Кватӏараб сардилъ гӏагарай гӏаданалъ телефоналде ахӏун бачӏиндал, расги рекӏее гӏечӏо. Щибдай ккарабилан абураб пикру букӏана телефон борхилалде ботӏролъ женжедулеб. Кӏалъалей йикӏана Бакьахакьи росдал байбихьул школалда кӏикъогоялдаса цӏикӏкӏун соналъ хӏалтӏарай ва гӏемерал соназ гьелъие нухмалъи гьабурай Патӏимат Дибирова. Канлъи бугониги, бухьен гьечӏого хутӏаралги лахӏзатал гӏемерал рукӏунин, жидер рохел дуеги загьир гьабизе бокьун букӏанин, кватӏун кканин, гӏайиб гьабугеян гьелъул роха-хинлъараб гьаракьалъ дагьайго гӏодоеги йиччазаюна.

— Алхӏамдулиллагь, ниж чӏаго рукӏаго Бакьахакьи колодеги машинаби хьвадулеб шагьранух бахъана. — Гьале, Ахӏмадюсупицаги абулеб буго, бетӏералда Гӏарабил Мухӏамадгун Гьигьалъа Бакьахакьибе нух бахъулаго дагьабниги кумек-квербакъи, дугӏа гьабуразе, нижер хъизамалъул рахъалдасан, газета гьоркьобккун, ракӏ-ракӏалъулаб баркала загьир гьабеян. Нух — гӏумрудул бидурихьинги абулелъул, щиб лъалеб, араб соналъул ахиралда ахирисел «могиканаз» — нижеца рехун тараб росу-кули чӏаголъизеги бегьила. Цин найихъаби рачӏина минаби цӏигьаризе, жидерго найгун рии колода базе, гьезул цӏилъаби рихьун, хӏухьбахъиялъе рукӏинецин цоги росуцоязги рала, цӏигьарила минаби ва цӏидасан чӏаголъила кули. Кулийин абизеги бокьуларо, цо кидаялиго 15-25 цӏалдохъанги, 2-3 учительги вукӏараб школаги букӏиндал гьениб. Гӏададайищ 50 соналъ хӏалтӏарай гьений мугӏалимлъун дунгоги дирго Гъачӏилъанги ячӏун?

Бакьахакьибе сапар

Цӏумада районалъул Бакьахакьие дун йикӏана 2019 соналда, Лъондодаса Мухӏамад Асадулаевгун, «Надежда» фондалъул вакил Шамил Гӏабашиловгун, Tooba проекталъул гӏуцӏарухъан Рамазан Мажидовгун, журналист-фотограф Олег Пономаревгун цадахъ. Сапар бухьун букӏана Гьадири росдада гъоркье щвезегӏан машинаялда, хадуб лъарккун эхеде, лъелгоги ун. Лъикӏаб гьоболлъи гьабуна нижее Патӏимат-адаца ва Ахӏмадюсуп-дацица.

Гъамсукь росдал бицунел рукӏунин нуж, гьелдаса къураб бакӏ щибин бугеб нижер Бакьахакьиялъулин абун букӏана, сверухъ бугеб берцинлъиялъ, хасго «ганчӏазде сверарал» щурункъуркъбуца асир гьаюрай дица гьалбадерида. Дида тӏоцере гьенир рихьана септария тайпаялъул ва щурункъуркъбузул агат (септария и черепаховый агат) абун цӏар тарал ганчӏал. Дидасаги цӏикӏкӏун гьезул интерес букӏана гьалбадериеги.

— Рикӏкӏадаб Хушетибегицин шагьранух бахъидал, нижерги хьул букӏана Бакьахакьиги щвелин автотранспорт, — ан бицана Ахӏмадюсуп Сажидовас. — Районалъул росабалъе нухал рахъизе ва ток бачине байбихьаралдаса нахъе росуцоязул анищлъунги букӏана нух. Кинго гьеб бахъиялде хӏукуматалъул квер щвечӏо, хӏамуздагун чуязда хъизан-лъималги рекӏинарун, тӏоцебесеб хӏажалъиялъул къайи-къоноги босун, цоял — Гьадирисан, цогидал — Гьигьалъан ун, байбихьана цо-цоккун гӏатӏиракьалде гочине. Хушетдерил гӏадинаб, гӏумруялъе хӏинкъи цӏикӏкӏараб букӏинчӏо нижер сухъмахънух, амма щибха бащалъилеб шагьраялда? Нух бахъун хадусел къоязго, тохлъукьего чӏвараб унтуца, нижги къватӏире рахъине ккана росулъа.

Найихъан ва гӏуцӏарухъан Гӏарабил Мухӏамад

Гьанже лъай-хъвай гьабилин аслияв гӏуцӏарухъан Гӏарабил Мухӏамадилгунги, нух бахъиялъе гӏемераб хӏаракат бахъарав чи вугелъул гьев. Гьев вуго гӏелмуялда тӏад чӏарав, гӏолохъанаб заманалдаго росдае дибирлъи гьабурав, хӏажалъи ккаралъуве хӏалае вахъунев, сабураб гӏамал-хасияталъул сахаватав инсан. Найихъабазул къокъадул цевехъаниланги абула гьесда.

— Мухӏамад, Аллагьас баракатаб батаги шагьранухги, рохалие гурони хьвадизеги ккогеги. Аслияб жо, росу цӏилъизе сабаблъун ккаги. Нух бахъизе пикру кин ккараб, кин бугониги, бигьаяб иш гурелъул кьураби гӏанлъун, мугӏрул гелун, дагьабниги санагӏалъи бугеб бакӏ балагьун нух бахъи?

— Гьеб буго умумузулго букӏараб анищ. Гьудул-гьалмагълъиялъги, лъале-хъвалезги, тӏолалго районцоязго кумек гьабуна ва, трактористасда хадуб ахирисеб газаги кӏутӏун, нухлул хӏалги бихьун гурони, нахъеги инчӏо. Кинха вохиларев Аллагьасул кириги, халкъалъул баркалаги цӏикӏкӏараб иш гьабизе Бетӏергьанас нижее рес кьеялдаса? Дуца абухъе, щиб лъалеб, росдалги магӏарухълъиялъулги магӏна лъалел, гьелъул берцинлъи бихьарал росуцоял тӏадруссун рачӏинчӏониги, риидал хӏухьбахъиялъе рачӏинецин цӏигьаризе ратила чӏвадназде сверарал умумузул минаби. Найихъабазул къокъа буго нижер гӏезегӏан чи жанив вугев. Щивас абулеб буго найги бачун рачӏиндал рукӏине цо-цониги рукъ къачӏазе бугилан. Абухъего, мугӏрул регула церехун унез. Ниж церехун ана ва сапаралъул доб рагӏалде щвана. Гьигьалъдерил жамагӏаталъеги баркала, Аллагьасе гӏоло нигатги гьабун, нухлуе ракь кьуралъухъ.

— Кигӏан мех араб нух бахъулаго?

— Нух бахъизе байбихьилалде цебеккунго дица гӏарац бакӏаризе ккезе бугин абун лъазабун букӏана мажгитаздаги ватсапалдасанги. Тӏолабго Россиялдасанго абуниги бегьила, битӏун бачӏана гӏарац. Гӏезегӏан кумек ккана трактор ижараялъе кьурав Тӏадгьаквариса Шамилица ижараялъухъ босулеб гӏарцул къадар жиндирги садакъа букӏунин гьединаб хӏалтӏулъинги абун, дагь гьабиялъ. Ансалтӏаса тракторист Шейхмухӏамадида дандги бан, хӏажатаб балагьана, босана ва тӏаделъана хӏалтӏуде. Дунял квачалелде, ай ноябралъул байбихьуде нух бахъун лъугӏана. Кӏиго моцӏалъ тӏадчӏун хӏалтӏана гьенир.

— Садакъа балъго букӏине кколин абуниги, аслиял спонсораллъун щал рукӏаралали лъазе бокьилаан?

— Дица тӏадехун рехсана кумек гьабуралщинал, цӏарал ккун абичӏониги. Тӏоцебе баркала росдал бегавул Рабадан Гъазимухӏамадовасе. Хадуб баркала, кӏалалъгун квералъ кумек гьабурал Хӏажимурад Шайхулисламовасе, Садикъ Гъазиевасе, Нурулагь Нурулаевасе. Гьел гӏолохъабазул кумек букӏинчӏебани гӏемерго захӏмалъилаан гьаб хӏалтӏи. Баркала буго мадугьалзаби — Гьадири, Бакьахакьи, Гъачӏилъ, Гьигьалъ-Гӏурухъ росабазул жамагӏатазе ва тӏолалго районцоязе.

— Дур пикруялда, щибха хисилеб росулъ гьанже?

— Ахирги тӏубана умумузулги, жакъа рахъ-рахъазде рикьарал бакьахакьисезулги, гьездаго гъорлъ «ахирисев могиканлъун» вугев Ахӏмадюсуп Сажидовасул хъизамалъулги мурад. Киданиги берзукьа инаро гьесул ва Патӏиматил бадиса баккараб рохалилги пашманлъиялъулги магӏу. Рохалил бичӏчӏана щаяли. Щай пашманлъиялъул? Щайгурелъул, чанги церечӏун ратила умумулги, росуцоялгун гӏага-божаралги гьеб талихӏаб къо бихьичӏого ахираталде арал, чӏаго рукӏаниги, бихьизе рес ккечӏел росуцоял. Гьезул рохалил магӏуялъулъ дагьабниги дирги, дида цадахъ рахъунчӏаразулги бутӏа букӏиналдаса вохаравги вуго. Цо лахӏзаталъгицин рекӏекълъичӏо ва асар ккечӏо гьеб бахъиялда гӏахьаллъиялдаса, гьелъул гӏаксалда, вохарав ва чӏухӏарав вуго.

Хиса-басиялъул бицине цудунго букӏаниги, абила, нух бахъизе байбихьилалдего Гъизляралда чӏарал росуцояз абуна умумузул минаби цӏигьаризе байбихьизе бугин их щварабго. Гьелдасанго бичӏчӏулеб гьечӏищха росулъ ккезе ругел хиса-басиял. Божи буго гьенибги цӏидасан рагӏилин лъималазул чӏиргъи-хъуйги, цӏилъилин, чӏаголъилин жакъа чӏобоголъун бугеб росугиян.

— Транспорт хӏинкъи гьечӏого хьвадиялъул рахъги рагьун, нухлул хӏакъалъулъги абеха цо-кӏиго рагӏи.

— Батӏи-батӏиял рахъалги хӏисабалде росун, бищун хӏинкъи гьечӏебги, къокъабги, квалквал гьечӏебги буго гьеб. Гьебго бицана трактористасги. Щибго квалквал гьечӏеб, транспорт хьвадизе ярагьунеб шагьра буго гьеб. Хӏисабалде росана лъим чвахулел бакӏалги. Цо бакӏалда гьабуна сверел (водоотвод), дунял хинлъидал гьабизе абун тарабги буго кӏиго-лъабго гьединабго бакӏ рекъезабизе кколеб, доб мехалъ цо-цо квач цӏикӏкӏаралги къоял камичӏелъулха, гӏададисеб хӏалтӏи ккечӏого букӏине, жибго тана. Цо анкьалъ гьабизе хӏалтӏи хутӏун бугин абила гьениб, цинги букӏинарищха нух рагьиялъул рохалил тадбирги. Жакъа къоялдаги, щибаб къоялъин абуниги бегьила, хьвадулеб транспортги буго гьенибе, гьелъ лъикӏаб «михир бачинги» ккеларищха нухлуеги ракь щулалъиялъеги, цӏадал ралалде хӏарщ гӏемер букӏунаредухъ. Гӏатӏилъи-гӏеблъиги гьелъул щуго метр буго. Буго нижер, найихъаби-росуцоязул, хас гьабун нухалъе абун рагьараб гӏарцулаб фондги, нухлул киналгӏаги харжал гьениса рукӏине руго.

Нагагь ккани, жидерго садакъа-хайрат нухалъе биччазе бокьарал чагӏи, картадул номерги хъван теха бокьарасе букӏине. Гьале гьеб: 2202208315406802.

Хадижат Залимханова