Жакъа Дагъистаналда ригьин биххи лъугьун буго гӏадатияб ишлъун. Ахираб 10 соналда жаниб республикаялда риххулел хъизамазул къадар соналдаса соналде цӏикӏкӏунеб буго. Масала, гъоркьиса ноябрь-декабрь моцӏазда жаниб Дагъистаналда гьабун буго 1011 ригьин, гьебго заманалда биххун буго 451-яб. 10 соналъ цебе ригьиназул 20 процент гурони биххулеб букӏун батичӏони, жакъа гьезул къадар 30 проценталдасаги цӏикӏкӏун буго.

Хъизамал риххиялъе ругел гӏиллабазул бицунаго, Махӏачхъалаялъул ЗАГСалъул хӏалтӏухъаналъ абуна: «Ригьин биххеян, гӏарза кьезе рачӏунел чагӏазул гӏемерисез абула, гьелъие гӏайибиял кколин цересел гӏагарал чагӏи ва улбул хъизамазул гӏумруялде гьоркьоре лъугьин», — ан.

Гьаб масъалаялда тӏасан нижеца гара-чӏвари гьабуна мисалиял хъизамал ругел цо-цоязулгун ва гьезие кьуна гьадинал суалал:

1. Нужер росулъ гӏемерлъун бугищ ратӏалъулел хъизамазул къадар?

2. Гьелъие гӏилла щиб?

3. Ригьинал риххи дагь ва хъизамал щула гьариялъе щиб гьабизе кколеб?

Хӏабибулаева Наира, ДРялъул халкъияй актриса:

— Гьаб масъалаялда тӏасан лъурал спектаклязда дица гӏемерал ролал хӏана. Масала, «Мун йиго дир эбел», «Росулъ ккараб кепаб иш» гӏадал.

Магӏарухъ гӏурал ва гьениб тарбия щварал гӏолохъаби гӏемер ратӏалъуларо. Ратӏалъула шагьаралъул «тарбия» щварал, ай эбел-инсуца рукъзалги къайиги кьун, гьезда тӏадаб хӏалтӏи улбуца гьабун, гогьдаризарурал ясал, ццулъизарурал васал. Дица абила, лъималазе рукъзалги къайиги кьогеян, биччанте, кӏиябго бетӏерги ункъабго кверги хӏалтӏун, захӏмат бихьун, гьез жидеего магӏишат гӏуцӏизе. Лъималазе магӏишат улбуз гьабуна, гӏолохъанал рос-лъади эркенго, кепалда тана ва гьедин эркенго тараз хӏехьоларо мугъалда чӏвараб гӏумрудул гьогьоми ва ратӏалъула.

Нижер рокъоб кидаго букӏана кьварараб низам: хинкӏ кодоб кквезе гӏураб лъимер тӏамулаан кӏиго хинкӏил багьаяб хӏалтӏи гьабизе. Нижер кӏудадаца малъулаан, анлъго-анкьго сон барай яс хӏалтӏи гьечӏого тезе бегьуларин абун. Баччизе кколареб цӏул баччизе, бухъизе кколареб ракь бухъизе тӏамеян. Шагьаралда васазе кидаго гьабизе хӏалтӏи букӏунаро, гьединлъидал, анлъго-анкьго сон баралдаса нахъе васал спортзалаздаса къватӏире рахъине риччазе бегьуларо. Эбел-эмен ратӏалъана — лъимадул талихӏ къана. Улбул чӏаго рукӏаго бесдаллъараб лъимер, гӏемерисеб мехалда, кӏудиял умумузул къайимлъиялде ккола. Гьезул гурхӏелалъ, гьез хьихьиялъ, гогьдаризабиялъул хӏасилалда лъимер лъугьуна цохӏо напсияб мунпагӏаталъе хӏалтӏулеблъун.

Кӏиго вас гӏезавуна, гьезие рокьарал ясал рачана, амма цонигиясе рукъзал кьечӏо. Гьезул хъизаназдасаги чӏара-хьараб магӏишатаздасаги ниж рази руго.

Сайпудинова Изахӏат, Авар театралъул литературияб бутӏаялъул заведующая:

— Васасе лъади яче лъидаго цӏехечӏого, росасе яс кье тухумалдаги дандбанилан малъулаан умумуз. Гьеб гӏадат тӏубанго тарихалде ана. Жакъа мискинчиясеги бокьулеб буго бечедав, машгьурав чиясул яс васасе ячине.

Гьереси щай, диеги бокьун букӏана васазе магӏарул гӏадатги, гӏамалги, мацӏги лъалел ясал рачине. Амма васаз жидеего бокьарал ясал рачана, кӏудияс — гӏурусай, гьитӏинас — мулатка. Берцинал хъизамал руго. Дие бокьарал ясал рачун рукӏаралани, гьезул иш данде ккечӏого букӏинеги бегьулаан. Хӏалица данде гьарурал хъизамазул гӏемерисел риххула.

Гӏабдугъапуров Хӏайбула, ДРялъул культураялъул мустахӏикъав хӏалтӏухъан, ДРялъул халкъияв артист, режиссер:

— Дир гӏумруялда жаниб гьалдаса гӏадлу хвараб заман киданиги букӏинчӏо. Жакъасел гӏолилазда лъаларо цебе кигӏан лъикӏ букӏарабали.

Хӏайваназулго гӏадин, гӏадамазулги рукӏуна тайпаби. Билълъанхъулагоги лъалин лъикӏ боржунеб хӏинчӏилан абухъе, тухум-кьибилалъулги буго гьебго къагӏида. Аслияб къагӏидаялда цебе ригьин гьабулаан лъалел, къадру бащадал чагӏазул лъималазда гьоркьоб. Жакъа абуни, ригьин гьабулеб буго бечелъи, хъулухъ цӏехон. Масала, бечелъиялде бер щун, ячана васасе бечедав чиясул яс. Кьарияб гьанги, чӏахӏиял хинкӏалги квине щвейищха гӏумруялъул аслияб мурад, магӏна? Бечедаб хъизамалда мискинав дурцас хӏехьезе ккола вакьадасул чӏухӏараб рагӏиги, якьадалъул тӏалабалги, лъадул гогьдариги, къокъго абуни, вас ккола бокьун босараб лагълъиялде.

Гӏолохъанал улбузда дица абила, гьарураб къоялдаса нахъе лъималазда бице хъизам гӏуцӏи захӏматаб масъала кколеблъи ва хъизамалъул талихӏ букӏунеблъи гьелъул захӏматалда бараб. Ригьин гьабилалде чара гьечӏого бихьинчиясе къваригӏуна я камилаб лъай, яги кверзул махщел.

Аллагьас чӏужугӏадан ракьалде йитӏун йиго наслу гӏезабизе. Гьединлъидал, лъай-махщел гуребги, букӏинесеб лъимер сахаб букӏиналъул мурадалда, гьелъ цӏунизе ккола жиндирго чорхол сахлъи.

Дица чара гьечӏеллъун рикӏкӏуна советияб заманалда радио-телевидениялдасан гӏолилазе кьолел рукӏарал лъикӏал, мисалиял хъизамазул хӏакъалъулъ бицунел передачаби цӏигьари.

Гьитӏиномухӏамадов Хӏусен, «Азия» турфирмаялъул директор:

— Къайи-свери цӏуниялъул жавабияйлъун йикӏарай чӏужугӏаданалъе щун буго бокьа-бокьараб гьабизе эркенлъи. Гьайгьай, гьелъие гӏайибияблъун ккола, тӏоцебесеб иргаялда, телефон. Цоги жоялъул бицун щай, гӏолилал ясазе мисаллъун лъугьунеб буго, магӏарул хасияталда, гӏадат-гӏамалалда дандекколареб, гьенисан бихьизабулеб къабихӏаб, хъубаб жо. Гьеб ккола улбузухъги, вацазухъги, россабазухъги ясал ва лъудби гӏенеккичӏого рукӏиналъе бугеб цо гӏилла. Жакъа хъизам-лъимал гуреб, гӏарац, хъулухъ буго гӏолилазда цебечӏараб аслияб масъала.

Нижеца бицунеб масъалаялъухъ гӏенеккарав Хӏусенил вас Гӏабдулаеги бокьана жиндирго пикру загьир гьабизе:

— Къуръаналъул аятазда гӏадин, гӏолилал божулел руго телевизоралда рихьизарулел къваригӏел гьечӏел жалазда, гьездаса босулеб буго мисал. Исламиял гӏалимзабаз абула, бихьинчи бихьинчилъун вугони, чӏужугӏаданги чӏужугӏаданлъун йикӏунилан. Бихьинчияс жиндаго тӏадаб иш гьабулеб гьечӏони, чӏужугӏаданалъ гьеб жиндего тӏаде босизе ккола.

Жакъа цо-цо бихьиназда батун буго бигьаяб нух, лъудбиги хӏалтӏизе тӏамун, гьез тӏаса бищула рега-рахъун, квана-гьекъон, рахӏаталда гӏумру тӏами. Кинаб къадру букӏинеб хъизамалда хӏалтӏуларев, ай лъадиги лъималги хьихьуларев росасул? Лъие къваригӏараб хоно гьабулареб гӏанкӏу ва гӏункӏкӏ кколареб кету? Руччабаз гьединал россаби хӏехьоларо ва хӏасил ккола цо: риххарал хъизамал, бесдаллъарал лъимал.

Мухӏидинов Мухӏамад, ДГПУялъул математикаялъул кафедраялъул доцент, педагогиял гӏелмабазул кандидат:

— Жакъа руччабазе бихьиназдаса къваригӏараб жо дагьаб буго. Лъадул буго мина-рукъ, машина, хӏалтӏи, гьелъие щолеб буго росасдаса цӏикӏкӏараб харж. Гьединлъидал гьелъ росасе лъикӏабги бицунаро.

Бокьа-бокьараб гьабун, эбел-инсуца лъимал гогьдаризарула, гьезие чӏезабула къваригӏунебги къваригӏунаребги. Къанагӏалъун руго, хъизамги хьихьун, лъималазе гӏадлу кьун бажарулел унго-унгоял бихьинал. Цебе нилъер умумуз чияр лъималазеги гӏадлу кьолаан, жакъа нилъеда кӏолеб гьечӏо нилъерго лъималазе гӏадлу гьабизе.

Кколеб куцалъ дирго хъизамалда жаниб гӏадлу-низам гьабун бажарулеб гьечӏони, гьеб сурукъаб ахӏвал-хӏал битӏизабизеян, дица кинаб гӏакълу кьелеб? Дида лъалел гӏемерал хъизамал руго, рос-лъадул кӏудияб дандеккунгутӏи бугониги, лъималазе гӏоло абун, риххичӏого чӏарал. Битӏун гьабулеб буго гьез, эбел-эмен ратӏалъани, лъималазул талихӏ къуна.

Абула, жугьутӏазул хъизамал бищунго щулиял рукӏунин. Гьаб масъалаялда хурхун, дандекквеялъе букӏине, нижеца гара-чӏвари гьабуна жугьутӏ миллаталъул пуланав чиясулгунги. Гьев ккола Александр Назаров, Халкъияб магӏишаталъул институталъул математикаялъул кафедраялъул доцент:

— Цоги миллатазул хъизамазда дандеккун, Дагъистаналъул жугьутӏаз жеги цӏикӏкӏун хӏехьана хъизамазул талихӏкъосин. Гӏилла, СССР биххун хадуб Дагъистаналда хутӏичӏо жугьутӏазул диаспора, гьелдалъун хвана нижер хъизамалъулал гӏадатал. Гьанир жугьутӏал дагьлъун рукӏиналъ, рес кколеб гьечӏо васазе нижерго миллаталъул ясал рачине. Рачине кколел руго батӏиял миллатазул, ай батӏиял гӏадатазул, батӏияб диналъул, батӏияб мацӏалъул, батӏияб гӏамал-хасияталъул ясал. Гӏемерисеб мехалда гьединал хъизамал щулиял рукӏунаро.

Гӏизраилалда къанагӏат рукӏуна Дагъистаналда гӏадал хъизамал, гьенир гӏемерисел хъизамал рукӏуна Европаялъул улкабазда гӏадал, ай гражданлъиялъулаб ригьнада, цадахъ гӏумру гьабулел.

Жугьутӏазул кидаго букӏана щулияб хъизам, ригьин биххи рикӏкӏунаан гӏорхъолъа борчӏараб ишлъун. Гьелъие аслияб гӏиллаги букӏана чӏахӏиялги, лъималги, гьезул лъималги цадахъ цо рокъор гӏумру гьабун рукӏин. Жакъа жугьутӏазул гӏемерисел хъизамал руго тӏурачӏел, ай кӏудиял умумул цадахъ гьечӏел, хъизамалъул гӏадатал цӏунуларел, гьединлъидал хъизамал риххиги лъугьун буго гӏадатияб ишлъун.

Битӏараб тарбия кьеялъул кинабго иш бараб букӏуна лъикӏал мисалазда. Кӏудиял умумуз, жидерго мисалаздалъун, лъималазеги гьезул лъималазеги кьолаан камилаб тарбия.

Хӏукуматалъул гӏуцӏи хисиялдалъун, хисана хъизамалъулаб идеология. Жакъа нилъее бищун аслияб жолъун лъугьун буго бечелъи. Гьединлъидал жакъа лъималазе жидерго улбуздаса мисалалъе босизе пайдаяб жо дагьаб буго.

Дир пикруялда, хъизамал риххи дагь гьабиялъул мурадалда чара гьечӏеблъун ккола миллатазул нус-нус соназ хӏалбихьарал умумузул гӏадатал цӏигьари ва гьездаса пайда боси. Цо пуланав гӏакъилас малъухъе, лъимералъе тарбия кьезе байбихьизе ккола гьеб кинида бугеб мехалдаса байбихьун.

Шехмухӏамадов Мухӏамад, Тарихалъул, археологиялъул, этнографиялъул институталъул гӏелмияв хӏалтӏухъан, квералъ хъварал исламиял тӏахьазул фондалъул заведующий:

— Хӏалалал жалазда гьоркьоб Аллагьасе бищунго рихараблъун ккола ригьин биххи, цӏар тӏамиян абулеб аварагасул хӏадисалъ жанибе бачуна гьеб масъала. Амма, кинго дандекколел гьечӏони, росасул ихтияр буго цӏар тӏамизе. Дида халлъараб хӏужа ккола, гьоркьор лъимал рукӏаго риххаразул лъималазул гӏумру букӏуна талихӏкъараб. Амма эбел-эмен хун хутӏарал лъималазул цонигияв гӏадада холаро, дунялалъул рокъов гьезул цонигияв хутӏуларо жиндиего нух батичӏев, гӏадамалъе вахъинчӏев. Гьезда хадуб Халикъасул букӏуна хасаб бербалагьи.

Школалъул аслияб ишлъун дица рикӏкӏуна, лъай кьей гуреб, лъималазе битӏараб тарбия кьей. Масала, аслияб куцалда нижехъе мадрасаялде рачӏуна цӏалиги гӏадлуги гьечӏел, хадув чӏезе чи гьечӏолъиялъ, гӏадада хвеялда хӏинкъи бугел лъимал. Гьениб кьураб исламияб тарбиялъул хӏасилалда, гьезул рахъуна лъикӏал гӏадамал, пайдаял чагӏи.

Цебе росулъ ригьин биххи рикӏкӏунаан рогьо-ничлъун, гӏорхъолъа араб ишлъун, жакъа нилъ гьелда ругьунлъун руго.

Учителасул махщалил къимат гьабулеб гьечӏолъиялъги, васазе кьварараб тарбия кьезе школазда бихьинал хутӏунгутӏиялъги захӏмалъизабулеб буго гьеб масъала.

Цоги, жакъа лъималазе хъизамал гьарулел чагӏи ккола араб гӏасруялъул 90-абилел соназда тарбия щварал гӏадамал. Жидерго гьечӏеб лъайги, гӏакълуги, тадбирги гьез кин кьелеб жидерго лъималазе?

Лъималазе исламияб тарбия кьуни гурони, хъизамалда лъугьун бугеб захӏматаб ахӏвал-хӏал лъикӏаб рахъалде хисизабиялъе батӏияб нух дида бихьуларо.

Цебе щибаб росулъ букӏунаан хъизамазда хадуб херазул халкквей, ай хъизамазул киналго масъалаби тӏуразарулаан къадруял харабаз. Гьеб къагӏидаги тарихалде ана, цебе гӏадаб къадру херазулги гьечӏо, гьезухъ гӏенеккулел чагӏиги дагьлъун руго.

Ригьин гьабулеб буго лъидаго дандбачӏого. Аварагасул хӏадисалда буго: «Бихьинчияс лъади ячуна ункъо мурад тӏубаялъе гӏоло: берцинлъиялъе, бечелъиялъе, тухум-кьибилалъе ва диналъе гӏоло. Амма талихӏ дуе ункъабилелъ гурони кьоларо», — ян. Жакъа абуни, гӏемерисеб мехалда ригьин гьабулеб буго цебесеб лъабабго мурад тӏубаялъе гӏоло.

Исламиял пачалихъазда гьечӏо хъизамал риххиялъул Европаялда ва Россиялда гӏадаб масъала. Аварагас абун буго: «Динги бугев, нужер тӏабигӏат-хасияталда данде кколев чи яс гьарун вачӏани, сундухъго балагьичӏого, гьесие яс кье. Кьечӏони, пасалъи тӏибитӏизе буго», — ян.

Ясалъул талихӏ букӏуна, бечедасда аскӏоб гуреб, иман-яхӏ бугев чиясул рокъоб.

Мухӏамадов Гӏабдула, РФялъул Художниказул союзалъул член:

— Гьелъие ругел гӏиллаби ккола: бечелъи бокьи, хӏалтӏизе бокьунгутӏи, хъизамалъул жавабчилъи жидедаго тӏаде босизе бажарунгутӏи, лъималазул пособиеги кванан, вега-вахъун кепалда гӏумру тӏамизе бокьи.

Ригьин биххуларо хъизамалъул жавабчилъиги квен-тӏехалдалъун гьеб хьезабиги росас жиндего тӏаде босулеб бугони. Росулъ гӏемерлъун руго, жидерго хъизамалги рехун тун, цереса цере унел гӏолохъаби. Гьединго росулъ дагьлъун руго, гурун рукьабигун, магӏишат гӏуцӏулел гӏолохъаби. Чӏам-чӏам гьечӏони, дам-дамги, щулияб хъизамги букӏунаро.

Бечелъиялда, хӏатта жиндие къваригӏинчӏеб жоялда хадув векерулаго, росасул заман гӏолеб гьечӏо лъадул масъалабазде кӏварги лъималазе тарбияги кьезе.

Хадурагӏи

Бихьулеб букӏахъе, кьучӏдасанго хисулел руго магӏарулазул хъизамалъулал гӏадатал. Тарихалде ана, магӏарул къагӏидаялъ васасе лъади ячунеб ва яс росасе кьолеб гӏадат. Кӏудияб дарамалде ритӏиялъул суал чара гьечӏого лъималазда гьикъизе, дандбазе ккела. Амма, хъизам гьабун хадуб, вас гогьдаризе, яс кӏичӏардизе лъугьани, эбелалъ гуреб, инсуца тӏил кодобе босизе ккола.

Хӏурматиял цӏалдолел, бокьилаан лъазе гьаб масъалаялда тӏасан нуже-нужерги пикраби.

Исана «Хӏакъикъаталъ» рагьулеб буго «Щулияб хъизам — талихӏалъул кьучӏ» абураб рубрика. Мисалаздалъун бицина гӏадилал хъизамазул, цоцалъ рекъарал рос-лъадул ва, гьез тарбия кьун, лъикӏал гӏадамаллъун лъугьарал лъималазул. Амма, нужер кумек щвечӏони, гьеб ишалъул хӏасил кколаро. Божи буго, «Хӏакъикъаталъул» гьудулзабаз гьаниб жигараб гӏахьаллъи гьабилин абураб. Хъвай нижехъе росабалъ, шагьаразда, мадугьалихъ, хӏалтӏуда цадахъ ругел, цогидаз жидедаса мисал босизе мустахӏикъал хъизамазул хӏакъалъулъ. Бице хъизамал риххиялъе кколел ругел гӏиллабазул ва хъизамал цӏуниялъе гьаризе бегьулел ишазул хӏакъалъулъ.

НУРИ НУРИЕВ