Исанасеб «чӏагояб эфиралда» тӏоцебесеб суал кьуна ЖКХялъул гӏунгутӏабазда хурхараб. Мисалалъе, тӏокӏаб чӏечӏого Махӏачхъалаялда ток ссунеб букӏиналъул.
«Меликов ялъуни цогидав нухмалъулев вачӏунилан канлъи цӏикӏкӏунаро гӏадамазул рукъзабахъ. Гьеб буго цо-кӏиго соналъцин гуреб, анцӏ-анцӏ соназ халатбахъараб, жегиги тӏубан рагӏалде бахъинабизе кӏвечӏеб масъала. Гӏемерал соназ бухӏараб токалъухъ гӏадамазухъа бакӏарараб гӏарац хӏалтӏизабулеб батичӏо гьел гӏунгутӏаби тӏагӏинаризелъун.
Гьеб масъала роцӏцӏинабизе хӏажат буго кьучӏаб программа. «Россети» АОгун цадахъ нижеца гьеб программа гӏумруялде бахъинабулеб буго, — ян абуна С. Меликовас.