гӏемерал орденазе ва медалазе.
Расулил рукӏана гӏемерал гӏелмиял хӏалтӏаби, масала, «Промышленность и энергетика Дагестана за 25 лет» абураб. Гӏелмуялъул гьеб бутӏа цебетӏезабиялда гьес лъураб бутӏаялъе лъикӏаб къимат кьуна нилъерги къватӏисел пачалихъазулги машгьурал специалистаз.
Цӏакъ халатаб буго Расулица нилъер халкъалъе гьарурал пайдаял хӏалтӏабазул сияхӏ, гьезул бицун хӏалкӏоларо. Амма бицинчӏого бегьуларо цо лъугьа-бахъиналъул хӏакъалъулъ.
50-абилел соназул авалалда кӏудияб къварилъи букӏана Махӏачхъалаялда гьекъолеб лъел. Гьединаб къварилъиялда халкъги тун, хӏакъ букӏинарищ гьеб лъеца ТЭЦалъул хӏухьел цӏорозабулеб бугони. Расулица ургъана, ралъдал лъимги хӏалтӏизабун, ТЭЦалъул хӏухьел цӏорозабизе бегьулеб техникияб проект. Гьелда рекъон Каспий ралъдада гъоркьан 8-9 метралъул гъварилъуда бухъизе кколаан 70 метр халалъиялъул тоннель. Москваялъ нахъчӏвана гьеб проект. Гьеб мехалда Хӏажиевас, кинабго жавабчилъиги жиндего тӏаде босун, хӏукму гьабуна тоннель базе. Хьаргаби ГЭСалдаса рачана хӏалбихьи бугел хӏалтӏухъаби. Мехелаз гьев вукӏунаан тоннелалда: тӏад гьелчолеб ралъад, тӏиналда бухъулеб тоннель, хӏинкъи букӏана, тӏаса тӏун тӏиногун, гьенибе лъим кӏанцӏиялъул. Тоннель бана, Каспиялъул лъим чвахана гьенибе, гьениса насосаз кьабана ТЭЦалде. Гьеб мехалда киназго бицунеб букӏана Расулил кӏудияб бергьенлъиялъул хӏакъалъулъ. Живго СССРалъул энергетикаялъул министр П. Непорожнияс Хӏажиевасда баркана бергьенлъи ва гьесие кьуна гӏарцулаб шапакъат. Амма гьеб проекталда тӏад хварал нервабазги тоннелалда хӏалтӏулаго букӏараб хӏинкъиялъги, инфаркт ккун, Расул больницаялде ккана. Гьеб хӏалуцараб ахӏвал-хӏалалъул заманалда абулаан гьесда «Энергетикаялъул генерал» абун.
Магӏарул ва гӏурус гуребги, Расулида лъалаан лъарагӏ, азербайжан, ингилис ва немец мацӏал. Гьелъул кӏудияб кумек букӏунаан гьесие батӏиял миллатазул чагӏазулгун гӏаммаб мацӏ батиялъе ва гьезулгун гьудуллъи щула гьабиялъе.
Расул гӏумруялдаса ватӏалъана 1967 соналда, гӏемерал планалги анищалги нахъе тун. Гьес бан букӏана гӏицӏго 59 сон.
Баркала лъалел тӏидирхъабаз росдал бетӏераб къватӏалда лъун буго Хӏажиев Расул Хъазанбиевичасул цӏар ва гьесул сурат тӏад бахъараб мемориалияб хъарщи. Гьелда хъван буго: «Доброму и незабвенному нашему земляку – заместителю председателя Совнархоза Дагестана, строителю первой электростанции в селе Тидиб в 1937 году от благодарных земляков-тидибцев», — абун.
Халкъалъул рекӏелъ вугебгӏан мехалъ инсан хваравлъун рикӏкӏине бегьуларин абулаан умумуз.
Цӏакъав инженер ва лъикӏав гӏуцӏарухъан гуревги, Расул вукӏана рикӏкӏунев гӏалимчиги. Пайдаяб букӏинаан, дандеги гьарун, гьесул гӏелмиял хӏалтӏабазул хасаб тӏехь къватӏибе биччани.
Гӏун бачӏунеб гӏелалъе мисалалъе букӏина Расулил гӏумруялъул нухлул хӏакъалъулъ тӏехь хъвани. Беццараб букӏина, Хӏажиев ракӏалде щвезавиялъе, Дагэнергоялъул минаялда мемориалияб хъарщи чӏвани, гьединго Махӏачхъалаялъул яги Буйнакскиялъул цо къватӏалъе гьесул цӏар кьуни.
Нури Нуриев