2022 соналдаса нахъе тӏобитӏулеб буго хасаб рагъулаб операция. Гьениб бахӏарчилъи бихьизабулеб буго нилъер гӏолохъабазги. Квач-хинлъи, ракъи-къеч ва цогидал багьанаби цӏехечӏого, ватӏан цӏуниялъул борч ракӏбацӏцӏадго тӏубазабулеб буго гьез. Амма рагъдаса рикӏкӏада ругел нилъер гӏемерисезда бичӏчӏулебцин гьечӏо, кинаб хӏалуцараб хӏал гьениб бугебали. Гьединлъидал нижеда ракӏалде ккана, хасаб рагъулаб операциялъул цебесеб кьерда ругел нилъер ракьцоязулгун бухьенги гьабун, гьенир ккарал лъугьа-бахъиназул хӏакъалъулъ магӏарулазе бицине.

Лъабго соналда жаниб дир лъай-хъвай ккана гӏемерал бахӏарчиял рагъухъабазулгун. Гьел руго тӏадкъай тӏубазабизе жигарал, кутакалда ватӏан бокьулел ва гьелъие гӏоло къеркьезе нахъе къаларел, амма жидерго хӏакъалъулъ хъвазе яги бицине нечолел бихьинал. Гьез сабурго, бугеб къуват-жанги кьун, гьабула жидеда тӏадаб иш. Жидер хӏаракат гӏорхъолъа араб бахӏарчилъилъунги рикӏкӏунаро гьез – щивав бихьинчиясда тӏадаб буго, къо ккедал, ватӏан цӏунизеян абула. Гьединавлъун ккола Ислам Нургӏалиев.

Гьесулгун дир лъай-хъвай ккана 2022 соналъул октябралда. Ниж, пачалихъалъул мобилизациялда гъоркье ккарал рагъухъаби, рачун унел рукӏана рагъул цебесеб кьералда гӏагарлъухъе. Бакӏалде щведал, нижехъе вачӏана цо гӏолохъанчи. Гьес нижее рикьана медицинаялъул алатал ва малъана, цебесеб кьерда рукӏаго нагагь лъукъани, щивас жиндиего ва аскӏов вугесе тӏоцебесеб медицинаялъул кумек кин гьабизе кколебали. Нижеда абуна, гьев Дагъистаналдаса вугилан.

Гьесулгун лъикӏаб гьудуллъи ккана хадубккун. Доб заманалда Ислам вукӏана медицинаялъулаб ротаялъул эвакуациялъул къокъаялда. Гьесда бихьана Мариуполалда букӏараб унго-унгояб жужахӏ, гьесул кумекалдалъун чӏаго хутӏана нус-нус рагъухъан – хӏакъикъаталдаги гьедин буго гьеб, щайгурелъул гьеб ккола Исламида тӏадаб борч, щибаб къоялъ гьабулеб захӏматаб хӏалтӏи.

2023 соналъул хасалихъе дунги ккана медицинаялъул взводалде. Гьелда гъорлъ вуго 4-5 дагъистаниявги, гӏурусавги, эрмениявги. Щулияб гьудуллъи буго нижер. Дун медицинаялъул взводалде вачӏун анкь балелде гьелъие нухмалъи гьаби тӏадкъана прапорщикасул чиналда вугев Исламида. Кьалул майданалда гьесул жигарчилъигун хӏаракатги хӏисабалде босун, командованиялъ гьесие кьуна гьитӏинав лейтенантасул цӏарги.

Гьелдаса нахъе дун вуго Исламил нухмалъиялда гъоркь. Гьесухъа бажарана медицинаялъул взвод гъункизабизе. Кумек хӏажат бугин буюрухъ бачӏарабго, цо рагӏи абичӏого, цадахъ рахъуна взводалъул рагъухъаби. Буюрухъцинха кьезе кколареб – цо гьаракь бахъинги гӏола. Гӏолохъаби уна кьалул майданалда хутӏарал лъукъаралги чӏваралги нахъе рачине. Щивасул ругъназда катан къала, хӏажатал уколал гьарула ва цонигияв толаро авлахъалда рехун тун. Гьеб дида бихьулеб буго щибаб къоялъ.

Командирасул ихтияр буго, лъукъарал нахъе рачине рагъухъабиги ритӏун, живго блиндажалдаса халккун чӏезе. Амма Ислам гьедин чӏоларо – щибаб сапаралъ гьев вукӏуна жиндир нухмалъиялда гъоркь ругел рагъухъабигун цадахъ. Цо лъугьа-бахъин рехселин. Бачӏана буюрухъ: нижеда цебе бугеб майданалда лъукъарал рагъухъаби руго, амма тӏасан роржанхъулел тушбабазул «хӏанчӏаца» гьезда аскӏоре къазе толароян. Къватӏиве вахъана Ислам, цадахъ ана цогидав Исламги (Хасавюрт районалдаса лъарагӏав). Хӏалица нух бахъана гьез лъукъаразухъе ва ункъоявги вачун, тӏадруссунел рукӏана. Гьебмехалда гьезул машинаялда хадур лъугьана дол «хӏанчӏи». Кӏицӏул бахчизе ккана гьез машина, гьениса къватӏиреги рахъун, гӏумруялъе хӏинкъи гьечӏеб бакӏалде кӏицӏул рачана гьез лъукъарал. Ва тушманасде данде кьвагьдана. Гьеб къоялъ гӏицӏго Исламица бортизабуна тушманасул анкьго FPV-дрон. Цояб – битӏахъего машинаялда аскӏоб, кӏиго-лъабго метралъул манзилалда.

Гьеб къоялъ Исламица цӏунана ункъо рагъухъанасул гӏумру ва зарал ккезе биччачӏо машинаялъеги. Бищунго аслияб жо – жагъаллъи-зарал ккечӏого, жалго тӏадруссана. Гьеб буго унго-унгояб бахӏарчилъи! Байбихьудасаго рагъул вахӏшилъи бихьулел нижер пишацоялцин хӏикмалъун рукӏана гьеб корониса гьел чӏаго рорчӏиялда.

Гьединал бахӏарзал руго нижеда гъорлъ. Кьалул майданалда хӏинкъи-къай лъаларел, ватӏаналъул борч бахӏарчиго тӏубалел, жидер бахӏарчилъи гӏадатияб жолъун рикӏкӏунел.

Мурад Багьилов, СВОялъул цебесеб кьерда вугев рагъухъан