Довги. Дойги. Кӏудияб рокьул кӏиго тӏегь. Цояб гьечӏони, цогидалъеги гӏумру бечӏалел. Кӏиго хӏасрат. Жиде-жидер анищазул куркьбалги хьвагӏулаго, гьел щвана моцӏрохъеги. Шагьримоцӏалъ гьезул гӏищкъуялъе кьун рукӏана берци-берцинал кьерал. Гьел релълъун рукӏана анкькьераб нуралда. Кьерал даималлъун хутӏана досулги долъулги гӏищкъул сагаялда. Рещтӏунаан гьел бакъул чӏораздаги. Бакъул щибаб чӏоралъ кьолаан хинлъи рорхатал мугӏрузул Лъаратӏа районалъул Гьобохъ росулъа мугӏрул цӏум Гӏубайдулагьилги ва Хунзахъ районалъул хьиндаллъи, Лъагӏилухъ росулъ бижараб хӏикматаб тӏегь Патӏиматилги гӏищкъул гӏидраялъе. Реэдулаан гьез гӏидраялда бижараб щибаб сум, анищал, пикраби. Ва кинабго къойил, рогьалилъ лъалъалаан гӏолохъанлъиялъул хӏасратаб щубалъ…
Гьадинаб букӏана досулги долъулги рокьул къиса. Ва гьеб къисаялъул даимал нугӏзаллъун хутӏана кӏиго хӏинчӏ – вас Мухӏамад, яс Динара.
Гьадинал пикраби рижана дир, Патӏиматилги Гӏубайдулагьилги хӏакъалъулъ «Дагправда» газеталъул мухбир Сабина Исрапиловалъ хъвараб макъала цӏалидал.
Ватӏаналъе гӏоло, халкъалъе гӏоло
Редукторный поселокалде рачӏунаго, гьенир къадада чӏван ругел СВОялъул бахӏарзазда гьоркьобги буго Гӏубайдулагьил сурат. Суратазда ругел киналго гӏолохъаби мустахӏикъалги руго бищунго тӏадегӏанаб реццалъе. Нижеца газеталда хъвана гьезул цо-цоязул хӏакъалъулъ. Тӏахьалги риччалел руго гьезул хӏакъалъулъ. Гьел бахӏарзазул гьунаразул хӏакъалъулъ хадусел гӏелазе бицунел тӏахьал риччаялъе квербакъулеб буго Гӏубайдулагьил гӏумруялъул гьудул Патӏимат Пайзулаевалъ. Гьей сахаватай магӏарулалъе сайгъат гьабулеб буго жакъасеб макъалаги. Лъала гьаб гьитӏинабго макъалаялда бакӏ гӏезе гьечӏеблъиги гьай магӏарулалъ гьарулел ругел лъикӏал ишазул хӏакъалъулъ хъвазе.
Щийха кколей Патӏимат Пайзулаева.
Филологиял гӏелмабазул кандидат, ДГПУялъул Дагъистаналъул филологиялъул факультеталъул доцент, «Цолъиялъулъ къуват» («Сила в единстве») гӏуцӏиялъул нухмалъулей, Дагъистаналда бугеб СВОялъул ветераназул ассоциациялъул сопредседатель, ДРялъул Жамгӏияб палатаялъул эксперт, РФялъул Лъай кьеялъул Хӏурматияй насихӏатчӏужу, «Доблесть гор» программаялъул жюриялъул член. Дагъистаналъул бетӏер С. Меликовасул указалдалъун Патӏимат гьединго мустахӏикълъана лъабабилеб даражаялъул Хӏурматалъул орденалъе (Орден Почета третьей степени)
Патӏиматил гӏумруялъул гьудул, гьелъул гӏумруялъул къисаялъул аслияв герой Гӏубайдулагь Ибрагьимов.
Рагъулаб машинаялъул командир. Отделениялъул командир. 136-абилеб бригадаялъул гьитӏинав сержант. Гьев мустахӏикълъана Бихьинчилъиялъул орденалъе (хун хадув).
Патӏиматги Гӏубайдулагьги цӏалулел рукӏана цого заманалда ДГПУялда. Патӏимат – Дагъистаналъул филологиялъул факультеталда, Гӏубайдула — географиялъул факультеталда.
Лъай-хъвай ккана гьениб. Ва гьез гӏуцӏана хъизан. Цӏакъго берцинаб, берккеялда хӏинкъараб талихӏ букӏана гьезул. Амма Аллагьасул хъвай батӏияб букӏун буго. Гӏубайдулагьица гӏумру кьуна Патӏиматил рокьуе гӏоло. Лъималазул талихӏаб букӏинеселъе гӏоло. Эбелалъул макьие гӏоло. Ватӏаналъул парахалъиялъе гӏоло. Халкъазул эркенлъиялъе гӏоло.
Дагьалъ цебегӏан Махӏачхъалаялда, Гьудуллъиялъул рокъоб тӏобитӏана «Они сражаются за Родину» ва «Помним СВОих» абурал Патӏимат Пайзулаевалъ нухмалъи гьабулел проектазда рекъон къватӏире риччалел ругел тӏахьазул кӏиабилеб томалъул кӏиго тӏехьалъул цебелъей. Гьеб тадбиралда гӏахьаллъана Дагъистаналъул бетӏер Сергей Меликовги республикаялъул хӏукуматалъул нухмалъулев Гӏабдулмуслим Гӏабдулмуслимовги. Ва гьениб дир лъай-хъвай ккана Патӏимат Пайзулаевалъулгун.
Солдатазул лъудби, нужер магӏуялъ…
Гӏумруялдехун бербалагьи хисана Патӏиматил, Гӏубайдулагьица берал къанщаралдаса.
— Университеталда дидаго тӏадаб хӏалтӏиги гьабун, лъугӏулаан дир хӏалтӏул къо. Гӏедегӏулаан рокъое, лъималазухъе. Рокъов вугеб мехалда, Гӏубайдулагьихъеги. Гьеб кколарищха чӏужугӏаданалъул аслияб хӏалтӏилъунги – хъизамалъул гъасда бакараб цӏадуегицин хинлъи кьей. Дирги гьедин букӏана… Амма гӏумру гьабиялъул къагӏидаги хаслъиги хисизе ккана дицаги, дунго гӏадал нус-нус руччабаз гӏадин. Бокьун букӏана Гӏубайдулагьил хӏакъалъулъ тӏехь хъвазеги. Гьеб дица дагьаб хадуб хъвазеги батила. Амма россал чӏварал солдатазул лъудби рихьидал, дир пикраби хисана. Гьезул магӏуялъ ракӏ дагьабги бецӏцӏизабуна. Дида бичӏчӏана ниж цолъизе, гъункизе кколеблъи. Цоцазде рикьулел ургъелазги, бицунеб хабаралъги, цолъарал магӏил гаразги бигьа гьаризе рукӏана нижее камиял. Гьединаб къасдгун дица гӏуцӏана «Сила в единстве» абураб цолъи. Гьебго цӏаралда тана проектги. Гьеб проекталда рекъон, цолъиялда ругел пишацоял руччабазул кумекалдалъун гьабуна ва гьабулеб буго СВОялъул бахӏарзазул къисматал ва гьунарал хадусел гӏелазе ирсалъе теялъе хӏалтӏи. Цо мурадалде гьел руччаби руссинаричӏелани, захӏмалъизехъин букӏана гьезие россабазул хвел хӏехьезе. Гьезда бичӏчӏана жидеца гьабулеб бугеб хӏалтӏул кӏвар. Хӏалтӏуде машгъуллъарал гьезда цо лахӏзаталъ бичӏчӏана жал гӏадал руччаби гӏемерал рукӏин. Ва гьез, солдатазул лъудбуз, байбихьана гӏумру гьабиялъул цӏияб къагӏида, — ян бицана Патӏиматица.
Патӏиматица бицунелъухъ гӏенеккидал, бичӏчӏана дида къварилъиялъ цолъизарурал гьел руччабазулъ бугебщинаб къуватги. Тӏадегӏанас гӏумру берцинлъиялъе, недегьлъи-хӏеренлъиялъе йижарай чӏужугӏадан къуватайлъун лъугьуней йиго, къоккедал.
Сундулъха бугеб чӏужугӏаданалъул къуват. Гьелъул магӏил гаразулъгицин буго цо хасаб къуват, къварилъи къезабун бажарулеб. Цоги гьезул къуват – къохӏехьеялъулъ. Къуватал руччаби. Щай? Сундуе гӏоло? Гӏумру берцинлъиялъе гӏоло! Лъималазе талихӏ гьимизе гӏоло! Россабазул рухӏазе гӏоло!
Дица Патӏиматиеги кьуна гьединаб суал.
— Дир хӏакъалъулъ абуни, дун къуватайлъун гьаюнин Гӏубайдулагьил хвелалъилан абилаан. Дида бичӏчӏана, къвакӏичӏони, дир лъималазул талихӏ галадизе букӏин. Гьедин бичӏчӏизабуна дунгун цадахъ ругел руччабаздаги. Чӏужугӏаданалъул къуват гурищ гьеб – хвалде данде вас, вац, рос унелъул, нух битӏаги дарманилан, гьев нухарегӏи. Къуват гурищ гьеб – гьел чӏванин чӏегӏераб хабар бачӏиндал, иманалда гьеб къабул гьабун бажари. Гьединал руго дунялалъулго руччаби, хӏажалъи ккаралъуб жидер загӏиплъи къуваталде сверулел. Къуватайлъун чӏужугӏадан лъугьуна, гьелъул загӏиплъиялда кверчӏвазе цоги къуват бугони. Масала, росасул гӏагарлъиялъ кӏудияб квербакъи гьабуна дие, гьединайлъун лъугьине. Росулъ йикӏарай эбелги шагьаралде яхъана, кумекалъе. Гьел рукӏинчӏелани, гьаб жакъа гьабизе тӏаде босараб хӏалтӏулги бащдабгицин гьабизе бажаризеги букӏинчӏо. Амма бичӏчӏула цересел дирго гьудулзабазда аскӏоб ккараб гъалатӏги. Дун гӏайибияй йиго. Гӏолеб гьечӏо дир заман, гьезде кӏвар кьезеги. Лъала гьезда дун йичӏчӏулейлъиги, дица тӏаде босун бугеб ишалъул кӏварги.
П. Пайзулаевалъе проектал гӏумруялде рахъинариялъе кӏудияб квербакъи гьабулеб буго Дагъистаналъул бетӏер С. Меликовас. Солдатазул лъудби гӏемер дандчӏвала гьевгун, дандрала гьаризе ругел хӏалтӏаби.
— Республикаялъул бетӏерасул кумек букӏинчӏебани, гьалгощинал проектазда рекъон, хӏалтӏи гьабизе захӏмалъизе букӏана. Гьесулги Пачалихъияб Думаялъул депутат Жамалудин Набиевичасулги квербакъиялдалъун гӏумруялде бахъинабулеб буго «Истоки Героизма» абураб проектги. Гьелда рекъон гьарурал стендал руго Редукторный поселокалъул «Дракон» паркалъул къадазда ран. Гьединалго стендал, ай, «Истоки Героизма» проекталда рекъон, хӏалтӏаби гьаризе байбихьун руго республикаялъул щибаб районалда ва шагьаралда.
Гьединго кӏудияб хӏалтӏи гьабулеб буго, «Дети Героев» абураб проекталда рекъон. Масала, лъималазе бахъулеб республикаялъул «Лачен» журналазул жилдазда лъун рукӏана СВОялда чӏварал солдатазул лъимал. Дир лъималазул сураталги лъун руго авар мацӏалда биччалеб «Лачен» журналалда. Гьайгьай, киналго бахӏарзазул лъималазул суратал журналазда лъунги бажарилищха. Гьединлъидал выставка тӏобитӏана «Россия — дир тарих» паркалдаги. Гьединго ракӏалде ккана гьединал выставкаби батӏи-батӏиял районазда ва шагьаразда тӏоритӏизеги. Гьенир гӏахьаллъизе лъималазул букӏунеб гъира бихьидал, рохелги пашманлъиги цолъула рекӏелъ. Умумузул суратазда аскӏорги эхетун, яги гьезул сураталги кодор ккун, лъимал рихьидал, бадисан гирула бухӏараб магӏу. Цадахъаб хӏалтӏул хӏасилги буго лъикӏаб. Нижер проектазул хӏакъалъулъ лъала Москваялдаги Россиялъул цогидал регионаздаги. Гьезги тӏадегӏанаб къимат кьуна нижер хӏалтӏуе. Лъала гьелъул хӏакъалъулъ Москваялда «Защитники Отечества» фондалъул нухмалъиялдаги. Чанго нухалда ахӏун рукӏана Москваялдеги, нижерго хӏалтӏул хӏалбихьиялъул бицине, — ян абуна Патӏиматица.
«Чиллайдул гъалалги чахтӏинир тӏамун…»
Патӏимитица гьелдго цадахъ ругел руччабазги кӏудияб кумек гьабула солдатазе тылалдасанги. Патӏиматил гӏуцӏиялъул гӏахьалчагӏаз гӏемер битӏула СВОялде материалияб кумек. Гьединго кӏочонаро гьезда къварилъиялда бугеб Палестинаялъул халкъги. Гьединал къуваталлъун руго жакъаги Дагъистаналъул руччаби жидерго загӏиплъигун ва недегьлъи-хӏеренлъигун цадахъ. Заид Хӏажиевас жиндирго кочӏолъ хъвавухъе, къоккани «чиллайдул гъалалги чахтӏинир тӏамун» россабазда, васазда, вацазда цадахъ, «чарамул къолден ретӏине» хӏадуралги руго гьел.
Ва гара-чӏвариялъул ахиралда Патӏиматица абуна:
— Гьеб къо гӏагар гьабизе, хӏасраталда руго ниж, — илан.
Шамай Хъазанбиева