Расандизе рикӏкӏунел
Маргьа, маргьа цикӏулди,
Царал гӏундул кӏичӏулди,
Киго Гӏали вагъулди,
Гӏалил лъимал гъулгъуди,
Гъологӏучӏал квалквади,
Кив вукӏарав, кӏалберцин?
**
Гьадаб балагьуда тӏегь буго,
Тӏогиб маххул хеч буго,
Ахада гьабал руго,
Гьабахъ гӏадамал руго,
Гӏадамахъ кини буго,
Кини цӏун багӏар буго,
Багӏар гӏуруца ана,
Гӏурул кету лъабчӏвана,
Лъарал кету ункъчӏвана,
Ункъо букӏараб чогьен
Чехатӏаде рехана.
**
Маргьа, маргьа, цӏило, цӏило,
Цинги гъеду, Гъуниб росу,
Росдал цӏцӏани, Цӏороса кету,
Кутузул гӏундул, гӏондокьил наку,
Перкъи, щеркьи, къоркъол мегьед.
**
Вукӏанила Кӏартилав,
Канцӏанила нохъоде,
Беканила квегӏаб бох,
Кватӏанила рокъове,
Вуханила кӏодоца,
Кӏатӏанила инсуца.
**
Гӏалидибир, вай Дибир,
Дур гьакидул гъваргъвари,
Гъалбацӏалъул гӏергӏери
Гӏангуралъул хьирхьири,
Хьонда мокъокъил къвакъвай.
**
Лъабгӏин, гӏанихух, цӏцӏанихух;
Цӏоробе араб бахьинхӏинчӏ.
Бихьулареб гъалухӏинчӏ,
Гъал къотӏараб накӏкӏихӏинчӏ.
Никӏкӏилазул гел-гел,
Гелазул чел-чел,
Чода вугев мун,
Гӏодов вугев дов.
**
Гьадаб моцӏрол кӏир-кӏири щиб, бело?
Кӏиго бачил балагьи щиб, бело?
Бахӏаралъул хӏеренлъи щиб, бело?
Хакъикъалъул къарумлъи щиб, бело?
**
Ицил кверал унтун ругин, катан кье.
Катил цӏилал ригъун ругин, курак чӏвай.
Бакъ щун, щоб ккун,
Щобил Гӏали рохьов ун,
Рахьдал гиби гебегун,
Горбогьодал расандун,
Росонир хинкӏал кьурдун,
Кьурда гӏачи гӏергӏедун
Гӏодор бачал мимидун.
**
Чаландарил динг, динг,
Дун вуссана, ва ясал.
Росе хъуби, речӏчӏе гӏачи,
Горцӏун ругин жакъа гьал.
Чаландарил динг, динг,
Дие пос гӏемерлъаги,
Гӏачи нужер цикӏкӏаги,
Цӏу-цӏун хъуби нахъе росе,
Ва ясал!
**
Бох басандун, бакӏ басандун,
Бис бекерун, канал ричӏчӏи.
Ричӏчӏи гьороб, гьин хуриб,
Хух магӏарда, гӏи хьонда.
Хьибил бусада, Салим тӏохда.
**
Азалидул зангал ругел дир гӏанкӏил,
Заит кунал къунщби ругел дир гӏанкӏил,
Мегӏер цӏурал гӏиял ругел дир гӏанкӏил,
Гӏалах цӏурал чуял ругел дир гӏанкӏил,
Чода цӏакъал васал ругел дир гӏанкӏил,
Васахъ лъикӏал цӏалал ругел дир гӏанкӏил,
Цӏоров цӏакъав эмен вугев дир гӏанкӏил,
Гъасда цӏакъай эбел йигей дир гӏанкӏил.
**
Гьабги наку, добги наку,
Зобги сверун, ссанда наку,
Ссанда мокъокъил наку,
Кьодукь хӏанчӏазул наку.
**
Лъаргӏисахун цӏад бачӏун,
Цӏоросахун накӏкӏ бачӏун,
Байги нилъей чвахун цӏад,
Чахъабазул хӏал хьезе,
Чвахаги тӏохил гонгал,
Цӏцӏаназул мугъ бекизе.
**
Беке-бекерун цер ана.
Царада нус батана.
Нус бичасе кьуна.
Бичас гӏала кьуна.
Гӏала къеда бухьана.
Къеца хӏуби кьуна,
Хӏуби цӏадаб лъуна.
Цӏеца тӏурччи кьуна.
Тӏурччи лъарае бана.
Лъараца цӏам кьуна.
Цӏам гъвалие бана.
Гъвалица тӏатӏи кьуна.
Бежизейин цӏеда лъуна,
Цӏорозейин рагьда лъуна,
Къвагъан бачӏун, гъадица
Кӏутӏун босун анила.
**
Ва цӏилицӏи, цӏилицӏи, гьарс-вай,
Цилицӏидул лам гьечӏо, гьарс-вай.
Ламида хъара гьечӏо, гьарс-вай.
Хъусида чӏегер гьечӏо, гьарс-вай.
Нужер гӏиги гӏемерлъаги, гьарс-вай.
Гӏиялъ куйдул чахӏалъаги, гьарс-вай.
**
Б-э-э, дунги хъве,
Дир бурутӏги нахъе те,
Хетӏ-бетӏерги тӏомониб,
Тӏатӏул сарис хьагиниб,
Хьалбахъ гӏучӏал магӏида.
**
Чаргъеду! Чаргъеду!
Чара хваяб рачӏхалат!
Дур Гӏалиги гӏияда,
Гӏалил лъимал рехъада,
Боснор ханал мокъокъил.
Къвагъ, къвагъ.
**
Маргьало-гьаршало,
Гьоркьохъанасул чу билун,
Чотӏахъанасул цӏал билун.
Росонир хинкӏал кьурдун,
Кьуртӏа гӏачи гӏергӏедун,
Гӏурухъ бачал чӏичӏидун.
**
Иу-иу-у жаланибе,
Жал къотӏизе мукъранибе,
Мукъур квине Кудалибе,
Кан бахъизе хӏоботӏе,
ХӀop рагӏалда гебегун,
Гор рагӏалда басандун.
Баса-бакун тӏагъур лъун,
Тӏоргъонибе хъубухъун,
Хъабчинибе кӏобокӏун,
Кӏигоявгун щурщудун,
Щугоявгун векерун,
Векерун ун, куй босун,
Керенги чӏван, оц босун.
**
Дунгоги хӏайран йиго,
Хӏабибасул Патӏимат,
Гьунщи кӏодол хӏатӏица
Хӏажигороги чӏинтун,
Билълэунаго гьунщи квеш,
Гекъолаго тӏваркъи квеш,
Бачӏина мун хӏорихъе,
Хӏанчӏила дур гъоркьа кӏветӏ.
**
Адин нако,
Додин нако,
Данде гӏучӏал
Бичӏан нако,
Гьаб сагӏтил сакӏил нако,
Ссанда мокъокъил нако,
Хӏорихъ къуркъбузул нако,
Къадалъ хӏанчӏазул нако.
Цӏирка, цӏирка, цӏирка нако.
**
Кун меседил расеналъул,
Гьинчалалъул чу магӏарде,
Гӏала хьинда, хьинда цӏибил,
Цӏолбол кету, катил гӏундул
Гӏондокьил бох, цидул дванк.
**
Аб кӏкӏал, доб кӏкӏал,
Гӏачи кӏкӏал, чума кӏкӏал,
Накӏкӏилъар, лъабгӏин,
Гӏани хух, цӏани хух,
Цор бихьараб бахьинхӏинчӏ,
Бихьулареб гъвала хӏинчӏ,
Никӏваязул гьел-гьел,
Гьалбадирил чу-чу,
Чотӏа рекӏун Гӏалисканди,
Гӏартинире мусудул,
Сивунире бахӏарзал,
Хӏоринире къуркъби,
Къадалъе борхьал.
**
Гьудубе кӏанцӏ, гьаниб кӏанцӏ,
Чӏалхуласул хурив кӏанцӏ,
Херав дадал гьороб канцӏ,
Гьалбадерил тӏохде кӏанцӏ,
Тӏад магъилъа гъоркье кӏанцӏ,
Гъамбулатил рокъов кӏанцӏ,
Рукъиятил бокьов кӏанцӏ,
Разиятил рагьде кӏанцӏ,
Ражбадинил чӏалде кӏанцӏ,
Чӏегӏерасул гъасде кӏанцӏ.
**
Зирзили, зирзили,
Гьорол зирзили,
Гьорол чуги рекӏун,
Даци вачӏине.
Сурсури, сурсури,
Бакъул сурсури,
Бакъ гӏарцул ярагъ бан,
Дада вачӏине.
**
Цо хӏелеко букӏанила.
Хӏариколо хутӏанила.
Цо гунзари букӏанила,
Гванзай ясалъ беканила.
Бакъда гьоло букӏанила,
Мокъокъаца чӏучӏанила.
Чӏалу рохьоб букӏанила,
Гьороца ун батанила.
**
Баги, баги чвахун цӏад,
Чабхилъан ицц баккизе,
Чвахаги тӏохда гонгал,
Гьалида мочу базе,
Баги, баги чвахун цӏад,
Чахъабазул хӏал хьезе,
Чвахаги тӏохда гонгал,
Цӏцӏаназул мугъ бекизе.
**
Ццин-ццин, ццидал хӏелеко,
Ццин бахъараб Магьдил хӏелеко.
**
Бацӏил гӏундул кӏичӏулди;,
Кӏичӏ бахъулей Хӏурия,
Хӏама кӏутӏулев Гӏусман,
Ражи бухулей Халун,
Хинкӏал рахъулей Чакар,
Чай гьабулей гьидалъей,
Хьи бахъулей къванисей,
Къвали балей хьиндахъей.
**
Чагӏазухъ бугӏа буго,
Бугӏа лъарае бана,
Лъарацаги цӏам кьуна,
Цӏанги гӏакдае бана,
Гӏакдаца бече кьуна,
Бачица бурутӏ кьуна,
Буртӏица тӏатӏи кьуна,
Бежизеян цӏеда лъуна,
Цӏорозеян горда лъуна,
Бачӏун Уртил катица,
Хъамун ана жиндийго,
Хадуб араб Хӏерендо,
Хӏатӏул кӏал цӏун бачӏана.
**
Гӏанкӏ, гӏанкӏ, лъакӏ, лъакӏ,
Лъакӏинибе гьел-гьел,
Гьегьги дица хьухьина,
Хьопги дица къотӏила.
Хаба-чӏабар бицунди,
Царал гӏундул кӏичӏулди,
Кӏицӏул хуриб бекьулди,
Хинкӏал гьарун квананди,
Картӏинибе кӏанцӏунди,
Цояб дица квананди,
Цояб кодое кьунди.
**
Гьадаб тӏомор татӏул чед,
Тӏох рагӏалда нахул чед,
Дун сверухъе сверулеб,
Сурма дарайдул ретӏел,
Дун кӏичӏухъе кӏичӏулеб,
Кӏичӏ бахъараб буртина,
Ретӏинеги щолареб,
Щварасдаги толареб.
**
Милъиршо, милъиршо,
Щобда базе къвачӏа кье,
Кьвалакь базе таргьа кье,
Рохьоб босе гӏащтӏи кье,
Чӏалда базе жини кье!
**
Гьаб магӏарда тӏегь буго,
Тӏогьиб маххул хеч буго,
Ахада гьабал руго,
Гьабихъ гӏадамал руго,
Гӏадамахъ гени буго,
Гени багӏар габула,
Багӏар гӏобил гьабула,
Гӏер меседил гьабула,
Яс куракул гьаюла,
Кету нахул гьабула,
Махх чарамул гьабула,
Чу магӏарда гьабула,
Гӏала хьонда гьабула,
Хьиндахъ цӏибил гьабула,
Цӏолбол кету гьабула,
Катил гӏундул гьарула,
Гӏондокьил рачӏ гьабула.
**
Дунги мунги — кӏиявго,
Рохьоб бече — лъабабго,
Лъебел гӏака — ункъабго,
Гӏалил хӏама — щуябго.
Шайхмухӏамад — анлъавго..
Мегӏергӏанаб гӏаладулги цого тӏинчӏ.
Гӏалаяльул щинкӏилгӏанаб
Рущбадулги щуго тӏинчӏ.
Щурунгӏанаб мокъокъилги къого тӏинчӏ.
Къалигӏанаб гъагъусакил киго тӏинчӏ..
**
Мокъокъ буго къвакъвалеб
Къаси жиб берталъеян.
Микки буго гъулгъулеб
Гъарим жибги бачеян.
**
Ацида, цацида, цумида,
Хъумида, хъудал рачӏида.
**
Амина, замина, бузур, хъузур,
Хъанза, манзал, хъаравуласул кӏалтӏа
Кӏих-кӏох.
**
Цойида — кӏийида, кӏоркӏамайида,
Лъабида — хъабида, хъарзамайида,
Пампа гӏучӏал,
— тӏваркъ.
**
Ацида, цацида, царада, бакӏида,
Гӏалида, хъамида, хъадал рачӏ.
Белек, челек, чартӏа, миртӏа,
Къимир, зимир, Пилламас занка, рика,
Дица кутӏун, дуца босун,
Ччит гавур, гъологӏучӏ.
**
Бидги, бидги, бидал данги,
Данги бидан — сахлиян,
Умахалун, хал-халун,
Чибилдимик, дандимик.
**
Ацида байдан, царада байдан,
Памухь, чалух, чайда байдан,
Рехун бача, гьорол чӏимих.
Ацӏикӏ-бицӏикӏ, бицӏан-цӏаликӏ,
Цӏалги битӏун сахлиент.
Цоцазда гьикъулел
Кваналеб гьудгьуд букӏанила, парпалеб тӏамах букӏанила.
— Дир кӏал бацӏцӏине бачӏа, тӏамах! — ан ахӏанила гьудгьудалъ.
Бачӏинарин ахӏанила тӏанхица.
— Тӏамах квине бачӏа, бурутӏ! — ан ахӏанила.
Бачӏинарин ахӏанила буртӏица.
— Бурутӏ чӏвазе, бачӏа, бацӏ! — ан ахӏанила.
Бачӏинарин ахӏанила бацӏица.
Бачӏинарин аханила гьойца.
— Гьой чӏвазе вачӏа, вехь! — ан ахӏанила.
Вачӏинарин ахӏанила вехьас.
— Вехьасул къвачӏа букъизе бачӏа, гӏункӏкӏ! — ан ахӏанила.
Бачӏинарин ахӏанила гӏонкӏкӏоца.
— Гӏункӏкӏ чӏвазе бачӏа, кету! — ян ахӏанила.
Бекерун бачӏанила кету. Кету гӏонкӏкӏода речӏчӏанила. Гӏункӏкӏ къвачӏида речӏчӏанила. Къвачӏа вехьасда речӏчӏанила. Вехь гьойда речӏчӏанила. Гьой бацӏида речӏчӏанила. Бацӏ буртӏида речӏчӏанила. Бурутӏ тӏанхида речӏчӏанила. Тӏамахги гьудгьудалъул кӏалдибе кӏанцӏун анила.
**
— Бахӏаралъ гъамас аниш?
— Ана.
— Гъансиниб лъун дарай аниш?
— Ана.
— Дарай кьотӏизе кӏвекьмахх анищ?
— Ана.
— Каранда чӏван, рукӏкӏен анищ?
-Ана.
— Килщида ххун, баргъич анищ?
— Ана.
**
— Киб букӏараб, цӏум, цӏум?
— Цӏамда букӏараб цӏум, цӏум.
— Диесеб киб, цӏум, цӏум?
— Росулъ бугеб цӏум, цӏум.
— Росу киб бугеб, цӏум, цӏум?
— Цӏаяль бухӏана цӏум, цӏум.
— Цӏа киб бугеб, цӏум, цӏум?
— Лъиналъ свараб цӏум, цӏум.
— Лъим киб бугеб, цӏум, цӏум?
— Буртӏица гьекъана цӏум, цӏум.
— Бурутӏ киб бугеб, цӏум, цӏум?
— Носоца хъуна цӏум, цӏум.
— Нус киб бугеб, цӏум, цӏум?
— Ганчӏица бекана цӏум, цӏум.
— Гамачӏ киб бугеб, цӏум, цӏум?
— Чӏвадниб речӏчӏана цӏум, цӏум.
**
— Кий йикӏарай, къешо?
— Гьоболлъухъ йикӏана, къешо.
— Диесеб нисухинкӏ киб бугеб, къешо?
— Гъансиниб буго, къешо.
— Гъамас киб бугеб, къешо?
— Цӏеца бухӏана, къешо.
— Цӏа киб бугеб, къешо?
— Лъеца свинабуна, къешо.
— Лъим киб бугеб, къешо?
— Цӏорокье ана, къешо.
— Цӏер киб бугеб, къешо?
— Бакьуца биинабуна, къешо.
— Бакь киб бугеб, къешо?
— Накӏкӏулъе тӏерхьана, къешо.
— Накӏкӏ киб бугеб, къешо?
— Махил рохьобе ана, къешо.
— Махил рохь киб бугеб, къешо?
— Буртӏаз кванана, къешо.
— Буртӏал кир ругел, къешо?
— Бацӏица чӏвана, къешо.
— Бацӏ киб бугеб, къешо?
— Гьойца чӏвана, къешо.
— Гьой киб бугеб, къешо?
— Вехьгун ана, къешо.
— Вехь киве арав, къешо?
— Гӏисинлъималазе бикьизе
Цӏулакьодул къвачӏа цӏезе ана.
**
— Ворея цо? — Цо росдал бетӏер мун.
— Ворея кӏиго? — Кӏиго бералда канлъи льикӏ
бихьула.
— Ворея лъабго? — Лъабго бохил бакӏида вукӏине лъикӏ.
— Ворея ункъо? — Ункъо бохил юргъа чода лъикӏ.
— Ворея щуго? — Щуго гвангъараб цӏваялъ канлъи лъикӏ кьола.
— Ворея анлъго? — Анлъго оц бараб мехалъ, кутан лъикӏ халтӏула.
— Ворея анкьго? — Анкьго вас годекӏанив вугони, ракӏ лъикӏ букӏуна.
**
— Цӏа кье, гӏадамал чагӏи!
— Тӏаса рокъое яха.
— Гьал жал щал кколел нужер?
— Мегӏергӏучӏал, мадугьал.
— Гьал цоял щал?
— Кӏиликӏичӏал, дахӏалай.
— Рокъор щал ругел нужер?
— Цагърил кӏалтӏаги бегун, гъвала буго, дахӏалай,
— Гъастӏа гъургъур бачунеб кету буго, дахӏалай,
Рахъун лъурал хинкӏал руго, дахӏалай,
Хвизе гьабун чурпа буго, дахӏалай,
Кванан ине гӏодой йикӏа, дахӏалай.
— Кватӏугеян гьарун буго эбелалъ,
Гӏодой чӏезе заман гьечӏо, хириял.
— Гӏакълу бугей яс йиго мун, дахӏалай,
Дуйго цӏаги хинкӏги босе, дахӏалай.
Богӏол рокьи букӏунебин, кӏалдиб лъе…
Рагьде щведал гьой бортана: — ХӀап, хӏап, хӏап!
Хӏинкъарай яс тӏурун ана — тӏвап, тӏвап, тӏвап.
Тӏаде щолеб гьой хинкӏ кьуна: — Магь, магь, магь!
**
— Мун кибе, чаргъеду, чара хваяб рачӏхалат?
— Чолонибе инеб, чу гьекъезе, колонибе инеб,
Къвал чуризе, иццухъе инеб,
Гьудмагӏарде гебегизе инеб,
Гормагӏарде басандизе инеб,
Бацӏал ккун тӏагъур лъезе инеб,
Тӏогърониб хведер лъезе инеб,
Харил чода рекӏине инеб,
Чанаб гьойда къвал базе инеб.
**
—Мун кибе, гъеду?
— Керен чӏван оц босизе.
— Оц, щибизе, гъеду?
—Рохьобе бачине,
— Рохьобе щибизе?
— Рахал раччизе.
— Рахал щибизе?
— Рукъзал гьаризе.
— Рукъзал щибизе?
— Чӏужу ячине.
— Чӏужу щибизе?
— Лъимал гьаризе.
-Лъимал щибизе?
— Кодоб тӏохол къайи кьун,
Бакъда жоялда цере тезе.
— Мун киса?
— Колодаса.
— Колода хабар щиб?
— Бергьараз къурал толарого,
Къиямасеб къо чӏун буго.
— Мун кин вачӏарав?
—Ярагъ лъикӏаб букӏун.
— Ярагъ сундул букӏараб?
— Гӏучӏ-мичӏилалъул.
— Гӏор кин бахараб?
— Горбода гӏучӏал чӏван.
— Гӏор гьитӏинаб букӏун батила.
— Гӏор гьитӏинабищ букӏунеб, цояб рагӏалдаса цогиялде мокъокъ боржунареб.
— Тӏинчӏ мокъокъ букӏун батила.
— Тӏинчӏ мокъокъищ букӏунеб, росу сверулеб.
— Росу гьитӏинаб букӏун батила.
— Росу гьитӏинабищ букӏунеб, цояб рагӏалдаса цоялде гьаракь рагӏулареб.
— Гӏадамал гъугъал рукӏун ратила.
— Гӏадамал гъугъалищ рукӏунел, магӏарда гьиштӏараб борхьил гьаракь рагӏулел.
— Аздагьо борохь букӏун батила.
— Аздагьо борохьищ букӏунеб, харилъа къватӏибе баккулареб.
— Хер борхатаб букӏун батила.
— Борхатабищ букӏунеб, зарукьа кьватибе баккулареб.
— Зар кӏудияб букӏун батила.
— Кӏудиябищ букӏунеб, кьабуни бетӏер бекулареб.
— Бетӏер маххул букӏун батила.
— Маххулищ букӏунеб, пуни гьорохъ унеб.
— Гьури хӏалаб букӏун батила,
— Хӏалабищ букӏунеб, пуни цӏа рекӏунареб.
— Цӏул биччараб букӏун батила.
— Цӏул биччарабищ букӏунеб, эбелалъ Ахсу кӏкӏалахъа бачӏараб канго-кан.
**
Щуго килщил хӏакъалъулъ:
Билълъа кваназеян гьалъ абуна,
Квен киб бугебан гьальъ гьикъана,
Аллагьас кьелин гьалъ абуна,
Кьечӏони щиб гьабилебан гьалъ гьикъана,
Кьурун бахъилилан гьалъ абуна.
**
Цо хӏама хӏежалде унеб букӏанила.
Дунги бачинарищан бацӏица гьаранила,
Дунги бачинарищан хӏелкица гьаранила,
Дунги бачинарищан бачица гьаранила,
Дунги бачинарищан катица гьаранила.
Хӏама разилъанила, къватӏире рахъанила.
Цо заманаялдасан
Нух теялъе кечӏ ахӏеян гьаранила бацӏида.
Бацӏицаги ахӏанила:
— Цо богое хӏама буго, бурун бу, бурун бу!
Цо богое бече буго, бурун бу, бурун бу!
Цо богое кету буго, бурун бу, бурун бу!
Хӏелекоги цо богое, бурун бу, бурун бу!
Бацӏица ахӏун бахъарабго, хӏамицаги байбихьанила:
— Хамица дур щекъер къала, огь, вай, вай!
Бачица мун къадалъ цвила, огь, вай, вай!
Хӏелкица дур бер бахъила, огь, вай, вай!
Катица хъатги бала, огь, вай, вай!
**
—Милъиршо, щибиркӏо, магь бухьине рохьен кье,
Рохьобе босизе гӏаштӏи кье, кан бичӏизе жини кье,
Жадухъ ине рахълъен кье, хехлъи гьабе, хехго кье!
— Гӏачи гӏергӏедулел ругин, яхӏ габе,
Мимидулел бачал ругин, дагьалъ чӏа!