Рамазан Гӏабдулмажидов, ДНЦялъул археологиялъулгун тарихалъул ва этнографиялъул институталъул нухмалъулев.

Махӏачхъалалялъул аэропорталда ккарал лъугьа-бахъинал киса-кирего рагӏана, гьелъ гӏураб

ахӏи-хӏур гьабуна республика бахун къватӏибехунги. Полициялъулгун би гӏодоб тӏурал тункагӏусиял ккана гӏолохъабазул. Гьеб буго нилъер республикаялда жамгӏиябгун политикияб ахӏвалхӏал хӏалуцинабизе, халкъалда гьоркьоб питнагун жахӏда-хӏусуд цӏикӏкӏинабизе мурадгун, ургъунго гьабураб иш. Жакъа Дагъистаналъул халкъалъул пикру буссун буго Палестинаялде. Гьенир расги гӏайиб гьечӏел диналъул вацазда тӏад гьабулеб вахӏшияб зулмуялъ курмул лъукъичӏев, гьеб пакъираб халкъалда ракӏ гурхӏичӏев чи нилъеда гъорлъ ватиларо. Гьеб кинабго бихьулеб буго цӏадабе нарт тӏезе къачӏан чӏарал провокатораздаги ва гьез питна боркьизабизе хӏаракат бахъулеб буго. Гьединаб иманкъосараб, нахъегӏанаб пикруялъул чагӏаз гьусун тӏамун, гьарулел митингаздагун акциязда дандечӏаразул мухъилъ вуго дунги. Гьединал хӏажат

гьечӏел багъа-бачарияз, дир пикруялда, гӏаксалда, Палестинаялъулги цогидалги бусурбабазул пачалихъалда цебе нилъер къимат хвезабизе буго. Гьезие нилъ рукӏине руго щакаб пикруялъул ва тохал, иманги аслуги къосараб пикру-лъаялъул гӏадамаллъун. Я Аллагьасул диналда, я гӏаданлъиялъул нухалда дандекколареб хьвада-чӏвадиялъул рахъкколел гӏадамаллъун нилъ рукӏине дие бокьиларо. Дица рикӏкӏуна Гӏизраилалъул сионистазул хъубаб, нахъегӏанаб политикаялъул рахъкколел сионистазулги ва гьезул гӏадатияб халкъалъулги пикраби нилъеца ратӏа гьаризе кколин. Нилъго гӏадал гӏадатиял, квешлъи бокьуларел чагӏи руго Гӏизраилалъул халкъалда гъорлъги. Гьезги тӏалаб гьабулеб буго хӏажат гьечӏеб, вахӏшилъи цӏикӏкӏараб гьеб би тӏейги, гӏадамазда гьабулеб зулмуги къотӏизабейин Палестинаялдаян.