Жакъа Палестинаялъул ракьалда бугеб ахӏвал-хӏалалъ ва гьенир унел ругел вахӏшиял лъугьа-бахъиназ рахӏатхвезабун буго дунялалъулго махлукъаталъул. Гӏисинал-чӏахӏиязухъ балагьичӏого гъурулеб буго халкъ. Гьениб бугеб зулму чӏезабеян ахӏи барал данделъаби тӏоритӏулел руго гӏемерал пачалихъазда. Хӏатта цо-цо жугьутӏазул къокъабицин къватӏире рахъунел руго рагъ лъугӏизабеян. Муъминзабазул ярагъ — дугӏа бугин абулелъул, гъурулеб бугеб динцояб агьлу тушманасул зулмуялдаса цӏунеян Аллагьасде гьаризе мажгитазде хьвадулеб буго Дагъистаналъул халкъги. Гъазаялда бугеб ахӏвал-хӏал нилъер щивасул рекӏелъ-къан букӏиналъул бицунеб буго ахирал къоязда республикаялда лъугьа-бахъаралъги. Цин Хасавюрталда пуланаб гостиницаялда жугьутӏал рещтӏун ругин абун гьелъул азбаралде ракӏарана нус-нус ракьцоял. Хадусел къоязда Тель-Авивалдаса бачӏараб самолеталда согӏаб дандчӏвай гьабизе Махӏачхъалаялъул аэропорталдеги щвана азаргоялдасаги цӏикӏкӏун дагъистанияв. Хасавюрталда букӏараб багъа-бачари низам цӏунулел идарабазда хехго гӏодоцинабизе кӏвана. Аэропорталде ракӏараразин абуни гӏадлу хвезабуна, сверухъ бугебги бека-биххун, щивго виччалареб самолетал рещтӏунеб бакӏалдецин щвана. Кӏиябго акцияги букӏана республикаялъул нухмалъиялда дандбачӏеблъун. Гӏадамазул рекӏел хӏалги, диналъул вацаляцазул, гурхӏел тун чӏвалел лъималазул гьезие бугеб ургъелги — кинабго бичӏчӏула. Амма дагьаб сабруги букӏине ккола. Гьеб кколелъулха Алжаналъул кӏуллъун. Гьел тадбиразда гӏахьаллъаразе бокьун букӏун батила Дагъистан Гъазаялда унеб чӏвадарухъанлъиялда данде букӏин загьир гьабизе. Гьедин абизе ва ахӏи базе лъицаго гьукъун гьечӏо. Гьелде тӏадеги Россиялъул президент Владимир Путиница гьеб тункагӏусиялда Палестинаялъул халкъалъул рахъкколеб буго. Гьедин букӏаго, Западалъул нухмалъиялда гъоркь хӏалтӏулел телеграм-каналазда бахъинабураб ахӏиялда хадурги рилълъун нилъерго аэропорталда гъалмагъир гьаби гьеб битӏараблъунги кинха рикӏкӏинеб. Битӏараб гьечӏо пуланаб къокъаялъул макру тӏубараб миллаталъул гӏайиблъун чӏезабиги. Жугьутӏазда гьоркьорги ругелъулха, цебехун абухъе, Палестинаялда лъугьа-бахъунелда дандечӏарал гӏадамал. Лъица щиб бицаниги, гьел лъу- гьа-бахъинал ккун руго. Амма гьанжеги нилъ, тушбабазе рекӏехъе, цоцалъ къацандун бегьиларо. Аэропорталда гъалмагъир гьаби, интернеталдасан рагӏарал харбазда божи — гьеб лъикӏ гьечӏо. Законалда рекъон тамихӏ гьабичӏого жавабиял идарабаз теларо. Амма дуниялго гьезда тӏад цузабизеги бегьиларо. Кин букӏаниги, гьел кколелъулха диналъул вацал-яцазда ракӏунтун къватӏире рахъарал чагӏи.
sources.avar.me / hakikat / 2023