Бокьараб экономикаялъул кьучӏлъун кколеб ВРПялъул (валовияб регионалияб продукт, лъагӏалида жаниб гьабураб ва къачӏараб кинабго продукциялъул, гӏезарурал нигӏматазул, бараб мина-къайиялъул, тӏурарал хъулухъазул гӏаммаб багьа) къадар 2025 соналда нилъер республикаялда бахана 1,3 триллион гъурщиде. Гьеб буго хӏакъикъаталдаги кӏудияб тарих, исана гьеб гӏодобе ккеялъе гӏиллабиги киналгӏаги гьечӏин ккола.

Гьелъул 20-гӏанасеб процент ккола росдал магӏишаталъ (гьелдаса цере руго ралел бакӏазул магӏишат ва даран-базар, хъулухъал тӏурай). Гьенир тӏубанго разияб хӏал бугин ва дандчӏваларин цӏакъго гӏемерал, захӏматал масъалаби абун абизе рес гьечӏо, амма ахирал соназда гьелъ рихьизарулел руго гӏезегӏан лъикӏал хӏасилал. Гьедин букӏиналъе нугӏлъи гьабула гьадинал хӏужабаз — бакӏарулеб цӏолбол, гӏи-цӏцӏаназул къадаралъул, къунцӏулеб квасул рахъалъ Россиялъул регионазда гьоркьоб нилъеца ккола тӏоцебесеб бакӏ, бакӏарулеб пиринчӏалъул рахъалъ — кӏиабилеб, чӏегӏербоцӏул къадаралъул ва бакӏарулеб пихъил рахъалъ — лъабабилеб.

Халатккун рарал цӏадаз исана рес кьечӏо жидер заманалда техника авлахъазде бачине, ракь къачӏазе, цебеккунго хьон хьазе. Гъоркьиса хасалил могьолал (исана риидал ракӏарулел) хьан рукӏана 94 азарго гектаралда. Ракьулъ регьел букӏиналъ гьезие ккана цӏикӏкӏараб квербакъи, гьебго буго тӏабигӏиял ва рекьарал хурдузеги.

Исана ихдалилал культураби хьазе, рекьизе ккола (гьеб хӏалтӏи байбихьун буго) 225 азарго гектаралда: хурдул — 92 азарго гектаралда, могьолал — 57,3 азаргоялда, овощал — 40,1 азаргоялда, картошка — 18,3 азаргоялда, бахчаби — 7,8 азаргоялда, техникиял культураби (бакъдебусс, рапс ва гь. ц.) — 4,5 азаргоялда. Гьелъие хӏажалъула 68 азарго тонна хьодул (гьелдаса 55 азарго тонна — картошка), гьеб къадаралдаса 94 процет гьанжелъизегӏан хӏадурунги буго.

Республикаялда ахал руго 30 азарго гектаралда, исана гьезде тӏадеги гьел гьаризе ккола 500 гектаралда (ихдал гьаруна 432 гектаралда, хутӏарал тана хаслихъе гьаризе). Цӏибил гӏезабулеб гӏатӏилъиялъул (71 азарго гектар) ва бакӏарараб къадаралъул (380 азарго тонна) рахъалъ республикаялъе бищунго цӏар бугеблъун букӏана 1984 сон. Гӏатӏилъи лъабгогӏан нухалъ гӏодобе кканиги (26 азарго гектар), бакӏарараб къадар гъоркьиса букӏана цӏакъго лъикӏаб (302 азарго тонна). Ругезда тӏаде исана 800 гектаралда лъезе ккола цӏолбол ахал. Гӏияхъанлъиялъулги квешал хӏасилал гьечӏин ва хадусел планал дагьалги лъикӏал ругинги абизе бегьула. Къинлъул кампаниялъул хӏасилалда щвана 1 миллионгун 29 азарго кьегӏер (цӏунана гьаруразул 98 процент), гьеб рахъалъ цебесеб кьерда руго Гъуниб, Чӏарада, Казбек районал.

Санайил республикалда къунцӏулаан 14 азаргогӏанасеб тонна квасул (тӏолабго Россиялда къунцӏула 40 азаргогӏанасеб), исанасел планазда рекъон къунцӏизе ккола 15,7 азарго тонна. Гьеб цӏакъ лъикӏ буго, амма квеш ккараб жо буго гьеб бичизе кӏунгутӏи ва гьелъул багьаги гӏодобе ккей.

Дагъистаналда буго 105 азаргогӏанасеб найил тӏала, гъоркьиса гьез кьуна 1326 тонна гьацӏул, цересел соназда дандеккун 300 тоннаялъ цӏикӏкӏун. Исанасел планал ва хӏисабал гьелдаса къурал гьечӏо. Жибго цӏакъ гьитӏинаб бугониги, хур-хералъе кӏудияб зарал гьабулеб рухӏчӏаголъи ккола гарцӏ. Гьединлъидал, цӏакъго кӏвар бугеблъун ккола жидер заманалда гьелда данде цӏуниялъулаб хӏалтӏи гьаби. Исана гьеб хӏалтӏи гьабизе ккола 35 азарго гектаралда (аслияб куцалда северияб Дагъистаналда, гьениб байбихьана гьеб), пачалихъалъ гьелъие биччан буго 30 миллион гъурущ. Лъикӏаб гӏаламатлъун ккола гьадинаб хӏужаги. Исана соналъул нахъе тарал гьал моцӏазда жаниб республикаялъ къватӏисел пачалихъазде (Азербайжан, Грузия, Узбекистан, Тажикистан, Казахстан, Иран, Гӏиракъ, Ливан, Китай ва гь.ц.) ричана: пиринчӏ — 730 тонна, чӏегӏербоцӏи — 6 азарго бетӏер, гӏи-цӏцӏани — 5 азарго бетӏер, гӏиял гьан — 249 тонна, ччугӏа — 270 тонна, квас — 21 тонна.

Гӏабаш Гӏабашилов