Россиялъул халкъазул цолъиялъул къоялда ДРялъул бетӏер Сергей Меликовас шапакъаталги кьун кӏодо гьаруна республикаялъул гӏумруялда кӏвар бугеб лъалкӏ тарал дагъистаниял. Гьезда гьоркьор рукӏана Цӏунтӏа районалъул Сагьада росулъа Мухӏамад Гӏабдурахӏмановги Луизат Гӏалихӏажиеваги. Гьеб ккола гӏемер лъимал хьихьулеб хъизам. РФялъул президент Владимир Путинил указалда рекъон, гьезие кьуна «Родительская слава» абураб орденги Хӏурматалъул грамотаги.
20 соналъ – школалда
Нижеца Мухӏамадги Луизатги ахӏана редакциялде гьоболлъухъ, баркана гьезда тӏадегӏанаб шапакъат ва гьезулгун гара-чӏвариги гьабуна.
47 сон барав Мухӏамадги гьесдаса 10 соналъ гьитӏинай Луизатги гьаруна ва гӏуна Цӏунтӏа районалъул Сагьада росулъ. Школалда цӏалун вахъарав Мухӏамад ана армиялде ва, гьениса тӏадвуссиндал, байбихьана росдал школалда пионеразул кӏудияв вожатыйлъун хӏалтӏизе. Гьебго соналъ байбихьана Дагъистаналъул пачалихъияб педагогияб университеталъул географиялъул факультеталда заочно цӏализеги. «Гьениб букӏана ингилисгун география, тарихгун география ва геологиягун география малъулел отделениял. Геологлъун хӏалтӏизе ватӏаналдаса рикӏкӏад витӏизе гурин абун, дица тӏаса бищана тарихгун географиялъул отделение. Кутакалда бокьулаан дие география. Дицаго тӏасаги бищана гьеб ва гъираялда кьолаан цӏалдохъабазе дарсалги», — ян ракӏалде щвезабуна М. Гӏабдурахӏмановас.
20 соналъ хӏалтӏана Мухӏамад школалда. Гьеб заманалда гьес гьабуна хъизам – ячана росуцояй Луизат. Цоцазе рокьунищ данделъарал нужан гьикъана дица гьезда. «Доб заманалда вокьи-вокьунгутӏиялда бараб букӏунароан ригьин. Эбел-инсуца кьураб бакӏалде анаха дунги. Инарин кин абилеб инсуда? Гьедин абизе бегьилин ракӏалдецин ккечӏо. Амма эбел-инсуца малъараб гьабиялдаса цогӏаги нухалъ ракӏбухӏичӏо дир», — ан бицана Л. Гӏалихӏажиевалъ.
Лъималазе гӏоло рахъана гӏатӏиракьалде
Магӏарухъ рукӏаго, хъизамалде кӏвар кьолей хутӏана Луизат. Хьихьулеб боцӏиги, рукъалъул хӏалтӏиги, гӏолел лъималги – гьеб буго чӏужугӏаданалда тӏадаб борч тӏубазаби. Соналдаса соналде кӏодолъана гьезул хъизам. Луизатица гьабуна 15 лъимер. Батӏи-батӏиял гӏиллаби ратун, Аллагьасул къадар щвана гьезул анкьгоясе. Гьабсагӏаталда гьезул буго микьго лъимер. Анлъго лъимер хьихьизе захӏмалъулеб бугин абун, гьел гочана гӏатӏиракьалде. Махӏачхъалаялда гӏагарлъухъ цебего босун букӏана гьез ракьул бутӏа. Лъимал кӏудиял гӏедал, гьел студенталлъун рахъиндал, жанир рукӏине гьитӏинабго мина балин хьулалда рукӏарал гьез гьанже жидеего мина базе ккана. «Магӏишат гьабизе захӏматаб бакӏ буго Сагьада росу. Ине-рачӏинецин бигьаяб иш гуро. Халкъалъул аслияб магӏишат бухьараб буго гӏи-боцӏухъанлъиялда. Бащдаб лъагӏелалъниги рес щоларо боцӏи гӏалахалде гъезе – гьеб бокьобго хьихьизе ккола, гьединлъидал гӏемераб рагӏи-хер хӏадуризе ккола. Хер бецизе ккола харицел-хъандироялъ, баччизе ккола хӏамуздаги лъун. Цодагьабниги бигьалъи букӏинилан, гочана ниж Дачный поселокалде», — ян бицана Луизатица.
Гьезул буго 10 сотых ракьул. Гьениб бана мина, боцӏуе бокьал ва хутӏараб ракь бекьула. Ракь цӏамхӏалаб бугелъул, гьениб ах гӏезабун бажаруларинги абуна Мухӏамадица. Амма аслиял кванил нигӏматал — картошкагун хъапустӏан, помидоргун охцер ва цогидалги — жидерго хуриса кваналин жидецаянги бицана гьес. Гьез хьихьула анлъго хӏайван, гьезда гьоркьоса ункъо — бечӏчӏулеб гӏака. «Рахьдал нигӏматал хӏадурула дица. Хьихьараб оц яги бече бичула. Бичизе хӏан, рахь, нису дир букӏунаро — рокъоб кванан, гьобол-гьудуласе садакъаде кьун, лъугӏула. Тукадаса рахь, нису, тӏорахь босуларо дица — дицаго хӏадурараб бокьула лъималазеги», — ян бицана Л. Гӏалихӏажиевалъ.
Цояз цогидал хьихьун…
Гьелъие сундулъго кумекалъе ратула лъимал. Анлъго ясги кӏиго васги ругеб кӏудияб хъизам хьихьизе, гьезие тарбия кьезе захӏмалъуларищан гьикъидал, хъизамалъул эбелалъ абуна, чӏахӏияз гӏисиназул гӏадлу гьабулин абун. Бищун кӏудияй яс цӏалулей йиго медицинаялъул колледжалда, хадусей — гуманитариябгун педагогияб колледжалда. Бищунго гьитӏинав васасул буго лъагӏелгун микьго моцӏ. Хутӏарал школалде хьвадула.
Нилъер жамгӏияталъул бербалагьиялдаса рази гьечӏоан кӏудияб хъизамалъул эбел. «Цоял хӏикмалъула, цогидаз абула, мун гӏадаллъунищ йигей, захӏматаб заманалда гьалгуниял лъимал гьаризеян абун. Анкьабилеб лъимер гьабизе больницаялде щведал, тохтуралъ гӏемераб мацӏ бицана дие, яс больницаялдаго тезайизе мурадалда. Кин бегьулеб дирго лъимералдаса инкар гьабизе?! Дица инкар гьабичӏелъулищали лъаларо – дир тӏалабго гьабичӏо гьез. Дир хӏал щиб бугебан цӏехезе вачӏарав дир росасдаса балъго гьабуна гьез, дица яс гьаюраблъиги, дун захӏматаб хӏалалда йигеблъиги. Абизе бегьила, Аллагьасул хӏалкӏолъиялъго хваликьа йорчӏанин дунан.
Кӏудияб баркала буго микьабилеб лъимер гьабулаго дие хъулухъ гьабурал тохтурзабазе – кутакалда тӏадчӏун тӏалаб гьабуна гьез дир. Операция гьабизе ккана гьебмехалда. Отделениялъул нухмалъулелъ гьабуна операция. Гьелдаги бицана дица цебеккун тохтуралъ дир ракӏхвезабураблъиги. Анлъабго лъимер магӏарухъ гьабурай дида ракӏалде ккун букӏана, шагьаралъул тохтурзабазулъ гӏаданлъиялъул къатӏра хутӏун гьечӏилан — батӏи-батӏиял рукӏун руго гьелги», — ян ургъел бикьана Л. Гӏалихӏажиевалъ.
Гӏолилазе малъа-хъвай
Кӏудияб хъизам хьихьулев Мухӏамадие бигьаго гьечӏо гӏумру гьабизе. Учителасул пишаги тун, гьес байбихьана бакӏал раялъул махщелчилъи камил гьабизе. Гьитӏинго эбел-инсухъа щвараб тарбиялъ хӏалхьиялда вукӏине толаро гьев. Жиндаса кӏудиял вацазе минаби ралаго, ганчӏил къед базеги, цогидаб хӏалтӏи гьабизеги магӏарухъго ругьунлъарав гьев гьанжеги вукӏуна минаби ралев. Кьучӏ лъеялдаса байбихьун, тӏох баялде гӏунтӏун – кинабго хӏалтӏи бажарула гьесухъа. «Магӏарухъ гӏурал гӏолохъаби, 20 сон балелдего, рахъуна ганчӏил устарзабилъунги къадахъабилъунги. Нечезе ккеларищ, гьаб-доб хӏалтӏи дихъа бажаруларин абизе», — ян пикру загьир гьабуна Мухӏамадица.
«Гьанже ригьнал гьарулел гӏолилазе кинаб малъа-хъвай гьабилел нужеца?» — ян гьикъидал, гьадинал жавабал кьуна гьез. Мухӏамадица абуна: «Лъимал кватӏун гьариялъул къварилъи букӏунарин чӏоге. Херлъараб мехалда лъималазул тӏалабалда рукӏинчӏого, лъималазул лъималазул агъазалда рукӏине ккола нилъ». «Гӏолохъанал хъизамазе дица гьарула рокьи, цоцазда ричӏчӏи. Биччаге рекӏелъе цоцазухъ рокьукълъи. Лъимал гьарураб мехалда, сваказе бегьуларо — нужер лъималлъидал гьел! Дида гӏемер рагӏула, гьал лъималаздаса свакан йигеб куцан къварилъахъдулей эбел. Цӏикӏкӏун кӏвар кье лъималазе тарбия кьеялде, рукъалъул гӏадлу гьабиялде ва бищунго аслияб – телефон рикӏкӏад гьабе!
Гьанже руччабазда гьоркьоб модаялда буго берцинлъиялъул салоналде, сауна-хӏамамалде, кафе-рестораналде хьвади. Нилъеда рихьула кӏутӏби чӏахӏалъизарун, кьунсрул къачӏан, хьвадулел руччаби. Гьеб буго Аллагьасда мал бай. Гьес кьуралдаса тӏокӏаб берцинлъи щай хӏажат бугеб? Гьедин къачӏадарал руччабазе жалго жидеего рокьуларо! Дун диего йокьула — биччанте цогидазе йокьунгутӏизе! Биччанте Аллагьас йижухъе дун къабул гьайизе аскӏор ругезги, нухда дандчӏваразги, гьудул-гьалмагълъиялъги. Аллагьас дие кьураб берцинлъиялдаса рази гьечӏев чи валагьугеха дихъ! Дирго ясаздаги гьедин малъула дица. Чӏужугӏаданалъ жиндирго рацӏцӏалъи чӏезабизе ккола, дагьа-макъабго «марафетги» гьукъиларо, амма черх хисизабизеян лъугьине теларо.
Хӏисаб гьабе: щивав инсан вижун вуго, жиндир хаслъи загьирлъуледухъ. Гьанже къотӏнор дандчӏвала цо коцонир тӏурал ясикӏабигӏанги цоцазда релълъарал гӏадамал. Кибха бугеб берцинлъи? Гьеб хаслъиялъухъ гурищ рокьи кколеб букӏараб бихьинчиясул? Цогидас сурукъайлъун тарайги йокьун гурищ хӏасрат бергьараб рокьул кечӏ хъвалеб букӏараб? Гьеб хаслъи тӏагӏунеб буго…», — ян бицана Луизатица.
«Къаси – берцинай, радал — сурукъай» — гьедин абулеб буго гьанжесел ясазде бихьиназ. Цогидал шагьаразул гостиницабазде ккедал, гьеб пикру ритӏухълъулебги буго», — ян тӏаде жубана Мухӏамадицаги.
Хьихьулеб боцӏиги, гьабулеб рукъалъулгун хъизамалъул тӏалабги – дагьаб букӏунаро чӏужугӏаданалъул гъуждуз баччулеб хӏалтӏи. Гьелдаги гӏей гьабун чӏоларо Луизат. Гьей хӏалтӏана пекарниялда. Амма сахлъиялъе зарал кколин абун, Мухӏамадица течӏо хӏалтӏизе. «Гьанже лъималги гӏун руго, рокъобги къватӏибги дие кумекги гьабулеб буго гьез. Рес рекъараб хӏалтӏи балагьизе ракӏалда буго», — ян абуна гьелъ.
Кумек-квербакъиялъе цӏакъал мадугьалзаби ругинги абуна гьелъ. «Дун хӏикмалъула: цо тӏалаялда гӏумру гьабулел гӏадамал цоцазухъе унаро, саламцин кьоларо. Нижги мадугьалзабиги руго, цо хьагинир гьалдолел хинкӏал гӏадин. Кутакалда аваданал гӏадамалгун гӏумру гьабулеб буго нижеца. Дун кие аниги, дир ракӏчӏараб букӏуна: мадугьалзабаз гьел рехун толаро, квешлъиялъукьа цӏунула. Гьел ани, дунги балагьула гьезухъ. Батӏи-батӏиял миллатазул вакилзаби руго мадугьалихъ, амма вац-яц гӏадин рукӏуна», — ян бицана Л. Гӏалихӏажиевалъ.
Санайил Мухӏамадица лъимал рачуна магӏарухъе – инсухълъи бихьизе, гӏагарлъи лъазе ва – бищун аслияб мурад – рахьдал мацӏ (цез мацӏ) кӏочонгутӏизе. Рокъобги гьеб мацӏалда кӏалъала гьел лъималгун. Дагь-дагьккун лъазабулеб буго мацӏарул мацӏги. Школалда анкьида жаниб кьолеб цо дарсил гӏемераб пайдаги букӏунарин абулеб буго Мухӏамадица. «Магӏарул мацӏ нижеца рокъоб малъила лъималазда, школалда цогидаб – дарги, лъарагӏ ва гь.ц. мацӏ малъулебани. Мацӏал лъаялъул зарал гьечӏелъул», — ан абуна гьес.
Кавсарат Сулейманова