Лъималазул къадарги цӏикӏкӏун, кӏийиде бикьизе ккана нижер щуа- билеб класс. Гӏурус мацӏалъул дарсидаги кӏийиде рикьана ниж. «Атаева Маргарита Петровна» — гьадин хъван бихьана мугӏалимзабазул сияхӏалда. «Вахӏ, нилъер фамилия бугей, амма цӏарги отчествоги гӏурусал щийдай гьай?» – ан пикру гьабуна дица. Ва гьале нахъисеб къоялъ классалде жание лъугьун ячӏана, гьурма- да недегьаб гьими басандулей, хӏеренаб балагьиялъул мугӏалим – Мар- гарита Петровна. Гьелъ нижее цохӏо соналъ гурони дарс кьечӏо, амма щибаб гьелъул дарс жакъа гӏадин ракӏалда буго. Маргарита Петровнаялъ дарсал кьуна дир кӏодоэбелалъеги, хадуб ин- суеги ва гьале – гьанже диеги. Гьелдаса нахъе ана гӏезегӏан сонал. Амма Расулил «Вера Васильевна» рагӏидалги, Махӏачхъалаялда бугеб гӏурус учительницаялъе бараб па- мятникалда цевесан унагоги, дида пархан ракӏалде ячӏуна Маргарита Петровна. Пикру ккана гьелъухъе гьоболлъухъ ине.
— Маргарита Петровна, дуца нижее гӏемер бицунаан дурго лъимерлъиялъул лахӏзатазул хӏакъалъулъ. Бокьилаан цоги нухалдаги гьеб заман ракӏалдещвезабуни.
— Дун гьаюна Горький (гьанжесеб Нижний Новгород) шагьаралда хӏалтӏухъабазул хъизамалда. Гьенибго 10 классги лъугӏизабун, цӏализе лъугьана Кострома шагьаралда бугеб педагогикияб институталде. 10 сон барай чӏужу йикӏана дун Кӏудияб Ватӏанияб рагъ байбихьараб заманалда. Нижер хъизамалъеги гьел рукӏана цӏакъ захӏматал сонал. Къадги къасиги кьвагьи-гӏанхъи букӏунаан тӏаде ралел бомбабазул. Амма нижер шагьар кинго бахъизе кӏвечӏо. Дир кӏиго вацги гӏахьаллъана рагъда. Гьезул цояв рагъда чӏвана, цогияв рагъ лъугӏун кӏиго-лъабго сон индал, щварал ругъназул хӏасилалда къадаралде щвана.
— Учителасул пиша тӏаса бищизе кинха дур пикру ккараб?
— Дир эбел-эмен рукӏана заводалъул гӏадатиял хӏалтӏухъаби. Гьезул цӏали-къалиги букӏинчӏо. Эбелалъул кӏудияб анищ букӏана ниж цӏализе лъугьине. Диего бокьана гӏурус мацӏалъул учительлъун яхъине. Гьедин, университет лъугӏигун, рикьа-къотӏиялъул хӏасилалда ккана дун Дагъистаналде. 1953 соналдаса бахъараб жакъа къоялде щвезегӏан гьанийго хутӏанаха дун (елъулаго).
— Дагъистаналде ине дуегойищ бокьараб?
— Дир рес букӏана Казахстан, Сибирь ялъуни Кавказ тӏасабищизе. Дие щаялиго Дагъистаналде ине рекӏее къабуллъана. Гьитӏинго кинофильмазухъги балагьун, Кавказалъухъ рокьиги ккун йикӏарай дие, гьале рес щвана гьение хӏалтӏизе ине. Гьедин ккана дун Махӏачхъала шагьаралде, Лъай кьеялъул министерствоялде. Гьениб бихьизабураб чанго районалда гьоркьоса дицаги дир гьудулалъги тӏасабищана Хунзахъ район. Гьеб букӏана 1953 сон. Ниж рачӏунел ругин абун тел- ги кьечӏого, данде вачӏунев чиги ккечӏого, дунги гьудулги, ролъпурчӏина баччулеб трехтонка-машинаялде тӏадеги рахун, къокъана Хунзахъе. Гьедин щвана ниж Гӏараниб бугеб «Горянка» школа-интернаталде. Гьений дун хӏалтӏана кӏиго соналъ, хадуй лъикӏай учитель хӏисабалда дун ячана Хунзахъе. Хунзахъги кӏиябго школалда хӏалтӏана. Кӏиабилеб шко- ла рагьулелъул, мунагьал чураяв Ясулов Хӏажица гьение ячана дун. Дир гьудулин абуни, цо лъагӏалица Хунзахъги хӏалтӏун, тӏадюссун ана. Дир вукӏинесев бетӏергьанчи – Махӏач Атаевас гьелъие открепление кьуна. Дунин абуни, гьесие росасе ана. Доб мехалъ дов районоялда хӏалтӏулаан. Хадуб ниж гӏемер унаан Горькиялде гьелъухъе щвезе.
— Магӏарухъе – Хунзахъе унелъул, кинал пикрабигун нуж къватӏире рахъарал? Хӏинкъи-къайго букӏинчӏищ, чияр бакӏалде унелъул? Кин нуж къабул гьарурал? — Нижее бачӏинахъего интернаталда цо рукъ кьуна. Гьенир рукӏана лъабго ясги цо гӏолохъанчи Павликги – киналго гӏурус учительзаби. Жанахӏалъувги вукӏун, ворчӏухъан гӏадин, нижее цӏуна-къай гьабун вукӏунаан гьев. Анир ясал рикъулел рагӏулинги абун, кирего ниж щвезаризеги рачинеги вилълъунаан гьев. Хадуб, дирги Махӏачилгун лъай-хъвай ккедал, гьесги Гӏабдулатӏип Хӏамзаловасги (гьев хӏалтӏулаан районоялда), гьанжеялдаса нахъе гьазул тӏалаб-агъаз жидеца гьабилинги абун, гьев Павлик батӏияб бакӏалде вахъинавуна. — Тӏоцересел дарсал ракӏалда ругищ? Лъималаз кин нуж къабул гьарурал? — Киданиги кӏочонаро тӏоцересел къояз ккараб лъугьа-бахъин. Рагьун журналгун, цебесан гьелда лъималазул фамилиял ва цӏарал хъвалей йикӏана дун. Цо ясалда гьикъана дур фамилия щибан. — Мухӏамадова, — ян абуна гьелъ.
— Цӏар? — Написат. — Не надо писать, я сама напишу. Ты скажи, как тебя зовут, — ян абуна дица, гьелъие жиндицаго хъвазе бокьун бугинги ккун. — Написат. — Я поняла, что ты умеешь писать. Как тебя зовут? — Написат.
— Ладно, потом поговорим с тобой, — янги абун, гӏодой чӏезе йитӏана дица гьей яс. Хадуб, Написат абураб цӏар букӏунеблъи лъайдал, релъиларищха ниж. Вай, гьел лъималазе ниж рокьулел рукӏараб куц! Интернаталда рукӏана росабалъа ва районаздаса рачӏарал лъимал. Эбел-эмен аскӏорги гьечӏого, нижин абуни, гьез хьол- бохъа рорчӏизего риччалароан. Щиб букӏаниги бицеян гьардолаан, гьез- да цадахъ дарсалги гьарулаан, цадахъ кьижизеги рачунаан гьел ясаз ниж. Цебе лъималазул кӏудияб гъи- ра букӏана гӏурус мацӏ лъазабизе. Доб мехалъ гьанже гӏадал ресалги рукӏинчӏелъулха мацӏ лъазабизе.
Дир тӏоцерел цӏалдохъаби
— Къахӏиса яцал Гӏабдурахӏмановазулги дирги нахъалъагӏан бухьен къотӏичӏо, гьел дихъе кидаго щвезе рачӏунаан. Амма, гьайгьай, цӏикӏкӏунисел дир цӏалдохъаби Хунзахъа рукӏана. Дир цӏалдохъан жанив гьечӏеб рукъ Хунзахъ росулъ батиларин ккола дида. Чӏахӏияб ригьалъул гӏадамазулги нижедехун букӏана кутакалда лъикӏаб бербалагьи. Масала, чирахъалъе керосин босизе унаан ниж. Гьениб цӏакъ кӏудияб ирга букӏунаан, амма киназго ниж цере риччалаан. Гьединго, къваригӏараб-тараб цӏехон нижехъе рокъоре щвезеги рачӏунаан, щиб-щибниги босун. — Нужеего захӏмат букӏанищ магӏарухъ бугеб гӏумруялдеги гьа- ва-бакъалдеги ругьунлъизе? — Битӏун бицани, тӏоцебесеб заманалда ругьунлъуларого рукӏана. Рокъобе ракӏги лъун, ракӏбакъван рукӏунаан. Амма гӏадамазул хинаб бербалагьиялъ нижеда гьеб кинабго кӏоченабуна. — Махӏач Атаевасул Хунзахъ гӏемер бицуна, махщел тӏадегӏанав учитель хӏисабалда. Кин дурги гьесулги лъай-хъвай ккараб? — Гьев доб мехалъ хӏалтӏулев вукӏана районоялда. Цо нухалъ къасимехалъ клубалде концерталде ана ниж. Гьенив цо гӏолилав вукӏана бандурка хъвалев, ниж кьурдизе журана. Гьенир кьурдулаго тӏоцебе лъай-хъвай ккана Махӏачилгун. — Гьесул хъизамалда нус хӏисабалда кин мун къабул гьаюрай?
— Гьезиеги дун рекӏее гӏуна. Тӏоцее Махӏачица дун гьение ячана гӏурус учитель йигинги абун, лъай-хъвай гьабизе. Гьесул эбел – Узлипати- ца дида абуна гьабсагӏат нилъеца чай гьекъезе бугин. Гьеб параялъго, бацӏцӏадги гьабун, чухӏа-кӏутӏизе букӏине ражидал бетӏерги кьуна. Дидайин абуни, бичӏчӏуларо чаялдаги ражиялдаги бугеб гьоркьоблъи. Гьединги, гъармухъчаялде гьоркьобе базе къваригӏун букӏун буго. Махӏачил эмен лъикӏаб хъулухъишалда вукӏана, гьединлъидал гье- зул хъизамалда гӏурус мацӏги лъикӏ лъалаан. Гьесул эбелалъе дун цӏакъ йокьулаан, кидаго адаб-хъатирги гьабулаан. Амма, дун ячинехъин йигин Махӏачица абидал, гьелъ абу- на, гьобол хӏисабалда къабул гьайилила, амма чӏужулъун ячине разилъиларин. Дуца гӏурусай ячине бокьиларин абуна гьелъ гьесда. Нагагь, дуца дида дандеги вахъун гьеб иш гьабуни, жий Цӏолбокьа гъоркье кӏанцӏизе йигин хӏинкъиги кьуна гьелъ. Гьезул рукъзалги битӏун кьурул рагӏалда рукӏана. Гьеб мехалъ Махӏачица гьелъие махсара гьабуна, хӏадурейила, жинца ячинила мун гьениса гъоркье кӏанцӏизайизе. Чӏечӏо Махӏач, гьей мукӏур гьайичӏого. Доб заманаялъ гьанже гӏадин батӏи-батӏиял миллатазулгун гьарулел ригьналги гӏемер рукӏинчӏо. Кӏиго-лъабго моцӏидасан гьелда гьеб кинабго кӏочон тана, дун гьелъие йокьана. Хасало гьелъ дун печь бакараб хинаб рокъой толаан, жийгойин абуни, квачараб рокъое унаан кьижизе.
— Магӏарул мацӏ лъазабизе хӏа-ракатго бахъичӏищ дуца?
— Битӏун бицани, лъазабичӏо. Гьелъие гьадинаб гӏиллаги букӏана. Хунзахъа Малахӏ абурав чиясе росасе ана цоги гӏурус учитель – Мария. Лъималгун цадахъ эбел-инсухъе щвезе гьей ингун, лъималазда цо рагӏи гӏурус мацӏалда абизабизе кӏун гьечӏо долда. Гьелъул эбел гӏодизе лъугьун йиго, жинца абураб жо бичӏчӏулеб гьечӏин гьездаян. Дунги щаялиго хӏинкъана, дир лъималги гьединго лъугьинин. Амма дир лъималазда кӏиябго мацӏ лъана. Щаялиго, дида аскӏоре ккаралги дида кидаго гӏурусалъ кӏалъалаан. Цогидаз бицунеб бичӏчӏула дида, амма дунго гаргадизе жеги хӏалбихьичӏо.
— Маргарита Петровна, Хунзахъ хутӏиялдаса ракӏ бухӏанищ дур?
— Дун кутакалда йохарай ва талихӏай йиго Бетӏергьанас дир къисматалда дие къачӏан батараб сайгъаталдаса. Дица Хунзахъ тӏалъи дирго кӏиабилеб Ватӏанлъун рикӏкӏуна, киналго хунз – гӏагарал чагӏилъун. Амма гьанже цӏикӏкӏиндал, ракӏ рокъобе Новгородалдеги цӏалеб буго. Бокьилаан, дирго лъимерлъи арал къватӏахъ сверизе, цо лахӏзаталъниги доб гьайбатаб заманалде, гӏурусаз абухъе, «в прекрасное далеко» тӏадюссине.
Гара-чӏвари гьабуна Мухӏамад МАНАПОВАС.