Кӏиабилеб ноябралда Махӏачхъалаялъул «Гьудуллъиялъул рокъоб» тӏобитӏана «Миллатазда гьоркьоб ракълие ва разилъиялъе гӏоло» абураб конференция. Гьенир гӏахьаллъана ДРялъул бетӏер Сергей Меликов, ДРялъул муфти, шайих Ахӏмадапанди Гӏабдулаев, жамгӏиял хӏаракатчагӏи, рухӏиял церехъаби, батӏи-батӏиял идарабазул вакилзаби, гӏолилал ва журналистал. Аэропорталда ккараб лъугьа-бахъиналъ жамгӏияталда гьоркьоб ургъел чӏвазабун буго, гьелда тӏасан суалалги гӏемер руго. Конференциялъул гӏахьалчагӏазул рахӏатхвезабун бугоан, гьеб лъугьа-бахъиналъ миллатазда ва диназда гьоркьоб бугеб ракълие ва разилъиялъе зарал гьабилин абун. Палестинаялъе кумек гьабизе бокьараз ракъли лал акциял дандги ран, законалда рекъон, тӏоритӏани лъикӏ букӏинин абуна республикаялъул бетӏерас. Къварилъиялда ругезе квербакъизе Муфтиятгун ва гурхӏел-рахӏмуялъул фондалгун хӏалтӏизе бегьилин тӏадеги жубана гьес.

Аэропорталда ккараб гъалмагъиралъулъ гӏахьаллъаразе кинаб тамихӏ букӏине бугебалиги бицана республикаялъул бетӏерас:

«Гӏайибиязе кколеб тамихӏ гьа- бизе буго. Гьениве тохлъукьего ва ургъел, хӏисаб гьабичӏого ккарасе рес кьезе ккола гьединаб пиша тӏокӏаб такрар гьабичӏого тезе ва гьабуралъул хӏисаб гьабизе». ДРялъул муфти Ахӏмад-хӏажи Гӏабдулаевас киназдего хитӏаб гьабуна: «Нуж рукӏунге сверухъ бугелъул ургъел гьечӏеллъун. Жакъа кколеб бугеб жо нужеда хъвазе гьечӏин ракӏалде ккоге. Нужерго лъималгун кӏалъай. Митингаз лъикӏалде рачунаро», — ян.

Муфтияс лъикӏаблъун рикӏкӏунеб буго аэропортал- да ккараб гъалмагъиралъулъ гӏадамал сабруялде ахӏаралъухъ ДРялъул гӏолилазул ишазул министр Камил Сагӏидовасеги миллияб политикаялъул ва диниял ишазул министр Энрик Муслимовасеги шапакъатал кьезе. «Лъие букӏаниги нилъ рикьрикьизаризе бокьаниги, гьезухъа гьеб бажаризе гьечӏо. Щайгурелъул нилъ руго цогояб халкъ, нилъ руго дагъистаниял.

Кинал- го миллатаздехун, тӏолалго диназдехун лъикӏаб бербалагьиги буго нилъер, щайгурелъул гье- динаб амру гьабун букӏана нилъеде Мухӏаммад аварагас (с.гӏ.в.). Нилъеца улкаялъул президентасулги рахъ ккола, щайгурелъул гьес тӏолабго дунялалъул бусурбабазул рахъ кколелъул», — ан абуна Ахӏмад-апанди Гӏабдулаевас.

П. СУЛТӏАНМУХӏАМАДОВА