Араб гӏасруялда гӏадатлъун букӏана бетӏербахъиялъе Азербайжаналъул Белоканалде, Закаталаялде ва Къабахчолиялде магӏарулал хьвадулел рукӏин. Гьедин гьениве ккана жиндиего чед-хинкӏ балагьизе вахъарав Шагьикьа ХӀажимурад ГӀалиевги.

Гьев вукӏана гӏараб гӏелмуги лъайги бугев гӏолохъанчи. Гьесул пагьму-бажариялда бахиллъун, цо хъулухъчияс ХӀажимурадида абун буго, жинца мун Бакуялда полициялъул школалда цӏализе лъелин абун. ХӀажимурадги гьелда разилъун вуго. ХӀажатал документалги хӏадурун, байбихьун буго цӏализе. Ункъо соналъги цӏалун, полициялъул школаги лъугӏизабун, ХӀажимурадие щун буго лейтенантасул чин.

Гьев витӏун вуго Типлисалда хӏалтӏизе. Доб заманалда Грузиялъул тахшагьарлъун букӏана Телави шагьар. Типлисалда щуго соналъ хӏалтӏун вуго ХӀ. Муртазагӏалиев пачаясул полициялда ва щун буго капитанасул чинги. Гьений хӏалтӏулей йикӏана Тушетиялдаса медсестра Майя. Гьелъухъ рокьи ккун буго ХӀажимурадил. ГӀолилалъеги рекӏее гӏун вуго гӏолохъанав офицер. Гьез къотӏи гьабун буго цадахъ лъутизе: бусурбанчиясе насранияй яс кьоларого йикӏиндалха.

Дагъистаналде, гӏагараб Шагьикье ине къасд ккун буго гьазул. Ун руго Белоканалде. Гьениб мажгиталда, Майяца босун буго исламияб дин, лъун буго Муслимат абураб цӏар ва, диналъул тӏалабалда рекъон, магьариги лъун буго.

1917 соналда Россиялда бергьана КӀудияб Октябралъулаб революция. ХӀажимурадги Муслиматги лъугьана коммунистазул партиялде. Гьеб букӏана захӏматаб заман. ТӀолабго Дагъистаналдаго гӏадин, ЦӀунтӏаги билълъанхъизабулеб букӏана советияб хӏукуматалъул низам. Амма цӏунтӏадерица цӏияб власть къабул гьабулеб букӏинчӏо. Гьелда рази гьечӏел гӏемерал гӏадамал гочана Турциялде. Хутӏарал лъугьана, рохьазда рахчарун, хъачагълъи гьабизе. ГӀемерисел шагьикьдерил бихьиналги рукӏана цӏияб власталде данде рахъаразда гьоркьор. 1920 соналда Дагъистаналда тӏубанго бергьана советияб власть. Машгьурал революционерал Махӏач Дахӏадаевги Муслим Атаевги гӏемер щолаан дол соназда ЦӀунтӏе, ва хъачагъазул багъа-бачариги дагь-дагьккун тӏагӏинабуна. Гьезул рахъккуна ХӀажимурадицаги гьесул лъади Муслиматицаги.

1930-1931 соназда ХӀажимурад хӏалтӏана ЦӀунтӏа райисполкомалъул ракьул отделалъул заведующийлъун. 1936-1938 соназда вукӏана ЦӀунтӏа рай­исполкомалъул председательлъун ва 1941-1942 соназда - Чкаловасул цӏаралда бугеб колхоззалъул партиялъул гӏуцӏиялъул секретарьлъун. Гьесда тӏад букӏана КӀудияб Ватӏанияб рагъде цӏунтӏадерил бихьинал ритӏиялъул жавабчилъи. Гьелдаса рази гьечӏел хъачагъаз ХӀажимурадида хадуб халкквей чӏезабуна ва 1942 соналъул 22 июналда гьез гьев чӏвана.

ХӀажимурадицаги Муслиматицаги, тарбия-лъай кьун, гӏезаруна кӏиго ясги цо васги. Вас Зулпукъарги вукӏана коммунист, ва гьесги инсуе кумек гьабулаан рагъде гӏолохъаби ритӏизе. Гьев хӏалтӏана колхозалда ва гьес кӏудияб жигарчилъи загьир гьабуна фронталъе гьанги, нахги, хӏанги, руччабаз хьухьарал шватабиги ва цогидаб къайиги битӏизе. Рагъ лъугӏун хадуб Зулпукъарица лъугӏизабуна Владикавказалъул пединституталъул тарихалъул факультет ва хӏалтӏана школалда учительлъун.

Пенсиялде ун хадув, гьев вукӏана боцӏул фермаялъул заведующийлъун, «Победа» абураб колхоз-лесхозалъул бригадирлъун.

ХӀажимурад чӏван хадуб гьесул лъади Муслиматица кодобе босана вехьасул тӏил. ГӀемерал соназ вехьлъи гьабуна гьелъ «Чапаево» колхозалда. Районалда Советияб власть бергьиналъеги жигар бахъана гьелъ. Гьей йикӏана Муслим Атаевасул бригадаялда.

Грузиялъул Алваниса Муслиматихъе санайил рачӏунаан гьелъул гӏагарал чагӏи. ХӀажимурад хун хадуб гьез хӏалбихьана гьей Тушетиялде ячинеги. Амма Муслимат инчӏо. Гьелъ абуна: «Исламияб динги босун, Къуръанги цӏалун, гьанжелъизегӏан бусурбанчӏужулъун йикӏарай дун нужехъе йилълъани, дица болъонил гьан кваназе ккела, гьеб хӏарамаб буго бусурбабазе. Гьеб хӏарамаб иш дица гьабиларо. Дун гьанийго те», - ян.

ГӀумрудул 107 сон базегӏан Шагьикьа къватӏие яхъинчӏо гьей. Кидаго как-диналда йикӏунаан.