Гӏаракъи-чагъир гьекъей дагьлъиялда цадахъ, ахирал соназда цӏакъго цӏикӏкӏанин абизе бегьула наркотикал хӏалтӏизари. Гьелда данде рагъ баниги, гӏемераб гӏарац сверухъ сверулеб букӏиналъ, загьираб хӏасил кьолеб гьечӏо. Аби буго, наркоманасул бугила кӏиго нух — хабалъе ялъуни туснахъалде. Лъабабилеб, ай гьездаса бацӏцӏадаб нух батизе къанагӏатазда гурони кӏоларо.
Гъизилюрталда букӏараб руччабазул колониялда жанир тӏамуразул гӏемерисел рукӏана наркотиказда хурхараб статьяялда (228-абилеб) рекъон гьенире ккарал. Гьезул цояй, Патӏиматилгун (цӏар хисизабун буго), ункъо соналъ цебе туснахъалъуб нижер ккараб гара- чӏвари бахъулеб буго гьаниб. Гьей йиго 31 сон барай гӏадан. Туснахъалда базе ккола 9 сон. Гара-чӏвари гьабулеб заманалда, гьелъ гьениб бан букӏана щуго сон.
Гьелъие нижеца кьуна щуго суал.
— Сунца мун тӏамурай такъсир гьабизе, кин ккараб наркотиказулгун бухьен?
— Сунца тӏамилей, гӏарац гӏоларого букӏиналъ. Дир буго тӏадегӏанаб лъай, дун ккола педагог. Амма киб щолеб гьаб заманалда лъаялда рекъараб хӏалтӏиги мухьги? Дие щвечӏо, щвечӏеб заманалда хӏажатайлъун ккана гӏарцуда хадуй екерахъдизе. Дир тӏалабалда рукӏана эбел-эменги. Гьеб гьирида гъоркь йигей дун, росгун цадахъ, ана Москваялде, гьениб байбихьана хӏалтӏизе. Дица цӏалароан хъалиян, гьекъолароан, наркотикал хӏалтӏизариялъул суалго букӏинчӏо. Амма доя дир йикӏана гьезулгун лъикӏаб «гьудуллъи» бугей гьалмагъ. Байрамаз ва цоги къваригӏелаз гӏебеде ячӏуней дунги чанго нухалъ ккана «товар» (наркотик) босизе гьание ячӏуней гьелда цадахъ. Дида бихьана, бичӏчӏана, лъана кинабго – киса-щиб гьелъ босулебали, лъие кибе кьолебали ва кигӏанасеб гӏарац гьелъие щолебали, аваданаб ва «эркенаб» гӏумру. Гьеб кинабго щулаго рещтӏана дир ботӏролъ. Хехго биххана нижер ригьин ва гъоркьгоги гӏагарлъиялъул масъалабаз къан ккун йикӏарай дида тӏаде ккана гьебги. Гьеб мехалъ дир ботӏролъе рачӏана лъикӏал гьечӏел пикраби — дир гьалмагъалда кӏвараб щай кӏолареб дидагиян абурал. Гьедин байбихьана кинабго. Хӏалбихьана цо нухалъ — битӏун ккана. Хӏалбихьана кӏиабилеб нухалъ — ккана жеги лъикӏ, щвана гӏарац. Гьеб хӏалалда Дагъистаналдаса оптом росулаан наркотикал, ричулаан Москваялда. Амма гьеб букӏана цо къоялъ законалъ дир щекъер кколеб, кида ккунги туснахъалде кколеб бизнес. Дида гьеб бичӏчӏулаан, къасиги къадги дилъ бессун букӏана гьеб асар, амма къойил тӏаде бан бачӏунеб гӏарац, сунцаниги кквезе кӏолареб гьеб гъира — гьелъ гӏадал гьабуна бетӏер. Щолеб гӏарцул гӏемерлъиялъухъ ялагьун дир бербиххулаан, бетӏер сверулаан, кӏолароан лъалхъизе.
Иргадулаб нухалъ щвана Дагъистаналде, кидаго гӏадин босана «товар», щвана аэропорталде, ва дида аскӏоре рачӏана хасаб хъулухъалъул хӏалтӏухъаби (хадуб лъана гьез цебегоялдаса нахъе дида хадуб халккун букӏараблъи). Ва цо параялда жаниб дун махӏрумлъана эркенлъиялдаса, хъизамалдаса, кинабго буголъиялдаса ва букӏине рес букӏаралдаса, хӏатта дунго дидасаго.
— Кида дуда бичӏчӏараб дуца кӏудияб тамихӏ гьабун букӏин, мун туснахъалде тӏамизе йикӏин?
— Ракӏбацӏцӏадго абуни, дун ккведал кинабго бичӏчӏаниги, дица яхӏ бахъулеб букӏана гьел захӏматал пикраби рикӏкӏад гьаризе. Ахирал секундазде щвезегӏан хьул букӏана йорчӏилин, кӏвелин гӏарцухъ эркенлъи бичун босизеян абураб. Амма дида чӏванкъотӏун бичӏчӏизабуна дир хьулал тӏуралареллъи, гӏагараб заманалда жаниб эркенлъи бихьулареблъи. Бичӏчӏана дица гьабураб ва дун ккараб бакӏ, лъана къвакӏараб тамихӏалде цӏазе йикӏин, ва дида, гӏемер лъикӏ лъалаан туснахъалде ккарал руччабаздехун Дагъистаналда букӏунеб бербалагьи.
— Рекӏекълъанищ дуцаго гьабуралда?
— Рекӏекълъана, щаклъи гьечӏого мукӏурлъана риччарал гъалатӏазе. Сундалъун бечедаб бугеб инсанасул гӏумру, сунца гьеб борцунеб? Эркенлъиялдалъун, гьелде ва дуе бокьухъе хьвадизе рес букӏиналде щвараб жо щибго гьечӏо. Кинаб эркенлъиха гьаниб, туснахъалда букӏинеб? Гьание ккедал, дица нагӏана кьолеб буго дир доб гӏумруялъе. Радал тӏаде яхъаралдаса къаси кьижизегӏан цо галигицин тӏамизе ккола форма ретӏарав хӏалтӏухъанас абухъе. Дур гӏумруялъул щибаб лахӏзат цогидаз рекъезабулеб заманалда гӏумруян кин абилеб? Щивха гӏайибияв? Гьайгьай, дунго.
— Кинал дарсал дуе кьурал дуда бихьараб гьеб киналъго ва бугищ цоги нухалъ гьеб такрарлъиларин абураб ракӏчӏей?
— Ракӏчӏей сундулъниги ва лъилниги букӏунаро, метер букӏинесеб нилъеда лъаларо, лъазе ресги гьечӏо. Амма, аби буго, нилъер къисмат буго нилъеда кодобин абураб. Гьединлъидал, яхӏ бахъани квешлъиялдаса рикӏкӏалъизе, квешал ишал гьаричӏого тезе, жалго гьел духъе киданиги рачӏунаро — Аллагьасда кинабго бихьула ва Гьесда лъикӏ лъала лъихъе кинаб квер битӏизе кколебали. Дарсазул абуни, гьаниб жаниб бараб щуго сон дие бащалъула 1000 дарсида, гьел тарихаз толаро цебехун букӏараб такрарлъизе, наркотиказул рахъалде ялагьизецин. Тӏуянго гӏадалайлъун, бетӏер сверарайлъун йикӏине ккола гьаниб бихьарабги хӏехьезе ккарабги такрар гьабизе ккани. Хӏакъикъаталдаги чӏужугӏаданалъе туснахъ буго дунялалдаго бугеб жужахӏ. Гӏеларищ гьеб цо нухалъ бихьараб?
Тӏоцебе дица гӏемер кьолаан Аллагьасдехун юссун суал — сундуе гӏоло дие гьадинаб гӏакъубаян абун. Цинги гӏемер ургъун, гӏемер гӏодун, магӏу тӏун, дирго ботӏролъ дир букӏараб гӏумру, дица нахъа тараб нух сверизабун хадуб батана жаваб — наркотиказулгун бухьен ккаралдаса нахъе гӏемерал гӏадамазе дица кьураб гӏазабалъе гӏоло. Дунялалда тӏад щибниги гьечӏо эбелалъул магӏил багьаяб, амма дир бизнес букӏана гьелда тӏад гӏуцӏараб, дие щолеб гӏарац букӏана гьеб магӏуялъ чурараб. Дир букӏана бечедаб гӏумру, амма гьелъул багьа букӏана лъил бугониги бекараб къисмат, хвараб гӏумру, щущараб хъизан. Квеш ккараб жо буго гьеб кинабго дида цӏакъго кватӏун гурони бичӏчӏичӏолъи.
— Дуца гьабураб гьез гьабичӏого букӏинелъун, дуда бихьараб гьездаги бихьичӏого букӏине гӏоло, щиб абилеб дурго гӏага-божаразда?
— Дудагоги бихьула, нижеца яхӏ бахъула къачӏа-кӏатӏан рукӏине, нижеда гьоркьоб букӏуна махсара-хочӏ, камуларо аваданлъи, амма лъида лъалеб нижер рекӏел хӏал, лъида бихьулеб нижер магӏу. «Отбоялдаса» хадуй дун егула, амма гьалгощинал соназ гьаний йигониги, сагӏтаз кӏоларо кьижизе, щоларо макьу — лъугӏулеб жо батиларо магӏу, сахлъулеб жо батиларо ракӏ. Бицине бегьила гӏемераб, абила къокъго — мискинго, амма эркенго, гьаниб бичӏчӏана дида цӏакъго гӏадатиял, амма кутакалда гъваридал гьел рагӏабазул магӏна. Рикӏкӏад гьаре наркотикал, гьеб буго кӏудияб балагь, гьел хӏалтӏизариялдалъун дуца чӏвала мунго, гьел ричиялдалъун дуца чӏвала цогидал. Гьале нужеда цебе буго дир мисал. Гьабе къимат эркенлъиялъул, гьелде щвараб жо гьечӏо.
Гӏабаш Гӏабашилов