Дагьал церегӏан къоязда редакциялде жиндирго сатириял маргьабигун, хъвай-хъвагӏаялгун вачӏана гьанжего гьанже 73 сон тӏубарав «гӏолохъанав» хъвадарухъан-сатирик Хӏажиев Хӏажияв. Гьев ккола Гӏахьвахъ районалъул Гӏанчихъ росулъа.

Цо-цо номеразда кьезе руго Хӏажиясул маргьабигун асарал.

Лъарал рагӏалда, гьитӏинаб гохӏда язихъаб гӏумруялда рукӏанила яшав гьабулел цо цӏунцӏраги гьесул чӏужуги. Гьезие цӏакъ рокьун рукӏанила жидерго лъимал рукӏине, амма, цӏакъго мискинаб гӏумру букӏиналъ, рес рекъолеб букӏинчӏила лъимал хьихьизе. Жидеего кӏиязегоцин гӏолеб букӏинчӏила квине жо. Кутакаб ракъиялда рукӏанила рос-лъади. Рес къотӏун, ракъун хвеялдаса хӏинкъун кӏиялго унаанила мадугьалзабазухъе гьардезе. Амма гьел цӏунцӏраби рукӏанила Аллагьасда божилъи бугел. Гьез гьарулеб букӏанила Аллагьасда гурхӏел ва цодагьабниги бечелъи кьеян. Гьезул гьари Аллагьас къабул гьабураб гӏадин, цо пуланаб риидалил къоялъ, багӏариялъухъ балагьичӏого, цӏакъго ресги къотӏун, бахъанила гӏорккун къватӏибе бихьинаб цӏунцӏра, цо щибниги кваназе щвелародаян абун. Квине жо цӏехолаго, сваканила цӏунцӏра ва, щибниги батуларого, цодагьалъ хӏухьбахъизе лъикӏин, гӏодоб чӏанила. Цӏунцӏраялда хӏатӏазда гъоркь бихьанила цо цӏвакараб жо. Хал-шал гьабидал, бугила маххул гӏарац. Цӏунцӏра цӏакъ боханила, лъугьанила кьурдизе, дун бечелъана, дун бечелъанаян абун. Аллагьасда рагӏанин жиндир гьарийин абун, ракӏбохиялъ ахӏдолеб бугила цӏунцӏра. Банила гьез гӏодоб батараб гӏарцухъ цӏияб мина. Босанила рокъоб лъезе цӏияб къайи-къоно, цӏезабунила цагъур квана-гьекъолеб сурсаталъул. Гӏарцуца гӏамал хисизабулин абухъего, рехун танила цӏунцӏрабаз как бай. Сундуейин как балеб Аллагьас жиндие къваригӏарабщинаб жо кьун бугин абун. Бихьинаб цӏунцӏраги тӏокӏаб жиб мажгиталде инарин чӏанила. Щайин жиб гьал мискин-пакъиралгун аскӏоб чӏезе кколебин абун лъугьанила. Бечелъиялъ тӏубан гӏамал хисанила рос-лъадиялъул. Лъугьанила гьел ракӏчӏухӏараллъун, гӏамал батӏияллъун. Цереккун жал гьардезе унел рукӏарал цӏунцӏрабигун хвезе гьабунила гьудуллъи. Мадугьалихъ ругел жидехъе гьардезе рачӏарал лъимал ганчӏица нахъе къотӏулел рукӏанила, тӏокӏалъ жидер къавудухъе рачӏунгеян. Тӏубанго гьоркьоблъи хвезабунила жидерго гӏагарлъигун ва мадугьалзабигун. Жалго гӏадал цӏунцӏрабигун гьудуллъи гьабизе чӏухӏун, хӏутӏ-хъумургун гьалмагълъи ккунила.

Бичӏчӏанила Аллагьасда гьел цӏунцӏрабазул жинда гьабураб божилъи гьересияб букӏараблъи.

Цо пуланаб къоялъ, кидаго гӏадин, гарцӏица кьолеб букӏараб концерталдаса рокъоре рачӏунел ругила рос-лъади. Жидерго рукъ букӏараб бакӏ лъахъван гӏоралъ ун батанила гьезда. Ва хутӏанила цӏунцӏраби, церего гӏадин, щибниги жо гьечӏого, язихъго. Рес къотӏун, гьанжеги, церего гӏадин, гьардезе ине байбихьанила гьез. Гьабсагӏатги хьвадулел ругила гьел гьардезе, амма, гьезул гӏамалги бичӏчӏун, лъицаниги щибниги кьоларила гьезие.

Дир маргьаялъул магӏна:

Имам Шамилил рагӏаби — Тӏадегӏан вахиндал, гӏодове виччай. Къуватавлъун лъугьараб мехалъ, гурхӏел бугевлъун вукӏа.