29 декабралда 75 сон тӏубана машгьурав гӏалимчи-археолог, тарихиял гӏелмабазул доктор, профессор, РАНалъул академик Хизри Гӏамирханов гьавуралдаса.
Гьев ккола Болъихъ районалъул Гӏанди росулъа. Цӏалана Буйнакскиялъулги Хасавюрталъулги школазда. 1972 соналда лъугӏизабуна Дагъистаналъул пачалихъияб университет, хадуб СССРалъул Гӏелмабазул академиялъул Ленинградалда бугеб отделениялда аспирантура. Хизри Гӏамирхановасул захӏматалъулаб нух байбихьана Болъихъ районалъул Муни росдал школалда тарихалъул учительлъун ва цадахъго завучлъун хӏалтӏиялдаса. Жеги вузалда цӏалулаго, гьев вукӏана тарихалъул факультеталъул студентазул гӏелмияб жамгӏияталъул нухмалъулевлъун. Гьесул тӏоцебесеб гӏелмияб хӏалтӏи къватӏибе бачӏана 1972 соналда. Гьениб бицунеб букӏана магӏарулазул хвел букъиялъул хаслъиялъул хӏакъалъулъ. Гьелдаса нахъе гьев машгъуллъана гӏелмиял цӏех-рехазде.
1977 соналда Хизри хӏалтӏизе лъугьана СССРалъул Гӏелмияб академиялъул археологиялъул институталда. Гьебго соналда цӏунана тарихиял гӏелмабазул кандидатлъиялде диссертацияги. Отделалъул нухмалъулесде щвезегӏан хӏалтӏул болъаби нахъа тана гьес. Ва 1989 соналда цӏунана «Палеолит Юга Аравии» абураб темаялда докторлъиялъе диссертацияги.
1992-1994 соназда Гӏамирханов вукӏана палеолиталъулгун мезолиталъул секторалъул нухмалъулевлъун. 1994 соналдаса нахъе хӏалтӏулев вуго РАНалъул археологиялъул институталъул отделалъул нухмалъулевлъун. 2008 соналда гьев вищана РАНалъул тарихиялгун филологиял гӏелмабазул академик-секретарасул заместительлъун. 2009-2015 соназда хӏалтӏана РАНалъул ДНЦялъул президиумалъул председательлъунги Тарихалъулгун археологиялъул ва этнографиялъул институталъул директорлъунги. 1999 соналда Хизри мустахӏикълъана профессорасул гӏелмияб цӏаралъе. 2002 соналда вищана Германиялъул археологияб институталъул член-корреспондентлъун, 2003 соналда – РАНалъул член-корреспондентлъун ва 2019 соналда – РАНалъул академиклъун.
Хизрица гьарулел гӏелмиял цӏех-рехазул аслиял темабилъун ккола Бакъбаккулгун югалъулаб Азиялъул ганчӏил гӏасруги, Бакъбаккул Европаялъул тӏасияб палеолитги, этноархеологияги, лингвоархеологияги. Гьес цӏех-рех гьабуна Кавказалъулги, Бакъбаккул Европаялъулги, Гӏагараб Бакъбаккулги археологиял памятниказул. Гьединго гьев хӏалтӏула, Гӏурус авлахъалъул некӏсияб заманалъул халгьабулаго, гьениб гӏумру гьабулел халкъазулги Европаялъул халкъазулги культурабазул гӏаммал хасиятал ратиялда тӏадги.
Гӏелмиял цӏех-рехазул хӏасилалда гьес къватӏибе биччана 300 гӏелмияб хӏалтӏи, гьезда гьоркьоб 12 монография ва цӏалулгун методикияб тӏехь. Гьесул хӏалтӏаби рахъана Россиялъулги, Германиялъулги, Испаниялъулги, Италиялъулги, Йеменалъулги, Даниялъулги, Франциялъулги, СШАялъулги ва цогидалги улкабазул басмаханабазда.
Х. Гӏамирхановас кӏудияб бутӏа лъуна Гӏарабиялъул чӏинкӏиллъиялъул цӏех-рех гьабиялъулъ. Гьениб гьес рагьана палеолиталъулги неолиталъулги заманалъул чанги цӏияб памятник ва гьабуна гьезул цӏех-рех; лъазабуна гьанжесел бедуиназул гӏумруялдагун магӏишаталда хӏалтӏизарулел некӏсиял алатазул хӏакъикъат. Гьел цӏех-рехазул хӏасиллъунги ккана цебеккун рехсараб темаялда хъвараб гӏелмияб диссертация. Гьеб хӏалтӏуе тӏадегӏанаб къимат кьуна тарихчагӏазгун археологаз.
Кӏвар цӏикӏкӏарал гӏелмиял цӏех-рехал гьаруна Хизри Гӏамирхановас Дагъистаналдаги. Масала, Гъарабудагъкент районалда гьесда батана тарихчагӏаз «мустье» абураб заманалда букӏарабин абулеб анлъго цӏияб памятник (Генторун I и II, Манас-озень I-IV). Гьенир ратана леваллуасская абулеб техникаялда рекъон гьарулел тӏагӏел-алатал.
Кавказалдаса Евразиялде кин гочун арал некӏсиял къавмал? Гьеб суалалъе жаваб балагьиялъул мурадалда, 2003 соналда РАНалда байбихьана хасал цӏех-рехал гьаризе. Гьезда рекъон гӏелмиял хӏалтӏаби гьарулел рукӏана Ставрополь краялъулги, Кабардино-Балкариялъулги, Дагъистаналъулги, Северияб Азербайжаналъулги ва Ираналъулги ракьазда. Гӏелмияб пикру тӏаде цӏалел хӏасилал ккана Дагъистаналда гьарурал цӏех-рехазул. Югалъулаб Дагъистаналда гӏалимзабаз рагьана палеолиталъул заманалъул къогоялдаса цӏикӏкӏун памятник (Рубас-I-V, Тинит-I, Дарвагъчай, Дарвагъчай залив, Дарвагъчай-залив-I, Дарвагъчай-залив-4, Дарвагъчай-I, Дюбекчай, Чумус-Иниц, Шор-Дере-I-VI) ва Централияб Дагъистаналда, Гӏахъуша районалда: гьитӏинабго бакӏалда гьениб буго анцӏгоялдаса цӏикӏкӏун памятник (Айникаб-I, II, Мухкай-I, II, Гегалашур-I, II, III ва гь..ц.).
Гӏахъуша районалъул Гӏайникаб росдада гӏагарлъухъ хӏалтӏулел экспедициязул хӏакъалъулъ бицунаго, Хизри Гӏамирхановас бицун букӏана некӏсияб Дагъистаналда гӏумру гьабулел рукӏун ругин гьабсагӏаталда хинал улкабазда рукӏунел хӏайванал (масала, жирафалги пилалги). Исана «Гӏахъушинка» ва «Усишинка» абурал гӏоразда гьоркьоб бугеб бакӏалда ратана олдованалъул заманалъул хӏужаби. Тарихчагӏазул пикруялда рекъон, гьел тун руго Африкаялдаса гочарулел рукӏарал гоминидал абулеб инсанасул тайпаялъ тарал лъалкӏал.
Кӏудияб хӏалтӏи гьабуна Хизрица некӏсияб Чӏохъ росдал цӏех-рехалъул баянал мухӏканлъиялъеги. Гьесул хӏаракаталдалъун лъазабуна мугӏрузулаб Дагъистаналъул некӏсияб халкъалъул мезолиталдаги неолиталдаги букӏараб магӏишатиябгун маданияб гӏумруялъулги тӏабигӏияб сипаталъулги хӏакъикъат. Гьес дандеккуна гео-морфологиялъулги палеоботаникаялъулги баянал Каспиялъул регионалда ккарал гьава-бакъалъул хиса-басиялгун ва гьелдалъун щварал баяназул кьучӏалда чӏезабуна Чӏохъ росдал тарих жеги 10 азарго соналъ цебе байбихьараблъи.
Чӏахъадерил некӏсияб росдал хӏужабазда рекъон, рехсараб заманалда централияб Дагъистаналда рукӏарал гӏадамазул маданияталъулги Каспиялда гӏагарлъухъ гӏумру гьабулезулги релълъарал рахъалги руго. Гьелдаса нахъе байбихьана, Хизри Гӏамирхановасул пикруялда рекъон, централияб Дагъистаналда гӏадамаз гӏумру гьабизе. Гьебго заманалда ккана бакӏалъул гӏадамазул мацӏазул цолъи-жубайги, миллиял къавмал лъугьинги, магӏишаталъул релълъарал рахъазул цебетӏейги.
Хизрица тӏубана чӏахъадерил культура бижиялъул масъалаги. Гьелъие кьучӏлъун гӏалимчияс рикӏкӏуна мугӏрузулаб Ираналъул районал – Эльбрусалда ратарал Дам-дам-чешме 1, Дам-дам-чешме 2, Джебел, Кайлю, Каскыр-Булак ва цогидал стоянкабазда релълъарал алатал ратун руго чӏахъадерил стоянкаялдаги. Гьес абулеб буго, мезолиталъул заманалда, Каспий ралъдал гьумер гӏодобе ккеялъул хӏасилалда, Северияб Ираналъул Эльбрус мегӏералъул ракьалда рукӏарал къавмал гочун ругин мугӏрузулаб Дагъистаналде, гьенисанги – бакъбаккул рахъалде. Хизрил гьеб пикруялда тӏадрекъана гӏалимзаби-лингвисталги. Гьезул пикруялда рекъон, мацӏалъул цо къокъаялда гъорлъе уна Бакъбаккул Кавказалъулги, Китаялъулги, Сибиралъулги (кетазул ва гь. ц.), гьединго Северияб Америкаялъулги (индейцазул Дене абураб къавм) лугъатал.
Гӏалимчиясул пикруялда рекъон, мезолиталъул байбихьуда (гьеб ккола гӏага-шагарго нилъер эраялда цересел VIII-VII-абилел сонал) чӏахъадерил культура цебетӏолеб букӏана бигьагьабун. Гьеб цебе-тӏеялъулъ хехаб хиса-баси ккола нилъер эраялда цебесеб анкьазар-абилеб ва анлъазарабилеб соназда гьоркьосеб заманалда. Гьеб бухьараб буго антлантияб заман байбихьиялда. Гьебмехалда цӏакъго хисун кколеб буго тӏабигӏияб ландшафт. Гьелъие гӏиллалъун ккана гьава-бакъ хинлъи ва регьел цӏикӏкӏин. Ралъдал гьумералдаса 1600-1900 метралъул борхалъиялда ругел Централияб Дагъистаналъул мугӏрузда тӏибитӏана гӏурччинлъи, ай рижизе байбихьана жеги гьеб бакӏалда киданиги рукӏинчӏел гъутӏби (миккигъветӏ ва гь. ц.).
Гьанже нахъа Хизри Гӏамирхановас цӏех-рех гьабуна хунздерил тӏалъиялъулги, Тобот гӏурулги, Гӏандадерил хӏорилги рагӏалда рукӏарал памятниказул. Гьелги уна чӏахъадерил культураялда гъорлъе.
Некӏсияб чӏахъадерил стоянкаялъул неолиталъул заманалъул халгьабулаго, гӏалимчияс чӏезабуна, гьеб заманалда хурдулгун кьалбал ракӏариялдасагун чанахъанлъиялдаса гӏадамал руссанин ракь хӏалтӏизабиялдегун гӏалхул хӏайванал куцаялде. Ракь хӏалтӏизабигун боцӏи хьихьи ккола инсанияталъул гӏумруялдагун цебетӏеялда жаниб ккараб кӏудияб хиса-баси.
Хизри Гӏамирхановасул цӏех-рехазул хӏасилалда Россиялъул регионазда гьоркьоб мугӏрузулаб Дагъистан рикӏкӏуна некӏсияв инсанасул гӏумруялъул цебетӏеялда хадуб гьабсагӏаталдаги халкквезе рес щолеб къанагӏатаб ракьлъун.
Хизрил гӏелмияб хӏаракаталъе пачалихъалъ кьуна мустахӏикъаб къимат. Гьев ккола Дагъистаналъул мустахӏикъав гӏалимчиги (1999) Москва областалъул Зарайск шагьаралъул хӏурматияв гражданинги. Гьев мустахӏикълъана «Москваялъ 850 сон тӏубай» абураб медалалъеги.