Церегӏан соназда къанагӏатги букӏунароан тумазул миллаталъул фотограф Камил Чутуевасул суратал камураб газет-журнал. Гьесул эмен Аминги лъалаан советияб заманалда ТАССалъул фотокорреспондент хӏисабалда.

Гьединлъидал гьел кӏиязулго хӏурматиял цӏаразулги машгьурлъиялъулги гьаниб бициналъулъ гьедигӏан хӏажалъи гьечӏо. Бицина гӏицӏго гьал къоязда Махӏачхъалаялда байбихьараб Камил Чутуевасул суратазул выставкаялъулги гьесулгун нижер ккараб гара-чӏвариялъул.

— Камил, суратал рахъиялде рокьи инсудасан щун батиларищха дуе?

— Дир пикру букӏинчӏо художниклъун, фотографлъун вахъине, чара гьечӏого инсул нухдасан ине. У, цӏар рагӏарав фотожурналист вукӏана дир эмен, советияб заманалда гӏезегӏан соназ ТАССалъул корреспондентлъунги хӏалтӏарав. Дир букӏана батӏияб анищ. Амма гьеб тӏубачӏо. Гьеб тӏубангутӏиялъе гӏиллалъунги ккана дирго хъизан Патӏимат. Дун рази вуго дирго гӏумруялдаса ва цо къоялъниги ракӏги бухӏичӏо къисматалъ батӏияб, фотожурналистасулаб нухдасан дунго вачиналдаса.

— Инсуца кинаб къимат кьолеб букӏараб суратал рахъиялъе бугеб дур махщалие?

— Гьес кидаго гӏайибал чӏвалаан дир суратазда. Инсул хӏалтӏуда гӏажаиблъун, хӏайранлъун вукӏунаан дун. Гьес абулаан квешаб сурат бахъизегӏан, бахъичӏого тани лъикӏилан. Гьеб рагӏи гӏумруялъего гӏуна дие.

— Дуца тӏоцебесеб сурат сундул бахъун букӏараб?

— Ункъабилеб классалда цӏалулеб мехалъ инсуца дие босана суратал рахъулеб аппарат, гьелда абулаан любительскиябилан, жеги ракӏалда буго гьелъул цӏарги — «Любитель» абун. Дица тӏоцере рахъана дирго гьудулзабазул суратал. Цо гьудул вукӏана дир Володя Билалов абун, цо къотӏнор яшав гьабунги рукӏана. Гьеле гьесул сурат бахъана дица тӏоцебе.

— Аслияб куцалда магӏарухълъиялъулги росабалъ гӏумру гьабулел чагӏазулги суратал руго дуца рахъун. Амма доб советияб заманалда партиялъул тӏалабал батӏиял рукӏиндалха…

— Дун гьелъухъ киданиги балагьичӏо. Дун балагьулаан гӏадамасухъ, гьесул хасияталъухъ. Хасго мугӏрул руччабазухъ. Гьаб дуниялалда тӏад гьечӏо нилъер мугӏрузул руччабаздаса берциналги лъикӏалги руччаби. Гьедун абизе кӏола.

— Дур рахъарал руччабазда гьоркьорги гӏемерисел руго ригь арал гӏадамал. Гьелдалъун щиб бихьизабизе бокьун бугеб дуе?

— Ригь кӏудиял руччабигун кӏалъалеб мехалъ дида кидаго дунго лъимерилан кколаан. Гьезул дидехун букӏунеб адабги хӏурматги бихьараб мехалъ, дун пикрабаз вачунаан лъимерлъиялде.

Цо журналисталъ дида цӏехана, Камиль, дуца кидаго гьал херал руччаби щай рахъулелан. Гьелда кьабизе квер борхизехъин батана дица, рекӏеда ватун вукӏинчӏевани. «Кинай херай гӏадан гьей йикӏуней, гьей йиго дир эбел, яц, лъади», – ян абуна дица гьелда. Гьединалги камуларо нилъеда гьоркьор…

— Доб заманалда гӏемер рукӏана цӏар рагӏарал фотографал, масала Зимбель, Рудольф Дик ва цогидал. Жакъа къоялда щив дуца гьезда гьоркьоса тӏаса вищилев вукӏарав?

— Гьай-гьай, Рудольф Дик. Дуца цӏехедал, абулеб буго дица гьев тӏаса вищилаанин, амма дун гьес гьабураб гьабизейилан киданиги вахъинчӏо. Дир дирго букӏунаан хатӏги, хасиятги, творчествоги. Гьеб жив-живасул жинди-жиндир букӏинарищха.

— Дур гӏумруялъул бищун дуе бокьулеб ва рекӏее асар гьабулеб заман кинаб букӏараб?

— Битӏараб бицани, дир гӏумруго буго гӏажаибго хӏикматаб. Дие цӏакъ бокьула дирго ватӏан, хъизан. Дир руго гӏемерал гьудулзаби, гьездасан щола дие кӏудияб рохел, лазат. Амма рокьиги рохелги рокъобги дир камичӏо. Хъизамалде ва гьелъ дие гьарурал анлъабго лъимадуе буго дир кинабго рокьи ва талихӏ. Гьеб киназдаго гьединги лъала. Дица щиб гьабуниги, дир хьибил ккун рукӏуна гьел.

— Гьаб дурго суратал рахъиялъул творчество букӏинчӏебани, кинаб махщел дуца тӏаса бищилеб букӏараб?

— Дун армиялдаса вачӏараб заманалда ДГУялда рагьана Электротехникияб абун цӏияб факультет. Школалда 6-7 классазда цӏалулеб заманалдасанго бокьулаан дие гьаб радиогун бухьен бугебщинаб. Дица бакӏарунгицин букӏана дитекторнияб приемник, наушникалгун цадахъ. 7 классалда дида цадахъ цӏалулеб букӏана кӏиго гӏуруслъимер, гьезул цояв кколаан дир гьудул Балуев, цогидасул фамилия цӏар ракӏалда гьечӏо. Гьез ракӏарун рукӏана унго-унгоял звукалъул усилителал. Гьездасан ругьунлъана дунги гӏезегӏан жоялде. Щиб-щибниги гьабизе паяльник, гъалай, канифоль ва цогидаб бакӏарулаан дица. Гьединаб гӏиси-бикъинаб жо бичулеб тукен букӏунаан. Гьединлъидал, гьеб рахъалдехун бугеб рокьиялъ радиотехниклъун цӏализе ине анищ букӏана. Амма хадуб пикру хисун, гьениве инчӏо дун.

Гьедин инсуца дун витӏана Дагъистананалъул гӏагараб ракь лъазабиялъул музеялде. Гьенив суратал рахъулев чи къваригӏун вугоан. Дуда суратал рахъизеги лъалелъул, гьениве аян абуна инсуца. Дица доб мехалъго рахъулаан суратал гьанже ругел унго-унгояб суратал рахъулел чагӏаздасаги лъикӏ. Инсуда тӏадги вахъун суратал рахъизе бегьуларелъул, дун ана музелде хӏалтӏизе. Гьениб бижана дилъ суратал рахъиялде рокьи. Гьелде щвезегӏан дирго росу тун батӏияб бакӏал лъалароан дида. Цинги лъана мугӏрулги, мугӏрузул росабиги, гӏадатиял гӏадамалги. Амма бищун аслияб ва гӏажаибаб жо букӏана дие щибаб росдал махӏ, гӏумру, хаслъи. Гьеб цӏакъ лъалаан дида батӏа бахъизе.

— Магӏарул миллаталдехун кинаб бербалагьи дур бугеб?

— Магӏаруллъиялда гъорлъ бищун гӏемер гьалбал рукӏана дир. Гьезие вокьулаан дун, амма жакъа къоялда гьезул гӏемерисел камуна – ковид-унтуца гӏемерав чи нухав лъуна, цо-цоял заманаялъ, санаца нухар лъуна. Мунагьал чураги гьезул. Дида кидаго берцин рихьулаан ва хӏурмат гьабулаан магӏарул (намусал) руччабазул. Мухӏамад Шамхалов («Багӏараб Байрахъ» газеталъул бетӏерав редактор – авт.) вукӏана дир цӏакъ лъикӏав гьудул. 1963 соналда гьес лъугьинавуна дун Журналистазул Союзалдеги. Дида доб заманалда цӏакъ берцин бихьулаан «Багӏараб Байрахъ» илан хъвараб рагӏи (дирго гьудулзаби гьенир хӏалтӏулел рукӏиналъищали).

— Жакъа къоялда щиб дуца гьарилеб нилъерго ватӏаналъе, халкъалъе?

— Тӏоцебесеб иргаялда, дица гьарилаан, СВОги хехго лъугӏун, нилъер гӏолохъаби сах-саламатго ва бергьенлъигун тӏадруссине. Гьединго нилъер тӏолабго халкъалъе сахлъи, рохел ва аваданаб гӏумру гьарула. Нилъ гьелъие мустахӏикъал руго. Жеги бокьилаан нилъер халкъалъ мугӏрул яхӏги-намусги рехун тунгутӏизеги.

Гара-чӏвари гьабуна Рукъият Гӏалисултановалъ.