Церегӏан соназда инсанасул магӏишатияб рахъ цебетӏеялъулъ хӏама букӏана кӏудияб кӏваралъул хӏайван. Согӏаб тӏабигӏаталъул, къваридал сухъмахъазул, кинабго жо мугъалъ баччун магӏишат гьабизе кколел мугӏрузул росабалъ инсанасе тӏоцебе кумекалъе батулеб хӏайван букӏана хӏама. Сиратӏалъул кьо гӏадал мугӏрузул сухъмахъазда хӏамица баччулаан чоца босулелдаса кӏиго нухалъ цӏикӏкӏараб бакӏлъи. Хӏамида рекӏун унаан магӏардеги гӏурухъеги.
Диниял гӏадатазда «цӏадал хӏама» букӏана ракъдалал соназда цӏад гьариялъул тадбиразул аслияб бахӏарчи.
Кӏудияб кӏваралъул хӏайван букӏаниги, «хӏамие дару-тӏил» абун, гӏемерисез хӏамил къимат гьабулароан, толароан гьеб хӏалхьиялда ва щолароан гьелъие рукъалъул хӏайваназдаса гъоркь хутӏараб гурони квен-хер.
Вукӏана «хӏайваназул тушман» абун тӏокӏцӏар лъурав Гӏусман абулев чи. Лъабрикьуде щведал, гьесул хӏама, кьуричӏого, унеб рахъ бихьизабизегӏан эхетун чӏолаан. Гьелда лъалаан, мекъи ани, хважаинас жиб тӏилаца бухулеблъи.
Кигӏан буханиги, хӏухьбахъичӏого, свакараб хӏама цо бакӏалдаса кьуруларо. Свакачӏеб хӏама, лъалхъичӏого, уне-унеб букӏуна. Хӏамица бигьаго ва гӏемер мехалъ хӏехьола ракъиги къечги, кваналеб жоялдеги гьелъул кинабгӏаги чӏухӏи букӏунаро.
Хӏамузул тарих
Хӏамузул умумул ккола Африкаялъул гӏалхул хӏамул. Тӏоцебе хӏама рукъалъулаблъун гьабуна Некӏсияб Египеталда, гӏага-шагарго 5000-6000 соналъ цебе. Европаялде гьеб щвана нилъер гӏасруялде щвелалде кӏиазарабилел соназда. Хӏама ккола тӏоцебе некӏсияв инсанас юк баччизе ругьун гьабураб хӏайван. Нилъер росабалъго гӏадин, Египеталда хӏамуца рекьулаан хурзал, тӏамулаан лал, баччулаан юк, чуял унарел бакӏазда рекӏунаан гьезда. Хӏамил мугъалъ баччулаан Египеталъул армиялъе хӏажатабщинаб жо, хӏатта аскариязул хазина.
Цоги жоялъул бицун щай, цо-цо бакӏазда хӏама ругьун гьабулаан кулабазда жанавараздаса гӏи-боцӏи цӏунизе.
Некӏо хъахӏаб хӏама рикӏкӏунаан батӏияб-тӏокӏаб хӏайванлъун, гьелда рекӏине изну букӏунаан гӏицӏго ханзабазул, хункаразул ва диналъул церехъабазул.
Хӏама кӏодо гьабулелги руго
Египеталъул гробницабазда фараоналгун рукъулаан хӏамул, ай хӏамул ахираталде унаан цӏакъ къадруял чагӏазда цадахъ.
Нилъер заманалда хӏамил сурат буго Норвегиялъул Осло ва Россиялъул Старый Осёл шагьаразул гербазда. Америкаялъул демократазул партиялъ жидерго хасаб гӏаламатлъун гьабун буго хӏама, хӏалтӏи ва гӏумру бокьиялъул мисал абун.
«Монумент осла» абун, хӏамие памятник лъун буго Китаялъул цо зоопаркалда. Гьединго цӏул тӏад къараб хӏамил мазгаралъул памятник буго Босни ва Герцеговинаялъул Мостар шагьаралъул базаралда аскӏоб. Москваялда буго Малла Насрудиние ва гьесул хӏамие бараб памятник. Хӏамие памятник бан буго Крымалъул Залесное росулъги.
Хӏамил рахь – лъикӏаб дару
Цо-цо регионазда хӏамул хьихьула, гӏачияздасаго гӏадин, рахь бечӏчӏизе.
Биценалда рекъон, Египеталъул хан Клеопатраца радал бетӏер «къачӏалеб» букӏун буго гӏицӏго хӏамил цӏекӏаб рахь гьекъон, гьединго гӏолохъанлъизеян гьей чвердолей йикӏун йиго хӏамил рахьдал ваннаялъуй.
Некӏо заманалдаса нахъего хӏамил рахь хӏалтӏизабула медицинаялъул ва косметикаялъул мурадазда. Масала, Гиппократица гьеб гьекъезе кьолаан рахунел, загьру ккеялъул ва сириялъул унтаби ругел чагӏазе. XХӀ гӏасруялда аслияб куцалда хӏамил рахьдадаса пайда босула сапун ва кремал гьариялъе.
Хӏамил къадру хвана
Росабалъ машинаби гӏемерлъанагӏан, дагьлъана хӏамузул къадар ва хвана хӏама-хьваниялъул къадру.
Дагъистаналда, дагь-дагьккун, дагьлъулел руго хӏамул, хӏинкъи буго гьел тӏуранго тӏагӏиналда. Гьелъие нугӏлъи гьабула гьал тарихаз: 2014 соналда республикаялда букӏана 10940 хӏама, 2015 — 9570, 2020 соналда 8109, 2025 соналда хутӏун буго гӏицӏго 4500 хӏама.
Цоги мисал, дун хӏамулгун иргаялда унел соназда Гьентӏа росдал хӏамузул рохьдолъ букӏунаан 70-80 хӏама, жакъа нижер росулъ хутӏун буго кӏиго хӏама.
Къокъал хӏужаби ва баянал
Дунялалда тӏад буго кинабниги 53 миллион хӏама, гьездаса Россиялда буго гӏицӏго — 6000 бетӏер. Бищунго гӏемерал хӏамул руго Эфиопиялда — 11 миллионалдасаги цӏикӏкӏун.
Хӏамул рикӏкӏуна хӏайваназда гьоркьор бищун гӏумру халаталлъун. Гьоркьохъеб хӏисабалда хӏамица бала 45-50 сон.
Къокъаб манзилалда хӏама бекерула сагӏаталда жаниб 70-75 километралъул хехлъиялда.
Хӏамил руго цӏакъ цӏодорал, хехго сас-гьаракь рагӏулел чӏахӏиял гӏундул.
Хӏама нахъгӏунтӏула ракь багъари, ракь ччукӏи ва гӏазу тӏей гӏадал балагьал гӏагарлъулел рукӏиналда.
Хӏама ккола цӏакъ къуватаб ва, хӏаталдаса ун, къохӏехьолеб хӏайван. Кӏудияб манзилалда гьелъ баччула жиндирго цӏайиялъул 65 проценталда бащадаб бакӏлъиялъул юк.
Тӏоцебе кумекалъе батулаан
Дун гьитӏинаб мехалда, ихдал, гӏазу бииналде данде, кинацаго хӏамуца хурзабахъе рак баччулаан. Хурзал рекьулаго, хӏамузда лъун, хурзабахъе босулаан пуруц – рукьги, хьонги, квенги.
Рекьи лъугӏарабго, халатаб къокъа букӏунаан, цере гъун хӏамулгун, цӏулада хадур рохьоре унел чагӏазул.
Хаслихъе абуни, тӏад гӏемераб хер къаялъ, хӏамул рихьулароан. Хасалоги щолароан гьезие хӏалхьи — корохъе мугь, гьабихъа ханжу, иццухъа лъим, гьоцӏибе тӏощел, гьоробе накку баччулаго.
Араб гӏасруялъул лъабкъоабилел соназда кьурда тӏад букӏараб нижер росу магъилъе бахъана. Гьенир минаби разе кинабго гамачӏги, цӏулги, ракьги баччана хӏамил мугъалъ. Гьелъ абурал ратила гьал рагӏаби: «Хӏама гьечӏого хутӏиялдаса, гӏака гьечӏого рукӏинго лъикӏ», — ан.
Хӏамил кьолода гӏащтӏиги къан, тӏоцеве инсуца цӏуладе рохьове витӏараб къоялъ дун вукӏана анлъабилеб классалде вахъарав чи. Классаз эхеде вахъанагӏан цӏикӏкӏунаан цӏуладе рачине дида цере гъолел рукӏарал хӏамузул къадар.
Дир пикруялда, нус-нус соназ мугъ хвезегӏан, инсанасе хӏалтӏараб, хасго магӏарул росабазул гӏадамазул къеч хьвазабураб хӏама мустахӏикъаб буго нилъер щибаб шагьаралда ва районалда, памятник лъун, кӏодо гьабизе. Гьайгьай, гьеб памятник букӏина умумузул гӏумру-магӏишат ракӏалде щвезабиялъул нугӏ ва нилъер тарихалъул цо бутӏа кӏочон течӏого букӏиналъе нахъе толеб лъалкӏ.
Нури Нуриев