Мухӏамад Дудуев, Авар театралъул актер, жамгӏияв хӏаракатчи.

— Къватӏисан гьусун тӏамулел гӏадамазул провокациялъулал къасдазда хадурги рилълъун, гьел гӏолохъабаз тӏоцебесеб иргаялда хвезабуна закон. Амма гьелъ гьезул я гӏаданлъиялъул, я намусалъул, ялъуни чилъиялъул рахъ — цонигияб борхизабичӏо, гьелъул гӏаксалда, хутӏа-хутӏарабги даража гӏодобегӏан гьабизе квербакъана гьеб ахӏи-хӏуралъ. Гьабуле-толелъул пикруги гьабичӏого, илбисалъ малъаралда хадурги рилълъун, сахал гӏолохъаби гьанже ккана уголовияб статьяялде гъоркье. Гьезул эбел-инсуда ракӏ гурхӏизе бачӏуна, гьечӏеб бакӏалда рекӏел бакъвайги бетӏер унтиги щвана гьезие. Палестинаялда, гьезул халкъалдаги унго-унголъунги ракӏ гурхӏарал гӏадамал радакь рахъун мажгитазде гӏедегӏулел руго, гьезда тӏаса зулму босеян дугӏа гьабизе. Гьеб буго жакъа нилъер бищун кӏудияб ярагъги, къуватги, гӏакълу бугеб ишги. Рачӏа нилъ хадурккунги гьебго гӏакълуялда хадур рилълъинин, шайтӏаналъ малъарабги гьабун, ахир гӏалагъважаялде сверулеб ишалда гъорлъе лъугьинчӏого чӏелин ва Аллагьас кантӏиги къуватги кьеги щивас чиясе лъикӏабги квешабги батӏа бахъизе ва шайтӏанги рекӏелъ къезабизе.