Редакторалъул калам
Хириял магӏарулал! Ахиралде щвана Тӏадегӏанас нилъее кьураб цойги сон. Кинабха гьеб букӏараб нилъер республикаялъеги, миллаталъеги, миллияб басмаялъеги?
Исана загьирлъана СВОялда Россиялъул Бахӏарчилъун вахъарав цойги магӏаруласул цӏар – Гӏаймакиса Мухӏамад Исбагьиевасе хун хадуб кьуна гьеб. Гьединго дунялалдаго рагӏана лъабго анкьалъ перги кун, тӏад перекисьги гьекъон, Украинаялда вагъарав Цӏунтӏа районалъул Хутӏрахъа Закаря Гӏалиевги квердеги инчӏого, моцӏалъ гвандинив хутӏарав СВОялъул бахӏарчи — Дагъистаналдаса Маресьев — Гьарадерихъа Хӏажимурад Хъазанбиевги.
Республикаялъул спорталда меседил хӏарпаздалъун хъвана исана Олимпиялъул хӏаязул чемпионаллъун рахъарал Кӏикӏуниса Ахӏмад Тажудиновасулги Инхокъвариса Мухӏамад Рамазановасулги цӏарал. Гьединго анлъабилеб нухалдаги гугариялъул рахъалъ дунялалъул чемпионлъун вахъана Гӏабдурашид Сагӏадулаев.
Исана хиса-басиял ккана Шамилил цӏаралда бугеб халкъазда гьоркьосеб фондалъулги Авар автономиялъулги нухмалъиялда.
Исана баккана интернеталда магӏарул мацӏалдаса бокьараб мацӏалде таржама гьабулеб къагӏида. Кавказалъул рагъул заманалдаса нахъе дунялалда щущан ругел магӏарулазе кӏудияб сайгъатлъун буго умумузул мацӏалда бокьараб тарихияб яги цогидаб асар цӏализе рес щвей.
2025 соналда 108 сон тӏубала нилъер миллияб басмаялъ. Гьаб лъагӏалида жанир гьелъул тарихалда цо кӏудиял хиса-басиял ккечӏониги, гӏезегӏан рукӏана ракӏгъурал данделъабиги, сапаралги, дандчӏваялги, гьединалго макъалабиги. Масала, тӏадеялдаса-тӏаде ниж чӏухӏулел тадбираллъун лъугьунел руго республикаялъул даражаялда Шамай Хъазанбиевалъги Мухӏамад Манаповасги Миллияб библиотекаялда тӏоритӏулел конкурсалги, магӏарулазул тарихалда лъалкӏ тарал ракьцоял ракӏалде щвезариялъул дандеруссиналги. Республикаялда машгьурал гӏадамалги ахӏун, рахьдал мацӏалде рокьи бижизабиялъул мурадалда редакциялда тӏобитӏун букӏана авар диктантги.
Гьединго сентябрь моцӏалда «Хӏакъикъаталъул» редакция гьоболлъухъ ахӏун букӏана Цӏумада ва Болъихъ районаз 95 сон тӏубаялде гьарулел тадбиразде, Олимпиялъул хӏаязул чемпионал Гӏабдурашид Сагӏадулаевги Ахӏмад Тажудиновги кӏодо гьарулел тадбиразде, Шагьрудин Шамхалов гьавуралдаса 110 сон тӏубаялде тӏоритӏулел мажлисазде ва жеги гӏемерал бакӏазде. Гьелдалъунги бихьула миллияб басмаялдехун республикаялдаги магӏаруллъиялдаги бугеб хинаб бербалагьи.
Гьединго ахиралде щвана почалдасан газет-журналазе подписка гьабулеб заманги. Пачалихъалъул тӏалабалда рекъон, 2025 соналда «Хӏакъикъат» газеталъул тираж букӏине ккола 4 500 экземпляр.
Цебеялде дандеккун, щунусго экземпляралъ дагьлъизабуна гьеб. Гьединго буго цогидал миллатазул газетазул ишги.
Почалдасан хъван буго «Хӏакъикъат» газеталъул 2 514 экземпляр. Хутӏараб къадар гӏезабизе бегьула «Дагпечаталдасан» хъванги (гьенисан подписка гьабизе бегьула бокьараб мехалда).
Хъвараб газета заманалда щоларилан абурал гӏарзалги рачӏана нижехъе исана соналда жанир. Рачӏаниги, почалъул хӏалтӏи гьечӏони, газетал тӏиритӏизариялъул иш цебечӏезабизеги захӏмалъизехъин буго.
Гьедин, доб 2 514 экземпляралдаса гьоркьоса 1 932 газета хъван буго Шамилхъалаялда бугеб почтамталда гъорлъе унел почазул отделенияздасан. Гьелъухъ нижер редакциялъ кӏудияб баркала кьолеб буго почтамталъул нухмалъулев Тикилав Хӏажиевасе, гьесул заместитель Хӏайбула Гӏабдулмуслимовасе, бетӏерай специалист Асият Гӏабдулаевалъе ва цогидазе.
Хасго рехсечӏого гӏоларо «Хӏакъикъат» газеталъул гьудул, республикаялъул УФПСалъул подписка гьабулеб отделалъул нухмалъулей Гӏазизат Ахӏмадулаева. Сордо-къоялда жанир кида кӏалъаниги, редакциялъул къваригӏел тӏубалейги почаздаса гӏебеде нилъер газеталъе реклама гьабулейги гӏадан йиго гьей. Баркала, Гӏазизат, Аллагь разилъаги дудаса!
Бищун гӏемер «Хӏакъикъат» хъван буго Унсоколо росулъ (127), Хунзахъ (99) Гъоркьа Инхо (96), Хӏебда (91), Игьали (76), Харахьи (71), Гьоцӏалъ (68), Гъуниб (58).
Амма росабалъ гӏумру гьабулел гӏадамазул къадаралъухъ балагьун подпискаялъе къимат кьечӏониги, битӏараб букӏинаро. Масала, 2 400-де гӏагарун чияс жаниб гӏумру гьабулеб Гьоцӏалъ росуги анлънусидаса чи жанив вугеб Лъаратӏа районалъул Тӏохьотӏа росуги данде кквезе бегьилищха. Гьедин Тӏохьотӏа хъван буго 56 «Хӏакъикъат». Руго цо-цо газета хъварал росабиги.
Лъица кигӏан хъван батаниги, цойги нухалъ ракӏ-ракӏалъулаб баркала нужер щивасе! Нижеца гьеб рикӏкӏуна миллаталъул хаслъи цӏуниялде нужеца лъолеб пайдаяб бутӏалъун.
Гьаниб батӏаго бицен гьабизе ккола Абакар Гӏумаровасул цӏаралда бугеб Чӏикӏаб росдал школалъул директор Мухӏамад Бартихановасул хӏакъалъулъ. Гьединал директорзаби ругебгӏан мехалъ магӏарул мацӏ цӏунун хутӏизе букӏиналда ракӏчӏола. Гьанжегӏагар ахӏун редакциялъул вакилзабигун, школалда «Хӏакъикъаталъул» къо гьабуна гьес, 150 газетаги хъвана.
Гьединго баркала загьир гьабизе бокьун буго тӏубараб лъагӏалица нижергун бухьеналда рукӏарал киналго цӏалдолезе – Хунзахъа Тӏалхӏат Ахъбердиевасе, Ташиса Гӏали Мухӏамадовасе, Гӏахьвахъ районалдаса Хӏажимухӏамад Кучуевасе ва Хасмухӏамад Муслимовасе, Цӏумада районалдаса Хӏабиб Давудовасе, Хадижат Залимхановалъе, Ругъжаса Гӏалисултание, Бакьайчӏиса Шамил Мухӏидиновасе, Цӏунтӏаса Гӏиса Гӏабдулаевасе, Рамазан Абдулмуслимовасе, Игьалиса Магьди Гӏабдурахӏмановасе, Унсоколоса композитор Ахӏмад Гӏамирхановасе, Бежтӏаса Шугӏайб Ражабовасе, «Бесдалал гьечӏеб Дагъистан» НКОялъул председатель, Жамгӏияб палатаялъул вакил Раисат Гӏусмановалъе ва цогидазе.
Нижер хӏалтӏухъабазул рекӏел хинлъи загьир гьабизе бокьун буго редакциялъул кидагосел гьалбадериеги — масала, политикиял гӏелмабазул доктор Камиль Ландае, лъебериде гӏагарун соназ къватӏисел пачалихъазда дипломатлъунги, гьединго Жиддаялда Россиялъул Генералияв консуллъунги вукӏарав Акнадаса Багьавудин Гӏалиевасе, филологиял гӏелмабазул доктор Мухӏамад Мухӏамадовасе, Авартеатралъул директор Мухӏамад Бисавгӏалиевасе, Дагъистаналъул халкъияй поэтесса Залму Батировалъе, Дагъистаналъул халкъияв шагӏир Мухӏамад Хӏамзаевасе, машгьурай шагӏир Залпа Мухӏамадрасуловалъе, Дагъистаналъул халкъияй артистка Хадижат Жамалудиновалъе, тарихиял гӏелмабазул доктор Мухӏамадхан Мухӏамадхановасе, кандидатал Шагӏбан Хӏапизовасе, Мухӏамад Шехмухӏамадовасе, жамгӏияв хӏаракатчи Гӏалибег Гӏалиевасе, «Магӏарулай» журналалъул редактор, рахьдал мацӏалъул учительзабазул Ассоциациялъул нухмалъулей Баху Мухӏидиновалъе, Гуржиялъа магӏарулав, ай Кьадалиса Мухӏамад Жабрагӏиловасе, фотожурналист Мухӏамад Чӏанкӏалаевасе, Карачаево-Черкессиялда вугев ДРялъул хӏукуматалъул вакил Мухӏамад Мухӏамадовасе ва цогидазе.
Амма кигӏан нилъеца миллияб газетал цӏунизе ккеялъул бицаниги, бокьаниги-бокьичӏониги, интернеталъ тӏалъи босичӏогоги хутӏилебищали лъаларо. Кинабго гӏайиб гьелде рехунги тӏубаларо. Жибго газеталъулги ратила гӏунгутӏаби: дагьа-макъабго чӏамучӏлъиги, бер бахъулеб куцалдайин абухъе, цо-цо цӏалдолезе къваригӏараб къагӏидаялда бадиса-бадибе критика гьабизе рес рекъонгутӏиги. Гьелъиеги руго цо-цо гӏиллаби. Бажарулебгӏан мехалда нижеца яхӏ бахъила хадубккун гьел рахъал хисизаризе. Амма лъалеб жо буго тӏадеялдаса-тӏаде дунялалда гӏисинал миллатазул мацӏал тӏагӏине байбихьараб гьаб заманалда нилъеца нилъерго хаслъи цӏунизе кколеблъи. Гурони нилъ рилула, тӏагӏуна ралъдалъ лъел къатӏра киннигин.
Гьанже киназго школал рачуна мисалалъе: гьенир рахьдал мацӏазул сагӏтал дагьлъизарулел ругилан. Школал гурелги, нилъ киналго гӏахьаллъизе ккола гьеб ишалъулъ. Масала, рокъосанго щай гъоб рахьдал мацӏ гьуин гьабизе бегьулареб? Кӏинусгоялдаса цӏикӏкӏун соназ церего Турциялдеги, Сириялдеги, Иорданиялдеги мугьажирлъиялде ине ккарал нилъер миллатцояз магӏарул мацӏ школаздасанищ лъазабулеб бугеб?
Гьединго магӏарул росабалъе рачӏунелъул гӏурус мацӏалъ хъварал игӏланазда цадахъго нилъерго мацӏалдаги щай бегьиларел гьел хъвай-хъвагӏаял гьаризе? Советияб заманалда гӏадин, лъимер батаниги, ригьин гьабиялъе батаниги, нугӏлъи гьабулел кагътазда кӏиабилеб мацӏлъун щай нилъерго мацӏ гьабизе бегьулареб?
Жеги чанги руго гьаризе бегьулел жал. Гьезул тӏасияб соналда бицина. Гьалдалъун тела.
Нилъее киназего тавпикъ кьейги, араб-таралъул хӏисабги гьабун, цӏияб соналда церехун ине. Баркула магӏарулаздаги тӏолалго дагъистанияздаги Цӏияб сон! Баркат-рахӏматгун щвараб батаги!
Зульфия Хӏажиева