Гьал къоязда Махӏачхъалаялъул №57 школалда тӏобитӏана республикаялъул жамгӏиял хӏаракатчагӏазулги лъидаго рачӏел СМИязул журналистазулги дандеруссин. Гьелда гӏахьаллъана РФялъул Пачалихъияб Думаялъул депутат Сайгидпаша Гӏумаханов, ДРялъул сахлъи цӏуниялъул министр Татьяна Беляева, Махӏачхъалаялъул №1 больницаялъул бетӏерав тохтур, ДРялъул Халкъияб Собраниялъул депутат Хӏажимурад Маллаев, ДРялъул лъай кьеялъул ва гӏелмуялъул министрасул тӏоцеесей заместитель Аида Тӏалхӏатова.
Данделъиялда бицана сахлъи цӏуниялдаги лъай кьеялдаги ругел масъалабазул хӏакъалъулъ. Аида Тӏалхӏатова: «Нижеца муниципалитетазул лъай кьеялъул идарабазул нухмалъулезухъе кагътал ритӏана, гӏицӏго рахьдал мацӏ хӏисабалде босараб цӏалул план тӏаса бищеян абун. Амма чанги школалъ тӏаса бищун буго рахьдал мацӏалъе дагьал гурони сагӏтал рихьизаричӏеб цӏалул план, ай инкар гьабун буго рахьдал мацӏ малъиялдаса. Нижеца гьединал школазул нухмалъулелгун хӏалтӏи гьабулеб буго».
Сайгидпаша Гӏумахановас гьелда гьикъана, школазда Дагъистаналъул тарих малъулеб бугищан. Гьелъ жаваб кьуна Дагъистаналъул тарихги географияги Россиялъул тарихалъулги географиялъулги дарсазда цадахъ малъулин абун. «Географиялъул дарсида 30 минуталъ бицуна улкаялъулго ва 15 минуталъ – регионалъул географиялъул хӏакъалъулъ. Гьединго малъула тарихги. Росун руго гьел дарсал кьезе цӏалул тӏахьалги», — ян жаваб кьуна гьелъ.
Амма гьеб жавабалда разилъичӏо С. Гӏумаханов: «Федералиял программаби ругинги абун, тӏаса бихьизабизе бегьуларо гьеб масъала. Дида кинго бичӏчӏуларо, щай батӏаго букӏине бегьулареб гӏагараб ракьалъул тарихалъулги географиялъулги дарсал? Кинго разилъуларо дун, анкьида жаниб цо дарсги кьун, рахьдал мацӏ малъулеб къагӏидаялда. Гьеб ахӏвалхӏал битӏизабиялъе хӏаракат гьабизе ккела министерствоялъ», — ан абуна гьес.
Школалда цӏали гӏуцӏиялъул иш хӏакъикъаталдаги бараб буго муниципалитеталъул ва школалъул нухмалъиялда: гьез тӏаса бищула цӏалул план ва гьабула хӏукму – регионалияб компоненталъе бихьизабураб заман кинаб дарсие кьелебали.
Кавсарат СУЛЕЙМАНОВА