Абула мажгиталъул къадалъ лъураб цо гамачӏ хӏеж борхиялда бащалъулин. Гьедин бугониги, нухазе хӏадурараб гамачӏ мажгиталъе хӏалтӏизабизе бегьуларо. Инсанас гьарулел киналго хӏалтӏабазда гьоркьосан нухал гьариги кьоял райги рикӏкӏуна бищунго цӏикӏкӏун кири щолеллъун. Бицине бокьун буго гьединаб камилаб лъалкӏ ракьалда толеб, тухумалъе квербакъарав, Шамил районалъул Гӏурада росулъа Чӏегӏеразул Хӏажил ва гьесул нухдасан арал хъизамалъул гӏагарлъиялъул хӏакъалъулъ. Гьанибго абила Чӏегӏеразул хъизамалъул нухал гьарулаго араб гӏаммаб хӏалтӏул стаж 150 соналде гӏаралъанин.

Хӏажи — Чӏегӏеровазул цевехъан

Чӏегӏеров Хӏажи гьавуна 1903 соналда Къахӏиб районалъул Гӏурада росулъ ичӏго лъимер бугеб кӏудияб хъизамалда. Гьесул эмен Сидул Чӏегӏеро гӏумруялъго хӏалтӏана нухал гьариялда ва кьоял раялда. 1921 соналда, хъачагъаздаса Лъануб росу эркен гьабулеб рагъда гӏантаб гулла щун, эмен чӏвана, бесдаллъана ичӏабго лъимер. Гьеб балагьалдаса хадуб, кӏудияв вас Хӏажиде бегана хъизамалъул жавабчилъи. Хъизам хьихьизе эбелалъе кумек букӏинеян, гьес гьабизе ккана гьабигьанлъиги вехьлъиги. 1923-1928 соназда, дагьабниги гӏарац щолеб бакӏ абун, хӏалтӏана Аваро-Кахетия нухда, нухал къачӏалев чилъун. Гӏолиласул хӏалтӏуде бугеб гъира бихьун, 1928 соналда Хӏажи витӏана Буйнакскиялде, нухазул мастеразул курсазде. Цӏали лъугӏун хадув гьев тӏамуна добго нухда мастерлъун. 1931 соналда гьев витӏана Москваялде, лъай- махщел борхизабиялъул курсазде. Гьениса тӏадвуссарабго, тӏамуна гьеб нухлул прораблъун. 1932 соналда Хӏажи тӏамуна Гъуниса Чӏараде бахъулеб нухда хӏажатабщинаб чӏезабулевлъун.

1934-1938 соназда цӏалун Дагъистаналъул автомобилазулгун нухазул техникум лъугӏарабго, гьев тӏамуна Нухазул управлениялъул инспекторлъун. Гьанибго абила, Хӏажи вукӏана Къахӏиб районалда тӏоцеве нухал гьариялъул махщалие цӏаларав чи. Камилаб лъай-махщелалъул специалист хӏисабалда, Чӏегӏеров тӏамуна батӏи-батӏиял жавабиял хъулухъазде.

Нухазул мастерлъун хӏалтӏана Гъуниб участкаялда ва Аваро-Кахетиялъулаб нухда, 1939-1940 соназда Анцухъ-Лъаратӏа ва 1940-1941 соназда Хайдакъ районалъул Шеляги- Варсит нухазда гьабуна прораблъи. Хадуб, гьесул цӏикӏкӏараб бажари- жавабчилъи букӏин бихьун, тӏамуна гьеб участкаялъул начальниклъун. 1941 соналда, гьениса вачун, тӏамуна Дербент шагьаралъул 421 нухазул эксплуатациялъулаб управлениялъул начальниклъун.

Гӏемер соназ гьабураб ракӏбацӏцӏадаб хӏалтӏухъ Чӏегӏеров Хӏажие кьуна гӏемерал шапакъатал: 1933 соналда — ударникасул грамота ва рукьалда балеб сагӏат, 1934 соналда — Хӏурматалъул грамота ва велосипед, 1941 соналда — ДАССРалъул Верховный Советалъул Хӏурматалъул грамота ва гь.ц.

Гьалбал хирияв Мухӏамадсултан

Хӏажил баракаталдалъун Гӏурада росулъа бахъана нухазул хӏалтӏабазул махщелчагӏазул цӏар араб хъизам. Гьесул нухдасан ана гьитӏинав вац Мухӏамадсултан. Гьесул захӏматалъул книжкаялда буго цо хъвай-хъвагӏай: «1932 соналъул ункъабилеб октябралда восана №420 ДЭУялъул нухазул хӏалтӏухъанлъун», — абун. Пенсиялде инегӏан, гьоркьоса къотӏичӏого, 46 соналъ гьев хӏалтӏана Гьидерил кьодаса Лъаратӏе унеб нухда мастерлъун. «Гӏумру ана дур нухал гьарулаго, кидагӏаги гьел лъугӏизе ругел?» — абун лъебелаз махсара гьабидал, гьес жаваб кьолеб букӏун буго: «Халалъиялда гӏеблъи бащалъидал, нухазул хӏалтӏи лъугӏула», — ян. Гӏумру гьабунги гьев гьенивго чӏун вукӏана. Гьес абулаан лъебелалги, бежтӏаселги, къелги жиндир гьалбал кколилан. Цониги сордо букӏунароан нухда бугеб гьесул рокъоб лъабго-ункъо гьоболас сордо бачӏеб. Гӏадамаз жакъаги бицуна гьесул лъади Мариянил хинкӏазул чӏахӏалъиялъул, гьалбадерил гьелъ гьабулеб букӏараб адабалъул. (Рекъон букӏина нухлулаз рухӏ рехсеялъе Гьидерил кьода Мухӏамадсултанил ва Мариянил цӏаралги хъван, мемориалияб хъарщи чӏвани).

Лъайги бажариги бугев инженер

1934 соналда Махӏачхъалаялъул нухазул техникум лъугӏарав чи хӏисабалда, Хӏажил лъабабилев вац Хӏадис тӏамуна Унсоколо районалъул ДУялъул нухмалъулевлъун. Гьесул хӏалтӏуде бугеб рокьиги, лъайги, бажариги бихьун, 1940 соналда гьев тӏамуна нухазул управлениялъул кӏудияв инженерлъун.

1946 соналда Терек гӏорда тӏасан кьо балеб ДЭПалъул прораблъун хӏалтӏана, 1947 соналда – ДУялъул кадрабазул отделалъул начальниклъун ва 1954 соналда — ДАССРалъул Нухазул управлениялъул начальниклъун.

Къадруяб цӏар нахъе тана

Дагъистан бахун къватӏивги машгьурав чи кколаан Чӏегӏеразул Хӏажил ункъабилев вац Асадула. Рагъдаса тӏадвуссиндал, гьев гӏемерал соназ хӏалтӏана хӏукуматалъул жавабиял хъулухъазда, чанцӏулго вищана ДАССРалъул Верховный Советалъул депутатлъун ва КПССалъул обкомалъул бюроялъул членлъун.

Буйнакск шагьаралъул округкомалъул тӏоцевесев секретарьлъун хӏалтӏулаго, гьес къокъабго болжалалда, мугӏрузул районазул халкъги бахъинабун, цӏигьабун къачӏана рагъул соназ рехун тун букӏараб Гьаркӏасуниб – Багӏараб кьо шагьранух. Гьелдалъун мугӏрузул районазде унеб нух къокълъана 70 километралъ. Гьесул бидулъ бессун букӏана инсанасе лъикӏлъи гьаби, кумек гьарун вачӏарасда кверчӏвай . «Дагъконсерв» цолъиялъул нухмалъулев М.-А. Гӏалиевас абуна: «Асадула ккола Дагъистаналда вугев тӏоцебесеб номералъул бихьинчи», — . «Гидатль – талисман мой и совесть моя» абураб тӏехьалда Суракъат Асиятиловас хъвалеб буго: «Гьес ирсалъе тана жиндирго къадруяб цӏар ва тӏад хӏур хъвазе течӏеб яхӏ-намус. Асадулал зани буго цӏар рагӏарав гӏалим Ибрагьим Хӏажиясул зонода аскӏоб. Гьидерида лъала жидерго машгьурал ракьцоязул къимат гьабизе»,- ян.

Тӏагьиров — унго-унгояв профессионал

Махӏачхъалаялда нухазул техникумги лъугӏизабун, Чӏегӏеразул яцалъул вас Мухӏамад Тӏагьиров гӏемерал соназ хӏалтӏана республикаялъул нухазул управлениялъул идарабазда ва батӏи-батӏиял хъулухъазда, гӏемерал соназ Дагъавтодоралъул начальниклъун. Дунялалда бараб 59 соналъул 39-яб гьес кьуна нухал гьариялъе. Тӏагьиров вукӏана ралел бакӏазул унго-унгояв махщалилав. Гьелъие нугӏлъи гьабулеб цо мисал бачина. Гьев цӏалулев вукӏана МАДИялда. Багӏараб дипломалда цӏали лъугӏизабизеян нияталда вугев гьесие рес ккечӏо. 1965-1966 соназ рарал кутакал цӏадаз республикаялъул нухазул магӏишаталъе гьабун букӏана цӏакъго кӏудияб зарал. Тӏубанго биххун букӏана 173 кьо, лъеца босун ун букӏана шагьранухазул 26 километр, лъабго моцӏалъ нухал къотӏун рукӏана мугӏрузул анкьго районалде. Гьеб балагь тӏагӏинабиялъе къваригӏун букӏана гӏолохъанаб къуват, мугӏрузул нухазда захӏматал шартӏазда хӏалтӏул хӏалбихьи. Гьединаб гьунаралъул специалист вукӏиналъ, Тӏагьиров Москваялдаса ахӏана. Вачӏинахъего гьев тӏамуна нухазул управлениялъул бетӏерав инженерлъун ва начальникасул заместительлъун. Тӏабигӏияб балагь лъугӏизабиялда бихьизабураб гӏуцӏарухъанлъиялъухъ гьев мустахӏикълъана ДАССРалъул мустахӏикъав бакӏал ралев чи ва ункъо соналдасан РСФСРалъул мустахӏикъав бакӏал ралев чи абурал цӏаразе. Мухӏамад вукӏана нухал гьариялъул ва кьоял раялъул унго-унгояв профессионал. Гьев хӏайран гьавун вукӏана Швейцариялда нухал гьарулел ва къоял ралел къагӏидабаз, гьес абулаан жиндир анищ бугила Дагъистаналъул мугӏрузда гьединалго нухал ва кьоял разеян. Жакъа Тӏагьировасул вас Мухӏамад хӏалтӏулев вуго Дагъавтодоралъул начальникасул заместительлъун.

Мухӏамад — маххул нухазул специалист

Шагьранухазда гурелги, Чӏегӏеровал хӏалтӏана маххул нухаздаги. Гьеб тухумалдаса Чӏегӏеров Мухӏамадица бергьенлъиялда лъугӏизабуна Ростовалъул маххул нухазул транспорталъул институт. Гьенибго лъугӏизабуна аспирантураги. Гьев гӏемерал соназ хӏалтӏана Северияб Кавказалъул маххул нухазул Махӏачхъалаялъул локомотивазул депоялъул начальниклъун. Гьесул вацал Ахӏмад, Гьитӏино ва Гӏалиасхӏаб, нухазул цӏалул идараби лъугӏун хадур, хӏалтӏана нухазда ва, цогидал Чӏегӏеровалго гӏадин, лъугьана лъикӏал специалисталлъун.

Мухӏамадица кидаго вацазда малъулаан: «Нилъер хӏалтӏи гӏадамаз ракӏалде щвезабулеб гьечӏолъиялъул магӏна ккола гьеб лъикӏ гьабун букӏин. Нухал гьари ккола гӏасрабаз гӏадамазул баркалаги Аллагьасул кириги букӏунеб, жавабчилъи цӏикӏкӏараб хӏалтӏи. Гьединлъидал тӏадаб буго гьеб лъикӏ гьабизе», — ян.

Палхӏасил, Чӏегӏероваз цӏунун буго жидерго тухумалъул махщалие ритӏухълъи.

Нури Нуриев