Лъималазда магӏарул мацӏалда кӏалъаниги, жаваб гӏурусалъ кьолин абун зигара-бакъ букӏуна гӏемерисел умумузул. Кин батаниги, гӏурус мацӏалдаса инкар гьабизеги рес гьечӏо, магӏарул мацӏ цӏуничӏогоги гӏоларо. Щибха гьабилеб? Гьеб суалалъе жаваб батун буго педагогикиял гӏелмабазул доктор, профессор Мухӏамад Рамазановасда. Гьес тахшагьаралда рагьун буго «Кавсар» абун цӏар лъураб лъималазул ах-школа. Гьенир гьитӏичал ругьун гьарула магӏарул мацӏалда кӏалъазе, малъула гӏараб, ингилис мацӏалги. «Кӏиго рахьдал мацӏ дандчӏвала нилъер гӏумруялда. Гӏурусги миллиябги гъорлъ жубан буго. Магӏарул мацӏ цӏунизе ккани, пикру гьабизе ккола гӏурус мацӏ цадахъ гьечӏого гьеб лъималазда батӏаго малъизе кинго рес гьечӏеблъиялъул. Жакъа гӏурус мацӏ буго гӏемер миллатал ругеб шагьаразда гӏадамал цоцазда ричӏчӏизеги цогидал рукӏа-рахъиналъул суалазулъги хӏажалъулеб мацӏ», — ан бицана Мухӏамадица.
Гьесда магӏарул мацӏ малъун буго украинайлъун кколей эбелалъ. Елена Васильевнаялда талихӏ батана Дагъистаналда, Шамил районалъул Хьиндахъ росулъ. Гьелъ, дарсал кьун, цӏалдохъабазул чанго гӏелги куцана. «Дагъистаналда батана дида талихӏ» абураб 1999 соналда бахъараб документалияб фильмги Елена Васильевнаялъул ва гьелъул хъизамалъул хӏакъалъулъ буго. «Кавсар» лъималазул ахги Мухӏамадил эбел-эмен Багьавудин ва Елена Рамазановазул цӏаралда буго. Еленаца ислам босана Багьавудиние индал. Гьей Къахӏиб районалъул комсомолалъул обкомалда лъабабилей секретарьлъун хӏалтӏизе йитӏун ячӏун йикӏана доб заманалда. Багьавудин рагъде индал, гьей тӏамуна учительлъун хӏалтӏизе.
Гӏемерал мацӏазда кӏалъай захӏматаб иш гуро
Цӏакъ захӏматаб жо буго гӏурус мацӏалъул кумекалдалъун магӏарул мацӏ лъазабизе. Гьедин малъана нижедаги эбелалъ магӏарул мацӏ. Гьебги жиндирго цӏалдохъабаздаса ва тӏахьаздаса лъараб букӏана гьелда. Эмен регӏулароан нижеда магӏарул мацӏ малъизе. Гьанжесеб гӏелалъул лъималазда гьеб къагӏидаялъ малъун гурони батӏияб рес гьечӏо магӏарул мацӏ лъазеги. «Россиялъул халкъал» абураб Тӏолгороссиялъул форумалда гӏахьаллъулев вукӏана дун. Гьеб форумалда киназего гӏаммаб ургъел батана — миллиял мацӏал тӏагӏунел рукӏин. Щиб гьабизе кколеб мацӏал цӏунизеян абураб суал борхун букӏана гьениб. Гӏурус мацӏ киназего рахьдал мацӏлъун лъугьунеб буго, щайгурелъул эбелалъул ургьибго лъимада рагӏулеб бугелъул гьеб. Дица дидаго цебе масъала лъуна гьанже щивасул гӏумруялъулъ гӏурус мацӏ щулалъараб мехалда, гьелдаса рорчӏизе бакӏги гьечӏелъул, бачӏунеб гӏелалда кӏиябго мацӏ малъизе кколин абун. Гьедин ракӏалде ккана магӏарул мацӏ малъулеб лъималазул ах рагьизеги. Гьеб ккола рахьдал мацӏ цӏуниялъе гӏуцӏараб гӏелмиябгун педагогикияб эксперимент. Гӏелмияб рахъалъги халгьабуна дица гьелъул. Инсанасухъа бажарула лъабго-ункъо мацӏалда эркенго кӏалъазе. Лъимер кибе щваниги, гьелъ бокьараб миллаталъул мацӏ босула», — ян бицана М. Рамазановас.
Кавсар – алжаналъул лъар
Гӏараб мацӏалдаса буссинабуни «Кавсар» рагӏул магӏна ккола Алжаналъул лъарин абураб. Мухӏамад Рамазановас «Кавсаралда» лъималазе рухӏияб тарбия кьеялде цӏикӏкӏун кӏвар кьола. Гьениб гьитӏичазе гӏуцӏун руго цӏакъ лъикӏал шартӏал. Гьитӏичазги хӏаракат бахъулеб буго магӏарул хӏарпал битӏун рахъизе. Бихьулеб букӏана дарсида малъун гурони, гьел рокъор магӏарул мацӏалда кӏалъалареблъи. Мугӏалималъ магӏарул мацӏалда кьурал суалазе жаваб кьезе бажарулеб бугоан гьитӏичазухъа. «Кавсаралъул» нухмалъулей Барият Рамазановалъ бихьизабуна нижеда гьитӏичазе дарсал кьолеб къагӏида. Щибаб дарсил план буго гӏурус ва магӏарул мацӏазда. Цин магӏарул мацӏалда бицун, цинги гӏурусалде таржама гьабун малъулеб буго мацӏ. Байбихьул классазул лъималги хьвадула гьенире магӏарул мацӏ лъазабизе. Гӏемерисеб мехалда кӏодоэбелалъ яги кӏудадаца щвезарулин лъимал «Кавсаралдеян» бицана Бариятица.
«Руго жидедаго магӏарул мацӏ лъаларел, амма лъималазда гьеб лъазабизе бокьарал эбел-эмен. Гьединал хъизамаздаса лъималазда рахьдал мацӏ малъулелъул, гӏурусги магӏарулги мацӏал цадахъ хӏалтӏизаризе ккола. Тӏабигӏат лъазабиялъул дарсидацин щибаб рагӏи цин магӏарул мацӏалда малъула, хадуб гьеб гӏурус мацӏалда кин абулебали бицуна.
Лъималазул ах рагьаралдаса лъагӏелги бащдаб ана. Нижеца хӏалбихьана цадахъ хӏалтӏулел гӏадамазул лъималазда магӏарул мацӏ малъизе. Шагьаралда гӏумру гьабун ругезе цӏакъ захӏмалъула лъималазда мацӏ малъизе. Хасго гьезул хъизам батӏи-батӏиял миллатазулаблъун бугони. Масала, дир бетӏергьанчи ккола магӏарулав, амма гьесул диалект батӏияб буго. Гьев ккола Чӏарадаса, дун Шамил районалдаса. Гьединлъидал нижер лъималазда лъалароан магӏарул мацӏ. Сверухъ ругел гьеб мацӏалда кӏалъалел гьечӏони, лъималаздаги ракӏалда чӏолеб гьечӏо. Байбихьуда, лъимал ругьунлъизегӏан, лъабго моцӏалъ ниж кӏалъалаан гӏурус мацӏалда. Хадуб байбихьана гӏурус мацӏалда абурал рагӏаби, гьеб бакӏалдаго магӏарул мацӏалде руссинаризе. Гьанжеяйин абуни лъималазда магӏарул мацӏалъ нилъеца бицунеб жо бичӏчӏулеб буго, амма кӏалъазе бокьулеб гьечӏо. Кьурал суалазе жавабал кьола, амма жидедаго гьоркьоб бицине нечола. Захӏмалъулел руго магӏарул хӏарпал рахъизеги. Гьединлъидал лъимал гӏурус мацӏалда кӏалъазе лъугьани, нижеца гӏурус мацӏ бичӏчӏулареб ххвел гьабула. Жидее къваригӏараб жо щвезе бокьани, магӏарул мацӏалда кӏалъачӏого рес щибха гьезул. Гьедин ругьун гьарула мацӏ бицине. «Кавсаралъул» хӏалтӏухъаби цоцазда магӏарул мацӏалда гурони кӏалъаларо. Гьелъги рес кьола лъимал магӏарул каламалде ругьун гьаризе».
Профессорасул педагогикиял хӏалбихьиял
Мухӏамад Рамазанов: «Цо-цо гӏолохъанал улбузе ургъел гьечӏо лъималазул тарбиялъулги лъаялъулги. Гьез цӏехола вахта бугищ, лъимал нахъе кида рачине кколелин абун. Магӏарулазе рахьдал мацӏ къваригӏун батани, гьеб гьитӏинго малъизе ккола. Дида Болгариялда бихьана цӏалул тӏахьазда цояб рахъалда гӏурус, цогидаб рахъалда рахьдал мацӏалда хъван. Гьединабго къагӏида хӏалтӏизабулеб буго нижецаги». Мухӏамад Рамазановас гӏуцӏана ва гӏумруялде бахъинабуна социалиябгун педагогикияб кӏваралъул чанго проект. Гьеб ккола дунявиябгун динияб лъай кьолеб «Земфира» школа, «Амина» абураб лъималазул журнал ва «Педагогикияб квербакъи» абураб телепередача. Гьале гьанже «Кавсар» — кӏиго рахьдал мацӏалъул лъималазул ахги рагьана гьес. Гьел проектазул аслияб мурадлъунги ккола бачӏунеб гӏелалъул рухӏияб рахъ цебетӏезаби. «Земфира» школалъул директор, «Кавсар» лъималазул ах гӏуцӏарав, социалияб ва юридикияб факультеталъул хӏалтӏухъан Мухӏамад Багьавудиновичасул хӏакъалъулъ «Хӏакъикъат» газеталда чанго соналъ цебеги хъван букӏана. 80 сонил ригьалде ваханиги цӏакъ роцӏцӏараб гӏакълуялъул, бокьараб ишалъе жигар бугев магӏарулас бачӏунеб гӏелалъе гӏуцӏулеб бугеб рухӏияб бечелъиялдаса мисал босизе бегьила нилъецаги.
Патӏимат СУЛТӏАНМУХӏАМАДОВА