Россиялъул ВВПялда (лъагӏалида жаниб къватӏибе биччараб кинабго продукциялъул, гӏезарурал ва къачӏарал нигӏматазул, гьабураб даран-базаралъул гӏаммаб багьа) аграрияб магӏишаталъ ккола 10-гӏанасеб процент. Дагъистаналда гьеб процент буго кӏиго нухалъ цӏикӏкӏараб — республикаялъул экономикаялда росдал магӏишаталъ ккола щуйил бутӏа.

Тӏолабго Россиялда 2025 соналда росдал магӏишаталъул продукция цӏикӏкӏана 3,3 проценталъ, Дагъистаналда – 2,5 проценталъ, гьелъул багьа бахана 276 млрд гъурщиде. Тарихазул гӏемер хӏисаб гьабичӏониги, нилъеда лъикӏ лъала регионалъе гьелъул бугеб кӏвар, кколеб бакӏ — гьеб буго нилъер аслу, нилъеда гъорлъ бессараб, нилъее хасиятаб хӏалтӏи.

Нилъее гӏоларо могьолал культураби, цӏакъго щакаб жо буго гьезул рахъалъ хадубккунги нилъго нилъецаго хьезаризе кӏвей. Нилъ бергьунел, «байрахъ» нилъехъ бугел рахъал ккола гӏи-боцӏухъанлъи, цӏолбохъанлъи, пихъ-овощал ва пиринчӏ гӏезаби.

Гӏи-боцӏи

Официалиял баяназда рекъон (гьезда сверухъ гӏезегӏан рукӏана ва жакъаги камуларо батӏи-батӏиял бахӏсал), гьабсагӏаталда Дагъистаналда буго 4,7 миллион бетӏер гӏи-цӏцӏаназул (РФялдаго бугелъул 22 процент) ва 950 азарго бетӏер чӏегӏербоцӏул (гьездаса 486 азарго ккола гӏака) — тӏолабго Россиялда буго гьезул 18 миллион бетӏер.

Цӏолбохъанлъи

2025 соналда республикаялда бакӏарана 302,1 азарго тонна цӏолбол (2024 соналда бакӏарун букӏана 301 азарго тонна). Гьелъул 241 азарго тонна къачӏана нилъерго гьаниб. Исана цӏолбол ахал гьаризе руго жеги 800 гектаралда. Гьелъие 2025 соналда республикаялъул питомниказда гӏезабуна 8,1 миллион саженец, гьезул 1,5 миллион битӏана Краснодар краялде ва Крымалде. СВО байбихьизегӏан ахӏвал-хӏал букӏана гьелъул гӏаксалда — гӏемерисел саженцал нилъеца росулаан къватӏисел пачалихъаздаса ва цогидал регионаздаса.

Пиринчӏ

Ахирал соназда лъикӏаб туркӏи щвараб гьеб нигӏмат хьараб гӏатӏилъиги дагьлъана гъоркьиса, гӏодобе ккана бакӏарараб тӏощалил къадарги. Тӏолабго Россиялда — 9 проценталъ.

2024 соналда Дагъистаналда гьеб хьан букӏана 34,7 азарго гектаралда ва гьениса бакӏарана цебехун киданиги букӏинчӏеб къадар — 165 азарго тонна. Гьеб ккола Краснодаралдаса хадуб кӏиабилеб бакӏ (доба бакӏарула 800 азарго тонна).

Гъоркьиса нилъер гьаниб гьеб хьана 25 азарго гектаралда (гьелъулцин цо бутӏа бакӏаричӏого тана цо-цо магӏишатаз) ва гьениса щвана 120 азаргогӏанасеб тонна пиринчӏалъул. Гьединаб хӏасил ккеялъе буго чанго гӏилла: лъел къварилъи, техника, цӏатари, запчастал ва гь. ц. цӏакъго хиралъи ва гьезул даража хвей. Амма аслияб гӏиллалъун ккола пиринчӏалъул багьа гӏодобе ккей — жеги бацӏцӏад гьабичӏеб, хъал бахъичӏеб гьеб (сырец) магӏишатазухъа босулеб буго 7-8 гъурщиде кило хӏисаб гьабун. Гьеб багьаялде гьебги бичун хӏалтӏиялъул кинабгӏаги мунпагӏат гьечӏо магӏишатазе. Къунцӏараб квасул рахъалъ ахирал соназда букӏана ва буго гьединабго масъала, гьанже ирга щвана пиринчӏалдеги. Батизе ккола гьеб масъала тӏубаялъе рес, гурони цо-кӏиго соналда жаниб цӏакъго нахъе ккезе буго пиринчӏ бекьиялъул суал. Гьелъ хадур цӏала мелиорациялъул, ракь лъикӏ гьабиялъул, къачӏаялъул гӏемерал цогидалги суалалгун масъалаби.

Цӏоросаролъ

Гьеб хьан букӏана 12,1 азарго гектаралда ва гьениса бакӏарана 51,1 азарго тонна (цебесеб соналдаса 4,9 проценталъ цӏикӏкӏун). Бакӏарана ункъазаргогӏанасеб тонна бакъдебуссалъулги, цебесеб соналъ бакӏарун букӏана 3,6 азарго тонна.

Пихъгун овощал

Дагъистаналда буго ахазул 30 азарго гектар, гьездаса 6,5 азарго гектаралда цӏиял ахал чӏана ахираб щуго соналда жаниб.

Гъоркьиса нилъеца бакӏарана пихъил 265 азарго тонна (гьезда гьоркьоб буго Краснодаралда ва нилъер гьанибги гурони Россиялда гӏезабулареб хурмаги — 6 азарго тонна). Овощазул – 1,5 миллион тонна ва бахчабазул — 236 азарго тонна.

Тӏадехун рехсарал нигӏматазул рахъалъ тӏолабго Россиялда нилъ цебесеб кьерда рукӏиналъе нугӏлъи гьабула цо гьадинаб хӏужаялъ. Москваялда буго «Фуд Сити» абураб, цӏакъ кӏудияб, къойида жаниб 100 азаргогӏанасев чи къабул гьавулеб дармилаб комплекс. Жидерго росдал магӏишаталъул продукция гьениб лъола 60 регионалъ ва 50 къватӏисеб пачалихъалъ. Гьенир ричулел пихъазул, овощазул ва бахчабазул 10 процент ккола Дагъистаналда гӏезабураб.

Гӏабаш Гӏабашилов