Нидерландазда букӏуна 5 триллионгӏанасеб нусиреч, гьениб гӏумру гьабула 16,7 миллион чияс. Нусиречаз гӏадамал квине байбихьани, гьениб бугеб халкъ лъугӏула 3 къоялдасан.

* * *

Дунялалъул океаналдаса цӏам босани ва гьеб киса-кибего тӏибитӏани, гьелъул биццалъи бащалъула 152 метралда.

* * *

Варанихӏинчӏ ккола бищунго кӏудиялги гучалги хӏанчӏазул цояб. Амма гьелъул тӏанчӏи рукӏуна хӏетрасгӏан хӏеренал хӏулабаз рацарал. Гьелъул борхалъи бахуна 2 метргун 70 сантиметралде. Гьединлъидал битӏараб авлахъалда гӏумру гьабулеб гьелда цӏакъ рикӏкӏаде бихьула. ЦӀакъго рорхатал ва къуватал бохдузул кумекалдалъун гьеб бекерула 75 километр сагӏаталъеги тун. Бекерулеб мехалъ, гьелъ тӏамулеб цо-цо галул манзилалъул халалъи 4-5 метралде бахуна. ЦӀайи букӏуна 70 кг.

* * *

* Лъимерлъиялъ лъар бахуна, гӏолохъанлъиялъ гӏор бахуна, херлъиялда ралъад бахине кӏоларо.

* Щивав шагӏирасул ирс - халкъалъе дарс буго, халкъалъул ирс - шагӏирасе дарс буго.

* Квешав устарас лъикӏаб тӏагӏел гьабуларо.

* * *

Шамил ун вукӏана тукаде чед босизе. Гьев, чедги босичӏого, кодоб гӏарацги гьечӏого, нахъвуссун вачӏана.

- Чед щай босичӏеб? - ан гьикъана кӏодоца.

- Тукен къан батана.

- ГӀарац кибха бугеб?

- Тукада цере чадил макъар сабаблъун рагъулел ругоан къудкул. Дир гьезда цӏакъ ракӏ гурхӏана. Тукен рагьун хадуб нужеего чед босеян гьезда цебе рехун тана гӏарац.

* * *

- Дун рухӏдаллъун йикӏуна кӏудадада, - йилан абуна гьитӏинай Аминатица эбелалда.

- Щай, дир яс? Дов херлъун вуго, дурин абуни тӏубараб гӏумру жеги цебе буго.

- Жакъа досул ахирияб ца бортана, тӏокӏалъ дов гӏусал къачӏазе ине кколаро.

* * *

Саламица кӏодода абуна:

- Дахӏабаба, дие бокьун буго, сонго гӏадин, жакъаги мун йокьизе. Гьелъие гӏоло дуца, сонго гӏадин, жакъаги дие шоколад босизе ккола.