Гӏабдулмуслим Гӏабдулмуслимовасул хӏисабкьеялда тӏасан пикраби

Дагъистаналъул Хӏукуматалъул председатель Гӏабдулмуслим Гӏабдулмуслимов щибабсонилаб хӏисабкьейгун вахъана Дагъистаналъул Халкъияб Собраниялъул депутатазда цеве. Гьединаб тадбир бихьизабун буго Дагъистан Республикаялъул Конституциялда.

Хӏисабкьеялъул докладалда гьес тӏадчӏей гьабуна 2025 соналда ва араб щуго соналда жаниб республикаялъул социалиябгун экономикияб гӏумруялда ккарал кӏвар бугел хиса-басиязул аслиял рахъазда. Чӏванкъотӏарал мисалаздалъун ва тарихаздалъун Гӏабдулмуслим Мухӏудиновичас бихьизабуна хӏукуматалъул хӏалтӏи республикаялъул гражданазе социалияб рахъалъ кьураб рагӏи тӏубазабиялде буссинабун букӏараблъи.

2025 соналда гӏаммаб регионалияб продукталъул къадар гӏагарлъун буго 1,3 триллион гъурщиде, гьебги ккола, цебесеб соналде дандеккун, 3,1 проценталъ цӏикӏкӏун.

Росдал магӏишаталда, бакӏал раялда, туризмалда, промышленнияб производствоялда, гӏадамал хӏалтӏудалъун хьезариялда, даран-базар гьабиялда, жамгӏияб квана-гьекъей гӏуцӏиялда сверухъ гьарурал хӏалтӏабазул хӏакъалъулъ мухӏканаб доклад гьабуна хӏукуматалъул нухмалъулес.

Ахирал соназда цӏикӏкӏараб кӏвар кьолеб буго республикаялда лъай кьеялъул рахъ цебетӏеялде. Гӏицӏго араб соналда рагьун буго 5440 цӏалдохъанасе бакӏ бугеб 15 цӏияб школа ва 850 лъимералъе бакӏ бугеб 5 лъималазул ах. Ралел руго жеги 19 цӏияб школа ва 12 лъималазул ах. Гьелдаго цадахъ кьучӏдасанго, рагӏа-ракьанде щун, къачӏан буго ичӏго школа ва кӏиго лъималазул ах. «Росдал учитель» абураб программаялда рекъон, росабазул школазда хӏалтӏизе витӏун вуго 10 учитель, 2019 соналдаса 2025 соналде щвезегӏан – кинавниги 430 учитель. Лъикӏаб хӏалтӏи гьабулеб буго школлъималазул профориентациялда хурхунги. Республикаялда рагьун буго 84 агрокласс, 15 инженерлъиялъул класс, медицинаялъул – лъабго ва туризмалъул – 12. Кӏвар кьолеб буго лъималазул риидалил хӏухьбахъи гӏуцӏиялде: сахлъи цӏуниялъулгун спортивияб лагералде витӏун вуго 39 азарго цӏалдохъан, къачӏалеб буго жеги 13 азарго лъимералъ хӏухьбахъи гьабизе бегьулеб сахлъи цӏуниялъулгун хӏухьбахъиялъул ичӏго бакӏ.

Гӏемераб хӏалтӏи гьабулеб буго цӏалдохъабазе патриотлъиялъулаб тарбия кьеялъул рахъалдаги. Республикаялъул школазда рагьун буго 3344 Бахӏарчиясул парта, 731 школалда лъун руго ракӏалде щвеялъул мемориалиял хъарщал. Кӏудияб Ватӏанияб рагъда бергьенлъи босаралдаса 80 сон тӏубаялъул юбилеялъул тадбиразда гӏахьаллъун вуго 675 азаргогӏанасев цӏалдохъан.

Гӏ. Гӏабдулмуслимовас баркала кьуна депутатазе цадахъаб хӏалтӏиялъухъ ва гьабулеб кумекалъухъ, божилъи загьир гьабуна хадубккун республика цебетӏеялъулъ, ругел гӏунгутӏаби лъугӏизариялъулъ, пайда босичӏого хутӏарал ресал тӏатинариялъулъ ва гьездаса рагӏа-ракьанде щун пайда босиялъулъ цадахъаб хӏалтӏи гӏуцӏизе бажариялде.

Экономика

Бокьараб пачалихъалъул, жамгӏияталъул, гьитӏинаб-кӏудияб гӏуцӏиялъул кьучӏлъун ккола экономика. Гьелда тӏад «бижула» кинабго гӏумру-магӏишат. Гьелъулги кьучӏ буго (мисалалъе, регион босани) ВРП, ай валовияб регионалияб продукт — лъагӏалида жаниб республикаялда къватӏибе биччараб, гӏезабураб ва къачӏараб кинабго продукциялъул, рарал бакӏазул, тӏурарал хъулухъазул ва бича-хисиялъул гӏаммаб багьа. Халкъияб Собраниялъул сессиялда цебе ДРялъул хӏукуматалъул председатель Гӏабдулмуслим Гӏабдулмуслимовас кьураб хӏисабалда гьес рехсараб ВРПялъул (2025 сонилаб) къадаралъ — 1,3 триллион гъурущ (цебесеб соналда данде 3 проценталъ цӏикӏкӏун), бицуна гӏемераб. Гьеб ккола кӏудияб къадар, гьелъ мухӏканго бихьизабула нилъер экономикаялда бугеб ахӏвал-хӏал, гьелъул киналго рахъазда бугеб рагъа-рачари, хӏакъго гьелъие лъезе бегьула мадараб къимат. Гӏемералъе къимат кьолеб, гьаниб бугеб «гьава-бакъ» бицунеб гӏаламатлъун ккола инвестициялги, гьезул къадар гъоркьиса бахун буго 540 миллиард гъурщиде (цебесеб соналда дандеккун 26,4 проценталъ цӏикӏкӏун). Росдал магӏишат ккола республикаялъул экономикаялъул аслиял бутӏабазул цояблъун (ралел бакӏазул магӏишат, бича-хиси ва гьезда хадуб росдал магӏишат). Гьелъги гъоркьиса рихьизаруна гӏезегӏан лъикӏал хӏасилал, гьелъ гӏезарурал ва къачӏарал нигӏматазул багьа бахана 275,3 миллиард гъурщиде (3,1 проценталъ цӏикӏкӏун). Гьелда цадахъго АПКаялъе квербакъи хӏисабалда пачалихъалъ биччана 2,8 миллиард гъурущ (гьезда гьоркьоса 2,6 миллиард ккола федералияб бюджеталъул гӏарац). Нилъго хьезари гуреб, нилъер аграриязул продукция (гӏиял гьан, ччугӏа, пиринчӏ ва гь.ц.) уна (къадар кӏудияб гьечӏониги) къватӏисел пачалихъаздеги — мадугьалихъ ругездаса байбихьун гӏарабазул пачалихъазде, Индиягун Китаялде гӏунтӏун.

Гӏабдулмуслим Гӏабдулмуслимовасул хӏисабкьеялда хурхун, ДРялъул росдал магӏишаталъул ва кванил нигӏматазул министр Шамил Рамазановас загьир гьабуна гьадинаб пикру.

— Исанасеб хӏисабалъул букӏана цӏакъго пайдаяб кӏиго хаслъи — премьерасда цадахъго жиде-жидер бутӏабазул хӏисабал кьуна гьесул заместителазги. Кӏиабилеб, Гӏабдулмуслим Гӏабдулмуслимовас бицана цохӏо 2025 соналъул хӏасилазул гуребги, ахирал соназда гьабуралъул ва хадуб гьабизе бугелъулги хӏакъалъулъ. Хӏисабкьеялда рехсарал тарихаз бихьизабуна АПК цебетӏолеб бугеб куц, хӏакъикъаталдаги кинабго буго гьедин, ниж хӏалтӏулел руго хадубккунги гьеб дагьабги лъикӏаб букӏинабиялда тӏад.

Гьебго министерствоялъул Жамгӏияб Советалъул нухмалъулев Вагьаб Казибековас абуна:

— Хӏукуматалъул председателасул хӏисабкьей буго жамгӏияталда цебе нилъер нухмалъи рагьараблъун букӏиналъул, гьел цоцазда рихьулел, рагӏулел ва ричӏчӏулел рукӏиналъул гӏаламат. Гьеб киналъго нилъее рес кьола ругел масъалаби лъазе ва загьир гьаризе, тӏуразе хӏажатал суалал рорхизе. Нилъеда цоги нухалъ бихьана АПКялъул бугеб кӏвар, гьелъие федералияб централъ ва министерствабаз, республикаялъул нухмалъиялъ гьабулеб бугеб кумек.

Гӏабаш Гӏабашилов