Ватӏаналъул васал, нужей рецц гьабун, свакалей гьечӏо дун, кигӏан хъваниги. Гьел нужер гьунараз гьале цӏидасан цӏар гьабулеб буго бихьинчилъудал.

Макьил рахӏат гьечӏей хӏикматай гӏадан, солдатасул эбел – дун духъ гьоболлъухъ. Цо вугев васасул бицунеб мехалъ, Хатимат, дур магӏу гӏорлъун чвахула.

Мухӏамадхӏажица дур къисматалъе багьа тӏадегӏанаб сайгъат гьабуна. Мугӏрул улкаялъул бахӏарчиясул тӏокӏлъиялъул буго жакъа бицунеб.

Бихьинчияс бихьун магӏу тӏоларо — Гӏалиасхӏаб, дур ракӏ киндай судараб. Цо вугев васасул пикраби гьарун, чан сордо рогьараб лъабайго яцалъ!

Паналъун гӏенеккун йиго жакъаги Мухӏамадхӏажихъ дун, магӏуги къулчӏун. Гьес гьудул Русланил бицунеб мехалъ, пикрабазда гъаргъар бала хӏалуцун.

Васасде ирга щведал, дун чучлъизе бегьилищ!

Буйнакск шагьаралъул № 6 школаги лъикӏал къиматазда лъугӏизабун, Мухӏамадхӏажи цӏализе лъугьана Дагъистаналъул пачалихъияб университеталъул юридикияб факультеталде. Лъабго курс лъугӏидал, Мухӏамадхӏажида ракӏалде ккола армиялда хъулухъ гьабизе ине. Цӏалиги гьоркьоб къотӏизабун, гьев иналъе гӏилла бицана дие гьесул эбел, Буйнакск шагьаралъул № 6 школалъул авар мацӏалъул ва адабияталъул учитель Хатиматица. Хатиматилгун лъай-хъвай ккаралдаса гӏурабго заман унги букӏана. Гӏемер дандчӏвала ниж гьанжеги литературиял тадбиразда. Хатимат ккола Хунзахъ районалъул Гъонохъ росулъа, гьелъул гӏумруялъул гьудул Гӏалиасхӏаб – Хунзахъ районалъул Гӏобода росулъа.

Цо гьудул-гьалмагъалъ бицун лъана гьезул вас Мухӏамадхӏажиги СВОялъул гӏахьалчи вукӏин. Ва дун щвана гьезухъе гьоболлъухъ. Мухӏамадхӏажи рокъов ватичӏо. Гьев вачӏинегӏан, гара-чӏварана гьесул эбел-эменгун-яцалгун.

Ва Хатиматица дие бицана:

— Учитель хӏисабалда, дица кидаго бицунаан ва гьанжеги бицуна цӏалдохъабазе ватӏан бокьизе ккеялъул, къоккани, гьелъие гӏоло рухӏ кьезе хӏадур рукӏине ккеялъулги хӏакъалъулъ. Гьоркьоса къотӏичӏого бицуна Кӏудияб Ватӏанияб рагъулги, Афгъаналъул рагъулги, араб гӏасруялъул 90-абилел соназул рагъулал тунка-гӏусиязул бахӏарзазул хӏакъалъулъ. Амма ракӏалде кколароан СВОялъул бицине ккелин абунги. Кӏудияб, къуватаб улкаги, улкаялъул гӏорхъода бугеб парахалъиги… Амма Аллагьасул хъвай батӏияб букӏун буго…

Дир васасул вукӏана гьудул Руслан. Школалде рачараб тӏоцебесеб къоялдаса нахъе щулалъулеб букӏана гьезул гьудуллъи. Мухӏамадхӏажицаги хӏукму гьабуна, Руслан ине вугилан рагӏидал, цӏалиги гьоркьоб къотӏизабун, армиялде ине. Нижеда лъалаан, щиб бицаниги, Мухӏамадхӏажица жиндирго хӏукму хисизе гьечӏеблъиги. Щайгурелъул – гьениве ине вукӏана вацлъун жиндие хутӏизе вугев Русланги.

Гьеб букӏана 2020 сон. Мухӏамадхӏажица хъулухъ гьабулеб букӏана Забайкальеялда, Читаялда. Советияй чӏужугӏаданги мугӏалимги хӏисабалда, дица вас лъадарана ватӏаналде рокьи аслиябилан абураб пикруялъулъ. Гьелъги батила, гьединавлъун гӏезеги гӏуна дир дарман. Гьес хъулухъ гьабулеб бакӏалъул командованиялъулги лъикӏал пикраби рукӏана гьесул хӏакъалъулъ. Ва заман щвелалдего (досрочно) щвана гьесие сержантасул цӏарги. Къоло кӏиго сон гурони гӏумруялъул гьечӏев гьев тӏамуна отделениялъул командирлъунги. Дун йикӏана къоял рикӏкӏуней, кидадай вас тӏадвуссине заман гӏагарлъилебилан абун. Амма къисматалъ батӏияб хъван букӏун буго – санагӏалъи ккун, цоцаздаса вичӏуларев кӏиявго гьудулас къотӏи гьабун буго ватӏаналъул ахӏиги къабул гьабун, гьелъул парахалъи цӏунизе ине. Гьеб букӏана 2022 соналъул февраль… Дида ракӏалде щвана дицаго лъималазе кьолел ругел патриотикиял дарсал. Гьанже дирго васасде ирга щведалищ, дун чучлъизе кколейилан диего ракӏ-макӏ гьабуна дица, — илан магӏу бацӏцӏана Хатиматица.

Чӏухӏиги бухӏиги цадахъ букӏана

Эбелалъ бицунелъухъги гӏенеккун, ясазги бицана дие вацасул хадусеб къисматалъул:

— Армиялдаги цадахъ вукӏарав, цинги СВОялдеги гьудул Руслангун цадахъ ккарав Мухӏамадхӏажил хӏакъалъулъ нижеца эбелалдаса гӏемер жо балъго гьабулаан. Тӏоцебесеб къоялдасаго байбихьун Мухӏамадхӏажи вукӏана рагъул цебесеб кьерда – Киевалда гӏагарлъухъ. Гьенире щвезе 35 километр хутӏун букӏун буго… Чанги гьереси бицине ккана эбелалъе. Эбелалъул рекӏеда лъалеб букӏараб гӏадин, нижеда гьей, гьелъухъе щведал, кидаго ятулаан рахӏат хун. Амма гьей гьечӏеб бакӏалда гӏемер гӏодаралха ниж. Цинги щукруги гьабулаан. Гьелда лъалароан къокъабго заманалда васас гьарулел рукӏарал бахӏарчиял ишазул хӏакъалъулъ. Нижеца гьелда абун бугелъулха гьев гӏорхъодаго вугин Русланида цадахъилан. Руслан цадахъ вугилан абидалги, цо дагьай гӏодое йиччалаан гьей. Зама-заманалдасан Мухӏамадхӏажилгун видеобухьенги гьабулаан нижеца эбелалъе. Цо заманалдасан хабар къотӏана вацасул. Я вугеб бакӏ, я гьесие ккараб жо лъаларого, гӏурабго заман ана. Гӏемер рекерахъдизе ккана ниж. Ва ахир-къадги лъана нижеда вац лъукъун вугеблъиги, гьев госпиталазда сах гьавулев вугеблъиги. Лъалароан гьеб эбелалда. Дагьабго гьесул мадар лъугьиндал, нижеца эбелалда абуна гьабсагӏаталда нилъехъе Мухӏамадхӏажи кӏалъазе вугилан. Гьей тамашаго, васвасдилаго, ялагьун чӏана нижехъ. Вай, дир берзул канлъийиланги абун, чӏезе кӏоларого йикӏана гьей, вас кӏалъан вачӏинегӏан. Гьалеха доб жиндихъ эбел ялагьун чӏун йикӏараб «цӏурмил» гьаракь. Телефоналдасан вас вихьидалги, гьелъул экраналда гӏемер къочардиялъ, эбел рекӏедаго ятулей йикӏинчӏо васасде кӏалъазе. Амма гьесул кӏалъай рагӏарабго, бичӏчӏана эбелалда гьесие цо жо лъугьун букӏинги. Цого жоги гӏемер цӏехолеб букӏана гьелъ. Гьесулгун кӏалъай лъугӏидалги, цӏидасан пикрабалъе ккана эбел… Живго вац рокъове вачӏинегӏан, нижеца гьев лъукъун вугиланги бицинчӏо гьелда. Госпиталалда гӏурабго заманги бан, нижер бахӏарчияв вац рокъове витӏун вачӏана сакъатлъиялда бан. Жиндирго вацасдаса чӏухӏуларей яц Дагъистаналда йикӏунейго ятиларо. Яцазда, улбузда гӏадин, гьеб чӏухӏи бахчизеги лъаларо. Нижеда цадахъ гьеб кӏиябго моцӏалъ рукӏана бухӏиги чӏухӏиги, — ян къварилъахъдизе лъугьана яцал.

Вацасул шапакъаталги рачӏана гьез рихьизе. Гьел ран ругоан хасаб рагъулаб пиджакалда. Вацасул бахӏарчилъиялъул нух жинда даим цӏунун хутӏизе бугеб пиджакалда. Кӏиго моцӏ гурони СВОялда базе санагӏалъи ккечӏев, 21 сон гурони гӏумруялъул гьечӏев, мугӏрузул улкаялъул гӏолиласги гьелъул бахӏарчияб тарихалъе сайгъат гьаруна жиндирго бахӏарчилъиялъул гвангъарал лахӏзатал:

— Медаль «За отвагу», медаль «За отличие в учениях», улкаялъул Оборонаялъул министерствоялъул Хӏурматалъул грамота, медаль «За участие в СВО», медаль «За отличие в воинской службе».

Хабар-кӏалалда ниж рукӏаго, тӏаде вачӏана Мухӏамадхӏажил эмен Гӏалиасхӏабги.

— Дица бицинаро васасул хӏакъалъулъ, гьев гӏадал аза-азар васал руго жакъа Ватӏанги цӏунун. Дирго хӏакъалъулъги щибха абилеб. Дун гӏадал умумулги гӏемер ругелъул, васал арал нухдеги ралагьун. Рецц Аллагьасе, чӏагогӏаги вачӏун вугелъул, — илан абуна гьес, — дица бачина васас бицаралдаса цо гьадинаб мисалги. Гьелъ бицунеб буго Россиялъул халкъазул цолъиялъулъ букӏин гьелъул къуватгийилан, — байбихьана Гӏалиасхӏабица:

— Мухӏамадхӏажиясухъ гӏемер гӏенеккана дун. Кӏудияб асар гьабуна дие гьесул рагъулаб гьудуллъиялъул хабаралъ. Бокьун буго гьеб дуеги бицине:

— Унел рукӏана рагъал. Чӏвалел рукӏана дир къайицадахъалги ва цогидалги. Унел рукӏана гьужумалъ церехун, цоцазде регӏичӏого. Хванилан-чӏванилан гьалмагъзабиги тун цин церехун инчӏого ресги букӏинчӏо. Амма цо заманалдасан кӏиго дагъистанияв тӏадвуссун ана солдатал чӏвараб бакӏалде, цояв жеги чӏаго вукӏанин кколин жидедайиланги абун. Ватизеги чӏаго ватун вуго гьев. Кӏикъого километралъ вехъерхъун вуго гьез лъукъарав гӏурус солдат, госпиталь бугеб бакӏалде щвезегӏан. Дида солдатасул хадусеб къисмат лъаларо, васаздаги щибха лъалеб, амма гьев солдатас абун буго, сахлъаравго, бищун цеве жив Дагъистаналде ине вугила, цӏакъ бокьун бугила данде ккарав щивав дагъистаниясда къвал базейилан. Гьел рагӏабазулъ бугебщинаб берцинлъиги, рокьиги, тӏадегӏанлъиги, — йилан абуна гьес ахиралда.

Дие рагъ кидаго лъугӏизе гьечӏо

Гьалеха тӏаде щвана Мухӏамадхӏажиги. Дун ячӏиналъе гӏилла бициндал, гьес хъата-масан абуна жиндир хъвачӏониги гӏелин, амма цӏакъ бокьилаанин жиндир гьудулги вацги Гъуниб районалъул Кӏогьориб росулъа Руслан Хӏажиевасул хъвазейилан. Ва гьебсагӏатго гьесул гьурмал кьер хисана, гьев пикрабалъе ккана.

— Хъвала дур Русланилги, амма бокьилаан духъ гӏенеккизеги, — ян жаваб кьуна дица. Ва гьадин бицана дие ракьцояв Гӏумарасхӏабил вас Мухӏамадхӏажица:

— Дун цӏакъго веццун ватиларищха нужее дир эбел-инсуцаги яцазги, — йилан гьимана Мухӏамад. Бокьун букӏана СВО ахиралде щвезегӏан дова вукӏине, Ватӏаналда цебе дирго тӏадаб борч тӏубазе. Амма хъвай батӏияб букӏун бугоха. Гьеб кӏиго моцӏалда жанив дун чанго соналъ кӏудияв гӏуна, эбел-инсул рокъоб бичӏчӏичӏебги бичӏчӏана гьаниб. Лъана гӏумруялъул хиралъиги, гьединго гьелъул магӏнаги. Къойил дандчӏвана хвелгун. Бихьана гӏумруялъ гьелда тӏад босулеб бергьенлъиги. Россиялъул чанго регионалде щвана дун, армиялдаги хъулухъ Читаялда гьабуна, ай, гӏурусазда гьоркьоб гӏемер заман бана. Амма дун хӏакъир гьавулеб, дир напс гӏодобе гьабураб рагӏи жеги лъицаниги абичӏо. Дида гӏемер рагӏулаан бицунеб доз дагъистаниял инжит гьарулилан. Ратила дозда гьоркьорги, нилъераздаго гьоркьор гӏадин, квешалги. Амма дида гьединал дандчӏвачӏо. Дие гьалдалъун абизе бокьун буго нилъер къуват буго цолъиялъулъ. Дие гьеб дагьабги мухӏканлъана СВОялдаги. Чадил кесекгицин бащад гьабулеб, сардил макьугицин цоцазе кьолеб рагъулаб гьудуллъи дида кидаго кӏочене гьечӏо. Гьединго доб рагъги дие киданиги лъугӏизе гьечӏо дирго пикрабалъ. Кидаха кӏочон телел къварилъи-рохелги гӏахьал букӏарал дирго рагъулал гьудулзаби. Дица яцаздаги абулаан эбелалда дир ахӏвал-хӏал бицунгейилан. Инсуде ургъел бикьизе бокьулаан. Гӏажаибго батӏияб бигьалъи лъугьунаан рекӏее, черхгицин тӏадагьлъун бачӏунаан. Амма эбел ракӏалде щвараб мехалда, дунялги унаан чӏегӏерлъун. Урхъун вукӏараб куцха дун гьелъул веэдиялъухъ. Къойил хвалде данде унагоги, гьелъул гьаракьалъ цо кинабалиго къуват кьолаан дие. Гьей кӏалъараб мехалдаги, гьелъул гьаркьихъ хӏайранлъун, вуцӏцӏухӏун чӏунги хутӏулаан, гьелъул магӏил гараз вигьинавулаан. Дир рукъалъул къеда бан букӏана Аллагьилан тӏад хъвараб кӏудияб сурат. Дица эбелалда гьарулаан дурго магӏуялъе кумекалъе, мун, гьадаб сураталда цере квералги ккун, гьардейилан жив цӏунейилан. Дида кколаан эбелалъул магӏие жаваб гьабичӏого теларин Аллагьасилан абун. Рагӏана Досда дир эбелалъул цохӏо вугев жиндир дарман цӏунейилан абураб гьари. Амма кӏочене кӏолев гьечӏо дирго Руслан. Бекана дир къисматалъул цояб рахъ, билана дир гӏумруялъул магӏна, рихх-риххана дир пикраби. Кӏочене кӏолев гьечӏо Изюмалда берал къанщарав дир гьудулги вацги, хирияв, гӏагарав, тӏокӏалъ киданиги, макьилъ гурони, вихьизе рес гьечӏев Руслан, — цӏидасан пашманлъана Мухӏамадхӏажи.

Изюмалъул рохьазда берал къанщарав гьудул

Руслан Хӏажиевги цӏалана Буйнакск шагьаралъул №6 школалда. Гьитӏинав Русланил анищ букӏана кинаб бугониги гьунар гьабизе. Хасго бахӏарзазул хӏакъалъулъ цӏалун хадуб гьесда цӏа рекӏунаан. Жиндирго гьудул Мухӏамадхӏажидаги абулаан гьес рачӏайила цадахъ гьунарал гьаризе. Цинги живгоги велъулаан жиндирго пикрабазда. Амма кӏиявго гьудуласда кисаха лъалеб букӏараб Ватӏаналъе гӏоло бахӏарчилъиялъул гьунарал жидехъ ралагьун чӏун рукӏин, гьез жал ралагьизе ругеблъи. Кӏиявго гьудуласе цӏакъ хирияб букӏана Ватӏанги. Гьез цоцазеги такрар гьарулаан Мухӏамадхӏажил эбел-учителалъул Ватӏан бокьизе кколин, гьеб рокьиялъ рагьулин гьунаразде нухалин абурал рагӏаби. Цӏализеги лъикӏал рукӏана гьел. Гьитӏинго бихьана Русланида къисматалъул кьогӏлъи — анлъго сон барав гьев бесдаллъана. Ва гьес жиндиего рагӏи кьун букӏана эбелалъулги цохӏо йигей яцалъулги тӏалаб гьабизе, гьезда захӏмалъи бихьизе тунгутӏизе. Лъугӏана гӏагараб школа. Дагьабго мехалда рикь-рикьана гьудулзабазул нухал. Мухӏамадхӏажи хутӏана Дагъистаналда. Руслан цӏализе лъугьана Уфаялде, топливно-энергетический колледжалде. Ва гьеб лъугӏизабуна тӏокӏлъигун. Гьаб заманалда Мухӏамадхӏажилги лъугӏана ДГУялъул юридикияб факультеталъул лъабго курс.

Ва — цадахъ армиялде. Русланил эбел Бахуца кигӏан гьараниги, къабуллъичӏо васасе рокъов чӏезе. Гьеб кинабго бакӏлъана Бахуе, васас СВОялде ине вугин абураб мехалдаги. Гьардолей йикӏана эбел жинда жаниб рухӏ лъурав цохӏо вугев васасда… Амма лъимерлъудасаго гьунаразухъ гӏащикъ вукӏарав васас гьаб нухалдаги инкар гьабуна эбелалъе:

— Дун гӏадал васал гурищ доре ине ругел. Щай дун, дир эбелалъулги яцалъулги макьил гьуинаб рахӏат цогидазги цӏунизе тун, рокъов чӏезе кколев. Гьаб дирги Ватӏан кколелъул. Жакъа дие Ватӏан бокьичӏони, метер нужги рокьизе гьечӏо дие.

Амма эбелалъул рекӏее рахӏат букӏинчӏо. Бицинчӏо гьесги эбелалда рагъул коронив вугилан, абуна Украинаялъул гӏорхъода ругилан. Хадусеб къисматги – Мухӏамадхӏажилго гӏадаб, Киевалда аскӏоб… Кӏиго релълъараб къисмат… Ва кӏиго батӏияб къисмат…

Цо къоялъ кӏалъана Руслан эбелалъухъе, гьеб букӏана рагъул цересел кьеразда гӏахьаллъизе унеб лахӏзат. Гьес щибго бицинчӏо эбелалда. Амма гьесул вуцӏцӏунчӏеялъ бицана кинабго. Гӏодулей эбелги гӏодое йиччазаюлаго, гьес абуна:

— Эбел, воре мун гӏодуге. Нилъ жеги рихьила. Дица инсуе рагӏи кьун букӏиндал, нуж цӏунизе. Эбел, дие мун йокьула…

Гьел рукӏана Бахуда васасдаса рагӏарал ахирисел рагӏаби…

Ва гьале Дагъистаналдаса магӏарулас Россиялъе гӏоло, Дагъистаналъе гӏоло, гӏагараб Гъуниб районалъе гӏоло, Кӏогьориб росдал сухъмахъазе гӏоло, гӏагараб шагьаралъул букӏинеселъе гӏоло, тӏолалго улбузулги умумузулги макьуялъе гӏоло къанщана берал кидаялиго вацлъиялъулаблъун букӏараб Украинаялда, Изюмалъул рохьазда. Гьесда щвараб гулла батана хвалилаб.

Кӏиго релълъараб къисмат — гӏанчӏаб лъимерлъиги, гьунаразде бугеб гӏишкъуги, Ватӏаналде бугеб рокьиги, щварал шапакъаталги…

Кӏиго батӏияб къисмат — Русланил цӏар боржана даимлъиялде. Гьесие хун хадуб щвараб Бихьинчилъиялъул орденалъги «За отличие в воинской службе» медалалъги жеги чанго гӏелалъе бицина жидерго бетӏергьанасул къисматалъул гвангъараб къиса.

Мухӏамадхӏажил гьунаралги чанги рехсела гӏун бачӏунеб гӏелалъ. Чӏаго хутӏарав гьудулас жеги чанги бицина бахӏарчилъиялъул абадияб дунялалде арав гьудуласул хӏакъалъулъ…

Солдатасул эбел, кин йигей мун?

Бахуца ракӏалде щвезабулеб буго:

— Гьел рукӏана Кӏалбиччанкъоялъул къоял. 2022 соналъул кӏиабилеб маялда Баху ана Махӏачхъалаялде, яцалда байрам баркизе. Яцалъухъ сордоги бан, гьей радал рокъое ине къватӏие яхъана. Ва гьеб параялъ тӏаде ячӏана росасул яц. Гьелъул юцӏцӏунчӏеялъулъ букӏана бицине лъалареб хӏинкъи. Бахуе бокьун букӏинчӏо жиндир рекӏеда хъинтӏараб пикру уяблъун батизе. Амма гьей мекъи ккана – аскӏоеги ячӏун, гьелъ цин Бахуда къвал бана, цинги абуна къвакӏун чӏайилан. Эбелалда кинабго бичӏчӏана.

Къуркьичӏо солдатасул эбел жиндирго къисматалъе жиндирги жий гӏадал улбузулги макьил гьуинлъиялъеги гӏоло рухӏ кьурав цохӏо вукӏарав васасе гӏоло. Ахӏула гьей дандчӏваязде, буго гьелъулъ къуват васасул бицине. Гьеб къуваталъ ккун ятула гьей ракьалдаги. Цоги ракӏ бохизе жо буго гьелъул – Мухӏамадхӏажи, гьанжеялдаса нахъе Русланил бакӏалда жиндие васлъи гьабизе вугев.

Пашманго ялагьун йиго дун Русланил сураталъухъ — роцӏараб гьумер, гьурмада кунчӏарал талихӏалъул цӏурал берал, йокьулин гӏолилалда абизе щвечӏел кӏутӏби, гӏумруялъухъ гӏашикълъараб балагьи…

Шамай Хъазанбиева