Дица гӏумру тела гӏадада инчӏин,

Гӏураб росулъгӏаги дир цӏар хутӏани,

Хабалъ дун лъолелъул, росдал жамагӏат,

Гӏадан ватӏалъанин, пашманлъанани…

Мухӏамад Биясланов. Шагӏир. Гӏадатияв инсан. Унго-унгояв магӏарулав. Мухӏамадил кучӏдуз кӏудияб асар гьабулаан ва гьанжеги гьабула дие. Гьел руго гӏадатиял, цӏалдолезда ричӏчӏизе бигьаял. Гьезулъ нилъеда батула, тӏоцебесеб иргаялда, гӏаданлъи, яхӏ-намус цӏунейилан балеб ахӏи, гьединго гьесул лирикиял асараз нилъ рачуна рикӏкӏада хутӏараб гӏолохъанлъиялъул гӏидраялде, ракӏалде щвезарула тӏоцебесеб рокьиги рокьул махӏ бахъарал къоялги.

Шагӏирасул буго щибго цӏекӏлъи гьоркьоб гьечӏеб, роцӏараб, бацӏцӏадаб, мугӏрул иццазул чвахиялъул гьаракь жиделъ бугеб гӏищкъул дуниял. Гьаб макъала хъвазе ракӏалде ккелалдеги, чанго нухалда цӏалана дица Мухӏамадил цохӏого цо бугеб «Рекӏел хьул» абураб тӏехь. Гьанир ратана дие гӏагараллъун даим хутӏизе ругел, макъалаялда цере лъурал шагӏирасул жугьаби. Доб заманалда лъие асар гьабичӏеб Россиялъул культураялъул мустахӏикъай хӏалтӏухъан Патӏимат Магаевалъ Мухӏамадил рагӏабазда ахӏулеб букӏараб Афгъанистаналда чӏварав Тӏелекьа гӏолиласул хӏакъалъулъ кечӏалъ. Шагӏир Мухӏамадил кинаб кечӏ босаниги, гьеб буго гӏумруялъул дарс.

Гьал къояз редакциялде гьоболлъухъе вачӏун вукӏана Мухӏамад Биясланов. Газеталъул коллективалъги баркула Мухӏамадида гьесул гӏумруялъул 80 сон. Гьарула гьесие щулияб сахлъиги, пагьму-гьунаралъе — дагьабги борхалъиги, пикрабазе — тӏадегӏанлъиги. 80 сон. Гьеб гӏемер гьечӏо шагӏирасе. Гьеб ригьалда гьесул асаразулъе чвахулеб букӏуна гӏумруялъул хӏалбихьиги ккарал гъалатӏазе кьолеб ритӏухъаб къиматги.

Гӏагараб Тӏелекь росулъ анкьгосонилаб школаги лъугӏизабун, Мухӏамад цӏализе ана Буйнакскиялъул педучилищеялде. Гьединго лъугӏизабуна ДГПИялъул филологияб факультетги. 35 соналъ хӏалтӏана гӏурус ва авар мацӏазул, историялъул учительлъун гӏагараб районалда, Махӏачхъалаялда, Чонтаулалда, Акнада, Кироваулалда (Манапхъалаялда).

Учитель. Шагӏир. Лъикӏав инсан – гьадинал руго Мухӏамадил къисматалъул сверабазда цӏаралги. 80-абилеб свериялде вахунагоги, гьев ритӏухъавлъун хутӏана гьел киналго цӏаразе.

Рачӏаха, хӏурматиял цӏалдолел, нилъецаги цадахъ гьитӏинабго сапар бухьинин тӏадегӏанлъиги гӏаданлъиги кӏудиял Мухӏамадил асаразухъе. Гьез бицина нилъее шагӏирас нахъа тарал нухазулги, гьезул сверабазулги, магӏарул адабияталда гвангъараб лъалкӏ толеб бугел шигӏрабазулги хӏакъалъулъ. Цӏидасанги рагӏила нилъеда гӏагараб ракьалъухъги рокьулел гӏадамазухъги урхъараб шагӏирасул, ассаламу гӏалайкум, гӏамал бахӏарчияб халкъилан ахӏулеб гьаракьги. Гьелъул гурищ бугеб шагӏирасул талихӏги, миллаталъул ургъелалги тӏалабалги жиндираллъун лъугьин:

— Дунялалда рагӏизе, магӏарулал ругеблъи,

Ахӏизе мех щун гьечӏищ киназго, цолъун, цо кечӏ!?

Дица кучӏдул хъвана магӏарулазе

Ассаламу гӏалайкум, гӏагарал магӏарулал!

Гӏолохъаби цӏа гӏадал, хараби ралъад гӏадал,

Гӏумруялъул аслулъун Аллагьасул нух ккурал,

Хасаб яхӏалъул кьучӏда кьурулъун намус тарал…

— Дие кидаго бокьулаан кучӏдул хъвазе. Хъварал асаралги газетал-журналаздаги рахъулаан. Иргадулаб нухалдаги дица кучӏдул ритӏана газеталде рахъизе. Заманалдасан дие жаваб бачӏана кучӏдузул гӏемерго тӏад хӏалтӏизе кколеб хӏал бугилан абун. Къокъаб хӏасил, кучӏдул лъугьун гьечӏилан бичӏчӏизабуна. Ва дида ракӏалде ккана кучӏдул хъвачӏого тезе. Доб заманаялъ, гьанже гӏадин, шагӏирзабаз цогидазул кучӏдул къачӏалеб гӏадатги букӏинчӏелъулха. Амма Каримулагь Гӏабдулаевас дун тӏадвуссинавуна дирго шигӏрияб дунялалде. Гьесул насихӏатаздаса хадуб дица цӏидасанги байбихьана кучӏдул хъвазе. Дица кучӏдул хъвана магӏарулазе. Гьез кьела гьезие къиматги, — ян байбихьана Мухӏамадица нижергун гара-чӏвари.

Хъвана магӏарул композитораз гьесул кучӏдузе бакънал. Аслияб къагӏидаялда рехсезе бокьун буго Каримулагь Гӏабдулаевасул цӏар. Гьел цадахъ хӏалтӏулел рукӏана Чонтаул росдал школалда учительзабилъун. Дагъистаналъул халкъияв артист Хӏажилав Хӏажилаевас ахӏулеб жиндир 27 кочӏое бакъанги хъванин Каримулагьицайилан ракӏалде щвезабуна Мухӏамадица. Гьадин хъвана гьес бакъназул устарасул хӏакъалъулъги:

— Дур бакъналъан дида мугӏруз щурула,

Магӏарул намус-яхӏ рехугейилан.

Рорхалъалабазда цӏумал роржуна,

Цӏваби ругин нилъер гӏадамалилан…

Дур бакъназулъ дида булбул бихьула,

Бай рокьуй какилан, кучӏдул ахӏулеб.

Хӏасраталъул ралъдал гьулчи рагӏула,

Гьечӏин гӏумру гӏадаб берцинлъийилан…

М. Бияслановасул кучӏдул къабул гьаруна магӏарулаз. Гьелъул магӏнаги ккола шигӏруялъе кьураб Мухӏамадил гӏумруги гӏадада инчӏин абураб. Мухӏамадил шигӏрабазе кӏиабилеб хӏухьел кьуна бакъназул устар Каримулагь Гӏабдулаевасги кочӏохъаби Патӏимат Магаевалъ, Мухӏамадтӏамир Синдикъовас, Хӏажилав Хӏажилаевас, Апанди Исмагӏилхӏажиевас, Тӏелекьа Хӏабибица, Хӏусен Гӏамирхановас ва цогидазги.

Ва гьале цӏидасанги рагӏулеб буго дида гӏагараб магӏарул миллаталъулги Дагъистаналъул букӏинеселъулги пикрабазда вугев шагӏирасул гьаракь:

— Нилъер чорхолъ бугеб би цо умумузул гурищ?

Рачӏа рекъон хӏалтӏизе, хӏурмат цоцазул гьабун…

Рачӏа, къец бан, босизе гӏелмуялъул борхалъи,

Гӏакълуялъул гъварилъи, адабалъул берцинлъи!

Рачӏа, къец бан цолъизе, цадахъ церехун ине,

Цоцазда гъуждулги цун, цо нухдасан рилълъине!

Мун вуго талихӏав чи

Гьадин хъвалеб буго шагӏирас цо кочӏолъ. Сундулъха бугеб инсанасул талихӏ. Гьелъул хӏакъалъулъ жиндирго пикраби руго Мухӏамадил. «Дица гӏумру тела гӏадада инчӏин» абураб кечӏалъго гӏадин, гьелъги гӏумруялда тӏад ургъизе тӏамуна дун. Ва ракӏалде ккана кечӏ гьаниб тӏубанго кьезе:

— Ватани гӏагарав чи, ракӏ-ракӏалъ мун вокьулев,

Бикьун, дур бакӏлъиялъул раччи мугъзада балев,

Балъгояб жахӏда гьечӏев, лъороб лъун гамачӏ гьечӏев,

Гьабе Аллагьасе рецц – мун вуго талихӏав чи!

Ватанани мадугьал, дур рукъ къватӏиб чӏваларев,

Чӏчӏел босизе цингӏаги мун виччазе къасд бугев,

Къадру дур борхизелъун, рагӏи абун, кӏалъарав,

Гьабе Аллагьасе рецц – мун вуго талихӏав чи!

Ватани жеги гьудул, гьитӏинаб мехалъ ккарав,

Ккани, гьесие гӏоло, дуца къо рехуларев,

Гьев, дуе хӏажалъани, хӏалае гъеж гурулев,

Гьабе Аллагьасе рецц – мун вуго талихӏав чи.

Ратичӏони рикӏкӏалъун бищунго цӏакъ хириял,

Рагӏичӏеб ххвелги гьабун, «гарица дур хур чӏвайдал»,

Хвезабун батичӏони жидеде бугеб божи,

Гьабе Аллагьасе рецц – мун вуго талихӏав чи!

Гьаб кӏиябго кечӏалдасан бичӏчӏулеб буго нилъеда инсанасул гӏумруялъул талихӏ сундулъ бугебали. Гьаниб бицунеб гьечӏо бечелъиялъул, ресалъул, кӏудиял хъулухъазул. Гӏицӏго рехсон руго, гӏумру берцинлъиялъе къваригӏунел дагьа-макъалго шартӏал – инсанасул хьвада-чӏвади, гӏамал-хасият, вукӏа-вахъин.

Гьадинаб буго Мухӏамадил шигӏру. Гьадинал руго шагӏирас нилъее толел ругел гӏумруялъул дарсал. Гьадинав вуго живго Мухӏамадги. Гьадинавлъун вачӏана гьев жиндирго къисматалъул 80-абилеб сверуде.

Хъахӏаб гӏаздада тӏад гӏинтӏидул тӏегьлъун

Ва макъалаялъул ахиралдаги яккизе бокьун буго Мухӏамад Бияслановасул шигӏрияб улкаялда хасаб бакӏ ккурал, аза-азар тӏогьол махӏалъ лъалъарал, хъахӏаб гӏаздада тӏад гӏинтӏидул тӏегьлъун кенчӏелел ругел лирикиял асаразухъе. Гьале гьаб нухалда рагӏизе лъугьана Хӏажиласул гьаракь:

— Хъахӏаб гӏаздада тӏад гӏинтӏидул тӏегьлъун

Тӏегьан йихьана мун дида тӏоцее.

Къаси бецӏаб сардилъ рогьалил цӏвалъун

Яккун ячӏана мун дир гӏумруялде…

Яги:

Аза-азар тӏогьол махӏ тӏабигӏаталда буго,

Магӏарул тӏогьол гӏадаб тӏагӏамаб дие гьечӏо.

Аза-азар берцинал ясал дун сверун руго,

Амма, гьудул, дур гӏадаб дие берцинлъи гьечӏо…

* * *

Мухӏамад Бияслановасул гьунаралъе сайгъат гьабураб гьаб гьитӏинабго макъала лъугӏизабизе бокьун буго гьесулго рагӏабаздалъун:

-… Магӏарулал цолъани, цадахъ цо кьерда чӏани,

Кьуризаризе кӏолеб къуват гьечӏо ракьалда!

Рачӏа, вацал, цолъизе, цадахъ бакъан тӏамизе,

Къадру тӏубан хвелалде, тӏагъур нилъерго лъезе!

Шамай Хъазанбиева