Щибаб соналъул, батӏи-батӏиял календаразда рекъон, рукӏуна жидерго цӏарал ва гӏаламатал. Исанасеб сонин абуни кколеб буго багӏараб чол лъагӏел.

Чуял руго инсанасе ритӏухъал, гьев вичӏчӏулел ва кумекалъе ратулел жал.

Чу бугеб хъизамалда лъималазе захӏматалъул лъикӏаб тарбия щолаан

Щивасул магӏишаталда гьеб букӏуна чара гьечӏого рукъалъул хӏалтӏи гьабизе хӏажатаб ва лъималазе захӏматалъул тарбия кьеялъулъ кӏвар цӏикӏкӏараб рухӏчӏаголъи. Цоги рахъалдасан босани, гьеб ккола хъизамалъул рес букӏин бихьизабулеб гӏаламатги. Эмен чӏаго вугеб мехалда нижер рокъосаги камичӏо чуял. Гьезул цӏаралги ракӏалда руго. Ахирисеб чода цӏар букӏана «Мальчик» абун. Чода тӏад гӏунин дунин абуни, мекъи ккеларо. Районалда чуял тӏамиялъул къецаздаги гӏахьаллъана школалда цӏалулеб заманалда.

Цо нухалда риидалил бакъанил гӏужалъ, чуязул илхъиги бачун, радаллъизегӏан гьел кваназаризе инсуца росдадаса 8-10 км рикӏкӏада ругел харибакӏазде витӏарав дун, чода тӏадго кьижун ккун ватана. Гьебин абуни, кьижарав дун тӏад рекӏун вукӏаго, росулъе тӏадбуссун, радакьалде кавудал кӏалтӏа чӏун батана. Амма инсуда лъаларедухъ ва гӏадан-чиясда вихьилалде, рогьалил гӏужалда цӏидасан нахъвуссун, илхъи тараб бакӏалде бекеризабизе ккана гьеб ва, бакӏ-бакӏалда щущан ратарал чуялги ракӏарун, рокъове тӏадвуссана.

Гьанже гӏумру цебетӏеялъул, цӏи-цӏияб техника баккиялъул хӏасилалда, гьезул кумекалде дагь гурони кколел гьечӏо. Кин бугониги, жакъа Дагъистаналда, мухӏканал баяназда рекъон, буго 41500 чу. Улкаялъул регионазда гьоркьоб, чуязул къадаралъул рахъалъ, нилъер республика буго 10-абилеб бакӏалда. Бищунго гӏемерал чуял руго Саха-Якутиялда. Гьениб гьезул къадар бахуна 181100 бетӏералде. Кӏиабилеб бакӏалда буго Башкортостан – 125800 бетӏер. Тӏолабго Россиялдайин абуни, чуязул буго цо млн. 31 азарго бетӏер.

Чуязул тайпа цӏуни — жакъасел масъалабазул цояб

Араб гӏасруялъул 90-абилел соназда нилъер республикаялда чуязул къадар дагьлъизе байбихьана. Цого-цо бугеб ипподромги биххизе дагьаб хутӏана. Амма Росдал магӏишаталъул министерствоялъул хӏаракатчилъиялдалъун кӏвана гьездехун чуял цӏуниялъул мурадалда тадбирал гьаризе. Хасго ахирал соназда кӏвана Ахалтекиялъулаб тайпа цӏунизе ва гьезул къадар цӏикӏкӏинабизе.

Республикаялъул росдал магӏишаталъул цебетӏей гӏелмиябгун техникияб сурсаталдалъун хьезабиялъул хасаб программаялда рекъон, Дагъистаналда хӏисабалде босун буго 2030 соналде щвезегӏан мугӏрузул бакӏалъулал чуязул тайпабазул генетикиял цӏех-рехал гьаризе. Щайгурелъул гьел руго нилъер тӏабигӏиял шартӏазде ругьунал чуял.

Гьединлъидал чуял хӏалтӏизари, гьездаса, туризмалде гӏунтӏун, пайда боси цӏикӏкӏунеб буго. Махӏачхъала, Каспийск шагьаразда ва гьезда сверухъ дагьаб цебегӏанцин ункъо гурони чуязул клуб букӏун батичӏони, жакъа гьезул къадар гӏемерго цӏикӏкӏун буго. Социалиял гьиназдаги гӏемер рукӏуна суратал чуяздаги рекӏун тира-сверулел дагъистаниязул ва нилъехъе рачӏарал туристазул.

Чуял — чорхол сахлъи цӏуниялда ва туризмалда

Ахикь, хуриб гуребги, чуял хӏалтӏизарула спорталъул, туризмалъул бутӏабаздаги. Гьезда рекӏун хьвадиялъ лъималазул цо-цо унтаби сах гьаризецин кумек гьабула. Чуял тӏамиялъул къецаздаги гьанже гӏахьаллъи гьабула гӏемерал бихьиназгун руччабаз. Хӏаракат бахъулеб буго, умумузул букӏараб гӏадаталде тӏубанго руссине кӏвечӏониги, дагьабгӏаги гӏагарлъизе. Тахшагьаралда жалго бетӏергьанал ипподромалцин гӏуцӏун руго. Гьенир лъимал, чуяздаги рекӏун тира-сверизарула, чотӏахъабилъун рахъине ругьун гьарула.

Дагъистаналъул чуяз гӏахьаллъи гьабула Северияб Кавказалда тӏоритӏулел къецазда ва бергьенлъабиги росула.

Чу буго хехлъиялъул, гӏураб чӏаголъиялъул гӏаламат. Багӏараб цӏадулкьераб чуялъулаблъун кколеб гьаб соналъул аслиял рахъаллъун Бакъбаккул календаралда рекъон рихьизарулел руго: гъира-шавкъ ва хӏал букӏин, цӏикӏкӏараб хӏасрат ва гӏумруялда кколел хиса-басияздехун кӏудияб цӏайи букӏин. Амма, гьелдаго цадахъ, 2026 сон буго щивас, тасамахӏлъи биччачӏого, гӏадлу-низам цӏунизе кколеб, лъугьа-бахъинал гӏемераб сонлъунги.

З. Ильясов